Махӏмудги Муиги – ансадерил сценаялда
Шамилхъалаялда актераз бихьизабуна лирикияб драма
Спектакль бихьизабуна Хъахӏаб-росулъа Махӏмуд гьавуралдаса 145 сон тӏубаялъул хӏурматалда. Гьелъухъ балагьизе рачӏарал магӏарулазда иргадулаб нухалда рагӏана ракьцоясул гӏищкъул къисаги цоцазухъ рокьи ккарал, амма къадар хъвачӏел гӏащикъазул къваридаб къисматги. Гъансинир рокьул кучӏдул гурони гьечӏев «тӏурччибухӏил» васасул рекӏел асаралъул сан гьабичӏо пачаясул аскаралда офицерлъун вукӏарав Бекьилъа Хӏасанил тухумалъ. Ва чвахана мугӏрузухъа мугӏрузухъе гьалагаб рокьул къиса рагьулел, гӏенеккарал паналъизарулел, магӏнаялъул гъварилъуде раккизе бажари бугезул ракӏал гӏодизарурал Махӏмудил кучӏдул. Рекӏелъе рортуледухъ ахӏана гьел магӏарул кочӏохъабаз. Халкъалъул хулжазухъги цӏунун, щвана гьел къалмикье росизеги жакъасеб гӏелалъухъе цӏализеги.
Рокьуца рахӏат течӏеб Махӏмудил гӏумру букӏана бечедаб. Гьалагаб асаралдаса эркенлъизе гьев щвана батӏи-батӏиял бакӏазда хӏалтӏизе, ана рагъдецин. Амма гьенибги хӏалхьи течӏо ракӏалъе даим хиралъарай гьудулалъул сипаталъ.
Махӏмудилги Муилги гӏумру-ялъул къиса сценаялдаса рагьарал артистазе баркалаялъул хъватчӏвана Унсоколо районалъул жамагӏаталъ.
Магӏарул театралъул
пресс-хъулухъ