Лъимал чияр рукӏунаро
Яс хвасар гьаюразе баркала кьуна республикаялъул нухмалъулез
ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов ва ДРялъул бетӏерасул ва хӏукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов дандчӏвана щуабилеб тӏалаялдаса гъоркье йортулей йикӏарай яс хвасар гьаюрал Тӏагьир Мухӏамадовгун ва Айдемир Къулдуевгун.
«Гьеб буго унго-унгояб бихьинчилъи. Гьединаб лъугьа-бахъин ккезе бегьула щивасулгун, щивас жидее щвараб тарбиялда рекъараб гӏамал бихьизабула гьеб мехалда. Кӏудияб баркала буго нужееги нужер эбел-инсуеги», — ян абуна Артем Здуновас.
Транспорталъул компаниялъул диспетчерлъун хӏалтӏулев Айдемир Къулдуевас бицана щуабилеб тӏалаялъул гордухъа гъоркье лъимер далун бугин, кумекалъе вачӏайин абун гьесде ахӏун буго маршруткаялъул водительлъун хӏалтӏулев Тӏагьир Мухӏамадовас. Гордухъа къватӏие даларай ясалъухъа бажаричӏо рокъое ххарун ва гьей гъоркье йортана. Эбелги тукаде ун, жийго цохӏо хутӏун йикӏун йиго щуго сон барай гьей яс. Лъимадуе абизегӏанасеб зарал ккечӏо, гьей хвасар гьаюразул цоясул, ай Тӏагьирил квер къуркьана. Гьеб лъугьа-бахъин бахъун буго минаялда аскӏоб лъураб видеокамераялъ ва дунялалдаго бихьанин абизе бегьула гьезул бахӏарчилъи.
«Нужеца гьабураб иш бихьидал, дихъе ахӏун бачӏана батӏи-батӏиял регионаздаса, лъимер хвасар гьабуралъухъ киназго баркалаги кьолеб буго нужее», — ян абуна В. Ивановасги.
Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб бетӏераб управлениялъул начальник Нариман Казимахӏамадовасги тӏадегӏанаб къимат кьуна лъимер хвасар гьабуразе ва 27 декабралда, гӏадамал хвасар гьарулезул къо кӏодо гьабиялъул тадбиралде ахӏана гьел шапакъатал кьезе.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова