Даим гӏолохъанго хутӏарай Сидрат

Хӏайбула Гӏабдулгъапуров:

— Театралда гурей, цоги батӏияб хӏалтӏуда Сидрат цеечӏезайизе кӏоларо. Аваристаналдаго лъалеб лъарал чилчили гӏадаб гьелъул релъиги, лъеберго чиясул дандбараб гӏадаб гӏатӏидаб ракӏги ва цин рагӏун хадуб нилъер рекӏелъа унареб гӏадаб цӏурмилаб гьаракьги цоги кибха хӏажалъилеб, халкъул-гӏаламалъего махщелчилъи бихьизабулеб сценаялда гуреб. Гьениб, театралдалъидал ракьалда лъикӏлъи ва ритӏухълъи букӏиналъе гӏоло артистаз, хӏаракат бахъун, щибаб церерахъиналда къеркьей гьабулеб. «Ле, нуж гӏадамал, гӏадамаллъун рукӏа». Гьеб рекӏел ахӏигун букӏуна гьезул щибаб калам. Лъикӏабги квешабги гӏамал дандечӏван, битӏарабги тӏекъабги, хӏалихьалъиги хӏалимлъиги цоцалъ багъун, хӏалихьалъиги хӏалимлъиги цоцалъ къеркьон гӏуцӏараб букӏуна театралда щибаб спектакль. Багъилаб тӏасабищизе къасд жиндирго рекӏелъ гьечӏев чи, кинаб ретӏел ретӏун чияр чилъун цеве вакканиги, ралагьаразда лъала яман вукӏин.

Тӏолабго гӏумру Сидрат Мажидовалъ гьеле гьеб къеркьейгун тӏамуна. Тӏубараб кӏикъоялда анцӏила ункъо соналъ яхъана гьей сценаялде. Дун гьейгун цадахъ хӏалтӏана кӏикъоялда ункъо соналъ. Тӏоцебе, 1967 соналда дица лъураб Роман Фатуевасул «Магӏарулал» спектаклялда гьитӏинав вас Юсупил роль хӏаралдаса нахъе нижер гьудуллъи биххичӏо. Соналдаса соналде щулалъанинги ккола. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Сидрат рекӏелъ чӏегӏерлъи гьечӏей, гьурмадаса гьими камуларей, сверухъ ругел гӏадамазе гӏатӏилъи балагьулей йикӏин. Гьелде тӏадеги, кӏудияб гьунар букӏингиха. Жеги аслияб рахъ — кӏвахӏ гьечӏолъи, хӏалтӏизе гъирагун кидаго йикӏингиха.

Цо-цо артист вукӏуна, ясикӏо гӏадин, режиссерас абураб, бихьизабураб гурони сипаталде тӏаде жубаларев, я гьунар яги жигарчилъи гьечӏев. Цогидав абуни, жакъа жинда малъараб метер кӏочон тун, театралде вачӏуневгицин вукӏуна. Сидрат йикӏана щибаб ролалъул автор. Щибаб репетициялде гьей ячӏунаан, цо-цо цӏияб жоги ургъун. Цинги хӏалтӏулелъулги чӏечӏого щиб-щибниги ургъулей йикӏунаан. Ракӏчӏун абизе кӏола, нусгоялде бахун гьелъ хӏараб ролалъул цониги хашаб букӏинчӏилан. Гьагъаб жиндирго къокъаб черхгун, гьитӏинаб гьумергун сценаялдасан гӏадамазда цееяхъиндал, тӏасалъугьа загӏипаб дандекквеялдаса, сода бараб гурга-чед кинигин кӏодолъун ячӏунаан. Рагӏул магӏнаги магӏна-гӏин бугеб хьвада-чӏвадиги бихьун, гӏадамалги цӏакъ рази хутӏулаан.

Умумузул бакъаналда Сидратица гьаракь биччан тараб мехалъ, дида кколаан дун восун гьелъ Кьилимегӏералда тӏад лъунилан. Къасдазул бечелъи, гӏищкъудул гуч, пикрабазул гьалдей – гьеле Сидратие Бетӏергьанас барахщичӏого кьун букӏараб рухӏияб бечелъи.

Цоги дица абила, Сидратида кӏолаан театралда бокьараб роль хӏазе. Лъидаго кӏоларедухъ гӏолохъанаб заманалда гьелъ хӏана гьитӏинал васазул ролал. Жеги Дагъистаналда гьеб рахъалъ гьелде дандекквезецин чи лъаларо, гӏицӏго Лъарагӏ театралда П. Аселдерова гурони. Аселдеровалъул васазул ролал дида рихьулаан цодагьалго гӏантлъиялъул рахъалъ тасамахӏаллъун. Сидратица гьел хӏалаан жигарал игиталлъун ва цӏодораллъун. Хадур Сидратица хӏана гӏолохъанал багьадуразул ролал. Хӏана ралагьарал хӏайранлъиледухъ. Цинги заман щвана улбузул сипатал хӏазе. Гьеб рахъалъ жиндир черх дандекколареб бугиланги чӏун йикӏана. Хадуб гӏолохъанал, росасе арал, гьод къулун херлъарал, къокъго абуни, цереккарал хӏалаан. Хӏалаан тӏад абизе бакӏ гьечӏеб хӏалалъ, махщалида. Рехсезин гьелъул сипатал (гьал руго гьабсагӏат дида ракӏалдещварал): Гӏабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цӏаралдасан» спектаклялда – Зугьра, Мухӏамад Сулимановасул «Дурцалда» — Нану, Машидат Гъайирбеговалъул «Вехьасул намусалда» — Сидрат, Сулейман Рабадановасул «Батирай» — Патӏина, А. Макаенкол «Мацӏалда гъоркь даруялда» — Неведомая, Расул Хӏамзатовасул «Эбелалъе кечӏалда» — пионерка, Гӏабасил Мухӏамадил «Хъахӏабросулъа Махӏмудалда» — Меседо, Сергей Михалковасул «Гьурмалъ хъаталда» — Машенька, А. Гӏалиевасул «Рукӏкӏенги хечги» — Ольга, Владимир Большаковасул «Ракьалда жужахӏ» — Стайин Рислакин, «Гӏамал къосарай Эльза» — Эльза, А. Шефовасул «Магӏарулал Ленинихъ» — магӏарулай, Зарипат Атаевалъул «Роза тӏегь» — гӏанкӏ, Раисат Хубецовалъул «Эбелалъе рецц» — Ира ва анцӏ-анцӏ цогидалги ролал.

Абадиялъ холареб цӏар гьабуна жиндирго ва жийго йижараб Хунзахъ тӏалъиялдасагун гӏагараб Шотода росулъа байбихьун Москва-Кремлялде щвезегӏан кӏудияб адабалъ ва унго-унгояб хӏурматалъ рехсолеб.

Сидрат Мажидовалъ, Россиялъул халкъияй артисткаялъ, гьаб ракьалда тана хасаб лъалкӏ.

Хӏусен Казиев:

— Сидрат йикӏана Магӏарул театр гӏуцӏараздаги театралда рукӏарал гӏолилаздаги гьоркьоб бугеб рухьен гӏадай гӏадан. Гьей йикӏана театралда рукӏарал ва ругел гӏисинал-чӏахӏиял тунка-гӏусиязулги бергьенлъабазулги нугӏ. Гьелъие бокьулароан гӏумруялда жанир дандчӏварал захӏмалъабазул, къварилъабазул хӏакъалъулъ бицине. Гьелъул гьумер къалъун бачӏунаан театралъул хӏакъалъулъ бицунаго.

Творчествоялъул байбихьуда Сидратица хӏана жиндирго гӏелбащадазул ролал: васазул, ясазул, маргьабалъа бахӏарзазул. Артистаз абулаан кидаго гӏисинлъималазул ролалги хӏан, ригьалде яхиндал, Сидратица лъил ролал хӏазе ругелин. Гьей кӏудияйго гӏеларин, гьелъул ургъалида рукӏунаан цо-цоял.

Сидратица хӏана дир чӏужуялъул, дун вокьулев, дие йокьуларей мадугьалалъул, къоролалъул, берцинай гӏаданалъул, херай кӏодол, хъартил ва чанго батӏи-батӏияб тайпаялъул руччабазул ролал. «Хиянатлъи» спектаклялда Сидратица хӏана Юлдузилан цӏар бугей гӏаданалъул роль. Гьеб спектаклялда хӏалаан киналго гӏолохъанал артистал. Гьел рукӏана 1970-абилел сонал. Гьеб роль хӏан хадуб Сидрат яхана унго-унгояб гьунаралъул борхалъуде. Гьеб спектаклялда гьелъ артистал ва балагьарал гӏажаиблъизаруна. Гьениб рагьана Сидратица чӏужугӏаданалъул чорхолъ рукӏине кколелщинал хасиятал. Сидрат-Юлдуз йикӏана чӏухӏарайги, чаракъосараб бакӏалда гӏодун, чияда хӏал лъазе течӏого, рекӏедаса ун елъун, жиндирго мекъи ккараб рокьи чиядаса бахчун, гьеб хӏехьезе лъалейги. Чорхол батӏи-батӏияб гӏамал-хасият хисун хӏазе кӏвей – актерасе чара гьечӏого къваригӏунеб жо буго, гӏумруялъ хӏалтӏаниги, гьелде гӏемерисел артистал рахунаро. Жиндирго махщалидалъун гьелъ бихьизабуна, дол гьитӏинал васазулги ясазулги ролал хӏалей йикӏарай Сидратида божилъи гьабун, гьелъухъе щвалде щварал руччабазул ролалги кьезе бегьулеб букӏин. Гьелдаса хадуб Сидратихъ батӏиял бераздалъун ралагьизе лъугьана режиссералги артисталги.

Максим Горькиясул «Херав» спектаклялда гьелъ хӏараб Девица-Маринал ролалъ гьалгъазаруна балагьарал. Гьелъул Марина йикӏана согӏайги жиндирго хважаинасе хӏеренайги. Гьелъ тӏамулеб гали букӏана солдатасул гӏадаб. Ккараб бакӏалда гьардезеги лъалаан. Бакӏ-бакӏалда жанаваралъул гӏадаб хасиятги букӏунаан гьелъул. Битӏараб бицани, гьеб гьунар жиндирго чорхолъ букӏинцин лъалароан Сидратида. Гӏумруялда гьей тӏубан батӏияй йикӏаралъулха. Сценаялдасан бицунеб магӏна гьечӏеб рагӏи букӏунароан Сидратил. Магӏнаялъул тӏиндеги яккун, кколеб къиматги кьун, кьолаан гьелъ жаваб данде хӏалев артистасе. Гьеб букӏана Бетӏергьанас гьелъие кьун букӏараб гьунар. Гьединал пьесабазда рекъон ролал хӏазе ккани, къваригӏуна лъайги, махщелги, нахъаса къотӏи гьечӏеб щибабкъойилаб хӏалтӏиги.

«Кьурдабазул мугӏалим» абураб испаниязул драматург Лопе де Вегаца хъвараб пьесаялда Сидратица хӏалаан гӏолохъанай графиня Флорелал роль. Жибго пьеса букӏана кочӏодалъун хъвараб. Рукӏана гӏемерал кучӏдул ва кьурдаби. Спектаклялда рихьизаризе кколаан доб заманалъул испаниязул рукӏа-рахъин, гӏадатал, гьезул кучӏдул, кьурдаби. Батӏияб халкъалъул кьурди лъазаби бигьаяб иш гуро. Сидрат, радалги бакъанидаги кьурдабазул репетициялде хьвадана ва хӏалтӏул хӏасилги ккана. Гьелъухъа бажарана аваданай, гӏедерай, гӏолохъанай Флорелал роль хӏан.

Лъида бихьичӏеб «Берцинал ясал хъамулел куц» комедия. Гьениб Сидратица хӏалаан дир чӏужу Сапил роль. Магӏарухъ гьединал руччаби гӏемер руго. Лъималазул рукъги цӏурал, кинабго магӏишатги жидецаго бачунел, тӏадежоялъе, гьекъолдулев росги вугел. Спектакль байбихьаралдаса гьеб лъугӏизегӏан, Сидратица гьарзаго бихьизабуна жиндирго махщел. Лъикӏал артистазул букӏуна жидерго хатӏ. Гьезул рагъа-рачари, гьаракь батӏияб букӏуна. Гьел цогидал артистазда релълъарал рукӏунаро ва лъицаниги хисуларо. Гьединай йикӏана магӏарулазе хирияй Сидрат Мажидова.

Буго ракӏалдаса унареб цоги комедия – «Къваригӏун йиго къоролай» абураб. Театралда гьей къоролалъул роль хӏалей цоги артистка дида лъаларо. Кочӏое махщелги бугей, махсара-хочӏги гьарзаяй, рокьи-кьалалъеги бергьарай къоролай Супа. Гӏемерисел къоролзабазул къисмат битӏккечӏеб букӏунелъул, Супаеги битӏкколаро. Гьелъул мадугьаласе Супалгун рокьи гьабизе бокьула, ячиналъул цӏар бахъиндал, тӏурун чӏола. Багьанаби, гӏиллаби гӏемерал ратула. Кутакалда мухӏканго бачуна гьелъ мадугьаласулгун хабар. Гьениб буго хӏасрат, рокьи, кьал, кечӏ. Сидратида кӏолаан жиндилъ магӏна гьечӏилан ккараб рагӏудалъунги сценаялда «цӏа гъезе».

«Я къвал бала, я къоно чӏвала». Гьеб мелодрамаялда Сидрат йихьулаан херав, лъималаз рехун тарав Таймазил мадугьалалъул ролалда. Гьей херай гӏаданалъул ролалда Сидратица кутакалда хӏаракат бахъана артистка хӏисабалда херасул къисматалде гъорлъе яккизе. Гьеб комедиялъухъ балагьарал релъизе тӏами гуро мурад букӏараб, мурад букӏана балагьарал сценаялда лъугьунеб бугеб ишалда тӏад ургъизе тӏами. Театралъул коллективалъеги гьелдаго цадахъ Сидратиеги, балагьараз аза-азар баркала кьуна гьеб спектаклялдаса хадуб.

Комедия цохӏо релъиялъе гӏоло хӏазе бегьуларо, релъиялда гъорлъги балагьизе ккола магӏна, тӏамизе ккола балагьарал пикру гьабизе.

Чанги батӏи-батӏиял къисматазул руччабазул ролал хӏана Сидратица сценаялда. «Маххул чӏужугӏадан» — гьениб Сидратица хӏана гьекъолдухъан-тракторист Кучкарил чӏужу Кумрил роль. Росасего инчӏого херлъарай яс гӏадан Гьотӏочил роль хӏана «Хӏамузда рекӏарал бахӏарал» абурал спектаклялда. Кӏочон гьечӏо «Ханлъи бокьарай якьад». Ниж кире щваниги, нижеда хадуб ахӏулаан «хадусев» — абун. Гьединал ва цогидалги спектакляздаса рагӏаби балагьаразда кӏочон толаро, «автограф» гӏадин рекӏелъ цӏунун рукӏуна. Абичӏого гӏоларо «Нусал рихаразул росу» спектаклялда хӏараб, жийго херлъизе йикӏинги кӏочон тун, херай якьад кьурса гъоркье рехизе хӏаракат бахъулей йикӏарай Сургуханумил ролалъул хӏакъалъулъги. «Булбулалъул кечӏ» спектаклялда гьелъухъ букӏана больницаялъул уборщицаялъул роль. Гьеб цӏакъ релълъараб буго жакъа къоялъги больницабазда рукӏунел цо-цо уборщицабазда.

Киб театр цебебахъунеб бугониги, Махӏачхъалаялда яги росулъ, Мажидова цадахъ йигеб спектакль кӏудияб гъираялда къабул гьабулаан, баркала кьезе аскӏоре рачӏунаан.

Мунагьал чураяв Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас гьадин бицун букӏана Сидратил хӏакъалъулъ:

— Сидратил цӏар лъала магӏарулазда. Лъидаха рагӏичӏеб радиоялдасан кечӏ ахӏулеб гьелъул роцӏараб гьаракь:

Месед бецӏаясул цӏахӏил буртина

Духъ ецӏцӏулей диде цо квенчӏел баче.

Маргъал гъинаясул гъалул сагула,

Духъ гъаргъар барай дун гъорлъе йиччан те!

Гьитӏинго бижана Сидратилъ театралде рокьи. Кида театр магӏарухъе щваниги, хунздерил тӏалъи артистаз сверун бахъинегӏан Сидрат, хадуб хьихьараб бурутӏ гӏадин, артистазул хьолбохъа йичӏулароан. Хъалаялда лъималазул рокъоб гӏумру гьабулеб мехалъго, гьитӏинай Сидратил анищ букӏана арстисткалъун яхъине. Гьалеха тӏубана гьелъул мурад.

40 соналъ сверана Сидрат мугӏрузул нухаздасан, магӏарулазе рохелги аваданлъиги бикьизе гӏоло. Сидратил щибаб цееяхъин рохеллъун букӏуна магӏарулазе. Театралда лъугьун гӏемер мехго иналдего, Сидратие рес щвана Москваялда театралияб институталъул магӏарул группаялде гьоркьое жуязе, гьезул дипломалъулал спектаклязда гӏахьаллъизе.

Гьениб Сидратица хӏалаан Мольерил «Скапенил пишабазда» — Зербинета, К. Гоццил «Нухъаялда» — Смерольдина. Спектаклял къабул гьарураб комиссиялъ Сидратил хӏаялъе кьуна тӏадегӏанаб къимат. Москваялда бараб цо сон лъугьана Сидратие махщел цӏубаялъе ва гьеб камиллъиялъе кӏудияб квербакъи гьабураблъун.

Цохӏо магӏарулалъул сурат цебечӏезабулел сипатал гӏуцӏиялде гӏей гьабун чӏечӏого, Сидратица кӏудияб махщалида хӏана сценаялда западалъул классиказул асаралги. Гьелъул цееяхъин бечед гьабуна Шиллерил, Бомаршел, Шекспирил, Гольдонил, Мольерил, Горькил асараздасан хӏарал сипатаз.

Гьелъул щибалда Сидратихъа бажарана щибаб сипаталъе рекъонкколеб гӏамал-хасият кьезе. Гьеб ккола артисткаялъул творчествоялъул бергьенлъи.

Бищунго лъикӏ ккарал сипатаздасан цоял ккола Гольдонил «Кӏиго хважаинасул цо хъулухъчиялда» — Смерольдина. Сихӏирай, оборай, ургъараб жо рагӏалде бахъинабулей гӏолилай.

З. Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏалиялда» Задал сипаталда Сидрат йикӏана росасе мутӏигӏай, гӏамал берцинай, рекӏелъ хъублъи гьечӏей, рос Гӏалил къайи-свериялда бараб сверунжо гӏадай гӏадатияй магӏарулай. Спектаклялда жаниб Задал сипат букӏана бищунго лъикӏ ккаразул цоябги.

Артистка Сидратил кӏудияб гьунар буго лъималазе театралъ хас гьабун гӏуцӏараб репертуаралда цееяхъине. Гӏемерисел Сидратица гӏуцӏарал сипатал рукӏана васазул. Лъималазе артисткаялъ хӏана: Таймаз Аслановасул «Заграницаялдаса гьалбал» абураб спектаклялда — хӏинкъи гьечӏев, тирияв, цӏодорав Чуанил сипат; М. Гӏабдулхаликъовасул «Гӏурччинал тӏанхазда» — чанкӏкӏарав бахьикъос Гьимат; Р. Фатуевасул «Магӏарулазда» — гьитӏинав бахӏарчи Юсуп. Артисткаялда батулаан щибаб роль гӏуцӏулеб, гьитӏичазда рекъонкколеб гӏамал-хасият.

Сидрат Мажидова гӏемер цееяхъана сценаялдасан жинцаго ахӏулел кучӏдузул программабигун. Гьей магӏарулазда лъала цохӏо лъикӏай драмаялъулай артистка гурейги, махщел бугей кочӏохъан хӏисабалдаги. РСФСРалъул мустахӏикъай артистка Сидрат Мажидова йиго жийго заргӏанасей, гьунар зобгӏанасей. Шототӏа росулъ гӏурай, Гӏараниб хъалаялда цӏаларай, Магӏарул театралда тарбия щварай, барахщи чорхолъ гьечӏей, гьудул-гьалмагъ хирияй халкъалъул копол устар.

Шамай Хъазанбиева:

Советияб гӏелалъул лъималазе бищунго гӏагарай адалъун лъугьун йикӏана Сидрат Мажидова. Ясли-ахаздаги школаздаги гьез ахӏулаан: «Дир гӏадинаб бурутӏ лъилго бугебдай» абураб кечӏги. Гьединазда гьоркьой йикӏана дунгоги. Дицаги ахӏулаан гьеб, Сидратица радиоялдасан ахӏулелъул, хӏухьелккун гӏенеккулаан гьеб кочӏохъ. Нижер, гӏисинлъималазулцин, гъира букӏунаан, Сидрат гьоркьой йигеб Магӏарул театр росулъе бачӏиндал, гьелъухъ ралагьизе ине.

Цинги — лъималазе рихьизарулел пьесабазда гьелъ хӏарал ролал гьанжеги ракӏалда руго.

Гӏуна дун кӏудияй. Кӏудияй гӏунагӏан, гӏагарлъулей йикӏана дие гьей хӏикматай чӏужугӏадан. Кинха гьелда хӏикматайилан абилареб — лъимерлъи лъималазул рокъоб арай, бесдаллъиялъ къвал барай, къварилъиялъ еэдарай гьей даим рази йикӏунаан Тӏадегӏанас жиндиего кьураб гӏумруялдаса. Киназухъаго гуро бажарулеб къисматалъул карачелазде данде лъедон. Бажарана гьеб Сидратихъа. Гьелда жиндирго талихӏги къисматги батана рукълъунги, гӏумрулъунги, лъимерлъунги хутӏараб театралда.

Дидаги лъалаан Сидрат. Нижер лъай-хъвайги ккана, Сидратги кӏодолъарай, дир ботӏрол расазда гӏумруялъ савуги бекӏкӏулеб мехалъ. Бугониги, гьеб дагьабго замангицин гӏуна дие гьей рекӏелъ цӏунун хутӏизе. Гьелъул кӏаркӏариялъ киналго захӏмалъаби кӏочене гьарулаан.

Магӏарул театралда букӏараб миллияб маданияталъул ва адабияталъул цо дандеруссиналда Сидратица абуна:

— Я Аллагь! Магӏарулаз хӏатӏал чӏаралъур, тӏугьудул рижаги, — йилан.

Дица гьеб гьари-рахьи гьанжеги гӏемер ракӏалдещвезабула.

Магӏарулазе Сидрат хутӏана даим бечӏазе гьечӏеб, махӏ берцинаб тӏегьлъун.

Хӏурматиял магӏарулал! Нилъер Сидрат гьаюралдаса 13 декабралда тӏубалаан 80 сон. Баркула даим гӏолохъанго хутӏарай театралъул ясалъул юбилей киналго магӏарулазда.