Малайзиялда тӏобитӏараб къецалда лъабабилеб бакӏ ккуна магӏарулалъ

Дагьал церегӏан къоязда Дагъистаналдаса цӏалдохъаби бергьенлъигун тӏадруссана Малайзиялъул тахшагьар Куала-Лумпуралда тӏобитӏараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ (ракӏалда чӏезабун хӏисаб гьаби) дунялалъулго чемпионаталдаса. Арифметикаялъул къеркьеялъулъ гӏахьаллъана 80 батӏияб пачалихъалдаса 12000 лъимер. Чемпионаталда лъабабилеб бакӏ ккуна 11 сон барай Асият Гӏумаровалъ.

Чемпионаталъул къецал рикьун рукӏана лъабго бутӏаялде ва гьезул цоябги букӏана ингилис мацӏалда. Хӏисабалъулъ бищунго хехал тӏасарищулеб хӏалуцараб къеркьеялъулъ кӏиабилеб бакӏ щвезе кӏиго балл камуна Асиятие. Ucmas программаялда рекъон, ракӏалдаса тархазул масъалаби гьаризе кколаан гӏахьалчагӏаз.

Асият Гӏумарова цӏалулей йиго Махӏачхъалаялъул «Развитие» лъайкьеялъулаб центр» НОУялда. Ичӏго сон баралдаса нахъе байбихьана гьелъ арифметикаялъул масъалаби гьаризе ругьунлъизе.

Асият Гӏумаровалъул тӏоцебесеб бергьенлъи гуро гьеб. Исана Испаниялда тӏобитӏараб, менталияб арифметикаялъул къецалда Европаялъулаб чемпионаталда кӏиабилеб бакӏ ккун букӏана гьелъ. Гъоркьисалаги гьей гӏахьаллъана менталияб арифметикаялъул тӏолгороссиялъул къецазулъ ва лъабабилеб бакӏ ккун букӏана гьенибги. Дагъистаналда, апрель моцӏалда тӏобитӏун букӏараб гьединабго къецалда Асиятица тӏоцебесеб бакӏ ккун букӏана.

Асиятил эбел Жамиля Гӏумаровалъ бицана ясалъе цӏакъ бокьулин менталияб арифметикаялъул къагӏида, гьединго кӏвар кьолин немец мацӏалдеги.

«Малайзиялда тӏобитӏараб чемпионаталда нижеца лъай-хъвай гьабуна Германиялдаса гӏахьалчагӏазулгун, гьез Асият гьоболлъухъеги ахӏана. Гьеб букӏана кӏудияб тадбир. Микьго минуталда жаниб 200 пример гьабизе кколаан лъималаз. Цӏакъ хӏалуцараб ахӏвал-хӏал букӏана, киназухъаго гуро гьединаб захӏмат хӏехьон бажарулеб», — ян бицана Ж. Гӏумаровалъ.

Асиятица кӏудияб гъирагун лъазабулеб буго немец мацӏ. Кватӏичӏого Гетел цӏаралда бугеб институталда немец мацӏ лъаялъул рахъалъ экзамен кьезе буго Асиятица. Гьелда ракӏалда буго программистлъун яхъинеги.

Менталияб арифметикаялъ рекӏехъе хӏисабалъул масъалаби гьаризе гуребги, ургъизе, ракӏалда жо чӏолеллъун лъугьине кумек гьабула. Гьеб къагӏидаялде лъимал ругьун гьарула 5-12 сон базегӏан. Гьеб ригьалдаса арал лъималазда ракӏалда жо чӏезаби дагьаб хӏинцго букӏунин рикӏкӏуна гӏалимзабаз. Гьединлъидал, менталияб арифметикаялде ругьун гьарурал 5-12 сон барал лъимал, бокьараб масъаялда ва бокьараб дарсида цогидаздаса хехго бетӏер хӏалтӏулеллъун рукӏуна.

Малайзиялда тӏобитӏараб чемпионаталда, Россиялдаса 27 лъимер гӏахьаллъун букӏана. Малайзиялда тӏобитӏараб гьеб чемпионаталда тӏоцебесеб бакӏ босана Махӏачхъалаялъул № 38 школалда цӏалулев, 12 сон барав Мухӏамад Кагировас, кӏиабилеб бакӏалъе мустахӏикълъана Чачан Республикаялдаса цӏалдохъан.

Патӏимат

Султӏанмухӏамадова