Баркула, магӏарулал, тӏаде щвараб Цӏияб сон

Дагъистаналъе ва дагъистаниязе гӏезегӏанго кӏвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букӏана 2018 сон.

Политикияб рахъалъ ракӏалда чӏолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетӏерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. Цӏигьабун гӏуцӏана республикаялъул хӏукумат. Артем Здунов тӏамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кӏвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачӏин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетӏеялъул аслиял рахъал дандразеги

Дагъистаналъе ва дагъистаниязе гӏезегӏанго кӏвар бугел лъугьа-бахъинал жанире рачараблъун букӏана 2018 сон.

Политикияб рахъалъ ракӏалда чӏолеблъун ккана республикаялъул нухмалъулел хиси. Республикаялъул бетӏерасул хъулухъалде, Россия-лъул президентасул бихьизабиялда рекъон, вищана Владимир Васильев. Цӏигьабун гӏуцӏана республикаялъул хӏукумат. Артем Здунов тӏамуна гьелъул председательлъун. Республикаялъе кӏвар бугеблъун ккана 13 марталда Дагъистаналде Россиялъул президент В. Путин вачӏин. Гьелъ рес кьуна хадубккун республика цебетӏеялъул аслиял рахъал дандразеги гьелъие кумек гьабизеги.

Гьаб сон дагъистаниязе, хасго нилъер миллаталъе чӏухӏилъун лъугьана Хӏабиб Нурмухӏамадов дунялалъул чемпионлъун вахъиналда банги. Гьесул бергьенлъиялъ Дагъистаналъул цӏар жеги лъикӏ рагӏизабуна дунялалдаго.

Халкъазул ракӏазе кӏудияб асар гьабураб ишлъун ккана рахьдал мацӏазде хӏукуматалъ гьабулеб бугеб хашабго бербалагьиги. Дагъистана-лъул Халкъияб Собраниялъ, гьеб суал гьоркьоб лъун, бахӏсал гьаруна. Божилъи буго ахӏвал-хӏал лъикӏлъизе батилин абураб.