Варис Нуров
31 декабралда, 62 сонил ригьалда Аллагьасул къадаралде щвана машгьурав шагӏир, композитор, лъикӏав инсан Варис (Валисулав) Нуров. Гьев гьавуна Гъуниб районалъул Гӏобох росулъ. Гӏуна гӏадатияб, анлъго вац ва цо яц ругеб кӏудияб хъизамалда. Гьезда гьоркьов Варис вукӏана бищун гьитӏинав.
Ункъо класс лъугӏизегӏан цӏалана Гӏобох росдал школалда. Гьелдаса хадуб, хъизан Гъизляр районалде гочиналда бан, цӏалана Кардоновка росдал школалда. Школа лъугӏун хадув цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялъул Готфрид Хӏасановасул цӏаралда бугеб музыкалияб училищеялде. 1976-1978-абилел соназда хъулухъ гьабуна армиялда. Кӏудияв сержантасул чингун тӏадвуссиндал, гьоркьоб къотӏизе тун букӏараб цӏали рагӏалде бахъинабуна. Цӏалун вахъиндал, хӏалтӏизе витӏана Гъуниве. 1980 соналдаса нахъе Варис хӏалтӏана Гъуниб районалъул культураялъул управлениялда. 1981 соналда Варис витӏана гӏагараб росулъе культураялъул рукъалъул директорлъун. Гьенив хӏалтӏулаго, хъвалаан кучӏдул, бакънал, хӏаракатаб гӏахьаллъи гьабулаан районалдагун республикаялда тӏоритӏулел культуриял тадбиразда. Варис Нуров ккола 250 бакъаналъул автор.
1990 соналда Гъуниб ва Махӏачхъалаялда тӏоритӏана шагӏирасул творческиял сардал. Анлъго соналдасан къватӏибе бачӏана «Кунчӏараб цӏва» абураб кучӏдузул мажмугӏ. Гьебго соналъ тӏобитӏана кӏиабилебги творческияб сордо, ва гьев кӏодо гьавуна «ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан» абураб цӏарги кьун. 2009 соналде щвезегӏан хӏалтӏана росулъ ва цинги тӏамуна Гъуниб районалъул культураялъул управлениялъул начальниклъун.
Ахирал соназда хӏалтӏана «Дагъистан» РГВКялда журналистлъун. Гьесул хӏаракаталдалъун хӏадур гьарурал районалъул машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ видеофильмал хутӏила рухӏияб нахърателлъун. Гьев кколаан «Меседилал чӏваби» проекталъул нухмалъулевлъунги. Варис Нуровас басмаялда бахъизе хӏадур гьабун букӏана «Дуниялги ахиратги» абураб иргадулаб кучӏдузул тӏехьги.
Гьев мустахӏикълъана анцӏ-анцӏ грамотабазеги дипломазеги, имам Шамил гьавуралдаса 200 сон тӏубаялъул хӏурматалда кьун букӏана меседил медальги. Гьанжегӏагар мустахӏикълъун вукӏана «Ватӏаналда цере гьарурал хъулухъазе гӏоло» орденалъеги «Дагъистаналъул Халкъияв Бахӏарчи» абураб хӏурматияб цӏаралъеги. Амма бищунго кӏудияб шапакъатлъун Варисие букӏана рекӏелъ иманги бугев, намус-яхӏги гӏаданлъиги цӏунаравлъун живго ватиги, лъикӏав инсан хӏисабалда жив лъалевщиназ къабул гьавулев вукӏинги.
Аллагьас гьев, гӏамал берцинав ва гӏаданлъи цӏикӏкӏарав, лъикӏав инсан алжан насибазда гьоркьове ккезавеги.
Гьудул-гьалмагъзабазул къокъа