50 нухалъ цӏикӏкӏун

Кьишни нахъе босаралъухъ багьа бахинабуна

ЖКУялъухъ, ай минаялъулгун коммуналияб хъулухъалъухъ, кьолеб гӏарац цӏикӏкӏана 2019 соналда. Пачалихъияб Думаялъул экологиялъул комитеталъ абулеб буго гьеб анцӏ-анцӏ нухалъ цӏикӏкӏинабизе бугинги.

Кьишни нахъе баччаралъухъ кьолеб гӏарац унаан «Содержание и ремонт жилого помещения» абураб пункталде гъорлъе. Гьелъухъ багьа босулаан, квадратияб метралъул хӏисабги гьабун. Масала, цо-кӏиго чияс жаниб гӏумру гьабулеб бугониги, 70 квадратияб метралъул минаялъул бетӏергьанас гьелъухъ гӏарац кьолаан 35 квадратияб метр бугесуласдаса, гьениб щуго-анлъго чияс гӏумру гьабулеб бугониги, дагьаб къадаралда. Бичӏчӏулеб батила, кӏигоялдаса цӏикӏкӏун чияс гӏумру гьабулеб бакӏалда кьишниги цӏикӏкӏун букӏунеблъи.

Гьеб хӏужаги кьочӏое босун, депутатазда ракӏалде ккана ритӏухълъи чӏезабизе. Гьез загьир гьабуна, пуланаб рокъоб гӏумру гьабулев чиясул хӏисабги гьабун, кьишниялъухъ мухь босизе кколин абураб пикру. Пуланаб идараялъухъа босулеб мехалда хӏисабалде босизе буго гьенир хӏалтӏулел гӏадамазул къадар.

Кьишниялъухъ багьа босулаго, кьочӏое босизе буго кӏиго далил: муниципалияб нухмалъиялъ чӏезабураб кьишни данде бакӏариялъул нормативги кьишниялъул цо кило нахъе босиялъухъ регионалияв операторас чӏезабураб тарифги. Регионалияв операторги тӏасавищула бакӏалъул нухмалъиялъ. Цӏияб соналдасан багьа цӏикӏкӏинабиги бараб букӏине буго рехсараб кӏиябго далилалъухъ багьа бахинабиялда.

Кьишниялъул норматив

Нормативал чӏезаризе байбихьана 2016 соналда. Цо чияс, лъагӏалида жаниб гӏумру гьабулаго, кигӏанасеб кьишни гьабулеб – гьелда рекъон чӏезабула норматив. Гӏадамаз гӏумру гьабулеб бакӏалъухъаги гьел хӏалтӏулел идарабазухъаги босулеб нормативги букӏуна батӏи-батӏияб. Гьел нормативал батӏи-батӏиял руго щибаб регионалда.

Масала, Дагъистаналъул тарифазул хъулухъалъул баяналда рекъон, кьишни нахъе баччаралъухъ багьа чӏезабун гьечӏо – гьеб иш тӏалъула гьеб хӏалтӏи гьабулел компанияздаян абулеб буго гьез. Рехсараб хъулухъалъул сайталда лъун буго гьадинаб суал: «Дир буго ижараялъе босараб партал бичулеб тукен. Гьелъул гӏаммаб гӏатӏилъи буго 30 квадратияб метр, дармил бакӏалъул гӏатӏилъи – 18 кв.м. Дир тукенги буго цогидаб минаялда жаниб. Бегьулищ дица, гӏаммаб минаялъулалда цадахъ гуреб, батӏаго гӏарац кьезе кьишниялъухъ? Кинаб бугеб тариф? Нужер сайталда дида ратичӏо тарифал хъван», — илан.

Кьун буго гьадинаб жавабги: «Законалда рекъон, кьишни баччи кколаро пачалихъалъ рекъезабулеб иш. Гьеб буго конкуренциялъулаб хӏаракат ва гьелъул багьаги чӏезабула гьеб хъулухъ тӏубалеб идараялъ, потребителасулгун гьабураб къотӏиялда рекъон», — илан.

Интернеталъул гьурмал хъирщараб мехалда, цебечӏолеб буго гӏажаибаб сурат. Масала, бакӏалъул нормативазда рекъон, Ставрополь краялда бугеб тукадул щибаб квадратияб метралдаса лъагӏалида жаниб къватӏибе баччулеб буго кьишниялъул 383 кг, Астраханалда – 250 кг, Калининградалда – 165 кг, Пенза областалда – 84,2 кг, Ростов областалда – 297 кг, Омск областалда – 43,8 кг ва Алтаялда – 13,6 кг.

Цӏиял нормативазда рекъон, гӏадамазул къадаралде кьишниялъухъ багьа рекъезабулеб бугони, Москваялда босизе буго цо чиясухъа 90 гъуруш, Санкт-Петербургалда – 85,38 гъуруш, Иркутскалда – 87,5 гъуруш, Краснодаралда – 97,32 гъуруш, Иваново областалда – 88 гъуруш. Гьебги – кьишни батӏаго бакӏарулеб бугони. Гьелъул мурадалда къватӏазда лъезе ккола батӏи-батӏиял къалал: кванил нигӏматазул хутӏелазеги, кагътиеги, цӏорол цӏарагӏалъегун цӏералъеги, батӏабахъичӏеб кьишниялъеги.

Абулеб буго, кьишниялъухъ гӏарац бакӏариялъул къагӏида хисизабиялъе кьучӏлъун кканин экология хашлъулеб букӏин. Экспертазул баяназда рекъон, гӏемертӏалаяб минаялда гӏумру гьабулев щивав чиясул моцӏида жаниб данделъула кьишниялъул 0,751 кубическияб метр. Лъагӏалил хӏисаб гьабуни, гьеб ккола 2,1 кубическияб метр. Амма кьишниялъул гьеб къадаралъ экологиялъе гьабулеб зарал мухӏканго чӏезабун бажаруларо, щайгурелъул щибаб шагьаралъул хаслъи букӏуна. Батӏи-батӏияб букӏуна кьишниялъул заралги щивасул кьишниялъул роцен чӏезабулел къагӏидабиги.

Амма, кьишниялъухъ гӏарац бакӏарулаго, жеги хӏисабалде босула шагьаралъул къватӏазда лъурал къалаздаса кьишни данде гьабиги, гьеб шагьар тун къватӏибе щвезабиги, пуланаб бакӏалда гьеб букъиги. Гьелъухъ унеб харжги бегизабулеб буго гӏадамазул гарбазде. Щайгурелъул нилъехъа бакӏарараб гӏарцухъ гьеб хӏалтӏиги гьабула, хӏалтӏухъабазе харжалги кьола, машинабазе хӏажатал алаталги росула, цӏатариялъухъги кьола. Гьеле гьел хӏужабазде мугъги чӏван, чӏезабула кьишниялъухъ тарифги.

Киб ва кигӏан

Регионазда чӏезабун буго батӏи-батӏиял бакӏаздаса кьишни баччаралъухъ батӏи-батӏияб багьа. Масала, лъималазул ахикьа, цо лъимадул хӏисабги гьабун, лъагӏалида жаниб къватӏибе рехулеб буго: Камчаткаялда – 186 кило, Ставрополь краялда – 181, Ростов областалда – 177, Киров шагьаралда –61 ва Владимир областалда – 48. Бищунго дагьаб буго Ленинград областалда – 43,5 кило лъагӏалида жаниб.

Гьелдасаги дагьаб кьишни бакӏарулеб буго рехсарал регионазул лъайкьеялъул идарабазда. Калининградалда гьеб гӏаксалда буго: лъималазул ахалдаса – 96 кг, амма цӏалдохъабазул яги студентазул – 130 кг; Алтаялда – 81,4 кг, Ставрополь краялда – 68, Иваново областалда – 53, Владимиралда – 34, бищунго дагь – Ленинград областалда – 12,4 кг.

Щай гьедин кколеб бугеб? Гьеб суалалъе жаваб гьечӏо.

Кинго бичӏчӏуларо АЗСазухъ босулеб кьишниялъул багьаги. Цо машинаялъе бакӏалъухъ балагьун, Ленинград областалда лъагӏалие чӏезабун буго 1950 килоялъул норматив, Ростов областалда – 1696, Иваново областалда – 1320, Омск областалда – 167, Пенза областалда – 28 ва Кировалда – 27,2. Кин бакӏарулеб гьебгунияб кьишни заправкаялда? Гьениб гьечӏо кинабгӏаги производство. Бензинги къолонибе тӏола ва гьениса – машинабазде. Кинаб кьишни букӏунеб гьениб?

Кафе-столоваязе чӏезабун буго жеги гӏажаибаб норматив. Щибаб кафеялда бугеб цо бакӏги хӏисабалде босун, Ставрополь краялда чӏезабун буго лъагӏалида жаниб кьишниялъул 543 кг, Ростов областалда – 446, мадугьалихъ бугеб Астрахань областалда – 53,8, Владимир областалда – 244, Омск областалда – 162, Алтаялда – 68 ва Кировалда – 240. Батӏа-батӏагойищ квен гьабулеб щибаб регионалда? Яги цо регионалда гӏадамаз бащдаб гъадринибго тун, цогидаб регионалда тӏубанго кунищ бахъинабулеб?

Парикмахерскаязулги буго гьединабго батӏалъи. Алтаялда, парикмахерскаялъул цо чиясе бакӏги хӏисабалде босун, лъагӏалил норматив бахуна кьишниялъул 227 килоялде, Ростов областалда – 680 килоялде, Ставрополь краялда – 597, амма Астрахань областалда гӏицӏго 32. Астраханалде киналго тӏохӏокал ракӏарун ругеб къагӏида.

Багьабаз хӏанчӏулеб буго

Кьишниялъухъ гӏарац босиялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏулеб буго 2019 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Цо-цо регионазда гьелъухъ босулеб багьа цӏикӏкӏана 50 нухалъ. Гьелда бан, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Владимир Бурматовас загьир гьабуна гьадинаб пикру: «Красноярск краялъул Туруханалъул технологияб зонаялда гӏумру гьабулеб лъабго чи вугеб хъизамалъухъа гьанже босула 13 азарго гъуруш (цебе кьолаан 230 гъуруш), ай багьа цӏикӏкӏана 56 нухалъ. Ямал районалда гӏумру гьабулеб гьединабго хъизамалъ кьезе буго 63 гъуршил бакӏалда кӏиазаргоялдаса цӏикӏкӏун гъуруш, ай 33 нухалъ цӏикӏкӏун. Ингушетиялда кьишниялъул багьа бахана 18,5 нухалъ, Гъоркьияб Новгород областалда – 17 нухалъ, Астрахань областалъул Харабалин районалда – 9,6 нухалъ, Курган областалда – микьго нухалъ, Пермь краялъул Юрлин районалда – 6,6 нухалъ, Коми Республикаялда – 5 нухалъ, Иркутск областалда – 4,4 нухалъ, Воронеж областалда – 4 нухалъ», — ан.