13 январь — Печаталъул къо

Басма хӏисабалда, газет-журналазда сверухъ батӏи-батӏиял бахӏсал унел руго гьанже. Интернеталъул гӏасруялъ газетал церетӏеялъе нухал къазе ругин абулелги руго, газета кидаго тӏагӏине гьечӏин ракӏчӏаралги дагь гьечӏо. Европаялъул улкабаз нугӏлъи гьабулеб буго цӏалдолел газетазде тӏадруссине рукӏиналъе. Гьел улкабазда къо бахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго газетал хъвалел. Нилъер гьанир гьабсагӏаталда гӏемерал гӏадамал руго Интернеталъул «гӏатӏилъабазда», гьеб заманалъул «унти» бугин хьулазда басмабиги руго. Лъаларо гӏумруялъ щиб нилъеда бицинебали, амма лъала Интернеталда рахьдал мацӏалда дур халкъалъулги, умумузулги, гӏадат-гӏамалалъулги бицунареблъи. Россиялда тӏоцебесеб газета къватӏибе бачӏаралдаса исана тӏубала 316 сон, Дагъистаналда — 140 сон. Газетал къазе ругин ахӏи букӏана радио баккаралдасаги, хадуб телевидение баккаралдасаги, гьанже гьеб эстафета щун буго Интернеталъухъе. Ракӏалда буго гӏасруялъ магӏарул халкъалъул тарих цӏунун къватӏибе бахъараб нилъер газета жеги нус-нус соназ цӏунун хутӏилин. Гьеб бараб буго заманалда ва технологиязда гуреб, гӏицӏго нилъеда – магӏарулазда.