Ана тарихалде иргадулаб сон
Цо хӏалкквечӏеб, хӏалуцараб, гӏемер батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназдалъун гьарзаяб букӏана нилъеца нухда тӏобитӏараб 2018 сон дунялалдаги, улкаялдаги, республикаялдаги. Америкаялъул Цолъарал Штатазул гӏамал кӏудияб, кӏигьумерчилъиялъулаб политикаялъ квешаб асар гьабулеб буго инсанияталъулго парахалъиялъе. Сириялъул законияб хӏукуматалъул разилъи гьечӏолъиялъул санги гьабичӏого, террористазда данде рагъулел ругинги абун, гьелъул гӏаксалда, террористазул рахъги ккун, Сириялъул ракьалда рагъул базабиги ран чӏун руго американал. Жидер пикруялда хадур унарел, унго-унголъунги терроралде данде къеркьолел ругел Россиялде, Ираналде, Китаялде данде гьарулел руго экономикиял санкциял. Гьайгьай, гьел санкцияз Россиялъул экономика, гӏумру хадубккунги цебетӏеялъе асар гьабичӏого толеб гьечӏо. Гьедин букӏаниги, Россиялда гӏумруялде рахъинарулел руго чӏахӏи-чӏахӏиял экономикиял проектал – Керчалъулаб проливалда тӏасан Крымалъул бащдаб чӏинкӏиллъиялде бан лъугӏана стратегиялъулаб кӏвар бугеб кьо, рагӏалде бахъунеб буго Европаялъул улкабазде газалъул рогӏрал лъеялъул иш, Турциялде ва гьенисан Балканазул пачалихъазде бачунеб буго газ. Гӏадатияб халкъалъ цо хӏалалда къабул гьабичӏониги, 2018 соналда къабул гьабуна пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялъул законги.
Дагъистаналда, кватӏун гӏуцӏаниги, цӏияб хӏукуматги гӏуцӏана. Дагъистаниязул хьулал рукӏана республикаялъул хӏукумат тӏубанго цӏиял чагӏаздасан хьезабураб букӏине батилин абураб. Гьедин ккечӏо, хӏатта, республикаялъул цӏияб хӏукуматалде щив кканиги, хиса-басиял ккеялда божилъи гьечӏолъиялъ, халкъалъ гьабулеб цо кӏудияб ургъелги бихьулеб гьечӏо.
Коррупциялде, ришватчилъиялде данде рагъ лъазабун буго республикаялъул бетӏер Владимир Васильевас. Жавабиял хъулухъазда рукӏарал гӏезегӏан хӏакимзаби жанир тӏамуна. Къого-лъеберго соналъ бичча-бихъан тараб, цӏакъго гъварилъуде кьалбал араб гьеб «унти» сахлъизабизе кӏвеладай? Хьулги божилъиги, дагьаб букӏаниги, хутӏун буго халкъалъул.
Магъало бакӏариялъул рахъалъ мадараб хӏал бугин абулеб буго республикаялда. Гьеб лъикӏ буго, бакӏарараб гӏарац нухал къачӏаялде, росабалъе газ бачиналъе, хӏалтӏул бакӏал гӏуцӏиялъе, харжал, пенсиял цӏикӏкӏинариялъе хӏалтӏизабулеб бугони.
Гьебго заманалда лъикӏал хӏалтӏабиги лъугьа-бахъиналги камун гьечӏо республикаялда. Аваро-Кахетиялъул нухда, Анцухъе щвезегӏан къачӏан гӏатӏид гьарун нухазде хъил тӏуна, Чӏарада, Цӏумада районазул нухазда хъил тӏун рагӏалде бахъунеб буго, тӏадран унел руго хӏалтӏаби халкъалъул гӏарцухъ бахъулеб бугеб Бузнаса нухдаги. Гьединго халкъияб къагӏидаялъ нухал къачӏалел руго магӏарул районазул цо-цо росабалъе. Гъоркьиса Астраханалдаса Каспийскалъул флотилия рехана Каспийск шагьаралде. Гьениб нилъер нус-нус чиясе хӏалтӏизе бакӏал щвеялдеги хьул буго.
Араб соналда гӏатӏидго кӏодо гьабуна магӏарул цо-цо шагӏирзабазул, гӏалимзабазул, пачалихъиял хӏаракатчагӏазул, Кавказалъул рагъул бахӏарзазул, ай тарихалда цӏарал тарал дагъистаниязул юбилеялги.
Магӏарулал рохизаруна лъабабилеб нухалъги эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъарав Гӏабдулрашид Сагӏадулаевас, кӏиабилеб нухалъ чӏел босарав Мухӏамадрасул Гъазимухӏамадовас, квержубараб рагъул UFC-ялъул рахъалъ Россиялдаго тӏоцебе чемпионасул рачел босарав Хӏабиб Нурмухӏамадовас ва цогидалги нилъер багьадурзабаз. Гьезул рахъалъ ва цогидалги магӏарулазул гӏумруялда кколел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталъ кидаго хъвазеги хъвала. Хъвала ва хъвазе буго магӏарухъа гӏадамал лъарагӏлъиялде гочунел рукӏиналъ росаби мигьлъулел рукӏиналъул, гьенир школал ва цогидалги социалиял идараби къалел рукӏиналъул, миллияб мацӏалъеги, хаслъиялъеги кколеб бугеб заралалъулги. Школазда дагь гьарун руго рахьдал мацӏ малъиялде кьолел сагӏтал, цо-цо эбел-инсуцаги кӏвар кьолеб гьечӏо лъималазда рахьдал мацӏ малъиялде. Миллаталъул аслулъун ккола рахьдал мацӏ. Гьеб цӏуниялъул гъанситолъун буго росу. Гьединлъидал магӏарул росабалъ гӏадамазе санагӏатал шартӏал гӏуцӏизе ккола. Гьелъул хӏакъалъулъ гьоркьоса къотӏичӏого хъвазе буго газеталъ хадубккунги.
Хъвана ва хъвазе буго нилъер цебесеб тарихалъул, адабияталъул ва маданияталъул, гьелъул хӏаракатчагӏазул хӏакъалъулъги.