Умумузул квартӏа-хъалахъ кӏочонге
Мацӏ цӏуни гӏицӏго хъизамалде рехун тезе бегьуларин рикӏкӏунеб буго Мухӏамад Гӏисаевас
Гьал къоязда нижеца гьоболлъухъ ахӏун вукӏана республикаялъул Пенсиялъул фондалъул нухмалъулев Мухӏамад Гӏисаев. Гьев хӏалтӏана республикаялъул нухмалъиялда, районалъул бетӏерлъун ва бизнесалда. Лъала гӏадамал ва гӏумру. Гьесулгун нижер хабар ккана гьабсагӏат миллаталъул бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьеб гара-чӏвариялъул гьитӏинабго бутӏа кьолеб буго гьаниб.
Суал: Гьабсагӏаталда дунялалдаго чӏахӏиял мацӏаз «кӏкӏунел» ругин абизе бегьила гӏисинал мацӏал. Нилъер ахӏвал-хӏал цо дагьаб батӏияб буго, Дагъистаналда гӏемерал мацӏал рукӏиналъ квалквал гьабулеб буго рахьдал мацӏ цӏунизе. Гьеб захӏмалъиялъул бицинего бицинароан, бищун квеш ккараб жо буго мацӏ лъугӏулеб букӏин нилъедаго унтулеб гьечӏолъи. Дур пикруялда, щиб гьабизе кколеб мацӏ цӏунизелъун?
М: Цӏакъ захӏматаб суал буго, щиб гьабизе кколебали цо течӏого чиясда лъала, амма лъан гӏолароха, цӏунизеги ккола. Цӏунизе ккола хъизамалда, жамагӏаталда.
Дица гӏемер абула мацӏ нилъее Тӏадегӏанас кьураб шапакъат бугин, гьеб бицунгутӏи хӏакъ цӏикӏкӏараб мунагь кколин. Гьеб жо бичӏчӏулев гӏемерав чи хутӏун гьечӏоха. Жакъа аслияб къагӏидаялъ бицуна гӏурус, кӏвар кьола ингилис мацӏалде. Рахьдал мацӏин абуни бесдалаб гӏадин хутӏун буго. Жакъа киниялдаса байбихьун, хъизамалда, кӏудиял эбел-инсуца, улбуз гъасда бицунеб гьечӏо рахьдал мацӏ. Гьеб буго тӏоцебе дирги дида релълъарал гӏемерал магӏарулазулги мекъаб иш. Масала, чачанал мажгитаздаги, ясли-ахалдаги, школаздаги, жамагӏатаздаги кӏалъала гӏицӏго чачан мацӏалда. Жидерго халкъалдаса, мацӏалдаса чӏухӏун рукӏуна гьел. Битӏараб бицани, рекӏелъ жахӏдацин бижула. Нилъер гьанир гӏемерал мацӏал рукӏиналъ киназго гӏурус мацӏалъ кӏалъазе хӏаракат бахъула. «Хӏакъикъат» газеталъул коллектив буго гӏицӏго магӏарул мацӏ, миллияб тарих, магӏаруллъи цӏунун церерахъунел чагӏи. Ниж — хъулухъчагӏи цо дагьал регӏичӏого, гьелде кӏвар кьечӏого хутӏаниги, нужеца ниж рагъа-рачаризе гьарун — зинкӏун, хӏанчӏун – кин гьабунги нижги халкъги рекӏеда ратизаризе ккола.
Суал: Абула хъизаналда бицани, цӏунун хутӏулин мацӏилан. Амма гӏицӏго хъизаналда бицараб мискинаб мацӏалъ, тарих, маданият, адабият лъалеб гьечӏони, цӏунун мацӏ хутӏилин абураб жоялда дун божуларо. Рахьдал мацӏалъул бечелъи лъаларо гьеб мацӏалъул адабияталъул бечелъи, умумузул тарих, миллияб гӏадат-гӏамал лъалеб гьечӏони. Гьелде кӏвар кьолеб хъизан къанагӏат гурони дандчӏваларо. Пачалихъалъул хасаб программаги гьечӏого нилъерго гӏадамазе бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏиги гьабичӏого, мацӏ цӏунун хутӏиялда щаклъулей йиго дун…
М: Битӏараб буго. Нилъеца рокъоб бицунеб даражаялда гурони, лъималаздаги гьеб лъазе гьечӏо. Лъикӏаб даражаялда мацӏ лъазе ккани, гьелда сверухъ гӏезегӏан хӏалтӏи гьабизе ккола. Гьабсагӏат гьеб хӏалтӏи гьабулеб гьечӏеблъи щивасда лъала.
Ракӏунтун гьеб иш цебе бачунев цевехъан вукӏине ккола республикаялда, районалда, щибаб росулъ ва хъизамалда. Щай нилъеца гьединаб хӏалтӏи гьабичӏого тун бугеб? Гьеб суал кьолеб буго дица диегоги киналго магӏарулазеги.
Заман щун буго нилъее гьединаб ишалъе данде ракӏаризе.
Суал: Гӏадамал жакъа кантӏизаризе кӏвечӏони, метер иш хисизабун бажаруларо. Амма гьеб бигьаяб масъала гуро. Гьанже гӏемерав чи гочунев вуго шагьаралде, гьанир шартӏал лъикӏал ругелъул. Шагьаралде гочунеб гӏолохъанаб хъизаналъ жидерго лъимералда рахьдал мацӏ лъаялъул суал цебелъолебго гьечӏо. Магӏарул мацӏалъ тӏубалеб къваригӏел батулеб гьечӏо гьесда гьаниб гӏодоблъиялда.
Гьеб заманалда росулъги мацӏ цӏуниялъул суал борхулебго гьечӏо. Гьенибги гьитӏинаб къоялдаса «хъулухъ тӏубалеблъун» ккун буго гӏурус мацӏ.
М: Гӏадамасе магӏишат гьабизе къваригӏуна мацӏ. Гӏурус мацӏалъ жиндаго тӏаде босун буго гьеб хъулухъ. Магӏишат гьабизе гӏадамал гьукъун бажариларо нилъехъа, гьеб битӏунги букӏинаро. Росабалъа шагьаралде гочунгеян кин абилеб, гьесги магӏишат гьабизе кколелъул. Цере росабалъ рукӏарал заводал-фабрикал къана, гӏаммал магӏишатал риххана, жидеего санагӏалъаби гьаричӏого гӏадамал чӏелищ? Дун гьелда тӏад гӏемер ургъула.
Цебе Махӏачхъалаялдаса Болъихъе щвезе тӏубараб къо унаан, жакъа кӏиго сагӏаталда жанир щола гьенире. Ургъараб мехалъ гӏемераб цебетӏей буго цебеялда дандеккун гьанже. Гьедигӏанго малъкъосун халкъги гьечӏо. Амма нилъ магӏарулал нилъерго гӏадатаздасаги нилъерго мацӏалдасаги нахъе кӏанцӏун чӏун руго. Цебе цониги школа букӏинчӏо магӏарул мацӏ малъулареб. Цоял жал магӏарулал гурин чӏун руго, цогидал гӏиллаби ралагьулел руго, мацӏин абуни лъугӏун бахъунеб буго.
Гӏемер пикру гьабула дицани бицунин магӏарул мацӏ, дир лъималазги бицунин, лъималазул лъималазда лъаладайин гьаб мацӏ дун хвелелдейилан. Пикру гьабулеб гьечӏо рухӏияб рахъалъул, бечелъиялда хадур лъугьун руго нилъ.
Цӏияб сонги тӏаде щваралъул, дагъистаниязе гьаризе бокьун буго щулияб сахлъи, нилъерго умумуз кьун букӏараб квартӏа-хъалахъ — нилъерго магӏарул мацӏ цӏунизе малъизе ва цебетӏезабизе тавпикъ ва ракӏазулъ иман. Иман рекӏелъ гьечӏони, лъикӏал нигатал тӏурачӏого хутӏула. Магӏарул росабалъ умумузул минаби цӏигьаризе рес бугеб, росдал годекӏаби хин гьаризе гъира цӏикӏкӏараб, лъималазул кинидахъ эбелалъул рахьдал мацӏалда кучӏдул цӏикӏкӏараб, кӏудиясул адаб гӏемераб, шапакъатазул цӏураб батаги нилъее Цӏияб сон.