Унтиялъе аслияб гӏилла – витаминал гӏунгутӏи
Нилъ, гӏадамал, руго батӏи-батӏиял. Цоял, кигӏан хинго бугониги, квачан холел ругилан зигардула. Цогидалин абуни, кигӏанго цӏорораб къоялъги, хинлъулел ругин гаргадула. Гьелъие руго батӏи-батӏиял гӏиллабиги. Жакъа бицен гьабулеб буго гьезул цо-цоязул хӏакъалъулъ.
Нуж кидаго рагӏарулел ругони…
Къаси кьижизе регараб мехалда хинлъиялътӏад юргъан базе кӏоларого рукӏуна цо-цоял. Хасел щведалги, тӏеренаб ратӏлилъ хьвадула гьел. Гьеб батизе бегьула ирсалъе щварабги. Амма рукӏуна гьелъие цогидал гӏиллабиги:
1) Чӏужугӏадан лъимаде йигони.
Гьел хинлъула, рагӏарула, кигӏан квачараб бакӏалда ругониги. Аскӏор ругел квачалел ругониги, гьел хинлъи хӏехьезе кӏоларого лъугьуна.
2) Кофе гӏемер гьекъолеб бугони.
Гьелъ чорхол цӏа-кан бахинабула. Имбирь, корица, куркума ва цогидалги специял хӏалтӏизарулезеги хинго букӏуна.
3) Чорхол хӏалуцараб хӏал (стресс) бугони.
Тохлъукьего чорхол хӏал хӏалуциналъги ракӏ хехго кьабизе лъугьуна, цӏа-кан цӏикӏкӏуна. Гьелъул хӏасилалда чорхолъ багӏариги цӏикӏкӏуна.
4) Цо-цо дараби хӏалтӏизаридалги, нилъ рагӏаризе лъугьуна.
Масала, антибиотикал, кванирукъалъул ва депрессиялде данде ругел дараби.
5) Мукъур (щитовидная железа) лъикӏ хӏалтӏулеб гьечӏони.
6) Хӏалбихье пихъ, ччугӏа, рахьдал нигӏматал гӏемер хӏалтӏизаризе. Бищунго лъикӏаб буго, эндокринологасухъе раккани.
Нуж кидаго квачалел ругони…
1) Макьу гӏолеб гьечӏони яги чорхол хӏалуцараб (стресс) хӏал бугони.
Хӏаракат бахъе хӏалхьи, рахӏат гьабизе. Макьил низам хвезабуге.
2) Мукъур (щитовидная железа) загӏипго хӏалтӏулеб бугони.
Кидаго квачан рукӏин гуребги, черхалъул цӏайиги цӏикӏкӏуна, бакӏ-бакӏги гьорола, гӏадалнахги лъикӏ хӏалтӏуларо, ракӏалда жо чӏейги загӏиплъула, мукъуралъул хӏалтӏи букӏине кколеб даражаялда гьечӏони.
3) Анемия.
Гемоглобин дагьаб бугони, квачазе гьарула, гьурмал кьертӏун букӏуна, бетӏер сверизабула, рас хӏулула.
Гӏемер квине лъикӏаб буго гӏеч, гӏурччинаб гречка, тӏул, пихъал, овощал.
4) Мукъсанаб кванай.
Гӏемерисезе гӏураб къадаралда щолел гьечӏо цо-цо витаминал. Гьезул бакӏалда хӏалтӏизарулел руго дараби. Нилъер черхалъейин абуни, витаминал къваригӏуна кванида цадахъ. Гьединлъидал квине ккола батӏи-батӏиял пихъал, овощал, цӏулакьо…