Магӏарул мацӏ лъаларин абизе нечезе ккеларищ магӏарулав
Россиялъул бищун тӏадегӏанаб пачалихъияб шапакъатлъун кколеб «Россиялъул Бахӏарчи» абураб цӏар кьеялъул буюрухъалда гъоркь улкаялъул президентас гъолбасана 1992 соналъул 20 марталда. Тӏоцебе гьеб хӏурматияб ва тӏадегӏанаб цӏаралъе мустахӏикълъана ингушав, летчик Суламбек Осканов (11 апрель, 1992 сон). Тӏолабго Россиялда, жакъа къоялде щвезегӏан, гьеб цӏар щвана 1100 чиясе, гьездаго гьоркьоб 35 дагъистаниясеги. Гьезул мухъилъ руго вацал Мухӏамад ва Тӏайиб Тӏолбоевалги. Гьал къоязда Дагъистаналда вугев Тӏайиб (гьев ккола Улан-Удэялда бугеб авиациялъулаб заводалъул летчик-испытатель) вачӏун вукӏана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб.
— Тӏайиб, баркула дуда тӏаде щвараб Цӏияб сонги. Дагъистаналде гӏемер щолищ, гьал къоязда ватӏаналде вачӏиналъул мурад щиб букӏараб?
— Баркала, дицаги баркула киналго дагъистаниязда, магӏарулазда Цӏияб сон. Араб соналда тун батаги нилъеца кинабго захӏматаб, пашманаб ва баракатаблъун батаги исанасеб, Аллагьас квербакъаги нилъер лъикӏал мурадал тӏураялъе.
Бокьичӏого букӏинищха Дагъистаналде щвезе, амма дун аскариязул хъулухъалда вугелъул, кидаго гуро гьединаб рес кколеб, яхӏ бахъула щибаб соналъ вачӏине. Бищунго бокьула нилъер хараби, гӏагарлъи, гьудулзаби рихьизе, гьеб мурадгун вачӏун вукӏана гьаб нухалдаги. Магӏарухъеги щвана, хӏангун чедги квана, цӏорораб лъимги гьекъана. Ва гьелдаса цӏакъаб жоги дида лъаларо.
— Ахираб заманалда Дагъистаналда кколел хиса-басиял кин дуда рихьулел?
— Цебехун букӏараб ана, араб жо ун тезе ккола. Амма кида бачӏунги бачӏуна гӏадлу-низам билълъанхъизабичӏого тӏубалареб заманги. Гьедин ккана нилъер гьанибги, Васильевас гӏемераб жоялде нилъер берал рагьанин абуни, мекъи ккеларо. Нилъеда вичӏчӏизе ккола Васильев, ричӏчӏизе ккола гьесул ишал. Гӏаммаб куцалда, дида ритӏараллъун рихьула гьарулел ругел хиса-басиял, ракӏчӏола гьезул хӏасилаз пайда кьезе букӏиналдаги.
— Цо хъизамалда кӏиго вац — Россиялъул Бахӏарзал, Россиялъул мустахӏикъал летчикал-испытателал. Тӏолабго Россиялда гьечӏо гьединаб цоги мисал. Сундулъха бугеб балъголъи?
— Эбел-инсул (Гӏумар ва Жавгьарат) мисал, тарбия, учительзабазул квербакъи ва нижеца бахъараб яхӏ, бихьизабураб жигарчилъи — гьеле аслу, кьучӏ. Кире кканиги, нижеца тӏубана тӏадаб борч, гьелда цадахъ бихьараб захӏматалъулги, хӏехьезе ккараб къоялъулги, дандчӏвалел рукӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ гӏемер бицинего ккелищха. Жакъа къоялде щвезегӏан дица хӏалбихьун буго самолетазул ва вертолетазул 60 тайпаялъул. Гьанжего гьанже хӏалбихьана, цӏияб тайпаялъулаблъун кколеб 171 А-2 самолеталъул. Гьелъухъ валагьизе нижехъе вачӏине вуго Сергей Шойгуги. Бигьаяб масъала гуро Россиялъул мустахӏикъав летчик-испытатель абураб цӏар щвейги (гьеб кьола президентасул указалда рекъон) ва, гьеб щвезе ккани, хӏалбихьизе ккола бищун дагь 10 цӏияб тайпаялъул самолеталъул, къватӏибе биччазе ккола щугониги гӏелмияб хӏалтӏи. Северияб Кавказалъул республикабазда цониги гьечӏо гьеб цӏар щварав летчикги.
— Кӏудияв вацасул, Мухӏамадил кумек, мисал кинаб букӏараб дуе?
— Кӏиясулго хӏалтӏи цого-цо бугониги, досул хӏалтӏул программа, хасго «Буран» планалда хурхараб, букӏана гӏатӏидаб ва гъваридаб. Нижер анищ букӏана кӏиявго цо истребителалда рекӏун роржине, амма хъулухъ бугелъул хаслъи бугеб, ккечӏо гьединаб рес. Мухӏамад вуго Россиялъул бищун лъикӏав 10 летчикасул мухъилъ, гьединаб даражаялъул летчикал жеги рукӏина нилъер, гьабсагӏаталда гьел гӏемер гьечӏо. Диеги гьев вуго сундулъго мисаллъун.
— Дудаса дос мисал босизесеб жо гӏемераб бугодай?
— Дов вуго кӏудияв, досул хӏалбихьи буго тӏадегӏанаб, нилъер гӏадат-гӏамалалда рекъонги, гьитӏинасда тӏадаб буго кӏудиясухъ гӏинтӏамизе.
— Дагъистаниял гӏемер ругищ Бурятиялда, ратани, щиб хӏалтӏи-ишалда гьел ругел?
— Бурятия буго гӏодобе биччараб, парахатаб, дагьаб цӏорораб бакӏ букӏин гурони, тӏокӏаб гӏолареб рахъ гьечӏеб республика. Гӏадамалги руго гӏадатиял, лъикӏал, гӏемеразда лъала Дагъистан, гьаниб бугеб ахӏвал-хӏал. Дагъистаниялги гӏезегӏан руго дора, аслияб куцалда гьел ккола аскариял, руго бизнесчагӏи, тохтурзаби. Гьел киналгоги руго къваригӏел ккедал ратулел, къадруялда ругел гӏадамал. Бачина цо мисал. Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъа Камил Къурбайлов, лъикӏав инсан, магӏишатчи, дагьав цеве гьев вищана Иркутскалъул Законодательнияб Собраниялъул депутатлъунги, гӏемерал гӏадамазе кумек гьабуна гьес, баркала гьесие. Кӏудияб баркала загьир гьабизе бокьилаан Бурятиялъул жанисел ишазул министр Олег Кудиновасеги. Гьесул хӏаракаталдалъун, Дагъистаналъул жанисел ишазул органазда хӏалтӏулаго чӏварал эбел-инсул лъимал хӏухьбахъиялъе щибаб соналъ ахӏула Байкал хӏорида сверухъ ругел пансионатазде.
— Дур буго лъикӏаб хъулухъ, руго гӏемерал шапакъатал, мун кивго лъала. Амма дида ккола мун вугин цӏакъго гӏадатияв, гьаваялдасан воржаниги, ракьалда тӏад хьвадулел ричӏчӏулев чи. Мекъи вугищ дун?
— Гьеб бакӏалда мун мекъи гьечӏо. Дида лъазего лъаларо чӏухӏи абураб жо, дир хасияталъулъ гьечӏо гьединаб гӏамал. Дида мухӏканго лъала — нилъеца кидаго гьабизе ккола чӏахӏиязул адаб-хӏурмат, киданиги кӏочене бегьуларо гӏураб ракь, нилъер ватӏан, гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи. Гьаваялдасан воржунев вугониги, ракьалда тӏад хьвадулев вугониги, кидаго цадахъ рукӏине ккола гӏадатлъиги гӏаданлъиги. Гьедин бугони, хутӏараб кинабго битӏа-бишун ккола.
— Дуца бан буго 62 сон. Нужер хъулухъалда ригьалъул рахъалъ чӏезабураб гӏорхъи бугищ? Кинал ругел дур хадусел планал, Дагъистаналде тӏадвуссиналъул суалго борхулищ?
— Чӏванкъотӏун бихьизабураб гӏорхъи гьечӏо, мисалалъе, Мухӏамадица бан буго 68 сон, гьев воржуна жакъа къоялъги. Гӏемераб бараб букӏуна сахлъиялда, руго гьеб рахъалъ чӏезарурал нормаби, гьел цӏунизе кӏун хадуб цӏикӏкӏараб къварилъи букӏунаро — киналъего хӏукму къотӏула тохтурзабаз. Гьитӏинаб мехалда эбел-инсуца малъараб хӏалтӏуцаги, мархьи-колохъе хьвадиялъги лъураб кьучӏ жеги щулаго буго, Аллагьасе рецц ва эбел-инсуе баркала. Гьабсагӏаталда дир буго лъикӏаб сахлъи, дагьал цере тӏурана тӏадал нормабиги. Кин бугониги, Бичас биччани, 65 сон тӏубарабго, телин ккола хӏалтӏи, гӏела. Гьелдаса хадуб, гӏумру батани Дагъистаналде вачӏина гӏемерго цӏикӏкӏун, амма тӏуванго вуссиналъул суал букӏинин кколаро.
— Рагъулав полковник, хӏалбихьи бугев летчик (воржунев вуго 45 соналъ) хӏисабалда цо гьадинаб суалги — Россиялъул ва СШАялъул рагъулаб авиация данде босани, кинабдай ккела хӏасил?
— Ракӏбацӏцӏадго абуни, хӏасилалда щаклъи гьечӏо — нилъ цере руго, хӏинкъизе ккараб хӏал гьечӏо, хӏинкъа абе дол.
— Дуца гӏемераб заман бана Дагъистан тун къватӏиб. Амма дуца магӏарул мацӏ бицунеб буго гӏезегӏан лъикӏ. Кин кӏвараб гьеб цӏунизе?
— Кин бегьулеб эбелалъул мацӏ кӏочене, нечезе ккеларищ чи мацӏ лъаларин абизе. Магӏарул мацӏ буго нилъер бечелъи, чӏухӏи, дир пикруялда, гьеб лъаларев магӏарулав вукӏине бегьуларо.
Гьанибго бокьилаан киналго магӏарулазе гьаризе щулияб сахлъиги, рокъоб рохел-парахалъиги.
Гӏабаш Гӏабашилов.