Дагъистаниязул иргадулаб бергьенлъи

«Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тӏоцебесеб бакӏ

5-10 январалда Сочиялда тӏобитӏараб миллияб маданияталъул ва искусствоялъул конкурс-фестивалалда гӏахьаллъана батӏи-батӏиял улкабаздаса 500-ялдаса цӏикӏкӏун коллектив. Гӏахьаллъана гьенир Дагъистаналдаса гьунарчагӏиги махщелчагӏиги.

Конкурс гӏуцӏиялъул проекталъул координатор Жанна Барсеговалъ бицана конкурсалде рачӏарал коллективазул тӏадегӏанаб даражаялъул хӏадурлъиялъул хӏакъалъулъ.

— Миллияб байрамалде рачӏарал коллективаз цого майданалда бихьизабуна жидерго миллияб маданияталъул борхалъиги тӏадегӏанлъиги. Щивав гӏахьалчиясулъ бихьулеб букӏана миллияб хаслъи, — ян абуна гьелъ.

Радалалдаса къасилъизегӏан, къойил цебе бахъунаан 80 коллектив. Жюриялъул членал мукӏурлъана жидее цӏакъ захӏмат букӏанила гӏахьалчагӏазул цоялдаса цоял лъикӏал церерахъиназе къимат кьезе. Рехселин гьезул цо-цоязул цӏаралги: фестиваль гӏуцӏаразул цояв Виктор Шерф, режиссер-хореограф Эльвира Таха, музыкалияб искусствоялъул профессор Лариса Семина ва цогидалги.

Фестивалалда гӏахьаллъараб Лаваша районалъул «Авадан» кьурдул ансамблялъе щвана тӏоцебесеб бакӏ ва аслияб приз — Гран-при. Коллектив ине буго Сагӏудиязул Гӏарабиялде. Гьелде тӏадеги, Виктор Шерфица кьуна хасаб приз. Кьурдухъаби ритӏулел руго Германиялде.

Гьединго фестивалалъул шапакъатал щвана гьоцӏдерил ва ансадерил махщелчагӏазеги. Гьез тӏоритӏарал мастер-классаз пана гьаруна Италиялдаса, Германиялдаса, Малайзиялдаса ва цогидалги улкабаздаса рачӏарал гьалбал.

Кӏудияб баркала загьир гьабуна фестиваль гӏуцӏаразе Лаваша районалъул культураялъул управлениялъул начальник Халид Мутӏалимовас.

Патӏимат Расулова