Ахӏулгохӏ бахъаралдаса 180 сон тӏубаялде

Ахӏулгохӏалъул лъималаз, чӏахӏиязго гӏадин, бахӏарчиго хӏехьана гӏакъубагун къварилъи, бажарараб кумек гьабуна щулалъаби разе, цӏунана гохӏ, кваридаги ран, кьурса гӏодореги далун, баччана гӏурухъа лъим, кьвагьдана тушманасде данде ва асирлъудеги ккана… Сверухъ лъугьа-бахъунеб жоялъул балагь сабурго баччана гьез. Гьезда бихьана унго-унгояб жужахӏалъул къо. Гьел куцана рагъалъ. Гьезул гӏемерисел къадаралде щвана Ахӏулгохӏда. Абизе бегьула, гьединазул къисмат гӏемерго лъикӏаб букӏанин, эбел-инсудасаги ратӏагьарун, Россиялде ритӏаразде, зулму гьабун, насранияб дин босизабуразда дандеккун. Гьелдаса хадур, Россиялъул гӏатӏидаб ракьалдаги тӏиритӏун, араб бакӏ лъачӏого тӏагӏана гьел.

Амма цо-цо лъималазул хӏакъалъулъ баянал цӏунун хутӏун руго тарихиял тӏахьаздагун хъвай-хъвагӏаязда ва ракӏалдещвеязда.

Хунзахъа Гӏалибегил вас Хириясулав

Хунзахъа Гӏалибег бахӏарчиго хвана Ахӏулгохӏда. Гьенивго вукӏана гьесул кӏиго лъагӏел барав вас Хириясулавги. Лъабго гуллаги щварав, ботӏролъ хечги къарав васасда бичӏчӏулебцин букӏун батиларо гьениб букӏараб вахӏшилъи. Амма гьесул рекӏелъ къан хутӏун батизе буго бихьаралъ жиндиего гьабураб асар.

Архивазул баяназда рекъон, Хириясулав гӏурусазухъе асирлъуде ккана жиндирго вацасдаги, яцалдаги, ададаги ва кӏодоэбелалдаги цадахъ. 1839 соналъул 11 сентябралда АйМисай, Ахӏулгохӏда шагьидлъарав Гӏалибегил эбел (60 сон бан букӏана гьелъ), Гӏалибегил яц Меседу (18 сон) ва Гӏалибегил яс Ханзадай (анкьго сон) ритӏана Гъизляралде. Гьебго соналъул тӏоцебесеб декабралда къадаралде щвана АйМисай ва гьей юкъун ятизе йиго Гъизляралъул хабалалъ. Меседул къисмат лъазабизе бажаричӏо. Ханзадай хадуйккун хисун ятизе ккола гӏурус солдатасухъ. Халкъиял биценазда абулеб буго, Шамил-имамас гьей ясалъул (гьелъул гьумер бухӏун букӏана) къисматалъул агъаз гьабулеб букӏанилан. Имамас гьей росасе кьуна Патагӏали наибасе. Хвана 1279 (1862/1863) соналда ва юкъун йиго Сивухъ. Гьелъул хоб батӏабахъизе лъала жакъаги.

Долго архивазул баяназда рекъон, Хириясуласда цадахъ Гъизляралда гӏурусазухъ асирлъуда вукӏана гьесул вац Муртазагӏалиги. Гьениса гьел ритӏана рагъулал кантонистазул Воронежалъул батальоназде. Кавказалъул хасаб корпусалъул командир, генерал Е. Головиница рагъулав министр граф Чернышевасухъе битӏараб рапорталда хъван буго: «22 августалда нижехъе ккарал асиразда гьоркьор руго… машгьурав Гӏалибегил кӏиго вас: цояв – Муртазагӏали, микьго сон барав, кӏиабилев – Эверес, щуго сон барав. Кавказалъул мухъалъул аскаралъул командующий генерал-адъютант Граббеца абулеб буго, гьезие лъикӏаб лъай кьуни, гьездаса гӏемер пайда букӏинилан, гьел руго кӏалбегӏерал ва сабурго хьвадизе лъалел васал», — ан. Головинил бихьизабиялда рекъон, гьитӏинал магӏарулал цӏализе росула кадетазул корпусалде. Гӏурус писараз гьезул цӏаразулъ риччан руго гъалатӏал. Масала, Хириясуласул цӏар хъван буго жидедаго рагӏараб куцалда: Эверес, Еверес, Херес, Эверс. Кантонистазул батальоназда рукӏаго, васазда босизабун буго насраниязул динги. Муртазагӏали хъван вуго Василий Соколов ва Хириясулав – Николай Аварский абун. 1841 соналда вацал ритӏизехъин рукӏана Москваялъул кадетазул корпусалъул тӏоцебесеб отделениялде, амма гьебго соналъул декабралда гьеб пикру хисана ва васал ритӏизе кколаан Александров кадетазул корпусалде. Архивазда рекъон, Муртазагӏали хвана «цӏаканги бахун», Хириясулав витӏана кӏиабилеб кадетазул корпусалде. Амма гьесул цӏар хъван букӏана Николай Васильевич Аварский абун. Гьединаб цӏар кьолаан доб заманалда – кинав офицерасул ихтияралда вугевали яги лъица тарбия кьолебали хӏисабалде босун. Аварскиясул документалда хъван буго: «Насранияб диналде вуссарав магӏарулав» абун.

Ахӏулгохӏда рагъги лъугӏун, лъабго лъагӏел араб мехалда, рес щун букӏана Гӏалибегил вас гӏагарал мугӏрузде тӏадвуссинавизе. 1842 соналъул 22 марталда Шамил имамасухъе асирлъуде ккана Гъазигъумекалъул гарнизонги гьелъул нухмалъулев подполковник Снаксаревги. Шамилица гӏурус командованиялда абуна асирал хисизе ругин абун ва тӏалаб гьабуна поручик Анановасухъ Гӏалибегил вас кьеян абун. Амма гьеб иш рагӏалде бахъинчӏого хутӏана.

Кадетазул корпусалда цӏалиги лъугӏизабун, корнет, поручик, штабс-ротмистр, штабс-капитан Аварскияс хъулухъ гьабуна Литовский, хадубккун Апшероналъул лъелазул полкалда батӏи-батӏиял хъулухъазда – ротаялъул командирлъун, кьвагьдохъабазул начальниклъун, батальоналъул командирлъун ва гь.ц. Лъикӏаб хъулухъалъухъ гьев мустахӏикълъана: Гӏазизав Станиславил лъабабилеб даражаялъул орденалъе (1871), Гӏазизав Владимирил ункъабилеб даражаялъул орденалъе (1874), майорасул чиналъе (1871). Аварский гӏахьаллъана Крымалъул рагъулал лъугьа-бахъиназулъги (1854), Хивиялъул сапаралда бихьизабураб тӏокӏлъиялъухъ (1873) гьесие кьуна подполковникасул чин. Гьеб рагъулъ Аварский лъукъана, бохдузулъ картечьги щун. Сахлъун хадув гьес хъулухъ гьабуна Темир-Хан-Шураялда, вукӏана Апшероналъул полкалъул лъабабилеб батальоналъул командирлъун. Гьебго полкалъул батальоналъ 1839 соналда асир гьавун вукӏана кӏиго сон барав Гӏалибегил вас.

28 сон бараб мехалда, Аварскияс лъадилъун ячана Эмилия Оттоновна Герштенцвейг, Житомиралъул губерниялъул секретарасул яс. Анлъго соналдасан гьезул хъизамалда рукӏана лъабго ясги кӏиго васги.

1875 подполковник Н. В. Аварский захӏ-матго унтана. Цоги чиясул кумек гьечӏого, вилълъанхъизецин кӏолароан гьесда. Темир-Хан-Шураялъул рагъулаб госпиталалъул документазда хъван буго: «Хивиялъул сапаралдаса полкалъул штаб-квартираялде тӏадвуссун хадув подполковник Аварскиясда каранзул унти ккана, гьев гӏемер ва гьоркьоса къотӏичӏого хъегӏдизавулаан. 1874 соналъул кӏиабилеб бащалъиялда гьуърузулъан би чвахана чанцӏулго. Хӏал загӏиплъарав унтарав ахирги бусаде ккана …», — ян.

Аварскияс хитӏаб гьабуна пачаясухъе, жив хъулухъалдаса эркен гьавеянги гьарун: «…Сахлъи загӏиплъиялъ, дихъа бажарулеб гьечӏо Дуе, Хӏурматияв Император, хъулухъ гьабун, гьединлъидал гьарула, унтун вукӏиналда бан, дун хъулухъалдаса эркен гьавеян абун, медицинаялъул №135 свидетельствоялда рекъон, иргадулаб чинги, мундирги, эмиратияб кассаялдаса пенсияги кьун. Шура шагьар. 1876 соналъул 31 январь».

1876 соналъул тӏоцебесеб февралалда Николай Васильевич Аварский – Хириясулав, 39 сон барав Хунзахъа Гӏалибегил вас къадаралде щвана ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда. Гьелдаса нахъе хварав подполковникасул хъизамалъе щолаан пенсия – 430 гъуруш. Гьебго хабалалъ 27 соналдасан юкъана гьесул хъизанги. Аварскиясул яс Аннаеги ирсалъе щвана инсул унти. Гьелъиеги чӏезабун букӏана пенсия. Цогидал лъималазул хӏакъалъулъ баянал щвечӏо. Батизе кӏвечӏо, кигӏан нижеца хӏаракат бахъаниги, Шамил-имамасул бахӏарчияв наиб Гӏалибегил вас Хириясуласул хобги.

Колоса Сурхайил яс

Ахӏулгохӏда шагьидлъарав Шамилил машгьурав мурид Колоса Сурхайил яс йикӏана имамасул васасул ригьалъул. Гьелда букӏун батила Аминат абураб цӏарги, щайгурелъул «Асирлъуде ккарал азиатазул сияхӏ» абураб документалда рехсон йиго «Сурхайил яс Аминат» абун.

Гьитӏинай магӏарулалъул гьайбатлъиялъ асир гьавурав генерал Павел Граббеца гьей йитӏана Санкт-Петербургалде ва кьуна къадруял ясазул пансионаталде. Насранизул динги босизабун, гьелда лъуна Александра Павловна Сурхаева абураб цӏарги (цӏар – императрицал, инсул цӏар – Граббел цӏаралда рекъон, фамилия – инсул цӏаралъул кьучӏалда).

Петербургалъул гьава-бакъ рекъечӏо гьелъие ва 16 сон барай берцинай магӏарулай хвана. Гьей юкъун йиго Троице-Сергиясул хабалалъ.

Гӏашилтӏаса Хӏасан Хӏажияв Маллачи-хан

Ахӏулгохӏда асирлъуде росарал лъималазул сияхӏалда рехсон вуго Гӏашилтӏаса «Хӏажиев Нуричу огъли (Хӏажияв Нуричиев)». Гьев ккола Хӏасан-Хӏажияв, Дагъистаналдаго машгьураб Маллачи-ханил (Малачихановазул) тухумалъул чи. Маллачица гӏумру гьабуна XVII гӏасруялъул бащалъиялда ва вукӏана Гуржиялде гьарурал чабхъеназул цевехъанлъун. Шамил-имамасул аскаралда гьоркьов вукӏана Малачихановазул тухумалдаса Нурич абурав чиги гьесул кӏиго васги – Мухӏамадги Хӏасан Хӏажиявги. Мухӏамад вукӏана Шамилил аскаралда нусил бетӏерлъун, гьесул цӏар тӏибитӏун букӏана бахӏарчияв ва бугеб жо рекъезабун бажарулев чи хӏисабалда, амма гьесие бокьулаан бакъингун кьурди ва цогидаб ракӏгъей. Имамас гьел кьварун гьукъун рукӏана. Гьелде бугеб рокьиялъухъ имамас Мухӏамадие тамихӏ гьабизехъин букӏана, амма гьелъул хӏакъалъулъ гӏагарлъиялдасаги лъан, гьев лъутана гӏурусазухъе. Гьеб ккана гӏага-шагарго Гъуниб Шамил асирлъуде ине кӏиго моцӏ хутӏараб мехалда, ай 1859 соналда.

Гьеб заманалде гьесдаса 20 соналъ цеве ватӏа гьавурав гьесул гьитӏинав вацас хъулухъ гьабулеб букӏана Калугаялда букӏараб 40-абилеб Колыван полкалъул офицерлъун. Насрани диналде вуссинавурав гьесда лъун букӏана Николай Иосифович Парамонов абураб цӏар. Гьев гӏахьаллъана Крымалъул рагъда, Севастополалда ккарал рагъазулъ бихьизабуна чанцӏулго бахӏарчилъи ва гьелъухъ мустахӏикълъана тӏадегӏанал шапакъатазеги вихьизавуна Императорасдаги.

Хӏасан-Хӏажияв Шамилгун дандчӏвана, 1860 соналда гьев Калугаялде вачӏаравго. Ахӏулгохӏда вагъарав вукӏиндалги, Шамилил эбел БахуМеседо Гӏашилтӏаса йикӏиналъги, имамас гьесул адаб гьабулаан. Гьев гӏемер щолаан имамасул рокъове.

Гӏашилтӏе битӏараб кагътида Хӏасан-Хӏажияс хъвалеб буго: «Хирияв вац Мухӏамадихъе ва тӏолабго гӏагарлъиялъухъе, нужее рекъелгун Аллагьасул баракатги гьарулаго. Шамил Калугаялде вачӏаравго, дун ана гьесухъе, гьевгун ва гьесул лъималгун дандчӏвазе. Гьениб дида лъана, нуж сахго ругеблъи ва Тӏадегӏанасе гьелъухъ баркалаги кьуна. Дир гьикъани, гьарула нужеда, ургъел гьабуге, дун сах-саламатго вуго ва, Императорасул рахӏмуялдалъун, дие кьун буго поручикасул чин, вуго 150 чи вугеб полкалъул командирлъун, имамасда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулев вуго ва зама-заманалдасан щола гьесухъе. Хъвана 1278 соналъул шавал моцӏалъул 23 къоялъ. Аллагьасул кумекалде хӏажатав Хӏасан-Хӏажи Бен-Нурич. Гӏашилтӏа», — ян.

Маллачи-ханас ячана гӏурусай, гьезул рукӏинчӏо лъимал. Гьединлъидал гьес вацасда гьарулеб букӏана жиндихъе вас витӏеян хьихьизе. Гьев васасда гӏурус мацӏ малъана имгӏаласул лъадиялъ. Гьев гӏемер щолаан Калугаялда гӏагарлъухъ букӏараб Оболенскиязул рокъове. Гьенибги камил гьабуна гьесул тарбиягун лъай. Княгиня А.А. Оболенская (1831-1890), росасе иналде – Дьякова, машгьурлъун йикӏана Россиялда ясазе лъайкьезе кколин абураб пикруялъул рахъкколей гӏадан хӏисабалда, ва гьелъ кьучӏ лъуна Санкт-Петербургалъул руччабазул гимназиялъеги.

Шамилил рокъове хьвадулев Нуричида гӏараб гӏелму малъана имамасул вас Гъазимухӏамадица. Къуръан цӏалун бахъараб мехалда, имамас гьесие сайгъат гьабуна жиндирго Къуръан, гьеб гьабсагӏаталдаги цӏунун буго гьесул ирсилаз. Нуричица вацасул вас Маллачи-хан хӏадурулев вукӏана рагъулаб хъулухъалде. Амма гьесие бокьун букӏинчӏо гӏумру аскаргун бухьинабизе. Ватӏаналъухъ урхъи бергьун, 16 сон барав гӏолохъанчи тӏадвуссана Дагъистаналде. Гьесул бакӏалда Мухӏамадица вацасухъе витӏана цогидав вас – Хӏасан. Гьес «ритӏухъ гьаруна имгӏаласул анищал ва вахана полковникасул чиналде.

1860 соналъул октябралда Хӏасан-Хӏажиясухъе вачӏана кӏудияв вац Мухӏамад. Гьел дандчӏвана 20 сон гьоркьоб ун хадуб. 1876 соналъул 10 ноябралда 90-абилеб лъелазул Онежский полкалъул кьвагьдохъабазул начальниклъун вугев майор Маллачи-ханас хитӏаб гьабуна рагъулав министр генерал-адъютант Д.А. Милютинихъе, жив хъулухъ гьабизе Дагъистаналде витӏеянги гьарун.

«1839 соналда Ахӏулгохӏде гьужум гьа-булаго, асирлъудеги восун, гӏумруялъго Россиялъул армиялда хъулухъ гьабулев вукӏаниги, дун вуго унго-унгояв магӏарулав. Дида лъикӏ лъала дир ракьцоязул хасиятги гӏадаталги, гьединлъидал гьениб, ай дие ругьунаб бакӏалда, дидаса букӏине буго кӏицӏул цӏикӏкӏараб пайдаги. Гьарула дие кьеян халкъияб нухмалъиялъул ра-

хъалъ, дирго чиналдагун цӏаралда рекъонкколеб хъулухъ. Лъимерлъудаго асирлъуде ккеялъул хӏасилалда гӏемераб жо кӏочон тун букӏаниги, дица гьеб кинабго ракӏалдещвезабуна ва гьеб рахъалъ лъай камил гьабуна, лъабго соналъ Калугаялда ругеб заманалда Шамилилгун гьарурал накъитазул хӏасилалда. Гьелде тӏадеги офицерасул чиналда дица ункъо соналъ хъулухъ гьабуна Ширваналъул полкалда Дагъистаналда, гьеб заманалъ рес щвана камилго лъазабизе мацӏги, хирияб ватӏаналъул гӏадаталгун хасиятги», — ян хъван буго Маллачи-ханас.

Маллачи-ханас ракӏалдещвезабулеб буго министрасда пачаясулгун букӏараб дандчӏвайги: «Дур хӏалимлъиялдалъун ва рахӏмуялдалъун дие рес щвана – доб заманалда букӏараб Парамоновасул цӏаралда гъоркь, гьанже дица босун буго дирго

кьолбол цӏар Маллачи-хан, ва дирго вацгун цадахъ – 1861 соналда пачаясулгун

дандчӏваялъе. Пачаяс дир вацасе сайгъат гьабун букӏана меседил сагӏат ва лъазабуна дир вацасул васал цӏалул идарабазде росеян ва пачалихъалъ хьезареянги. Тӏаде жубалин: дица ячун йиго лъай щварай гӏурусай, гьелъги ватӏаналъе кумек гьабила, Кавказалъул руччабазе лъай кьолаго», — ян хъвалеб буго гьес.

Умумузул ракьалъ ахӏун вукӏун ватила гӏашилтӏисев Дагъистаналде. Гьелъие нугӏ-

лъи гьабула гьес кьолол цӏар босиялъги, мугӏрузул ракьалъул тарихгун гӏадат-гӏамал лъазабизе букӏараб гъираялъги. Насрани динги гьесда босизабуна лъимерлъудаго, амма гьеб хӏужаялъ гьесие кумек гьабуна, Россиялъул империялда хъулухъ тӏубалаго, рагъулаб карьера гьабиялъе. Нижеда ракӏалдеккола, дин хиси тӏаса-масагояб иш букӏанилан абун. Хӏасан-Хӏажияс Маллачи-хан абураб фамилия босаниги, официалиял документазда гьев рехсолев вуго Парамонов абун.

Цо-цо баяназда рекъон, Хӏасан-Хӏажияв хвана 1891 соналда ва вукъун вуго Темир-Хан-Шураялда.

Гӏайшат

1839 соналда Ахӏулгохӏда йикӏана Гӏайшатги, гьелъул кӏиго яцги, эбелгун эменги. Кӏудияй яц, асирлъуде ккунгутӏизе абун, кьурса гӏодое кӏанцӏана ва хвана. Гӏайшатги, лъукъарай эбелги, цо чанго чӏужугӏаданги ккана Темир-Хан-Шураялде. Гӏайшат хьихьизе ячана граф Евдокимовасул лъимал гьечӏей чӏужуялъ. Хадубккун гьелъ бицунаан, эбелалдаса ятӏалъизе бокьичӏого, Гӏайшат чӏичӏиданин, хачадулей йикӏанин ва гьединлъидал жиндиего хъулухъалъе гьелъул эбелги ячине кканилан абун.

Кватӏичӏого, рагъулъ щварал ругъназдасаги сахлъичӏого, хвана Гӏайшатил эбел. Яс юссинаюна насрани диналде ва гьелъие кьуна Александра абураб цӏар. Лъикӏаб тарбиягун лъай щварай гьелъул яхъана Темир-Хан-Шураялдаго машгьурай юкъарухъан. 1850 соналда гьей росасе кьуна унтер-офицер Ф. Волковасе. Гӏайшат-Александра хвана 1871 соналда.

Хӏажимурад Доногъо