Магӏарул музыкалияб азбукаялда жиндирго лъалкӏ бугев
Гьес гьениб бакараб цӏадухъ рещтӏарал кьолола гӏолиллъиялъул гӏанчӏлъиялъги, анищаллъун хутӏарал хьулазги, къисматалъухъе нух къосараб рокьуцаги, рокьуца хасаб берцинлъиялъул гугьар жидее сайгъат гьабураб гӏумруялъул сверабазги. Гьебго горсверулъ нилъ дандчӏвала бакъназул хӏеренлъи-недегьлъигунги.
Ансадерил кьурабиги гӏанлъулаго, гьелъул тӏадегӏанал мугӏрузда тӏавапги гьабулаго, гьел журан уна Аваргӏурул карачелабалъе. Цин гьулчун, цинги сихӏкъотӏун карачелалгун расандулаго, гьел рещтӏуна миллияб кечӏ-бакъаналъул къимат лъалел магӏарулазул ракӏазулъ. Ва щивасул рекӏел гъварилъудасан бухӏигун, ахӏигун, рохелгун, пашманлъигун, релъигун, гӏодигун загьирлъун рачӏунел Ахӏмадил бакъназ гӏажаибго берцинаб асар гьабула тӏабигӏаталъегицин.
300-гӏан бакъаналъул автор, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи, магӏарул халкъалъ къабул гьавурав бакъназул устар Ахӏмад Гӏамирханов «Хӏакъикъат» газеталде гьоболлъухъ вачӏун вукӏана араб анкьалда. Жакъасеб миллиб музыкалияб дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ гьесулгун гара-чӏвари гьабуна газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиевалъ. Гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ.
Тӏоцересел галаби
Ахӏмад Гӏамирханов гьавуна 1955 соналъул 26 февралалда Унсоколо районалъул Унсоколо росулъ. Гьитӏинаб мехалдаса нахъего гьесие кӏудияб асар гьабулаан кечӏалъ. Гьес хӏаракат бахъулаан кидаго кинаб концерт росулъе бачӏаниги, гьелъухъ валагьизе ва гӏенеккизе. Школалда цӏалулагоги, Ахӏмадица хӏаракат бахъулаан художествияб хӏаракатчилъиялъулъ гӏахьаллъизе. Гьезул «Гӏанчилал» абураб тухумго рикӏкӏуна росулъ бищунго музыкалияблъун. Инсул вац Хӏайбулагьица махщалида рачунел рукӏун руго аргъаналда накаби, ва буго росулъ тӏибитӏараб Гӏанчил бакъанилан абулеб бакъанги. Ахӏмадил вацгӏал Мусаги мугӏрузул районаздацин машгьурав музыкант вукӏана. Гьес берцинго рачунел бакъназ гӏадамазул ракӏал хӏайран гьарулаан. Ахӏмадил Мухӏамадгӏалиеги цӏакъ рокьулаан магӏарул халкъиял бакъназда ахӏулел кучӏдул. Эбел Патӏиматицаги ахӏулаан халкъиял бакъназда кучӏдул. Гьелъухъа щвараб батила Ахӏмадиеги магӏарул кечӏ-бакъаналде рокьи.
Ичӏабилеб классалда цӏалулеб мехалда, гьесул гӏумруялъулъ ккана ракӏалда букӏинчӏеб лъугьа-бахъин. Школалда тӏобитӏулеб художествияб хӏаракатчилъиялъул репетициялде ахӏун вачӏун вуго Гӏашилтӏаса Мухӏамаднур Расулов. Гьев хӏалтӏулев вукӏун вуго Унсоколо районалъул Культураялъул рокъов.
— Гьес баян бачунеб мехалда, дир рекӏее лъугьана кӏудияб асар, дида ракӏалде ккана дицаги, гьесго гӏадин, аргъан хъвазе лъазабилилан яги кверал къотӏун рехилин. Хӏакъикъаталдаги дир кӏудияб рокьи ккана магӏарул кечӏ-бакъаналде, гьеб рокьуца дун ахӏана дирго махщалида тӏад хӏалтӏизе. 1973 соналда школаги лъугӏизабун, дун хӏалтӏизе лъугьана Унсоколо районалъул культураялъул рокъов. Гьениб дие рес щвана Расулов Мухӏамаднургун цадахъ баян хъвазе ругьунлъизе, гьесги дие гьелъул киналго балъголъаби рагьана. Дун щибаб къоялъ гӏенеккулаан гьес хӏасратго рачунел бакъназухъ. 1974 соналда дун ахӏана Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе. Ракӏ-
бацӏцӏадго тӏадаб налъиги тӏубан, дун тӏадвуссана гӏагараб росулъе. 1977 соналда дун цӏализе лъугьана Дагъистаналъул педагогияб институталъул музыкалияб факультеталде, гьенир дида дандчӏвана гьунар тӏокӏал мугӏалимзаби. Гьез дие кӏудияб кумек гьабуна музыкалияб Азбука тӏадчӏун лъазабизе. Гьезда гьоркьор рехсечӏого гӏоларо музыкаялъул ва кечӏ ахӏиялъул кафедраялъул нухмалъулев Абусупян Гӏалихъараев, баян малъулев Карпов Виктор, Панюкова Г.Ф. ва гь.ц. Хадувго дандчӏвана композитор Ибрагьим Ибрагьимовгун, гьесги дие гӏемерал къиматал малъа-хъваял гьарулаан,- илан ракӏалдещвезабуна Ахӏмадица.
Факультеталда цӏалулаго, историялъул дарсал кьолев махщел тӏокӏав гитарист Абусупян Гӏумаровасда бихьана Ахӏмадица баян хъвалеб къагӏида. Гьес Ахӏмад жиндихъего гьоболлъухъе ахӏула. Сордо рогьинегӏан гьес гӏолохъанав Ахӏмадие махщалида рачана магӏарул бакъназдаса байбихьун Амадей Моцартиде гӏунтӏун цо чанго хӏикматаб бакъан. Ахӏмадги нухарегӏулаго, Абусупяница насихӏат гьабуна гьесие бакънал ургъиялда тӏад хӏалтӏизе хӏаракат бахъеян. Амма Ахӏмадида лъалел рукӏинчӏо бакъан ургъизе кколел къагӏидаби, гьес гьаруна гӏемерал хӏалбихьиял, кӏвар кьун гӏенеккана машгьурал композиторазул асаразухъ, ракӏалдещвезаруна нилъерго умумуз ургъарал бакъналги.
Лъабабилеб курсалде вахъарабго, Ахӏмадица байбихьана бакънал ургъиялда тӏад хӏалтӏизе. Кинабго гуро битӏун кколеб букӏараб.
— Дица тӏоцебесеб бакъан хъвана «Солдатасул кагъат» абураб кечӏалъе, ва тӏоцебе гьеб радиоялдасан ахӏана доб мехалда музыкалияб факультеталда цадахъ цӏалулев вукӏарав Къурбан Мухӏамадовас. Хадубго хъвана Р. Хӏамзатовасул «Марям» ва Гӏадалло Гӏалиевасул рагӏабазда «Сордо щай рукӏкӏунеб» абурал кучӏдузе бакънал. Гьел махщалида ахӏана Мухӏамад-Тӏамир Синдикъовас. Дида кватӏичӏого бичӏчӏана Абусупянил анищ дихъа рагӏалде бахъинабун бажаризехъин букӏин,- ан бицана Ахӏмадица.
Манаршахъ гьоболлъухъ
— Цо пуланаб къоялъ дир лъай-хъвай ккана Дагъистаналъул халкъияй артистка Манарша Дибировалъулгун. Дун намусго вукӏана гьелда дицаги бакънал хъвалин абизе. Амма кин букӏаниги, дица гьелъие дицаго ургъараб цо чанго бакъан бачана. Гьелъие гьел рекӏее гӏуна. Хадубго Манаршаца дие цо чанго кечӏ ахӏана, гьелъул хӏикматаб гьаракьалъ дун битӏахъе хӏайран гьавун вукӏана. Гьелдаса хадуб инчӏо гӏемераб заман, дица хӏаракат бахъана Манаршае дандекколеб къагӏидаялъул цо- кӏиго бакъан ургъизе, ва, гьел бакъналги росун, дун гӏедегӏана Манаршахъе. Гьей бакъназухъ гӏенеккана, ва гьелъ гьел жиндирго концерталъул репертуаралде росана. Тӏоцебесеб кечӏ букӏана Р. Хӏамзатовасул «Хъваге дихъе кагъат» абураб кечӏ. Манаршаца гьеб ахӏараб мехалда, дир рохалие гӏурхъи букӏинчӏо, щайгурелъул доб мехалда худсоветалъ къабул гьабичӏеб кечӏ сценаялде биччалароан. Дирги Манаршалги лъикӏаб гьудуллъи ккана. Бертабалъги концертаздаги ниж гӏезегӏан соназ цадахъ церерахъана. Хадурго гьелъ дир цо чанго бакъан гӏадамазухъе щвезабуна, масала, Р. Хӏамзатовасул «Камалил Башир», З. Мухӏамадрасуловалъул «Цохӏо диде бугеб рокьи батани» рагӏабазда ахӏарал кучӏдул.
Цо къоялъ Манаршахъе гьоболлъухъе щварав дун, гьенив рокъов гӏодовги чӏун аргъан хъвалаго, дирго цӏияб бакъан ахӏулев вукӏана. Дида бичӏчӏана гьей, дие квалквал ккеларедухъ, дида аскӏое гӏагарлъулей йикӏин. Дицаги, щибго рагӏичӏеб ххвел гьабун, кечӏ рагӏалде щвезабуна. Манаршаца гьарана гьеб кечӏ нахъеги такрар гьабеян,- дида бихьана гьелъие кечӏалъ асар гьабураблъи, щайгурелъул гьелъул беразда магӏу кенчӏолеб букӏана.
Кечӏалъ Манаршае гьабураб асар бихьидал, дида бичӏчӏана гьелда жиндирго эбел ракӏалдещварайлъи. Щибаб цӏияб бахъараб бакъанги босун, дун щолаан Манаршахъе, гьелда бакъаналъул рахъалъ пикру цӏехезе, ва гьелъги дир бакъназе мустахӏикъаб къимат кьолаан, — илан гъира-шавкъалда бицана Ахӏмадица.
Творчество цӏубалеб гӏужалда
— Цо-цо композитораз хӏал гьабун тӏамула кочӏохъаби жидерго бакънал ахӏизе, амма дида гьеб сурун бихьулеб букӏана, щайгурелъул бакъан лъикӏаб лъугьани, гьеб лъиданиги ахӏеян гьаризе кколаро, кочӏохъабаз гьеб, нилъедаги гьикъичӏого, жидецаго ахӏулелъул. Ракӏ-ракӏалъ ахӏулеб гьечӏони, гьелъул кечӏ лъугьунаро,- янги абун, цӏидасанги харбиде жувана Ахӏмад.
Институт лъугӏун хадув гьев хӏалтӏана Унсоколо № 2 гьоркьохъеб школалда, хадув тӏамуна Унсоколо районалъул искусствабазул школалъул нухмалъулевлъун. Тӏубана Ахӏмадил аслияб мурад — гӏагараб росдал лъималазе музыкалияб тарбия кьезе щвей.
Унсоколо хӏалтӏулел соназда Ахӏмадица жиндирго бакънал малъулаан Дагъис-таналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан, районалъул Культураялъул рукъалъул художествияб хӏаракатчилъиялъул нухмалъулей Патӏимат Магаевалда. Патӏиматица жиндирго репертуаралде росун рукӏана гьал хадур рехсарал кучӏдул: Р. Хӏамзатовасул «Эбелалъул ракӏ», «Эбелалде», Гӏ. Шахтамановасул «Хирияв, бачӏунге дие сайгъат», «Эбелалде», С. Гьудибировасул «Ахӏе, Манарша»,
И. Кусалаевасул «Мун йихьичӏони» ва гь.ц.
Патӏимат Магаевалъ дир бакъаналда ахӏана лъебергоялдаса цӏикӏкӏун кечӏ.
Унсоколо цоги йикӏана гӏажаибаб гьунаралъул кочӏохъан, Патӏимат Мухӏамадова, гьелъул репертуаралдаги рукӏана Ахӏмадил бакъназда ахӏулел гьал хадур рехсарал кучӏдул: М. Гунашевасул «Рокьи хутӏаги нужер», Ахӏмадил «Дир росу», Р. Хӏамзатовасул «Рокьул кечӏ» ва цогидалги.
Патӏимат Мухӏамадовалъги хӏаракат бахъулаан Ахӏмадил кучӏдул гӏадамазул рекӏелъе рортуледухъ ахӏизе. Патӏиматил эбел-эменги рукӏана кутакалда ихтилат-кеп бокьулел гӏадамал. Гьелъул эмен Гӏабдурахӏманил Мухӏамад «къанцӏа» кьурдизе махщел бугев чи вукӏана, гьесул лъималазеги щвана гьединабго гьунарги махщелги.
Ахӏмадил сариназул роржен
1984 соналъул 18 апрелалда Унсоколо тӏобитӏана Ахӏмад Гӏамирхановасул бакъназул тӏоцебесеб сордо. Гьенире рачӏун рукӏана гьунар тӏокӏал кочӏохъаби, Дагъфилармониялъул артистал Манарша Дибирова, Пазилат Гӏабдулаева, Ахӏмад Гӏамиров, Мухӏамад-Тӏамир Синдикъов, Хӏабиб Гӏумаров ва цогидалги.
Бакънал хъваялда гӏей гьабичӏого, Ахӏмадица хъвала кучӏдулги, гьел рахъана Болъихъ ва Унсоколо районазул газетаздаги. Гьединаздасан ккола «Патӏимат», «Улбузул хӏакъалъулъ кечӏ», «Питнаялде данде рахъа», «Тӏоцебесеб рокьи», «Гьукъе рагъ» абурал ва цогидалги кучӏдул.
— Цо чанго соналъ росулъги хӏалтӏун, хӏакимзабазул мекъаб бералда вихьараб къагӏида, къвалакь аргъанги ккун, Ахӏмадица Махӏачхъалаялде сапар бухьана. Цо-кӏиго соналъ хӏалтӏана Дагъфилармониялда. Хадув гьев восана Магӏарул театралде музыкантлъун. Мехго балалде театралъул директор Хӏабиб Хӏажиевас гьев тӏамуна театралъул музыкалияб бутӏаялъул нухмалъулевлъун. Кватӏичӏого театралъул режиссераз гьесда тӏадкъана спектаклязе дандекколел бакънал ургъизе. Цо чанго спектаклялъе хъвана музыка. Театралда хӏалтӏулагоги, Ахӏмадида бичӏчӏана гьениса жиндие харж тун батӏияб жо щолареб-лъи. Хӏалтӏизе лъугьана Шамхал-Термен росдал клубалде художествияв нухмалъулевлъун.
— Ва гьале цӏидасанги Магӏарул театралда батана дида дирго хӏалтӏудаса щолеб рохелги разилъиги. Дихъе кӏалъан вачӏана Магӏарул театралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов ва ахӏана жиндихъего. Кабинеталдеги вачун, гьес дида бицана дица гьабизе кколеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ, ва театралъе дир кумек хӏажат букӏин бичӏчӏизабуна. Спектаклялъе музыка хъвай гуребги, гьенир ругел кочӏохъабазда данде аргъанги хъвала дица, театралда тӏобитӏулеб щибаб тадбиралдаги жигараб гӏахьаллъи гьабула, — ян тӏадеги жубана Ахӏмадица.
Гьенив хӏалтӏулаго, цӏалун лъугӏизабуна ДГУялъул филологияб факультет. Жакъаги сценаялдасан гӏемер рагӏула Ахӏмадил бакъназда ахӏулел кучӏдул. Лъабго-ункъо батӏияб тӏехьги къватӏибе биччана Ахӏмадица. Гьесул ахираб тӏехьалъ кӏудияб асар гьабуна магӏарул кечӏ-бакъан бокьулел магӏарулазе. Жиндирго иргадулаб тӏехь гьес сайгъат гьабун буго магӏарул булбул Генуса Ума Нурмухӏамадовалъе. Ахӏмадица гьединго байбихьун буго Гьаракӏуниса Гӏайшатил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги. Гьесда ракӏалда буго Дагъистаналъул халкъиял артистал Патӏимат Нуцаловалъул ва Тӏагьир Къурачевасул хӏакъалъулъ
тӏехь хъвазеги. Жакъасеб къоялъ миллияб мацӏалъулги гьеб мацӏалда ахӏулеб кечӏ-бакъаналъулги хӏакъалъулъ гьикъидал, угьун биччана Ахӏмадица.
Чияраб берцин бихьулеб буго
— Мацӏ лъугӏулеб бугилан ахӏделел руго киналго. Ахӏдолагоги, бицунеб буго батӏияб мацӏ. Батӏияб мацӏалъ тарбия кьуразда лъазе гьечӏо миллияб тарих, гьезие гьединго ургъелгицин букӏине гьечӏо ахӏулеб кочӏолги. Рахьдал мацӏалда ахӏулеб кочӏоца гӏадаб асар сунцаниги гьабуларо. Кинаб ахӏвал-хӏал бугеб жакъасеб кочӏол сценаялда. Ахӏулел гьечӏо магӏарул бакънал. Къватӏиса пачалихъазул бакъназде дандеккун хъварал магӏна гьечӏел, чӏорогоял кучӏдуз куцалел руго жакъасел гӏолилал. Ахӏулел рагӏабазулги гьечӏо магӏна, чӏвалеб хъатилгицин гьечӏо низам. Къваридаб, пашманаб кечӏ ахӏулелъулги, цӏцӏани магӏарде рахарал гӏолилал кьурдизе лъугьунел руго. Гьеле гьедин букӏуна, рагӏабазухъ гӏенеккизе лъалеб гьечӏони. Культураялъул жаваб кьезе тарал хӏакимзабазеги ургъелгицин гьечӏо кочӏода сверун лъугьунеб бугеб ахӏвал-хӏалалъул. Инсуца васасухъе кьун, эбелалъ ясалъухъе кьун, мадиро гьабун, инсул ирс бикьулел ругел гӏадин, кьолел руго цоцазухъе хъулухъал. Кьунигицин щиб букӏараб, маданият щиб жояли бичӏчӏулел хӏакимзабигӏаги нухмалъиялде кколел ругелани. Лъай-хъваяздалъун тахбакӏазда ругезе щибго ургъел гьечӏо миллияб маданияталъул, ай кечӏ-бакъаналъул. Гьединго миллияб театралъулгиха. Щай чӏобого букӏунеб зал. Щай цогӏаги нухалда гьенире рачӏине бегьуларел маданияталъул моцӏу кӏалдиб бугел хӏакимзаби. Тату хола дир, гӏумруялъ дицаго гьабулеб бугеб хӏалтӏи дида малъизе цӏияв хӏаким лъугьиндал. Малъаниги щиб гьебги букӏараб, жиндагогӏаги лъалеб букӏарабани. Бищунго квеш ккараб жо буго, жинди-жиндир бакӏалда щивав чи гьечӏолъи, — ян ракӏунтун абуна Ахӏмадица. Жеги рахӏат хвезабун буго гьесул гьанжесел цо-цо кочӏохъабаз сценаялдасан ахӏулел ругел магӏарул яхӏ-намусалъул махӏгицин гьечӏел кучӏдузги.