Рокьул къуват
Гӏурус учительницаялъул хабар
Александр Костюнин
Дун гьаюна Курск областалда. Хехго бесдаллъана. Амма доб къо, жакъа гӏадин, буго берда цебе. Бана кутакаб цӏад. Эбелги вац Федяги – дидаса лъабго соналъ кӏудияв – рекерана гӏурухъа хъазил тӏанчӏи рокъоре рачине. Цо заманалдасан къотӏносан бахъана чӏичӏи, екерун ячӏана мадугьал:
– Настя-а-а!.. Дур баба… чӏвана чвахунцӏадалъ!
Федя цо чанго метралъ довегӏан рехизавун вугоан, гьев чӏаго хутӏана. Эбелалде тӏаде ракь хъвана, ток ракьулъе инелъун, гьей хвасарлъилин абураб хьулалда. Хвасар гьайизе кӏвечӏо.
Лъади гьечӏого мех барав инсуца ячана гӏолохъанай гӏадан. Рукъ ккана бесдал эбелалъул цӏобалде. Лъагӏел бана цадахъ. Байбихьана рагъ. Дица бан букӏана ичӏго сон. Эмен рагъде ана ва тӏагӏана. Ракӏалда буго тӏоцебесеб нухалда бомбаби тӏаде ралел рукӏараб заман. Аллагьас цӏунаги! Нижеда лъалеб букӏинчӏелъулха рагъ щиб жояли. Цо минаялда нахъа бахъана кьвагьи… Байбихьана кинабго гьалдезе, бухӏизе. Ахӏи-хӏур, хъуй, угьи, зигара, гӏоди, лъукъарал, чӏварал… Ва самолетаз ралел рукӏана бомбаби. Киреха инел дунги вацги? Гьоралда нахъа кӏусана. Федяца къахӏан ккун букӏана дир квер. Гьениса ниж рекерана ракьулъ гьабураб рокъоре. Заманалдасан Федя къватӏиве ваккана, ва гьес абуна Иконниковазул тӏох бухӏулеб бугин.
Радалалде сихӏкъотӏи лъугьана. Цинги цо-цоккун рачӏана немцал: гьез ралагьулел рукӏана партизаналги коммунисталги. Балугълъиялде вахарав вукӏинчӏониги, Федя вачун ана Германиялде. Дун хутӏана бесдал эбелгун. Гьей йикӏана мадугьалихъ бугеб росулъа. Гӏемерисеб мехалда, дунги тун, гьей унаан жидерго чагӏазухъе. Дун хутӏулаан цӏорораб, чӏобогояб рокъой.
Жидерго рокъоб гӏадин, хважаинлъи гьабулеб букӏана немцаз. Цин гьез квана хъазал, ордекал, гӏанкӏуял. Гьел лъугӏидал, байбихьана хӏайваназде – хъвехъун рана гӏачи, болъонал. Азбаралдаго хӏадурулаан жидеего квен. Цӏул гьечӏони, росун унаан стол, тахбакӏал, къотӏ-къотӏулаан ва цӏа бакулаан. Нижеца хӏаракат бахъулаан гьезда рихьунгутӏизе. Риидал рахчулаан батӏи-батӏиял бакӏазда, хасало – печалда нахъа. Я гьелгун къацандизе, я рагӏи абизе, я щибго цӏехезе кӏолароан.
Рагъ лъугӏун хадуб вац тӏадвуссана. Федорица киданиги бицунароан доб гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Хӏинкъулаан гьелда тӏасан хабар гьабизецин. Асирлъуда вукӏун хадуб гьесие букӏана цохӏо нух – колхозалда хӏалтӏи.
Лъимерлъудасаго дир анищ букӏана учительницалъун яхъине, бокьулаан тӏахьал цӏализе. Школа лъугӏун хадуй цӏализе лъугьана педучилищеялде. Лъугӏизабуна кӏикъоялда микьабилеб соналда. Цӏали лъугӏизе моцӏ хутӏараб мехалда нижехъе вачӏана Дагъистаналъул Минпросалъул вакил. Къамартӏав чи вукӏана: цӏудул гӏадинаб мегӏер, цоцада рекӏарал лахӏчӏегӏерал кьунсрул, кеп букӏунаан гьес гӏурус мацӏ бицунеб мехалда: «Ми вас хотым…», абун. Бана гьес школалъул хъорщода СССРалъул карта, бихьизабуна Дагъистан. Байбихьана беццизе мугӏрузулги, мацӏазулги, миллатазулги улка… Дида доб мехалда гьелъул хӏакъалъулъ щибго лъалароан. Кьуна пачалихъиял экзаменал. Нижер выпуск битӏана Кавказалъул республикаялде. Дагъистаналъе хӏажат рукӏана гӏурус мацӏалъул гурелги специалистал. Рукӏинчӏо тохтурзаби, финансазул хӏалтӏухъаби, росдал магӏишаталъул махщелчагӏи. Жидерго ясал магӏарулаз ритӏулароан цӏализе, руссинчӏо рагъдаса гӏемерисел васал … Щибха нижеца гьабизе букӏараб? Гӏолохъанал махщелчагӏи ритӏулаан тахшагьаралде, Махӏачхъалаялде. Щвана нижер къокъа гьенибе, унел рукӏана къватӏахъан, рахъ-рахъалде ралагьулаго… Дандчӏвана цо гӏурусай. Ниж, рохун, гьелда аскӏоре ана гьикъаризе. Долъул сипатго хисана: «Хириял, кире нуж ккарал, кире унел ругел? Магӏарухъе!.. Дора чӏвала, хъамула, зулму гьабула». Хӏинкъизарунаха гьелъ! Нижги цӏакъ хӏинкъана… Амма щибха гьабизе букӏараб? Байбихьана районазде рикьизе. Нижее гьел цого гӏадал рукӏана, кире ритӏаниги, батӏалъи лъалароан. Амма цо-цоккун ине хӏинкъана. Нижер выпускалъул ункъояй йитӏана Унсоколо районалде. РОНОялъул нухмалъулес лъабго яс йитӏана детдомалде, дун – Гӏашилтӏа росдал анкьгосонил школалде, гӏурус мацӏалъулги адабияталъулги учительницалъун. Дида заврайонояс абуна:
– Жакъа гьанив вуго Гӏашилтӏа школалъул вакил – Мирзабегов, завхоз – гьесда цадахъ ине бегьила росулъе щвезегӏан, — ан.
«Цадахъ», ай лъелго. Унсоколоса Гӏашилтӏе буго 18 километр, кодоб къайигун – солдатасул юргъаналда тӏаджемун букӏана квар ва гьелда бан – цӏулал гӏоркь. Къвачӏиниб букӏана бищунго хирияб жо: рокьулел тӏахьал, бусадул къайи, гурде, хьитал… Бокьун букӏана гьанжезаманалъул гӏадан гӏадин йихьизе дунго, ниж цӏакъ гӏолохъанго рукӏиндалха. Цо квералъ баччулаан юк, свакарабго, цогидалъухъе кьолаан. Мирзабеговас цӏакъ хӏаракат бахъулеб букӏана дир ракӏгъезабизе: харбал рицун, махсараби гьарун. Нухда батана цӏорораб лъар, рахъун тӏаса хьиталгун бахана гьеб. Маркӏачӏуде щвана росулъе. Гӏемер свакаялъ, тарталей йикӏана дун. Иццухъ рукӏарал руччабазда йихьана дун тарталей йикӏин. Гьез руцӏцӏун чӏун, бадибчӏваялъул бераз нухарегӏана ниж…
Завхозас дун щвезаюна гӏурус рагӏиго лъаларей херай Сакинатил дое. Гьелъухъго йикӏана Москваялдаса Валяги – гӏурус учительница, дидаса лъагӏелалъ кӏудияй, байбихьул классазе дарсал кьолаан гьелъ. Гьелъ гьабуна дие кумек. Гӏемер свакаялъ, кӏалъазе кӏолеб хӏал букӏинчӏо. Тӏаса ретӏелги бахъун, гьебсагӏатго егана ва кьижун ккана. Нахъисеб къоялъ щвана школалде, «Нолъ росулъе ячӏун йиго мехтарай гӏурус учительница», — ян абураб. квешаб хабар дидасаги цебе щун бугоан добе. Ахӏичӏого ячӏарайлъунги ккана дун. Педагогияб лъайго гьечӏей директорасул чӏужуялъ кьолел ратана математикаялъулги гӏурус мацӏалъулгун адабияталъулги дарсал, гьанже долъухъа рахъиларищха сагӏтал. Директор хучарав гӏадин лъугьана, амма цогидал учительзабаз – гьенир хӏалтӏулел рукӏана аслияб къагӏидаялда бихьинал – дир рахъккуна. Досухъаги бажаричӏо щибго гьабун, РОНОялдаса кагъатги цадахъ букӏиндал.
Байбихьана гӏурус мацӏ малъизе. Малъизе кколаан килщазул, берзул алатазул кумекалдалъун. Классалде босулаан темаялде рекъонкколеб кинабго – цӏам, чед, цӏоросаролъ. Лъималазе бокьула берзул алат. Бицунаан гӏурус мацӏалъ сунда щиб абулебали. РОНОялъул инспекторас дида малъана магӏарул мацӏ лъазабизе хӏаракат бахъейилан. Гьедин цӏалдана цадахъ: дица – дозда, доз – дида малъун. Завхоз Мирзабегов вачӏунаан аскӏове, гьикъулаан цониги жо, гӏенеккулаан жавабалъухъ ва унаан нахъе. Ихдал, цӏалул сон лъугӏулеб заманалда, гьес абуна: «Цебе дида кколаан, “настя” – лъикӏаб гьава-бакъ бугин, “ненастя” — квешаб», — ан. Ниж ракӏ-ракӏалъ релъанхъана ва хадубккун чанцӏулго ракӏалдещвезабулаан гьеб. Хасало цӏалдолаан мокърукь рарал нартил чирахъазул канлъухъе. Букӏинчӏо щакъиги. Гьеб гьабулаан лахӏуде гъорлъе лъимги жубан, гьелъ хъвадарулаан. Хасало классазда квачан букӏунаан, маххул печь бакулаан, тӏинцӏиги лъун, гьелъги хехго хинлъи кьолароан. Лъимал рукӏунаан тӏад тӏингъалги ретӏун. Амма школалде лъимал, рачӏунгутӏи гьелда бараб букӏинчӏо, цӏалдохъабазул эбел-инсул гӏемерисез лъимал хасго ясал, ритӏулароан цӏализе. Цӏалдохъан дарсазде вачӏинчӏони, лъазабулаан сельсоветасда, гьес гӏадлу гьабулаан. Тамихӏ хӏисабалда бахъулаан рукъалъе хӏажатаб къайи-алат. Школалъул директор хьвадулаан щивасухъе рокъове, эбел-инсулгун гара-чӏвари гьабулаан.
– Кинаб хайир бугеб гьел дарсаздаса? — ян гъулгъудулаан херай Сакинат. – Къуръаналъул лъабго сурат лъазабуни – гьеб лъикІ! Мунги гиназ, дунги гиназ, лъица хер базе бугеб чуязе?
Гьей йитӏарай йикӏана, амма букӏана батӏияб хӏакъикъатги…
Анкьабилеб классалда цӏалулев вукӏана, Мутӏалибил вас Ахӏмад. Вахъинавулаан гьев дарс бицине:
– Дица лъазабичӏо.
– Кӏийилаб.
Цо дарсги гьоркьоб тун, нахъеги вахъинавулаан.
– Лъазабичӏо…
– Щай, Ахӏмад лъазабичӏеб? Дарсаздаса хадув дихъе вачӏа.
Киналго рокъоре унаан, дунги довги цӏалдолаан. Кинго бажарулеб букӏинчӏо досухъа чияр мацӏ лъазабун, амма гьес хӏаракат бахъулаан. Ахир-къадги бажарана, битӏизабуна кӏийилаб, байбихьана щуйилал росизе. Ахӏмадица школа лъугӏизабуна, гьесул вахъана улкаялдаго машгьурав профессор. Жакъаги гьес дида абула кӏиабилей эбелилан…
Амма гӏадлу хваравги вукӏана Ахӏмад, васазул гьедин букӏунелъулха. Цо нухалда вихьана учительзабазул хӏажатханаялъул кӏалтӏа. Мун щиб гьабулевин гьикъидал, лъутун ана. Заманалдасан къватӏиве лъугьун вачӏана историялъул учитель, ворхатав, кьварун вакъварав херав чи. Кваранаб кодоб буго парччи, квегӏаб – шакъиялъ белъун… Хъитӏизарун бохдулгун, ана учительскаялде ва лъималазда бичӏчӏулареб Пушкинилгун Лермонтовасул мацӏалда биччантанаха жиндирабго…
Дица Ахӏмадида цӏехана щиб ккарабилан. Гьединги бихьулищ, Азербайжаналдаса рачӏун рукӏарал щакъидул гаразул цояб гьес лъел цӏураб парччиялъубе рехун букӏун буго…
Дагъистаналде дун нухарегӏулаго, вацас лъазабун букӏана цӏодорго йикӏайин. Дицаги хӏаракат бахъулаан цӏодорго йикӏине. Лъай-хъваял гьарулароан, дандчӏваял рукӏунароан. Амма, университетги лъугӏун, росулъе тӏадвуссун вачӏана Жалил. Рокьун ратила ниж цоцазе… Кӏиго лъагӏелалъ дандчӏвана. Рачӏ гӏадин вукӏунаан дида хадув гьев, ва цо къоялъ дихъе ритӏун рачӏана имгӏалги, школалъул завхоз Мирзабеговги, гьесул лъади Рахӏинатги. Сакинат-кӏодоцаги Валяцаги къачӏана стол.
Битӏараб бицани, хӏинкъун йикӏана. Цӏалул сон лъугӏидал, бихьизабураб болжал (лъабго сон) лъугӏулеб букӏаралъул, ракӏалда букӏана гьениса нахъе ине.
Жалилги вукӏана бесдалав: гьесул эбел-эмен хун рукӏана. Гьев вукӏана бихьиназда гьоркьов бищун кӏудияв. Гьесул яц Эспет гьедана: «Дун чӏаго йигебгӏан мехалъ, мун лъицаниги къварид гьайиларо, разилъе. Мун гьаниса ани, гьев – кинабго рехун тун – дуда хадув вахъине вуго. Мина, хъизан, гӏисинал лъимал гӏадада хвела», -ян. Гьебмехалда дунги разилъана ва киданиги гьелдаса ракӏги бухӏичӏо. Дир Жалил гӏадав, тӏалаб-агъаз гьабулев рос цоги ватиларо ракьалда…
Гӏемер гӏарац гьечӏониги, букӏине кколеб куцалда къачӏана дие «бахӏаралъул партал».
– Гьаб буго «бахӏаралъул ретӏел», — ан бичӏчӏизабуна Жалилица. – Гъоркьан ретӏелги, хъабалоги, хъахӏаб шалгун крепдешинги.
Бертин гьабуна Гӏашилтӏа. Мадугьалихъ росабалъаги гьалбал рачӏана. Хъумторхъалаялъул цӏолбол чагъирги, «сахлъиян» рорхулел лълъаралги, зурмагун къалиги лъабго къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо. Кьурдулезул букӏана цин лъабго свери, хадуб цоял цогидазде данде кьурдулаан. Камилищха гъоркьан речӏчӏизарулел бералги, «Кин гьеб: гӏурусай ячана?!» — ян рицунел харбалги. Бертадаса хадуб Эспетица ахӏана кинабго гӏагарлъи, гӏуцӏана гьарзаяб тепси ва, дида къвалги бан, лъазабуна магӏарулги гӏурусги мацӏазда:
– Настя йиго дир вацасул лъади. Дир адабги гьабулев, дунги йокьулев чияс гьабизе ккола гьелъулги адаб, йокьизе ккола гьейги.
Гьелдаса нахъе лъугӏана дир бесдаллъи. Гьеб бицунагоцин щакърахуней йиго… Кьураб рагӏи ккуна Эспетица. Цониги чияс дун киданиги къварид гьайичӏо.
Гьаниб буго гьадинаб закон: бертин гьабун хадуб, тӏубараб моцӏалъ цӏиял бахӏарал гӏагарлъиялъ ахӏула жидехъего гьоболлъухъе, лъикӏаб квенги гьабун, кьола сайгъатал. Гьезул тухумалде ккарай дун талихӏай йиго. Гьез дун цӏунулаан, адаб гьабулаан, дида гурхӏулаан гьел. Дица цӏализаруна гьесул гӏисинал яцалги вацги. Гьез киназго дида абулаан «Настя-эбелилан». Киназдаго кӏочана дир отчество – Ивановна. Гьезие дун йиго Настя-эбел. Цониги чияс жеги абичӏо дида: «Дурго ракьалде а! Щай мун ячӏарай?» — абун. Лъагӏалидасан дун ячана Унсоколо росдал школалда хӏалтӏизе.
Щуцӏул вачӏана Дагъистаналде дир вацги. Тӏоцеве вачӏараб мехалда росас гьесул адаб гьабуна, вачана гӏагарлъиялъухъе, хъуна куй, ана авлахъалде, рохьоре квана-гьекъезе. Дунги живгоги гурони гьечӏеб бакӏалда Федорица дида абуна:
– Кин гӏумру гьабулеб дуца гьаб ганчӏил къолониб? Асирлъун гьаюла гьез мун!
– Дун гьаний чияр чӏужу гуро.
– Дида бихьуларогуйищ… Нижеда цадахъ столалда нахъа гӏодой чӏечӏо, гьекъечӏо, кечӏ ахӏичӏо.
Гьекъейищ аслияб жо, гьаниб цоцазе кумек гьабула, гӏажаибго лъикӏал гӏадамал руго. Нагагь щибниги ккани, рекерун рачӏуна. Ахӏизе кколаро. Къотӏносан унаго, дандчӏварас гьикъула:
– Иш кин бугеб?
– Баркала, лъикӏ буго!
Дун гьитӏинаб мехалъ ячун йикӏана килисаялде, насранияй йигониги, кинабго гьабуна шаргӏалда ва бакӏалъул гӏадатазда рекъон: абизе рачӏана, магьари лъуна, бертин гьабуна. Кьуна дие бусурманаб цӏарги – Нуржагьан – турк мацӏалда «дунялалъул канлъи». Гьелдаса нахъе дицаги цӏунула гьазул гӏадатал. Цӏуничӏого бегьилищха? Чияр килисаялде дурго уставгун хьвадуларо. Дицаги кверал рорхула, «бисмиллагь» гурони батӏияб жо лъачӏониги. Кӏаз чӏвазеги ругьунлъана – ботӏрода гьеб гьечӏони, бетӏер хӏулун бугин ккола. Махӏачхъалаялъул насраниязул килисаялде щвана кӏиго-лъабго нухалъ, гьаний хьвадула мажгиталде. Дир Аллагь кидаго вуго дир рекӏелъ! Бегьуларо хъачӏлъизе, квешлъиялде данде хучизе, гьедин гьабуни нилъеда гьоркьоб бугеб батӏалъи бихьизе гьечӏо. Рокьи цциналдаса къуватаб буго!
Буссинабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.