Добго хурив довго… чи

Рощногохӏаз ханлъи гьабурал ракьал хвасар гьарун бажариладай?

15 январалда, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏараб данделъиялда бицана, рищни бакӏариялъул ва баччиялъул рахъалъ тӏоцебесеб январалдаса нахъе цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизарулел рукӏин. Муниципалиял гӏуцӏабазул нухмалъулез рихьизаризе ккола рищниялъул гӏадлу-низам гьабизе кколел регионалиял операторазе хӏалтӏизе бакӏалъул (площадки) схема. Данделъиялда бицана, Дагъистаналда рищниялъул гӏадлу гьабулеб ва гьелдаса цогидаб къайи гьабулеб анкьго завод базе бугин. Исана заводал разе ракӏалда буго Махӏачхъала, Дербент, Каспийск, Хасавюрт шагьаразда.

Россиялъул Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствогун къотӏи-къай гьабулеб буго рищнидул цогидаб къайи гьабиялъул завод баялъе гӏарац биччаян абун. Данделъиялда бицухъе, гӏаммаб къагӏидаялда, республикаялда базе ракӏалда буго ункъо полигон, рищни батӏа гьабулеб микьго комплекс ва рищнидул цогидаб къайи гьабулеб завод. 20 февралалде республикаялде бачӏине буго рищни баччулеб 20 хасаб машина. Махӏачхъалаялда рищни баччизе хӏалтӏизаризе руго гьел.

«Рощнол» закон

Рищни-къулалъул хӏакъалъулъ хасаб закон къабул гьабун букӏана 2017 соналъул 31 декабралдаго. Гьелда рекъон, доб заманалдаго гӏадамал ругьунлъизе кколаан рищни-къул батӏа гьабиялъул цӏияб къагӏидаялде. Амма закон гӏумруялде бахъинабун бажаричӏо тӏубараб лъагӏалида жаниб. Гьединлъидал, цӏиял тӏадежураялгун, рищни-къул батӏа гьабиялъул закон билълъанхъизабулеб буго 2019 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе. Гьеб масъалаялъулъ реформа гьабиялъе гӏиллалъунги ккана щибаб лъагӏалида жаниб рищниялъул 70 миллион тонна бакӏарулеб букӏин ва гьеб базе бакӏ гьечӏолъи.

Рищни-къул батӏа гьабиялъул мурадалда къабул гьабураб закон хӏадурун букӏана улкаялъул экологияб рахъ лъикӏлъизабиялъул мурадалда. Батӏа гьабураб рищни хӏалтӏизабизе кколаан цогидаб материал гьабизелъун. Гьелъие гӏоло разе кколаан заводалги. Гьелин абуни Россиялъул цо-цо регионазда гурони гьечӏо.

Рищни батӏа гьабизе ккани, хӏажалъулел руго хасал къалал (контейнерал), щибалда тӏадги хъван букӏине ккола щиб ва кинаб къолонибе базе бегьулебали. Гьелдалъунги гьеб иш лъугӏуларо, рищни батӏа гьабураб гӏоларелъул, гьелъул щибалъул тайпа батӏа-батӏаго баччизе ккола заводазде ва гьединго букъизе ккола ракьулъ. Гьединлъидал чан батӏияб тайпаялъул рищни батаниги, батӏа-батӏаго баччизе кколеб буго гьеб рищни баччулеб машинаялъ. Гьеб хӏалтӏи гӏумруялде бахъинабизе ккани, щибаб азбаралда ругел рощнол къалазул гӏадлу-низам гьабизе ккола, кинаб къолонибе кинаб тайпаялъул рищни базе кколебали баянги хъван. Жиндир заманалда рищни нахъе баччун бажаруларел компанияз гьебщинаб хӏалтӏи гьабиладай? Шагьаралъул къватӏазда ругел рищнидул хварал къалалцин, гӏадамаз ахӏи бахъинабун гурони хисулареб мехалда, гьеб хӏалтӏи гьабиялда щаклъизе бачӏуна.

Январь моцӏ бащалъаниги, Дагъистаналъул шагьараздаги хисараб жого бихьулеб гьечӏо. Республикаялда заводал разе ругин бицунелдаса гӏезегӏан сонал ана. Гьединлъидал кинго бичӏчӏуларо кин гьеб закон гӏумруялде бахъинабизе бугебали. Гьебщинаб хӏалтӏиги гьабизе заводалги разе кисадай гӏарац балагьизе бугеб? Гьелда сверухъ гӏемераб ахӏи-хӏур буго Интернеталдаги.

Цӏиял къагӏидаби

Рищни-къул батӏа гьабиялъул реформаялда рекъон, заводазде гьеб баччизе ккола ГЛОНАСС абураб спутникалъулаб къагӏида жидеда рекъезабурал хасал машинабаз. Гьелъ кумек гьабула машина кибе унеб бугебали балагьизе. Гьеб закон гӏумруялде бахъинабизе байбихьун буго Астрахань областалда, Мордовиялда, Карелиялда ва цо-цо регионаздаги. Дагь-дагьккун Россиялъул киналго субъектаздаги гьеб билълъанхъизабизе бугин рагӏи кьолеб буго хӏукуматалъул нухмалъулесги.

РФялъул щибаб субъекталда тӏасавищула, рищни нахъе баччиялъул жаваб кьолев ва гьелъул цогидаб материал гьабулев оператор. Цебе рищниялда ТБО (рукъалъул рукӏа-рахъиналъул хутӏелал) абулеб букӏун батани, гьанже ТКОян (коммуналиял хутӏелал) абула. Рищни баччи цебе рукъалъулгун рукӏа-рахъиналъул хъулухълъун букӏун батани, гьеб гьанжеялдаса нахъе коммуналияб хъулухълъун ккола. Рукӏа-рахъиналъул хъулухъазухъ багьа нухмалъулеб компаниялъ (УК) чӏезабизе бегьула, коммуналиял хъулухъазухъин абуни багьаби пачалихъияб даражаялда рекъезарула. Гьанжеялдаса нахъе рищни (ТКО) баччаралъухъ гӏарац кьезе кколеб буго газалъухъ, токалъухъ ва лъехъ кьолеб къагӏидаялда рекъон. Гӏумру гьабулеб бакӏалда ремонт гьабиялъухъ багьа дагьабго учузлъизе буго, щайгурелъул гьелда гьоркьоса рищни-къулалъул хъулухъ нахъе босун бугелъул.

Дагъистаналдаги, Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялда тӏобитӏараб тендералъул хӏасилалда, тӏасарищана рищни баччизе ва гьеб къачӏазе регионалиял операторал. Рищниялдаса бакӏал рацӏцӏад гьариялъул схемаялда рекъон, республикаялда бищунго рищни гӏемераблъун рикӏкӏунеб Махӏачхъала шагьар централияб мухъалде (зона) гъорлъе ккола. 10 соналъ тахшагьар ва централияб мухъалде гьоркьоре кколел шагьаралгун районал (Каспийск, Буйнакск, Гъизилюрт шагьарал ва районал, Унсоколо ва Хъумторхъала районал) рищниялдаса рацӏцӏад гьаризе республикаялъ къотӏи-къай гьабуна «Лидер» УКялъулгун. Гьединго северияб мухъалда хӏалтӏи гьабизе буго «Дагэкосити» — 1, ОООялъ, Югалъулаб мухъалда – «Экологика» ОООялъ, мугӏрузул мухъалда – «Даг-Эко-Дом» ОООялъ.

Гьел компанияз рищни баччизе ккола гьеб рехулел хасал бакӏазде, гьединго рищни хӏалтӏизабизе ккола цогидаб материал гьабизелъунги. Республикаялъул анлъго мухъалда гӏуцӏизе руго официалиял полигоналги.

Республикаялъул шагьараздагун районазда рищни-къул баччиялъул рахъалъ гьарулел хъулухъал рикьана ункъо батӏияб фирмаялда гьоркьор. Рищни баччиялъул хъулухъал гьарулел бакӏазда гьоркьор руго республикаялъул киналго районалги. Шагьаразда ва чӏахӏиял росабалъ рищни-къул гӏемер букӏине рес буго, амма рищни-къул жидецаго батӏа гьабулел ва тӏагӏинабулел росабалъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазухъаги гӏарац бакӏари битӏараб букӏинадайха?

Цӏиял тамихӏал

ДРялъул Тӏабигӏиял нахърателазул ва экологиялъул министерствоялъул баяназда рекъон, экологиялъулин лъазабун букӏараб 2017 соналда, Дагъистаналда тӏагӏинабизе кӏвана ихтияр гьечӏого гӏадамаз рищни бараб 200 бакӏ. Рищниялдаса бацӏцӏад гьабуна 50 гектар ракьул. 2017 соналда тӏатинабун букӏана ихтияр гьечӏого рищни балеб 300 бакӏ.

Ихтияр гьечӏого рищни бан бугел ракьазул бетӏергьабаз жаваб кьезе буго гьенибе бан бугеб чороклъиялъул. Пуланав чиясул бетӏергьанлъиялда гъоркь бугеб ракьалда ихтияр гьечӏого рищни бан батани, регионалиял оператораз гьелъул хӏакъалъулъ лъазабула ракьул бетӏергьанасда. Ракьул бетӏергьанас, жиндирго гӏарацги хвезабун, бацӏцӏад гьабизе ккола гьеб бакӏ рищни-къулалдаса. Нагагь ракьул бетӏергьанчи гьечӏони, ихтияр гьечӏого рищни бараб бакӏ бацӏцӏад гьабизе тӏалъула муниципалитеталда.

Рищни-къул баччаралъухъ гӏарац кьечӏого тезеги рес гьечӏин лъазабулеб буго реформа гӏуцӏараз. Гьеб хъулухъалъухъ гӏарац кьечӏого таразде 2000 гъуруш гӏакӏа къотӏизе буго.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова