Ракӏ меседилай устар
Сакъатал гӏадамаздаги малъула гӏарцул тӏагӏалаби гьаризе
Ювелиразул профессионалияб байрам баркизе мустахӏикъал устарзаби гӏезегӏан руго нилъер республикаялдаги. Масала, гьединазул цояй ккола Наида Мухӏамадова.
Инсуца жиндаго малъараб махщалие гьелъ ругьун гьаруна коляскаялда рекӏун гурони хьвадизе бажаруларел сакъатал гӏадамалги. Кверал гурелги, ракӏги меседил буго Наидал. Гӏарцул тӏагӏелал гьаризе малъаралъухъ гӏарацги босуларо гьелъ.
Чанго соналъ унтун больницабазда егун, гӏумруялъе гӏоло къеркьолей йикӏарай Наидада лъикӏ бичӏчӏула рокъоса къватӏире рахъине рес гьечӏого хутӏарал гӏадамазул хӏал. Сакъатазул гьакида гурони хьвадизе бажаричӏогоян абун, дунялалдаса ва гӏадатиял гӏадамазда гьоркьоре рахъун гӏумру гьабиялдаса гьел махӏрум гьари мекъаб ишлъун рикӏкӏуна гӏолохъанай ювелиралъ. Нилъер республикаялда сакъатазе дандекколеб сверухълъи гьечӏолъиялъ, нилъеда сакъатал гӏемер рихьуларо къватӏахъ ва гӏадамал гӏемерал цогидал бакӏазда. Гьелги жамагӏаталъул бутӏалъун кколеллъи бичӏчӏизабизе гӏемераб хӏаракат бахъулеб буго ракӏ меседилай устаралъ.
Битӏун дунялалде ракӏбараб, гӏелбащадалгун цадахъ букӏинесеб гӏумруялде хьулазда йигеб заманалда, киналго анищазде нух къараб, тохлъукье щвараб унтигун къеркьезе ккана Наида. 2007 соналда, 16 сон барай Наида цӏадуца юхӏун, захӏматаб хӏалалда больницаялде ккедал, тохтурзабаз лъабго къо гурони баларин гьелъилан абун букӏана. 80 проценталъ черх бухӏарай Наидал къуват гӏуна унтуде данде къеркьезе. Черх цӏилъизегӏан щуго сон бана Наидаца больницабазда, тӏоцебесеб соналъин абуни коляскаялда рекӏун гурони ягъаризецин кӏолароан гьелда. Гьеб захӏмалъи сабаблъун дунялалдасаго ракӏбуссинчӏого хутӏиялъе гӏиллалъунги Наидаца рикӏкӏуна Аллагьасул хӏалкӏолъи. Больницаялде ккезегӏан гьелъ как-диналъул пикруго гьабулароан. Унтидал байбихьана гьелъ диниял вагӏзабазухъ гӏенеккизе, Къуръан цӏализе.
Тӏоцересел галаби
Ункъо соналъ цебе тӏоцебесеб гӏарцул тӏагӏел гьабун хадуб Наидада ракӏалде ккана гьеб коляскаялда ругел сакъатал гӏадамазе цӏакъ данде кколеб хӏалтӏи бугин абун.
Жиндирго анищалъул хӏакъалъулъ бицине хӏинкъулаан Наида, гьеб лъидаго бичӏчӏиларин кколаан. Наидал анищалде нуцӏа рагьана, цо къоялъ гьалмагъзабазул цояз битӏун бачӏараб лъазабиялъ. Гьениб хъван букӏана, «ПЕРИ Инновации» бизнес-инкубаторалда предпринимателазе кӏиго анкьилал курсал тӏоритӏулел руго, бокьани мунги ячӏине бегьулаян. «Бизнес гьаби: пикруялдаса тӏоцебесеб дараналде щвезегӏан» абурал курсал тӏоритӏулел рукӏана гьенир чӏобого.
«Тӏоцебесеб кӏиго къоялъ дун цогидазухъги гӏенеккун юцӏцӏун чӏун йикӏана, цӏакъ хӏинкъун йикӏана дидаго ракӏалда бугеб бицине, цощинаб гьел дида тӏад релъиладаян кколеб букӏана ракӏалде. «ПЕРИ Инновациялъул» директор Хӏажимурад Гӏалиевас дица бицаралде кӏвар кьуна, лъикӏаб проект бугин ва гьелда тӏадчӏей гьабизе кколин абуна. Байбихьуда, ювелирияб махщалиде ругьун гьаризе гӏадамал кин ралагьилел, кин байбихьилебали лъаларого йикӏана дун. Хӏажимурад Гӏалиевас жиндирго гьудул, сакъатав Виктор Бурцевасул, хадуб «Кьуру» баскетболалъул клубалъул гӏахьалчи Дмитрий Смирновасул телефоназул номерал кьуна дихъе. Гьез малъараб хехго босана. Гьезул кверал къуватал рукӏунелъул, гӏарцул баргъичазда, кӏилкӏазда ва курхьабазда ганчӏал лъезе хехго ругьунлъана гьел. Викторица кумек гьабуна «Мун предприниматель» абулеб конкурсалда гӏахьаллъизе проект хӏадуризеги», — ян бицана Наида Мухӏамадовалъ.
Гьелдаса нахъе микьго цӏалдохъан гӏуна Наидал. Тӏагӏелалги росун, щивасухъе рокъое хьвадула гьей. Киналго цӏалдохъаби гьелъ рикӏкӏуна вацал-яцаллъун. Щивав цӏалдохъанасги гьей къабул гьаюла бищунго къиматай гьобол ва яц кинигин. Наидал цӏалдохъабазул цояв Арсен Мухӏамадовасул рокъоселги кидадай гьей ячӏинаян балагьун чӏун рукӏуна. 28 сон барав Арсенил ДЦП унти букӏаниги, кӏудияб жигар бахъула хӏалтӏизе. Гӏадада заман тӏамизе бокьуларев Арсеница коляскаялдаги рекӏун регби хӏала, компьютерал къачӏала, гьанжейин абуни сакъатазе ювелирияб цех рагьиялъул анищазда вуго. Арсеница тӏоцебе гьабураб баргъич эбел Асиятие сайгъатги гьабуна.
«Байбихьудаго дица гьабулеб хӏалтӏуда тӏад кӏалъалел гӏадамалги камулароан, дурго махщелги дуего тун щай йикӏунарей, духъаго чед бахъизейищ гӏарцул устарлъиялъе гӏадамал ругьун гьарулел ругелилан абулаан. Дица сакъатазда ювелирияб махщел малъулеб букӏин инсуда телевизоралдаса бицунеб рагӏун лъана. Гьев разилъана дица гьабулеб хӏалтӏудаса», — ан бицана Наидаца.
Республикаялъул
нухмалъиялъул кверчӏвай
Гӏолохъанай ювелиралъул хӏакъалъулъ СМИяздаса рагӏарав «Успех» абураб гӏолилал хӏалтӏудалъун хьезариялъул республикаялъуб централъул (РМЦЗ) директор Шамил Мухӏамадовас ахӏун бачӏана Наидахъе, мун ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялде ахӏулей йигин абун. Доб мехалда вукӏарав министр Расул Ибрагьимовасги Шамил Мухӏамадовасги гьелда абуна дуца лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб бугин, «Машук» гӏолилазул форумалда щай дуца дурго проект бихьизабуларебин абун.
2018 соналъул риидал Наида Мухӏамадова гӏахьаллъана «Машукалда» ва гьелъул проекталъе 300 азарго гъуруш бергьана. Лъагӏалил ахиралда республикаялда тӏобитӏун букӏараб «Мун предприниматель» конгрессалдаги «Батӏи-батӏиял, амма ращадал» абураб проекталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна ДРялъул бетӏер Владимир Васильевас: «Гьеб проекталда бизнесинцин абизе рекъон букӏинаро, гьеб ккола инсанасул меседилаб рухӏ ва гьеб гӏумруялде бахъинабизе кумек гьабизе буго Дагъистаналъул нухмалъиялъ», — ан абуна гьес.
ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъ рагӏи кьун букӏана сакъатлъи бугел махщелчагӏазе хӏалтӏизе ва ругьун гьаризе дандекколеб бакӏ кьезе. Наидаца ведомствоялъул хӏалтӏухъабазда гьарана, коляскабазда рекӏун гурони хьвадун бажаруларел сакъатазе дандекколеб, шагьар бакьулъа рикӏкӏад гьечӏеб бакӏ кьеян. ДРялъул Транспорталъул министерствоялъ сакъатлъи бугел хӏалтӏудеги нахъеги раччизе дандекколеб машина чӏезабизеги рагӏи кьуна. Цех рагьарабго, ювелирияб махщелие 15 чи ругьун гьавизе ва гьел хӏалтӏудалъун хьезаризе ракӏалда буго Наидада. Проект нухмалъулезда бихьизабуралдаса кӏиго моцӏ ана, амма жеги байбихьулел ювелиразе хӏалтӏизе дандекколеб бакӏ щун гьечӏо. Цеего гӏадин, Наидаги щивав цӏалдохъанасул рокъоеги хьвадун, гьел гӏарцул тӏагӏелал гьаризе куцалей йиго. Проекталъе бергьараб гӏарацин абуни гӏицӏго хӏалтӏул тӏагӏелал росизе гурони гӏечӏо. Наидалги гьелъул цӏалдохъабазулги хьул буго сакъатазе дандекколеб бакӏалда цех рагьизе кумек щвеялде.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова