Кӏудияб хъизамалда талихӏги гьарзаяб букӏуна

Хӏинкъуге гӏемерал лъимал гьаризе. Гьел гӏемерлъанагӏан, гьарзалъула рукъалъул талихӏ

Гумбет районалъул Мелъелтӏа росулъ букӏана рохалилаб тадбир – эбелалда байрам ва республикаялъ кьураб иргадулаб шапакъат баркизе данделъун рукӏана лъималги, лъималазул лъималги, гӏагарлъиги.

— Долдаса нахъе ана гӏемерал сонал. Рукӏана нижер кӏудияб хъизамалда захӏматал къоялги, ункъо гъурушалъухъ 10 лъимер кваназабизе ккараб заманги. Рецц Тӏадегӏанасе, гьабсагӏаталда ниж цӏакъ лъикӏ руго. Бугониги, рекӏее лъикӏаб асар гьабула, нилъеде тӏалъиялъ кьолеб бугеб кӏвар бихьидалги, — гьадин байбихьана хабар кӏудияб хъизамалъул бетӏер Мухӏамад Сагӏидовас.

Мелъелтӏисезда лъала гьеб кӏудияб хъизамалъул гӏумру кинаб букӏарабали. Гьебин абуни букӏана бигьаяб гуреб, амма кӏудияб хъизамалъул талихӏаб нухдасан унеб. Бащдаб гӏасруялдасаги цӏикӏкӏараб заманалъ гьабулеб буго цадахъ гӏумру Мухӏамадицаги Анисатицаги. Гьез гӏезабуна анцӏго лъимерги: анкьго ясги лъабго васги. Бищун гьитӏинав Сагӏидил жакъа буго лъебергоялдасаги цӏикӏкӏун сон. Гьанжеги киназго хӏикмалъи гьабула кингӏагидайин анцӏго лъимер хьихьунги, щивасул хъизан гӏуцӏунги Мухӏамадихъаги Анисатихъаги бажарарабилан.

Лъабавго васасе минаги базе, ясалги ригьнаде кьезе, гьезие лъикӏаб тарбияги кьезе ккани, гьеб расги бигьаяб иш гурелъулха. Ракӏалде ккана Мухӏамадилги Анисатилги гӏумруялъул балъголъабазде яккизе.

— Доб заманалда, ай цо лъимер хьихьизе ункъо гъуруш кьолел къояз, бигьа букӏинчӏо. Тӏадежоялъе хӏалтӏизе бакӏалги рукӏинчӏо, — ян байбихьана Мухӏамадица жиндирго хабар. — Рес букӏана цохӏо колхозалда хӏалтӏизе. Дир хъизан Анисатги яхъине ккана Тельманил цӏаралда бугеб колхозалда хӏалтӏизе. Цо лахӏзаталъ цебечӏезабеха гьадинаб сурат: анцӏго лъимадуе цин квен гьабе, гьелде тӏадеги гьезие къваригӏунебщинаб хъулухъ, хадубги — квен-тӏех, нухда бачине кколеб рукъалъул магӏишат, гьеб киналдего тӏадеги колхозалда хӏалтӏи. Киналгӏаги бигьалъаби рукӏинчӏо гьелъие, ахиралдаги, захӏматкъоял гӏолел гьечӏиланги абун, гӏарацги кьолароан. Доб мехалда нижер гӏадаб лъимал гӏемераб хъизан жеги кӏигоги букӏана районалда.

— Кин кьураб нужеца лъималазе тарбия? Бищун кӏудияб кӏвар сунде кьолеб букӏараб?

— Дагъистаналъул киналго хъизамаздаго гӏадин, нижецаги тарбия кьеялъулъ хӏалтӏизаруна магӏарул яхӏ-намусги, тӏадегӏанлъиги, чилъиги борцунел ва цӏунулел къанунал. Васазеги ясазеги кьолеб тарбиялъулъги букӏана батӏалъи. Васазулъ куцалеб букӏана къуватги, къвакӏиги, хъизамалда цебе жавабчилъи цӏикӏкӏинги. Ясал куцана хъизамалъул гъансито цӏунизе тӏадаллъун. Васаз хъулухъ гьабуна армиялдаги. Нижер тарбиялъул мурадги букӏинчӏо гьел бищунго лъикӏаллъун лъугьине кколин абураб. Амма лъалаан ва бичӏчӏулаан, кинаб ахӏвал-хӏалалде кканиги, гьел унго-унгоял гӏадамаллъун хутӏизе ва рукӏине кколеллъи.

— Мухӏамад, кинха нужее гӏолеб букӏараб гӏарац хъизан хьихьизе?

— Дун хӏалтӏулев вукӏана механиклъун. Риидалил заманалда унаан хъутаналде, комбайналда хӏалтӏизе. Гьенив хӏалтӏаралъухъ дие щолаан 5-6 тонна ролъул. Гьелде тӏадеги кьолаан силос, хер. Рес гӏуна, боцӏи-панз, чахъу-хух хьихьизе. Гьединго магӏарухъ, росдадаса рикӏкӏад колода, бекьулаан картошка, ламадур, чӏакӏултӏан ва цогидабги. Гьенир хӏалтӏизе гӏун рачӏунел ясалги рукӏана. Гьел радал хехго тӏаде рахъинеги кколаан. Гӏачиги речӏчӏулаан, хурир-харинирги хӏалтӏулаан.

— Дида рагӏана сундулго рахъалъ мисалияб хъизан букӏанин нужерилан…

— Мадугьалзаби гӏемер щолаан нижехъе къваригӏараб-таралда хадур. Амма киданиги рагӏулароан гьезда нижер рокъоб ахӏи-хӏур. Гьел хӏикмалъулаан, анцӏго лъимер бугеб хъизамалда жаниб бугеб сихӏкъотӏи бихьун. Щайгурелъул гьелъие заман букӏинчӏо, щивасул рукӏана жиндаго тӏадал ишал. Цо-цояз дида гьикъулаан лъабго лъимер бугеб жидер рокъоб букӏунин ахӏи-хӏур, дирин абуни гӏодобебиччай бугилан. Кинила гьеб бажарулебилан абун.

— Кинха бажарулеб букӏараб?

— Гьеб ккола дир хъизан Анисатил тарбиялъул балъголъи. Гьей киданиги лъималазде ахӏдолароан. Гьезги гьелдаса босана мисал, цоцазухъ гӏенеккана ва цоцазе кумек гьабизе ругьунлъана. Ахӏдон цоцазде кӏалъай нижер хъизамалда букӏараб тарбия гуро.

— Кин гьединаб низам чӏезабун бажарулеб кӏудияб хъизамалда?

— Ниж киданиги семулароан лъималазде. Гьел мекъи рукӏин бихьаниги, малъун гьабулаан. Киданиги гьабичӏо гьезде гӏайибги. Ясаздаяли щиб гурин, жеги цониги нухалда васазда кьабичӏо нижеца. Анлъго сон байдал, какалги рана лъималаз. Анцӏго сон гьез байдал, Къуръанги малъана цӏализе. Гьедин бачӏун батила нижехъе баракатги иманги.

— Гьабсагӏаталда лъимал кир ругел? Кинаб бугеб гьезул къисмат?

— Хъизан Анисатица анкьго класс гурони лъугӏизабун букӏинчӏо. Амма лъималаз цӏали гьабуна. Нажмудин цӏалана Махӏачхъалаялда бугеб Москваялъул нухазул институталъул филиалалда. Хӏажимурадица лъугӏизабуна механизаторал-бульдозеристал рахъунеб училище. Низамудин цӏалана Дамаскалъул исламияб университеталда. Шагьрузатица лъугӏизабуна Хасавюрталъул аграриябгун зкономикияб колледж. Кӏиго яс хехго ригьнаде кьуна. Гьезул киназулго буго хъизан-рукъ. Рецц Аллагьасе — дун разияв вуго дирго гӏумруялдасаги лъималазул талихӏалдасаги.

— Нужер лъималазе нужеца кьечӏого хутӏараб жо бугищ?

— Нижер лъимал кидаго рази рукӏана сундасаго, нижеца гьезие гьабулелдасаги кьун бажарулеб бугелдасаги. Кинабго букӏана гьоркьохъеб къагӏидаялда. Гьезие цӏакъ бокьулаан рацӏцӏа-ракъалъи. Школалдаги гьелъул рахъалъан мисалиял рукӏана гьел. Амма ясли-ахалда бакӏ щвечӏоха нижер лъималазе. Гьенире, аслияб къагӏидаялда, росулаан хъулухъчагӏазул лъимал. Битӏун бицани, захӏматго букӏана. Гьанже гӏадин, хӏухьлаца ракулел пучдулги, черолел машинабиги, цогидал санагӏалъабиги рукӏинчӏелъулха. Киналго кьижулаан цохӏо рокъор, печалда сверухъ.

Нижеца хабар бицунелъул, сихӏкъотӏун гӏенеккун чӏун йикӏана Анисатги. Дица гьелда гьарана росасул хабаралде тӏаде дагьа-макъабго жо жубайилан.

— Дун цӏакъго хехго яхъунаан тӏаде — ункъо-щугоялдаго. Гӏачиги речӏчӏун, гьел рохьдолъе гъолаан. Гьелдаса хадуб лъималазе квен гьабулаан. Нижер рокъоб кидаго букӏунаан рахь, дицаго щар чӏван, бахъулаан нису-нах. Къойил черезеги кколаан. Лъимал школалдаса рачӏиналдеги, квен хӏадурулаан. Ясазе цӏакъ рокьулаан цӏурачадал, васазе — хинкӏал. Гьабулеб кинабго хӏалтӏулъ дир кумекчагӏилъун рукӏана лъимал. Хасго цӏикӏкӏарай ясалъ кверчӏвалаан сундаго.

Дие битӏккана дир хьолбохъ дунги дир захӏмалъабиги ричӏчӏулев гӏумруялъул гьудул вукӏинги. Гьес кидаго гьабулаан дие кумек. Гьанже дагьа-макъабго дун унтидалгицин, дир тӏалабалда вуго, рукъалъул магӏишат бачинеги кумек гьабулеб буго, кидаго гӏадин. Гӏумру гьабизеги бигьалъана. Лъималги кӏудиял гӏуна. Гьанже нижехъе къойил рачӏуна лъималги гьезул лъималги.

— Васазе минаби рай нилъер гьаниб тӏадаб жо буго. Нужер васазул ругищ жалго бетӏергьанал минаби?

— Щивасул буго, цӏакъго чӏухӏараб гьечӏониги, гьоркьохъеб мина. Дица Тӏадегӏанасе кӏудияб рецц гьабула гьадинав росасухъги иман бугеллъун лъугьарал лъималазухъги. Жакъа дун ккола бищунго талихӏал улбузул цояй. Жакъа дие щвараб гьаб шапакъатги — гьебги ккола дир талихӏалъул иргадулаб гӏаламатлъун. Гьадинал лахӏзатаз кӏочон тола захӏмалъабиги. Хӏурматиял улбул, хӏинкъуге гӏемерал лъимал гьаризе. Гьел гӏемерлъанагӏан, гьарзалъула рукъалъул талихӏги. Гьениб бижула кӏудияб рокьиги. Дун чӏухӏарайги йохарайги йиго дица ватӏаналъеги диегоги пайдаялъе гӏезарурал лъималаздаса.

Патӏимат Расулова