Лъица бикъулеб бугеб ва налъи бецӏун бажариладай Дагъистаналъухъа?

Тӏубараб анкьалъ Россиялъул СМИяз бицана Гъарачай-Чергесиялдаса Арашуковал (васги эменги) низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз кквеялъул хӏакъалъулъ. Бицунеб буго, 32 сон барав Рауп Арашуковас, Федерациялъул советалъул сенаторас, 30 млрд гъуршиде газ бикъун бугилан абун. Гьайгьай, гьес гьеб жинцаго гуро бикъараб, гьеб бикъана такъсирияб къокъаги гӏуцӏун. Гьелда гъорлъ рехсолел руго Раупил эмен Раул Арашуковасулги («Газпром межрегионгаз» абураб тӏолгороссиялъул холдингалъул генералияв директорасул гӏакълучилъун вукӏарав), гьезул гӏага-божарал чагӏазулги цӏарал.

Мадугьаласул мисал:

кин тӏаса хъвагӏалеб налъи

Эменги васги Арашуковал низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз кквейги Дагъистаналда хадуб бугеб налъиги цоцада рачӏел лъугьа-бахъинал кколаро. Гьелдаса цебе низам цӏунулезул хӏалтӏухъабаз ккуна «Газпром межрегионгаз Махӏачхъала» абураб идараялъул генералияв директор Владимир Анастасовги. Абулеб букӏана, Дагъистаналда гьес бикъанин цогун бащдаб миллиард гъуршиде газ. Гьеб дагьаб жо гуроха. Амма гӏемер чиясда лъаларо, Анастасов дагьалъ цеве Санкт-Петербургалде щваравлъи ва Раул Арашуковасулгун гӏакълу дандбараблъи, ай щиб гьабилеб, уголовнияб дело рагьун бугин абун. Гьесги Анастасовасда малъун буго бажаранагӏан хехго улка-ракь тейин абун. Ва Владимирги ккуна, самолеталде вахунаго.

Гьелдасаги цебе, 2011 соналда «Роснефть» ОАОялъул кӏудияв Игорь Сечин щвана Ставрополалде – гьенив «Цогояб Россиялъул» рахъалдаса депутатлъиялде кандидатазул сияхӏалда тӏоцебесеб мухъилъ букӏана гьесул цӏар. СКФОялъул газалъухъ бугеб налъиялъул хӏакъалъулъ рагӏидал (РФялда бугеб налъул 40 процент), гьес тӏалаб гьабуна гьеб хӏужаялъул цӏех-рех гьабеян ва чӏванкъотӏарал тадбирал гӏуцӏеян абун. Гьеб мехалда «Газпром межрегионгаз Пятигорск» абураб идараялъул нухмалъулевлъун вукӏана Р. Арашуков. Сечинил гӏакълуги гӏадахъ босун, рехсараб идараялъул нухмалъулез Арашуков витӏана жеги кӏудияб хъулухъалде – Санкт-Петербургалда бугеб «Газпром межрегионгазалъул» генералияв директорасул гӏакълучилъун.

Дагьалъ цебе, масала, Чачан Республикаялъул бетӏер Рамзан Къадировас гьадин лъазабуна: «Лъилниги рес гьечӏо жинца хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ яги гьелъул цого кубометрабазухъ щуцӏул гӏарац кьезе. Регионазда ратани, газалъухъ налъиялда бан масъалаби, гьел тӏуразе ккола, ккаралъубги ккечӏелъубги Чачаналъул цӏар рехсечӏого… Мухӏкан гьабун букӏинчӏо, чан чияс хӏакъикъаталда газ хӏалтӏизабулеб бугебали. Гьечӏел, жаниб гӏумру гьабуларел, рагъда хварал яги рагъул заманалда гьаниса гочун арал гӏадамазда тӏад хъвалеб букӏана хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ налъи. Кьучӏ гьечӏого налъи тӏад хъваялъул хӏужаби ккана рагъдаса хадусел соназдаги, регионалияб газалъул компания хӏалтӏизе байбихьараб мехалдаги, «Грозный межрегионгаз» абураб компаниялъ жидерго хӏалтӏул хӏасилал цӏакъал ругилан ургъунго чӏезабураб заманалдаги. Гьелде тӏадеги, дол соназда рукӏинчӏо газалъул хӏисаб гьабулел алатал ва гӏемераб газ билулаан республикаялде бачӏунеб нухдаго», — ян.

Цебеккун лъазабун букӏана, 17 январалда гьабураб ЧРялъул прокуратураялъул искалда рекъон, Грозныялъул Заводской районалъул судалъ, «Газпром межрегионгаз Грозный» абураб компаниялда тӏадаблъун гьабунин, халкъалда тӏад хъван букӏараб ичӏго миллиард гъуршил налъи нахъе хъвагӏайилан абун.

СМИяздаса гьеб хабар къватӏибе бачӏингун, ахӏи бахъана Россиялъул регионазда. Гьездаги ракӏалдещвана жидерго налъи ва регионазул закондателазул собранияз гьаруна прокуратураялде хитӏабал. Гьеб мисалалъул жидее пайда бахунареблъиги бичӏчӏун, Газпромалъулал рекӏеда ратана ва гьез лъазабуна, Грозныялъул судалъул хӏукму правоялъул нормабазде рекъонкколарин абун. Генералияб прокуратураялъ Чачан республикаялъул прокурорасда тӏадкъана, «Газпром межрегионгаз» ОООялъул апелляциялъул (данде хъвараб гӏарзаялъул) рахъкквеян абун. Гьелдаса хадуб ЧРялъул нухмалъиялъухъа рорчӏана батӏи-батӏиял, ай гӏаксаб магӏнаялъулцин, харбал ва гьез нахъе босана ЧРялъул прокуратураялъул сайталдаса доб хӏукмуги. Гьанже бичӏчӏулеб гьечӏо: Грозныялъул Заводской районалъул судалъул хӏукму хутӏанищ къуватаблъун яги гьеб хисизабизейищ бугебали.

Кинаб дарс бугеб гьеб мисалалъулъ? Тӏоцебесеб иргаялда, битӏараб буго Рамзанил пикру: щай кьезе кколеб гӏадамаз гӏарац жидеца хӏалтӏизабичӏеб газалъухъ?

Кин бикъулеб?

«Воре, цӏогьор ккве!» — ан бищунго цеве ахӏдола цӏогьор» абураб кици буго. Гьедин, Дагъистаналда бахъараб газалъухъ налъиялъул ахӏиги буго цӏогьодизе ругьуназул ахӏи. Къуваталъул идарабазул хӏалтӏухъабаз кинабго мухӏкан гьабуна ва, мисалалъе, ккуна Анастасов ва цогидалги. Амма бичӏчӏуларо: кин гьел газалъул менеджеразухъа бажарулеб, миллиардазде гӏунтӏун гӏарацги бикъун, «яхӏ гьечӏел» потребителазул хӏакъалъулъ харбал рицине? Гьале газ бикъиялъул цо чанго къагӏида:

1. Газалъухъ гӏарац кьезе лъугьуна гӏадамал, амма газалъул компаниялъул вакилас гьезда «бичӏчӏизабула» пуланаб къагӏидаялда рекъон, налъи тӏаса хъвагӏазе бегьулин абун. Кин гьеб гьабун бажарулебалиги, жидедаго лъалеб батилаха.

2. Газалъул регионалиял вакилзабаз гьабула бакӏалъул предпринимателазулгун балъгояб къотӏи ва гьезие бичула цӏатари. Гьедин бикъараб газ хъвала гӏадамазда тӏад. Гӏемерисезда гьеб бичӏчӏуларо ва кьола хӏалтӏизабурабги тӏаде хъварабги газалъухъ гӏарац, амма цо-цояз, гьебги лъан, ахӏи бахъинабула. Амма судалде хьвадун, ритӏухълъи чӏезабизегӏан гӏемер заман уна. Гьеб заманалда балъгояб къотӏиялда гъолбасаразе рес щола финансазул документазда (хадубккун гьел хисизаруларо) мекъал баянал хъвазе. Гьелдалъун кагътида хутӏула «халкъалъул налъи». Хисизаризе бегьула компьютералде росарал счетчикалъул баяналги.

3. Бикъараб газ хъвала хваразда тӏад – гьезухъа налъи бецӏизабун бажаруларелъулха.

4. Бикъула газалъул мухъал цӏигьаризе яги къачӏазе кьураб гӏарац. Нухда газ биличӏого букӏине абун, кьола газалъул рогӏрал цӏигьаризе гӏарац. Гьел «цӏигьарула», амма лъагӏалидасан цоги нухалда къачӏазе ккеледухъ. Гьедин гьабула чанго соналъ тӏатӏалаго.

5. Цоги къагӏида – гӏадамазе бачӏунеб газ цогидаб рахъалъе бичи. Ругел газалъул мухъаздаса бачӏунеб газалъул къадар цӏикӏкӏинабула. Гьебмехалда хӏажалъула газалъул хӏисаб гьабулел алаталгун «хӏалтӏизе», ай газ бикъун щвараб гӏарцул бутӏа кьезе ккола счетчикал хӏалтӏизарулев чиясеги. Кӏиабилеб нух – газалъул мухъилъе бачуна хӏисабалда гьечӏеб рогӏоро. Гьеб ккола гӏумруялъе хӏинкъи бугеб иш, амма «межрегионгазазул» нухмалъиялда гьеб лъала ва гӏумруялъе хӏинкъи ккеларедухъ хӏалтӏи гьабизе тола.

Хӏасил

Ахираб кӏиго соналда жаниб дагъистаниязда хадуб налъи цӏикӏкӏана микьго млрд гъурушалъ. Газалъухъ гӏарац кьолезул къадар бахуна 30-гӏан проценталде.

Мухӏкан гьабизе ккола хӏакъикъиябги тӏад хъварабги налъи. Владимир Васильевасги чанцӏулго абуна батӏи-батӏиял предприятияз газалъул мухъалде рогӏрал рачиналъул хӏакъалъулъ. Гьеб буго цо-цо пачалихъиял идарабазулги «Межрегионгазалъул» хӏалтӏухъабазулги «квербакъиялдалъун» тӏегьалеб букӏараб цӏогь. Гьайгьай, лъикӏаб гьечӏо СКФОялдагун Дагъистаналда газалъухъ гӏарац кьеялъул гӏадлуги. Улкаялъул президент В. Путиницаги цебего лъазабун букӏана, Дагъистаналда гӏадлу гьабеян абун. Гьелде регӏана гӏицӏго гьанже. Щайдай?

Дир пикруялда, санкциязул хӏасилалда гӏарцул рахъалъ хӏалкъайдал. Кӏиабилеб гӏилла, РФялдаго такъсирчилъи тӏибитӏун букӏин, хасго СКФОялда. Гьединлъидалги батила, федералияб централъ байбихьана регионал цӏацӏазе. Къуваталъул идарабаз хӏалхьи толеб гьечӏо, анцӏ-анцӏгун нус-нус миллиардал рикъарал хӏакимзабазе. Централъ рахӏат хвезабун буго цогидал регионазулги, амма ахӏи бахъунеб буго, СМИязе «цӏакъго рокьулелъул», СКФОялъул регионазул хӏакъалъулъ.

Регионазул халгьабиялдалъун ва бакӏалъул хӏакимзаби жанир тӏамиялдалъун, дир пикруялда, гьеб масъала тӏубазе гьечӏо. Хъуй гӏемерлъила, амма хайир ккеларо. Халкъ божуларо ришватчилъиялде дандеян абун тӏоритӏулел тадбиразда. Камуларо, гьеб ургъунго ва цебеккунго хӏадурараб иш бугилан абулелги. Байбихьизе ккола тӏадегӏанаб нухмалъиялдасан – гьебмехалда халкъалда бичӏчӏила хӏакъикъаталдаги ришватчилъиялде данде рагъ балеб букӏин.

Денга Халидов