4 февралалда, имам Шамил хвараб къоялъ, гьесул хӏурматалда батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏи гӏадатлъун лъугьун буго
Хӏамзатил Расулил цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда, имам Шамилил цӏаралда бугеб гуманитариял цӏех-рехазул централъул хӏаракаталдалъун, тӏобитӏана гьев миллияв багьадур, кӏудияв инсан, рагъулав цевехъан, гӏалимчи ва шайих ракӏалдещвеялъулаб сордо.
Хваралдаса 148 сон баниги, кинаб политика пачалихъалда букӏаниги, кӏочон толев гьечӏо халкъалда жиндирго бахӏарчияв, дунялалдаго цӏар рагӏарав вас. Щибаб цӏияб гӏелалъе, хасго гӏолохъабазе бокьун буго гьев кӏудияв инсанасул хӏакъалъулъ кӏванагӏан гӏемераб жо лъазе, мухӏканго, гъваридго ва камилго бичӏчӏизе гьесул инсанасулаб тӏабигӏатги бечедаб тарихги.
Гьедин гьеб букӏин бихьизабуна исана 4 февралалда тӏобитӏараб тадбиралъги. Аслияб куцалда гьенире данделъунги рукӏана гӏолохъанаб гӏел: студентал, цӏалдохъаби, бизнесменал, гӏелмиял хӏалтӏухъаби, политикал ва жамгӏиял хӏаракатчагӏи. 190 чиясе хӏисаб гьабураб залалда, гӏодор чӏезени щайгурин, рахъун чӏезецин бакӏ букӏинчӏо. 200-гӏанасев чи къватӏивги хутӏана, хъаравулзабаз жанире риччачӏого.
Данделъиялъул сурат берцин гьабуна гьенире рачӏарал гӏолохъанал ясазги руччабазги. Цере-цере гьел къанагӏатцин рукӏунароан гьединал тадбиразда. Гьеб хӏужаялъги бихьизабулеб буго имам Шамилидехун халкъалда гьоркьоб рокьиги гъираги цӏикӏкӏунеб букӏин. Гьедин, гьений йикӏарай цо пуланай гӏаданалъ, тадбир лъугӏун хадуб, гьелъул хӏакъалъулъ Интернеталда хъван бугоан гьадин: «Гъираялда гӏинтӏамуна тарихчагӏазухъ, гӏалимзабазухъ ва лъана жеги гӏемерал гӏажаибал хӏужаби имам Шамилил гӏумруялъул хӏакъалъулъ. Гьанже дица жеги кӏудияб шавкъгун ва рекӏел соройгун бижизабизе буго дирго лъималазулъ Дагъистаналъул тарихалде рокьиги хӏурматги», — ян.
Рехсараб тадбиралда Шамилил хӏакъалъулъ лъаларел, жеги гӏелмуялде жанире рачинчӏел, цӏиял хӏужабазул суалалгун церерахъана тарихиял гӏелмабазул доктор Хӏажимурад Доногъоги, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевги, тарихиял гӏелмабазул кандидат Шагӏбан Хӏапизовги. Масала, Хӏажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса риидал Чачаналде гьабун букӏараб сапаралъул хӏакъалъулъ. Гьениб, Гӏалистанжи росулъ, чачаназ бицухъе, юкъун йиго имам Шамилил эбел Баху-Меседо. Амма гьеб хӏужа дандекколаро хӏакъикъаталде, щайгурелъул, Къарахъа Мухӏамадтӏагьирил тӏохьода кьурал баяназда рекъон, гьеб росулъ юкъун йиго имамасул лъади Патӏимат. Гьесул эбелалъул хоб буго Генуб росулъ. Гьединго Хӏажимурад Доногъоца бицана гъоркьиса чанго гьалмагъгун цадахъ Ахӏулгохӏалъул нахъисеб, бихьулареб рахъалъул гьабураб хал-шалалъул хӏакъалъулъги. Гьенибе бахъараб цӏакъ захӏматаб, хӏинкъараб нухалъул хӏасилалда, гӏалимчияс бицухъе, гьесда гӏицӏго гьениб бичӏчӏун буго гьеб машгьураб гохӏалъул хӏакъикъияб суратги, гьеб цӏунулезул бахӏарчилъиги, гьезда бихьараб къоги. Гӏалимчияс бицунелдехун гьенир рукӏаразул жеги цӏикӏкӏун кӏварбуссинабуна, Ахӏулгохӏалъул рагъулъ гӏахьаллъарав, хадув Россиялъул рагъул министрлъун вукӏарав Д. А. Милютиница гьенир квералъ рахъарал цӏакъ къиматал суратаз.
Гӏалимчияс абуна жиндие гӏемерал суалал кьолила гӏолохъабаз щив авторасул, кинал тӏахьал жидеца Кавказалъул рагъул, имам Шамилил хӏакъалъулъ цӏализе лъикӏал рукӏинелилан. Гьеб суалалъе жаваб хӏисабалда, гьес экраналда рихьизаруна гьеб темаялда тӏасан хъварал батӏи-батӏиял авторазул асарал ва абуна гьездаса бегьилила пайда босизе.
Филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас жиндирго кӏалъай сайгъат гьабуна къватӏисел улкабазда ругел имам Шамилил наслабазул тарихалъе. Гьес бицараб жоялъги рихьизарурал къиматал ва къанагӏатал суратазги кӏудияб чӏаголъи бижизабуна тадбиралда гӏахьаллъаразда гьоркьоб.
Гӏалимчияс борхараб кӏиабилеб суал букӏана имам Шамилие турказул падишагь Гӏабдул-Гӏазизица генералиссимусасул цӏар кьеялда бан. Ахирал соназда гӏусманиязул архивазда гьарурал цӏех-рехазул хӏасилалда гьенир ратана гьеб цӏар кьеялъул хӏужа баян гьарулел документал. Гьезда гьоркьоб къиматаблъун ккола имам Шамилиеги, гьесул вас Гъазимухӏамадиеги, Илисуялдаса Даниял-бегиеги, Таргъуялъул шамхал Абумуслимиеги ва цогидазеги рагъулал цӏарал кьеялъул хӏакъалъулъ бицунеб документ.
Имам Шамилил рукӏарал машгьурал наибзабазул цояв, Илисуялдаса Даниял-бегил балагьаб гӏумруялъул, Истамбулалда, Каражаахӏмад хабалазда гьесул хоб батиялъул хӏакъалъулъ бицана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас.
Гьарурал кӏалъаязги, рихьизарурал документазги, суратазги, суалазе кьурал жавабазги кӏудияб асар гьабуна тадбиралда гӏахьаллъаразе. Бихьулеб букӏана, жакъасеб гӏолохъанаб гӏелалъе тарихияб лъай гӏолеб гьечӏолъи, гьеб гьелдехун цӏалеб букӏин ва гьениб хасаб бакӏ кколеб букӏин имам Шамилил, гьесул гӏумруялъул гъазаваталъул темабаз.
Жеги цо чанго соналъ цебе имам Шамил хвараб къоялда хурхун тадбирал тӏоритӏулел рукӏана гӏицӏго Дагъистаналда. Къватӏисел улкабаздайин абуни – Турциялда. Гьанжейин абуни 4 февраль, кӏудияв имам ракӏалдещвеялъул къо хӏисабалда, бахун буго халкъазда гьоркьосеб даражаялде.
Лъагӏел байбихьаралдаса нахъе имам Шамилил темаялъ кӏудияб бакӏ ккуна социалиял гьиназда. Гьесул хӏурмат гьабун, 3-4 февралалда Россиялъул батӏи-батӏиял шагьаразда Дагъистаналъулги Северияб Кавказалъулги вакилзабазул диаспорабазги, жамгӏиял гӏуцӏабазги, жамагӏатазги тӏоритӏана мажлисалги, мавлидалги, кӏалъаялги, бачана зикруги, цӏалана лециялги. Гьедин, 5 февралалда Томск шагьаралъул мажгиталда, имам Шамил хваралдаса 148 сон тӏубай кӏодо гьабун, зикру бачана Цӏоралъул магӏарулазул жамагӏаталъ.
Цебехун абухъего, кӏочон толев гьечӏо имам Шамил къватӏисел пачалихъаздаги: Гӏиракъалда, Иорданиялда, Турциялда ва цоги бакӏазда. 4 февралалда гӏемерал гӏадамазда ракӏалдещвана гьев, гьесул рухӏалдасан гьабуна дугӏа-алхӏам. Кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ хъварал макъалабазги, баяназги, пикрабазги, гьесул суратазги кӏудияб бакӏ ккун буго, масала, Россиялъулги къватӏисел пачалихъазулги сайтазда.
Турциялъул Анкара, Баликесир, Бурса, Кахраманмараш, Муш, Сивас, Токат ва цоги шагьаразда февраль моцӏалъул байбихьуда дагъистаниязулги Северияб Кавказалъул мугьажирзабазулги жамагӏатаз ва жамгӏиялгун политикиял гӏуцӏабаз тӏоритӏана имам Шамил ракӏалдещвеялъе сайгъат гьарурал батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, 4 февралалда «Кавказ» фондалда «Гӏусмани архивазда имам Шамил» абураб темаялда тӏасан лекция цӏалана тарихчи, профессор Мустафа Озсойица, Гюней росдал мажгиталда бачана мавлид.
Щибаб соналъ, 4 февралалда нилъеда ракӏалдещола имам Шамил, гьесул гӏумру, рагъулаб хӏаракатчилъи, рикӏкӏадаб Мадинаялда гьесие щвараб Аллагьасул къадар ва гьеб гуреб жеги гӏемерабги. Гьелдаго цадахъ бичӏчӏулеб буго нилъгоги кӏодолъулел, камиллъулел рукӏин, кӏодолъулеб букӏин нилъер гьудул-гьалмагълъи, цоцаздехун бугеб гьоркьоблъи, къадру-къимат, адаб ва хӏурмат. Гьеб буго имамасул баракатги шапагӏатги. Нилъ, магӏарулал, чӏаго ругебгӏан мехалъ, нилъер халкъалда кӏочон тезе гьечӏо имам Шамил, нилъер щивасул рекӏелъги пикруялъулъги букӏине буго гьесул гьайбатаб сипатги дунялалда ватӏан рагӏизабураб бахӏарчияб гӏумруги. :
Ахӏмад Муртазагӏалиев