Лъикӏал хӏасилалги гӏемерал масъалабиги

Сагӏудиязул Гӏарабиялдецин бегьула хер бичизе

Халатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цӏакъго кӏудияб гӏатӏилъиялда тӏибитӏараб гарцӏалъ гӏемерал квекӏенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магӏишаталъ рихьизаруна лъикӏал хӏасилал. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчӏина, пиринчӏ, цӏоросаролъ) бакӏарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цӏикӏкӏун), 173,3 азарго тонна цӏолбол (2017 соналде дандеккун 103,4 процент), гӏезабуна 256,8 азарго тонна гьанал (чӏагояб цӏайи, 102,9 процент), 892,6 азарго тонна рахьдал (101,9 процент), щвана 15,1 азарго тонна квасул (цебесеб соналъулго къадар). 59,4 гектаралда рана теплицаби, 1450 гектаралда чӏана ахал ва 1081,9 гектаралда цӏибил. Хӏалтӏизе риччана пиринчӏ (лъабго), рахь (кӏиго) ва гӏанкӏудал гьан (цо) къачӏалел цӏиял цехал. Цебесеб соналдаса гӏезегӏан цӏикӏкӏун буго босараб техникаялъул къадарги. Гьелда цадахъго камун гьечӏо тӏурачӏел тӏадеросиялги церечӏарал масъалабиги. Масала, дагьго ракӏарана овощал — 1438,5 азарго тонна (2017 соналде дандеккун 99,8 процент), картошка – 356,3 азарго тонна (84,6 процент). Мукъсанаб буго тайпадулаб боцӏул къадар — гӏаммалдаса 3,2 процент, кӏудияб буго магӏишатияб ракьул хӏалтӏизабулареб бутӏа – 129,5 азарго гектар. Пачалихъияб программаялда рекъон, 2019 соналда нилъеца гӏезабизе ккола 363,3 азарго тонна могьолазул, 176 азарго тонна цӏолбол, 1534 азарго тонна овощазул, 190 азарго тонна пихъил, 240 азарго тонна гьанал (чӏагояб цӏайи), 913,1 азарго тонна рахьдал. Ахал чӏезе ккола 1298 гектаралда, цӏибил — 900 гектаралда.

Росдал магӏишат цебетӏеялъе бюджеталъ биччазе буго 3 млрд 529 млн гъуруш (гъоркьиса биччан букӏана 3 млрд 322 млн гъуруш).

31 январалда, миллияб библиотекаялда тӏобитӏараб коллегиялда гьеб киналъулго хӏакъалъулъ бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместитель, росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас. Коллегиялда гӏахьаллъана хӏукуматалъул председатель Артем Здунов, пачалихъалъул ва хӏукуматалъул гӏемерал идарабазул нухмалъулел, районазул бутӏрул, росдал магӏишаталъул управлениязул ва магӏишатазул нухмалъулел. Тӏоцебе рагӏи босарав Здуновас киналго гӏахьалчагӏазда баркана лъикӏал хӏасилалгун 2018 сон лъугӏи ва абуна лъикӏаб букӏинаанин жакъасеб данделъиялда цохӏо гьел хӏасилазул, росарал бергьенлъабазул хӏакъалъулъ бицун течӏого, рорчӏарал гъалатӏазулги, гӏоларел рахъазулги, ругел масъалабазулги суал борхани. Аслияб кӏалъай гьабурав Гӏабдулмуслимовас рорхана гӏемерал кӏвар бугел суалал ва гьезда гьоркьор рукӏана, цо-цо специалистаз рехсолеб букӏаниги, официалиял идарабаз кинго мухӏкан гьаруларого рукӏаралги. Масала, гьабсагӏаталда республикаялда буго 4,35 млн бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (цебе абулаан 5,3 млн. бугин) ва цо миллионалде бахинчӏеб къадаралда чӏегӏерхӏайван (гьелъулги къадар бихьизабулаан миллионалдаса тӏаде араблъун). Бицана, бербалагьи тохлъани, жиндир заманалда гьелде данде рагъ гьабичӏони, гьитӏинаб гарцӏалъ гьабулеб кӏудияб заралалъул хӏакъалъулъ. Гьеб балагьалдаса цӏуниялъул мурадалда хӏалтӏи гьабиялъе исана бюджеталда бихьизабун буго 30 млн гъуруш, ургъулел руго гьеб хӏалтӏулъ, цохӏо химия гуреб, цоги къагӏидаби рилълъанхъизариялда тӏадги. Жавабиял хӏалтӏухъабазда гьес лъазабуна, электронияб къагӏидаялда ветеринарияб сертификат щвезелъун, гӏи-боцӏухъанлъиялъул нигӏматал хӏадурулел киналго юридикиялгун магӏишатиял гӏуцӏаби «Меркурий» системаялде гъорлъе лъугьиналъе хехлъи гьабизе ккун бугиланги.

Тӏадбан унеб хӏалтӏул хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалда гьоркьов вугев министрасе цо чанго суал кьезе рес щвана диеги.

— Кин араб, дур пикруялда, жакъасеб данделъи?

— Нужедаго бихьанаха кинабго. Бицана лъикӏал хӏасилазул хӏакъалъулъги, рехсана ругел масъалабиги, дандрана церечӏарал суалалги. Щивасул букӏана рес, жиндирго пикраби загьир гьарун, цеве вахъине. Тадбир ана лъикӏаб даражаялда, пайдаяб куцалда.

— Кинаб букӏинин кколеб дуда гьаб сон росдал магӏишаталъе?

— Хьул буго гьаб сонги букӏинин роцӏараб, гвангъараб, пайдаяб ва бечедаб.

— Дуца абуна нилъер рес бугин люцернаялъул хер Сагӏудиязул Гӏарабиялъе бичизеги. Битӏун бугищ гьеб?

— Балъголъи гуро гӏарабазул улкабазде Европаялдаса хер баччулеблъи. Гъозул руго нилъее хӏажатал «нартил долларал», нилъер руго гъозие хӏажатаб люцернаги, гӏиял гьанги (2018 соналда гьелъул ункъазарго тонна ана къватӏисел пачалихъазде бичун, исана ине ккола анлъазаргогӏанасеб), пиринчӏги. Гьеб суал тӏубаялъул мурадалда гьабулеб хӏалтӏиги буго.

Гӏабаш Гӏабашилов