Мацӏ бугони — буго халкъ, мацӏ гьечӏони — гьечӏо халкъ

14 февралалда «Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана «Дагъистаналъул халкъазул

мацӏал цӏуни ва церетӏезари» абураб цӏаралда гъоркь гургинаб стол

Гьеб данделъиялда гӏахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутат, «Рахьдал мацӏазул ассоциация» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Хӏажимет Сапаргӏалиев, ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумарова, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалей, рахьдал мацӏазул учительзаби, вузазул преподавательзабигун студентал ва журналистал.

Данделъиялда рорхана гӏезегӏан кӏвар бугел суалал, бицана жакъа щивав чиясда церечӏун ругел масъалабазул. Гьеб киналъулго хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицине буго газеталъул хадусеб номералда.