Къотӏарал лълъурдузул цо кило бичула 10 азарго гъуршиде

Дагъистаналда гӏезегӏан руго батӏи-батӏиял тайпабазул гӏаммал магӏишатал (СПКял, агрофирмаби, ГУПал ва цогидалги). Гьездаго гьоркьоб буго хасаб хаслъи бугеб магӏишатги — Алмахъ росдал «Алмахъский» совхоз (ООО). Гьенир хьихьула пантабазе гӏоло (къиматал дараби гьаризелъун хӏалтӏизарулел лълъурдул) хасаб тайпаялъул ритӏучӏал. Гьединабго магӏишат буго гӏицӏго Алтаялдаги (краялда ва республикаялда).

Унтарал сахгьариялъе гьезул ругел ресалги рекъарал тӏабигӏиял шартӏал рукӏинги хӏисабалде босун, турказул инвесторазул гӏахьаллъиялдалъун, ракӏалда буго совхозалъул ракьалда «Туристазулгун сахлъи щула гьабиялъул комплекс» базе. Гьелъул ва гьабсагӏаталда совхозалда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бицун нижеца гара-чӏвари гьабуна редакциялде гьоболлъухъ рачӏун рукӏарал совхозалъул директор Зинат Лугуевалъулгунги ва «Сиде-су» абураб турказул фирмаялъул вакил Зугьайрат Сатираевалъулгунги.

Алмахъалдасан байбихьила

— Зинат, гьабсагӏаталда совхозалъул гӏаммаб сипат-сурат кинаб бугеб?

— Гьабсагӏаталда нижер буго 1380 бетӏер ритӏучӏазул. Буго гьезие бихьизабураб 833 гектар ракьалъул. Нижер буго микьго гектаралда чӏараб гӏечул ах, 83 гектар ккун буго цӏулакьодул рохьаз, 340 гектар — харибакӏаз. Совхозалда вуго 17 хӏалтӏухъан, сезоналъул заманалда гьел тӏадеги рачине ккола. Дун совхозалда хӏалтӏулей йиго 1998 соналдаса нахъе (бетӏерай бухгалтер), 2009 соналдаса нахъе йиго директорлъунги.

— Кин ракӏалде ккараб ритӏучӏал хьихьизе?

— Тӏоцере гьанире гьел рачӏана 1974 соналда Кабардино-Балкариялдаса. Доб мехалда гьениб букӏана ритӏучӏазул магӏишат. Гьанже гьелъул хутӏараб жого гьечӏо. Гьезие цӏакъ рекъана нилъер ракь, кутакалда данде ккана шартӏал, гьава-бакъ.

— Кин нужеца хӏадур гьарулел пантаби (лълъурдул), хадубккун щиб гьезда гьабулеб?

— Санайил 1,2-2 см. гъоркьги тун, лълъурдул къотӏула. Гьеб хӏалтӏуе бихьизабураб хасаб заманги буго ва гьелдаги абула «панторезная компания» абун. Гьеб халатбахъуна 15 июналдаса 15 июлалде щвезегӏан. Къотӏула ветеринариялгун зоотехникиял хӏалтӏухъабиги гӏахьаллъун, 2,5-3 сонил ригьалдаса 16 сонил ригьалде щвезегӏан ругел ритӏучӏазул лълъурдул. Гьоркьохъеб хӏисабалда цо-цо ритӏучӏалъ кьола пантазул 280-300 грамм. Гьел росизе нижехъе рачӏунелги рукӏуна, амма, аслияб куцалда, нижеца гьел ритӏула Москваялде, гьелъул дараби гьарулеб «Фермент» ЗАОялде.

— Щиб багьаялде гьел ричулел?

— Гьеб бараб букӏуна пантазул сорталда. Гьоркьохъеб хӏисабалда, цо кило бичула 10 азарго гъурщиде. Къватӏисел улкабазе бичизе рес букӏарабани, лъикӏаб сорталъул килоялъухъ щвезе букӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун доллар. Гьабсагӏаталда гьединаб рес гьечӏо. Москваялда гурони гьеб къачӏалеб бакӏги гьечӏо. Гьединлъидал нижее бокьун буго, Алтаялдаса специалисталги ахӏун, гьелъул продукция нилъер гьаниб къватӏибе биччалеб хӏал гьабизе.

— Ракӏалда бугищ ритӏучӏазул къадар цӏикӏкӏинабизе?

— Пантаби къачӏайги росулъго гӏуцӏизе, гьезул дараби гьарулеб цехги рагьизе ракӏалда бугелъул, бегьилаан къадар цӏикӏкӏинабизеги. Амма буго цо масъала – ритӏучӏалъе къваригӏуна 1,5 гектар ракьалъул. Гъоркьиса чӏагоял ритӏучӏал ричана Алтаялде (эпидемия щун, доба гьезул къадар дагьлъун букӏун), жеги цере ричана Сочиялъул, Астраханалъул, Югалъулаб Осетиялъул заповедниказеги, амма нижерго къадар гӏодобе ккезе течӏо. Санайил нижецаго хӏадурула 300-гӏанасеб тонна харил, Хасавюрталдаса босула хасаб, цӏамги витаминалги гъорлъ бугеб кӏалцӏиги.

— Гьан-рахь гӏемер кьолищ ритӏучӏаз?

— Хас гьабун гьанае нижеца гьел хьихьуларо, хъола заман барал, нахъе тезе хӏажалъи гьечӏел. Ритӏучӏалъул гьан буго беэнлъи гьоркьоб гьечӏеб, къиматаб. Рахь кьезе, гӏалхулал ругелъул, гьел речӏчӏуларо, ругьун гьарун хадуб, щиб лъалеб, кьезеги бегьула.

— Берцинаб хӏалалда гьеб магӏишатгун ругел нужее щай хӏажат бугеб «Алмахъ» комплекс?

— 2004 соналда нижеца ахӏун рукӏана Алтаялдаса специалистал. Гьаниб бараб кӏиго моцӏида жаниб гьез халгьабуна киналъулго, ва гьезда лъикӏ рихьана нижер шартӏал (тӏабигӏат, гьава-бакъ, ритӏучӏазул бугеб ахӏвал-хӏал). Гьеб киналъулго хӏасилалда, гьез гӏакълу кьуна гьединаб комплекс базе лъикӏаб букӏинаанин абун. Гьелдаса нахъе ниж гьеб масъалаялда тӏад хӏалтӏулел руго ва 2013 соналда тӏобитӏараб туризмалъул форумалда проектги цебелъуна. Хадуб проект битӏана Москваялде. Дагъистаналдаса гьенибе битӏараб щуго проекталда гьоркьоб гьелъ ккуна тӏоцебесеб бакӏ ва гьеб бачана Дагъистаналда туризм цебетӏезабиялъул мурадалда гӏуцӏараб федералияб программаялде гьоркьобе. Хадуб ккана дагьабго лъалхъи. Гъоркьиса, ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здуновасул тӏадкъаялда рекъон, экологиялъул ва тӏабигӏиял сурсатазул министр Набиюла Гъарачаевасул нухмалъиялда гъоркь нижехъе бачӏун букӏана кӏудияб делегация. Гьезда битӏараблъун, тӏубазе кӏолеблъун ва кколеблъун бихьана нижер проектги. Гьанже рагьана нух — буго проект, экспертиза, хутӏана хӏалтӏи байбихьизе. Дагъистаналда исанасеб туризмалъул сезон рагьи байбихьизе буго Алмахъалдасан (апрель моцӏ), гьениб лъезе буго комплексалъул кьочӏокь тӏоцебесеб гамачӏги. Федералияб ва республикаялъул бюджетазул къуваталдалъун, жаниб хӏажатаб оборудованиеги турказ лъун, комплекс бан лъугӏизе ккола 2021 соналда.

Турказул кумекалдалъун

— Зугьайрат, кин ккараб турказулгун бухьен?

— Санайил хӏухьбахъизелъун Турциялде уна ниж. Доба лъай-хъвай ккана Сиде шагьаралъул мэр Къадирбейилгун. Лъабго-ункъо нухалданиги щвана гьевги Дагъистаналде, рукӏана хӏукуматалъул идарабазул нухмалъулезулгун дандчӏваял. Комплекс баялъул хӏакъалъулъ бицен гьабураб, гьелъие инвесторал ралагьулел ругин абураб мехалда, гьес абуна (гьесда бихьун букӏана Алмахъги, гьелъул гьайбатлъиги) жив гӏахьаллъизе бегьуларищин гьеб ишалда гьоркьовилан. Гьесул «Сиде-су» фирмаялъул руго жидерго отелал, лъикӏал специалистал, тӏадегӏанаб даражаялъул оборудование. Ричӏчӏана цоцазда, хӏукуматалъул даражаялда гьаруна къотӏи-къаял. Апрель моцӏалда гьезул вакилзаби рачӏине руго гьанире ва байбихьизе буго цадахъаб хӏалтӏи.

Гӏабаш Гӏабашилов