Онкологиялъул унтаби гӏемерлъиялъе гӏилла
Дагъистаналъул щибаб районалда ва шагьаралда ругел шартӏазухъ халгьабуна гӏалимзабаз
«Хӏакъикъаталъул» редакциялде рачӏун рукӏана ДНЦялъул Физикаялъул институталъул гӏалимчи-генетик, биологиял гӏелмабазул кандидат, ДГМУялъул экологияб медицинаялъул НИИялъул отделалъул заведующий Мухӏамад Ражабовги ДГМУялъул клиникияб фармакологиялъул кафедраялъул доцент, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тохтур Мухӏамадрасул Атаевги. Гьез хӏадурараб проект бергьана ДРялъул бетӏерасул грантазе гӏоло букӏараб къецалда. Гьелъухъ тӏобитӏараб гӏелмияб цӏех-рехалъул кьучӏалда къватӏибе биччана монографияги. Гьезулгун гьадинаб гара-чӏвари гьабуна нижеца.
— Кьочӏое щиб босулеб букӏараб цӏех-рехалъе район тӏасабищулеб мехалда?
Мухӏамадрасул Атаев: Кьочӏое росун рукӏана нижерго ва Сахлъицӏуниялъул министерствоялъул баянал: унтаразул къадаралъулги, хвалие ккарал гӏиллабазулги (кинаб унтиялдалъун хварал), кинаб ригьалъул гӏадамал цӏикӏкӏун унтун ругел ва цогидабги. 2002-2015 соназда ккарал хвелазул гӏиллабазул цӏех-рехги гьабуна. Гьелъул хӏасил хъван буго монографиялдаги.
Дагъистаналда гьечӏо
радиактивиял хутӏелал
— Дагъистаналъул мугӏрузда рукъун ругин радиактивиял хутӏелал ва гьелъул хӏасилалда республикаялда цӏакъго тӏиритӏун ругин онкологиялъул унтабигиян гӏемер бицуна…
М. А.: Нилъер хӏукуматалъ кӏицӏул гӏуцӏун букӏана хасаб комиссия. Гьелда гъорлъ рукӏана хӏукуматалъул хӏакимзабиги, гӏалимзабиги, прокуратураялъул ва ФСБялъул хӏалтӏухъабиги, жамгӏиял гӏуцӏабазул вакилзабиги. Радиактивияб хутӏел букъулеб букӏин жидеда бихьанин бицарал бакӏазде унги рукӏана. Цӏунтӏа районалдаса цо вехьас абун буго, жинда бихьанин магӏарда хӏалтӏулеб букӏараб бульдозер ва бащдаб сагӏаталдаса гьебги тӏагӏанин абун. Кин бульдозер щолеб нухго гьечӏеб магӏарде? Дунги вукӏана гьел экспедициязда. Амма щибго батичӏо. Цо-цо бакӏазда ратарал нохъабаздеги лъугьана дозиметралги росун, амма аппаратаз кинабго лъикӏ бугин бихьизабуна.
Мухӏамад Ражабов: Томскалда 25 соналъ хӏалтӏарав гӏалимчиясулгун гара-чӏвари гьабураб мехалда, дос дида бицана, радиактивияб хутӏел букъиялъул кӏиго къагӏида бугилан абун. Америкаялъул къагӏидаялда рекъон, тӏухьидул контейнералда жанибги лъун, гьеб контейнер тӏасан парафиналъги бацизабун, океаналъул тӏинуги бухъун, гьениб букъула радиактивияб хутӏел. Советияб къагӏидаялда рекъон, контейнералда жанибеги бан, хутӏел букъула цебего ганчӏил тӏурччи бахъизе хӏалтӏизарурал шахтабазул тӏиналда. Нус-нус соназ гьениса къватӏибе бахъизе бажарулареб хӏалалда бахчизеги гьабула гьеб.
Бакӏалдаса бакӏалде ядернияб производствоялъул хутӏел баччула поездалдаги лъун. Самолеталда яги машинаялда баччизе бегьуларо гьеб. Кинха гьеб щвезабураб Дагъистаналъул мугӏрузде? Гьеб бажарулеб жо гуро.
Крахмал гъорлъ бугел
нигӏматазул зарал
— Щибха батараб онкологиял унтаби цӏикӏкӏиналъе аслияб гӏилла?
М. А.: Гӏемерал гӏиллаби руго. Масала, гӏумру гьабулеб къагӏида. Ахираб 20-30 соналда жаниб дагьлъана гьуърузул ракалъ унтаразул къадар. Гьелъие гӏилла буго хъалиян бухӏулел гӏадамал дагьлъи. Бакьазул рак лъугьинабула нилъеца кваналеб квеналъ: Дагъистаналда гӏемер кванала ханждал гьабураб квен: хинкӏал, чед, цӏурачадал. Дун гьитӏинаб заманалда квание ханжу щолароан. 60 соналъ цебегицин щибаб къойил кваназе ролъул чед букӏунароан. 100 соналъ цебе щвана дагъистаниязе цӏоросаролъги. Нилъер умумузул кидагосеб квенлъун рукӏинчӏо хинкӏалги.
Заралияб буго пиринчӏги. Картошкаги бегьуларо гӏемер кваназе. Къокъго абуни, крахмал гъорлъ бугел нигӏматаздаса инкар гьабизе ккола.
— Китаялдаги Япониялдаги пиринчӏ буго аслияб квен. Дол щайха унтуларел?
— Дун кӏицӏул щвана Китаялде. Вукӏана мугӏрузул регионаздаги гӏатӏиракьалдаги, шагьараздагун росабалъги. Амма урхъаниги, дида гьениб пиринчӏ кваналеб бихьичӏо. Рестораналда цӏехана пиринчӏ бугищин. Дида цебе лъуна цо гъуд цӏураб пиринчӏ. Гьелдаса гӏемер кьезе жидер рес гьечӏинги абуна. Гьечӏо гьениб пиринчӏги, чедги, картошкаги. Нилъин абуни ругьунлъун руго гӏемер кваназе ва нилъер кванил 60-70 процентги буго ролъул квен. Гьебги ккола кванирукъалъулги бакьазулги онкологиял унтаби тӏиритӏиялъе аслияб гӏилла.
Гӏемерлъун руго кьариял гӏадамал, гиподинамия бугел чагӏи. Цере гӏадин, гӏемер хӏалтӏуларо, рокъоса къватӏире рахъунаро. Хур бекьуларо, ах гьабуларо, цӏул хӏадуризе рохьоре унаро. Нижер цӏех-рехаздалъун баянлъана, ракалъ унтарал гӏадамазул гӏемерисел хасало холел рукӏин. Рокъоса къватӏире рахъунгутӏиялъ загӏиплъула иммунитет ва гьебго заманалда байбихьула квачалъул унтаби тӏиритӏизе. Иммунитет загӏипал гӏадамал хехго унтула ва гьезул чорхолъ ругел ракалъул клеткаби байбихьула гьарзаго рикь-рикьизе.
Цоги гӏилла – нилъер гӏадамаз гӏемер хӏалтӏизарула антибиотикал: бетӏер унтани, цӏакан бахани, рищалаби унтани. Тохтурасда дандбачӏого гьекъола цӏакан гӏодоцинабулел дараби.
Лъималазе тетрациклин бегьуларо
— Рак унти кколищ цӏикӏкӏараб къуваталъул антибиотикал лъималазе кьеялъул хӏасилалда? Масала, гьитӏинаб лъимадуе тохтурас гьабула цефазолин, оксамп, цетриаксон. Цере гьарулаан пенициллин, ампициллин…
М. А.: Пенициллиналъги ампицилиналъги иммунитет чӏваларо. Гьелъие заралиял ккола бисептол, пятнок, тетрациклин, левомицетин. Гӏемерисеб мехалда гьел хӏалтӏизарула нилъер гӏадамаз. Масала, лъимадуе тетрациклиналъул цо таблетка кьуни, гьеб кӏудияб гӏоларо бащдаб лъагӏелалъ. Лъагӏалида жаниб кӏиго таблетка кьуни, лъагӏелалъ гӏечӏого чӏола. Левомицетиналъул хӏасилалда лъугьуна «серый синдром» — иммунитет тӏубанго чӏвала ва лъимер хвезе рес буго. Руго цунтрузде данде кьолел дараби – гьезги чӏвала лъимадул иммунитет.
— Гьекъолеб лъим, цӏулеб гьава, бекьулеб ракь чороклъиялъул хӏасил кколищ ракалъ унтиялъе гӏилла?
— Батӏи-батӏиял бакӏаздаса иццазулги, гӏорал-лъаразулги, гьединго гьаваялъулгун ракьулги анализ гьабуна нижеца. Руго гьезда гъорлъги сахлъиялъе зарал гьабулел жал. Нилъеца гьекъолебго гӏадин, гьеб лъим гьекъола хӏайваназги. Кванала добго заралияб ракьалда бижараб хер. Гьеб хӏайванги хъун, кванараб гьаналги букӏуна зарал.
— Ракьулъ ругел тӏухьиялъулги, ураналъулги, стронциялъулги ва цогидал радиактивиял химикиял элементазулги букӏунищ инсанасул сахлъиялъе зарал? Рак унти гьезда бараб бугищ?
М. Р.: Гӏадамазда ракӏалде ккола, рак унтиялъе гӏилла лъалебани, гьебги тӏагӏинабун, кинабго лъикӏ букӏинаанин абун. Биологиябги (бактериялгун вирусал), физикиябги (ультрафиолет ва гь.ц.), химикиябги (радиактивиял элементал) – кинаб гӏилла бугебали аслияб жо гуро. Аслияб жо буго гьеб кинабго цӏакъго чӏедераб каналалдасан байбихьулеб букӏин. Онкология ккола клетка бикь-бикьиялъул хӏасил. Клетка бикьи буго норма. Гьеб ишги букӏуна геназул кверщаликь. Руго кӏиго тайпаялъул генал: клеткабазул рикьи хехлъизабулелги клеткабазул рикьи къатӏинабулелги. Инсанасул чорхолъ гьеб кинабго рекъезабун буго тӏабигӏаталъго. Нижеца цереккун рехсарал хӏужабаз хвезабула чорхолъ букӏараб тӏабигӏияб баланс. Вижанщинав чиясул чорхолъ руго ракалъул клеткаби. Амма ракалъул клетка бикь-бикьизе байбихьани, гьеб процесс чӏезабун бажаруларо.
М. А.: Нилъго нилъецаго цӏунизе ккола: черх лъадарун, пайдаяб квен кванан, хӏажат гьечӏого дараби гьекъечӏого. Загӏипаб, иммунитет мукъсанаб черхалъухъа бажаруларо унтиялде дандечӏезе. Бегьуларо, масала, цӏакъго бухӏараб, гьалдолеб квен кваназе, чай гьекъезе – щибаб нухалда цого бакӏалда ругъун лъугьани, гьеб бакӏалдаса байбихьизе бегьула рак унтиялъул клеткаби рикь-рикьизе. Гьединго бегьуларо цого бакӏ хъарсун, чанхъал ккезарун ва хадубккун гьел чанхъал тӏетӏезарун, тӏомалъе гӏакъуба кьезе. Хъалиян бухӏулаго, гьелъул кӏкӏуй тӏибитӏула гьуърузулъ ва гьезие зарал гьабула. Кидагосеб заралалъул хӏасилалда гьуърузулъ лъугьуна рак унтиги. Бегьуларо, квердаххелал гьечӏого, рукъалъул алатал чурулеб порошок яги цогидал жал хӏалтӏизаризе – тӏомол рак лъугьунгутӏиялъул мурадалда.
Иммунитет ирсалъе кьоларо
— Ахирал соназда гӏемерлъун руго лъималазе прививка гьабиялдаса инкар гьабулел хъизамал. Гьелъие квербакъула социалиял гьиназдасанги, Интернеталдасанги, вацапалдасанги прививкабазде данде гӏуцӏараб кампаниялъ. Прививка гьабичӏого тараб лъимадул иммунитет загӏипаб букӏунин абула. Генетикаялъул кинаб пикру бугеб гьеб рахъалъ?
М.А.: Хъахӏаб халгӏатги тӏадретӏун, жинца гӏелмиял хӏалбихьиял гьарунин ва прививкабаз гӏункӏкӏал чӏвалилан Интернеталдасан бицунев чи тохтур ва гӏалимчи гуро. Нилъер умумузул заманалда гӏадамал холаан тӏиритӏулел унтабаздаса – вабаъ, къавуда ва гь.ц. Прививкабаз кумек гьабуна гьел унтаби тӏагӏинаризе. Нилъер умумуз гӏумру гьабулаан 45-50 соналъ. Гьанже Дагъистаналда гӏумру гьабула, гьоркьохъеб хӏисабалда, 75 соналъ. Прививка гьабичӏони, сакъатлъизе ва хвезецин рес буго.
Прививка гьабун хадуб, пуланаб лъимер сакъатлъанинги бицуна. Гьеб буго гьереси! Гьеб лъимадул цебеккун кинабгӏаги унти букӏун батила ва гьеб заманалда загьирлъун букӏун батиларо. Прививкаялда цадахъ чорхолъе ккараб «загӏиплъизабураб» вирус анцӏ-анцӏ соназ бидулъ хутӏула ва инсанасда хвалил унти ккезе толаро гьелъ. Прививкаби гьаризе ккола ва гьезул сияхӏги жеги халатаб букӏине бегьула.
Прививка гьабизе ккола, цӏа-кан батаниги, гьабсагӏаталда пуланаб унти бугониги. Гӏалимзабаз чӏезабуна, вакцинаялъ гьелъие зарал гьабулареблъи.
М.Р.: Гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицине ккола, социалиял гьиназдасан гуреб, гӏелмиял дандеруссиназда. Генетик хӏисабалда абила, нилъеца наслабазухъе кьоларо вирусазул яги бактериязул генал – кьола нилъерго генал ва нилъер наслуялъухъа бажаруларо жидерго генал умумузухъе кьун. Амма вирусазулги бактериязулги умумузги ирсилазги генал кьола цоцазухъе, ай умумуз лъималазухъеги, лъималаз умумузухъеги. Вирусалги бактериялги хисардула, гьединлъидал захӏмалъула тӏиритӏулел унтабаздаса гӏадамал хехго сах гьаризеги.
Палхӏасил, прививкаби гьарурал умумузухъа иммунитет унаро геназда цадахъ лъималазухъе.
Гара-чӏвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.