Тахшагьаралъул бищун лъикӏав отоларинголог
Москваялъул тӏоцебесеб больницаялда хӏалтӏулев вугев
Мухӏамадил кабинеталъул кӏалтӏа кидаго букӏуна унтаразул халатаб ирга
Мухӏамадихъе ине къваригӏун иргаялда чӏун ватарав Грозныялдаса Роман Мацаевас бицана: «Мухӏамад Маллаевич вуго лъикӏав тохтурги гьединавго инсанги. 2002 соналда ккана дун Мухӏамадихъе. Гьелдаса нахъе нижер гьудуллъиги буго. Гьанже дида лъалелщинал гӏадамал дица ритӏула гьесухъе. Аллагьасго тохтурлъун вижарав чи вуго гьев. Махщел тӏокӏав тохтур гуревги, Мухӏамад вуго ракӏ аваданав инсанги, гьесул гьуинаб каламалъги сах гьарула гӏадамал», — ан.
Россиялъул гӏелмабазул академиялъул дерматовенерологиялъул кафедраялъул доцент Диана Нажмудиновалъ абуна, жийги Мухӏамадги цадахъ цӏаланин мединституталдаги ординатураялдаги ва цадахъ хӏалтӏулелги ругилан. «Цӏалулеб заманалдасанго гьудуллъи буго нижер. Мухӏамадил студентазги ишцоязги гӏемер бицуна гьесул лъикӏлъиялъул, хӏалимлъиялъул ва махщалил хӏакъалъулъ. Дицаги гьесухъе ритӏула унтарал. Гьесул буго цӏакъ лъикӏаб хъизамги», — ян бицана гьелъ.
«Тохтурасул махщел тӏасабищулев чиясда бичӏчӏизе ккола, гьеб букӏин кӏваркьезе ва рукӏа-рахъиналъул масъалабаздаса рикӏкӏалъизе кколеб иш. Реццги цӏарги циндаго щолеб жо букӏунаро. Гьабсагӏаталда гӏадамаз дир хӏакъалъулъ бицунеб заманалда, дида ракӏалдещола цӏалул соналги, общежитиялда араб гӏумруги, гӏемераб жоялдаса инкар гьабизе ккейги. Щибаб соналъ щола дирго ватӏаналде, Шамгъоде. Гьеб буго дир кьалбазул ицц, лъимерлъи, школа, комсомол, колхоз, эбел-эмен, вацал ва яцал, къокъго абуни, ватӏан! Амма 25-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ гӏумру гьабун вуго Москваялда, гьединлъидал цӏакъ бокьула тахшагьарги.
Институт лъугӏидал, дун витӏана Волгоград областалде ва ункъо соналъ хӏалтӏана гьенив хирурглъун ва хадубккун ЛОР-тохтурлъун. Гьениса ана Москваялде ва гьелдаса нахъе хӏалтӏулев вуго гьанив. РАНалъул член-корреспондент В. Т. Пальчунил нухмалъиялда гъоркь дица 30 сонил ригьалда цӏунана докторасул диссертацияги», — ян бицана Мухӏамадица.
Мухӏамад Мухӏамадовас кьола студентазе дарсалги. Лекциязул авалалдаго гьес бичӏчӏизабула магӏарзукъалазул бугеб кӏвар: «Гьанжего гьанже гьабураб лъимералъ хӏухьел цӏазе бажариялда бараб буго гьелъул гӏумру. Магӏарзухъан щола кислород, гӏундуз кумек гьабула калам рагӏизе, кӏалалъ – квен квине. Инсанасул гӏумруялъул лъикӏаб даража бараб буго ЛОР-лугбазда», — ян бицуна гьес рукӏинесел тохтурзабазе.
Ахирал соназда гӏемерлъун руго берцинлъиялъе гӏоло операция гьабулел гӏадамал. Гьелда бан, Мухӏамадица гьадин абуна: «Москваялъулаздасаги гӏемерав чи вачӏуна Кавказалдаса, сипат хисизабеян гьарун. Дун гӏолохъанаб заманалда кавказалъулаз гьединал операциялго гьаризе толароан. Дица байбихьудаго бичӏчӏизабула, операция гьабичӏого тани, лъикӏаб бугеблъи. Масала, шагӏир Анна Ахматовалъулги букӏана сурараб мегӏер, амма дагьал рукӏинчӏо гьелъухъ рокьи ккарал бихьинал. Гьурмал берцинлъиялдаса рекӏел берцинлъи тӏасабищизе кколин малъула дица», -ян.
Мухӏамад хӏалтӏулеб Москваялъул №1 больница жаниб бугеб минаялъ бана 250-ниги сон. Басралъун руго гьелъул къадал. Гьеб бана гиназ Галицынил гӏарцухъ ва, Россиялде рагъгун Наполеон вачӏараб заманалда, гьенир сахгьарулел рукӏана парангазул солдатал. Гьеб мина ккола архитектураялъул памятник ва тахшагьаралъул нухмалъиялъ хӏаракат бахъизе ккелаан гьеб цӏигьабизе. Амма гьенир руго хӏалтӏуе хӏажатал алатал, махщел тӏокӏал тохтурзаби.
«Нижер буго кӏудияб больница – Москваялъул 12-14 млн чиясе хъулухъ гьабула гьаниб. Гӏицӏго ЛОР-отделениялде цо дежурствоялъул заманалда вачӏуна 25-30 унтарав. Отделениялда хӏалтӏула щуго тохтурги 35 ординаторги. Гьев 40 чи тӏубараб къоялъ векерахъдулев хутӏула, хӏалуцараб хӏалтӏи буго нижер», — ан бицана Мухӏамадица.
Тохтур Мухӏамадов щибаб соналъ щола Дагъистаналде, кӏиго моцӏалъ хӏухьбахъизелъун. Амма хӏухьбахъиялъул бакӏалда, гьев хутӏула больницабазда. «Дагъистаналда гӏемер руго лъикӏал тохтурзаби, амма гьезие гӏолеб гьечӏо гьанжезаманалъул техника. Дида бихьула гьезул кверзул устарлъи, видеотехникияб алатги кодоб букӏарабани, гьезул хӏалтӏи мухӏканлъилаан ва гӏемерго бигьалъилаан», — ин абуна гьес.
Эркенаб заманалда Мухӏамадица хӏала футбол. Гӏисинлъималазул гӏадинаб чӏиргъи-хъуй букӏуна, херазул команда хӏалеб мехалда. Мухӏамадов вуго командаялъул гьужумалъулав. Рокьула гьесие чуялги – анкьида жаниб цоцӏулниги уна чода рекӏун тира-сверизе. Хӏала бильярд, хъещтӏола лыжабазда. Амма ахираб заманалда машгъуллъун вуго зурма пузе. Гьес босун буго цо чанго зурма ва вукӏуна, зурмида бакъналги рачунаго, хъизамалъул сабруялъухъ «халгьабулев».
Патӏимат Расулова