Хвасар гьавуна

Чӏужугӏаданалъ бихьизабуна унго-унгояб бахӏарчилъи

Гъоркьиса октябралда Казбек районалъул Дилим росулъа Шавдан ва Халатала участкабазде унеб нухде бараб чабах битӏизабулев вукӏарав Мухӏамадгъазиев Гъапурил бульдозер гебегана. Гьеб бихьана гӏи-боцӏуда хадур унел рукӏарал гӏолохъабазда ва хехго тракторалде аскӏоре щвана. Щваниги, кабинаялъуса Гъапур вахъизе гьезда кӏвечӏо. Гьез ахӏана медицинаялъул хехаб кумекалъулаб машина, ва гьебги хехго тӏаде щвана. Медсестра Равшан Эмеевалъ, тракторалъул чӏинтӏараб кабинаялде гъоркьеги хъурщун, лъавудаса арав ва бида вецӏцӏулев Гъапур къватӏиве цӏана ва гьесие хӏухьел босизе рес щолеб хӏал гьабуна, цинги, хӏажатаб тӏоцебесеб кумекги гьабун, больницаялдеги щвезавуна. Гьелъул лебаллъиялъ 7 лъимадул эмен хвасар гьавуна.

Цӏаралъеги реццалъеги мустахӏикъай йиго гьей магӏарулай. Гӏун бачӏунеб гӏелалъе гьеб буго лъикӏаб мисалги. Нижецаги хъвана гьелъул хӏакъалъулъ районалъул газеталда, Мухӏамадгъазиевасул гӏагарлъиялъул ва лъимал-хъизаналъул рахъалдасан, Равшаниегун гьелда цадахъ рукӏаразе баркалаги загьир гьабуна.

М. Чупалаев,

районалъул Херазул

советалъул председатель