Мацӏ бугищ – буго халкъ, мацӏ гьечӏищ – гьечӏо халкъ

14 февралалда Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана ДРялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул гургинаб стол

Гьеб гӏуцӏун букӏана «Рахьдал мацӏал цӏуниялъулги гьел церетӏезариялъулги масъалаби: гьанже бугеб хӏал ва церетӏеялъе нухал» абураб темаялда. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Россиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул ассоциациялъул президент Хӏажимет Сапаргӏалиевги, ДРялъул миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министр Татьяна Гамалейги, республикаялъул муниципалитетазул лъайкьеялъул управлениязул нухмалъулелги, рахьдал мацӏазул учительзабиги, вузазул гӏалимзабигун преподавателалги, жамгӏиял хӏаракатчагӏигун журналисталги.

Данделъи байбихьилалде тахшагьаралъул школазул цӏалдохъабаз ахӏана ва рикӏкӏана рахьдал мацӏазда кучӏдул, цинги кьурдана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьенибго гӏуцӏун букӏараб тӏахьазул выставкаялъухъги. Гьенир церелъун рукӏана цӏиял стандартазде рекъонкколел тӏахьал. Рукӏана гьезда гьоркьор рахьдал мацӏазулги. Тӏахьал басмаялда рахъизе хӏадурун руго ДНЦялъул ИЯЛИялъги, ДРялъул Миллияб политикаялъулгун диниял ишазул министерствоялъги, Рахьдал мацӏал лъазариялъул централъги, Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъги.

Данделъи нухда бачана ДРялъул вице-премьер, ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумаровалъ. Гьелъ бицана рахьдал мацӏазул цӏалул тӏахьал хӏадуриялъулги, «Просвещение» абураб басмаханаялда гьел къватӏире риччаялъулги ва школазде ритӏиялъулги хӏакъалъулъ. Министерствоялъ босун буго 150 азаргоялдаса цӏикӏкӏун цӏалул тӏехь. 1-4 классазе анлъго мацӏалда рахьдал мацӏазулгун адабият цӏалиялъул тӏахьал хӏадурун руго Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул педагогикаялъул гӏелмиял цӏех-рехазул институталъ. Министралъ абуна, 30 соналъ Дагъистаналъул школазе щун рукӏинчӏин гьединал цӏалул тӏахьал. Тӏадеялъул гьединалго тӏахьал щвезе руго 5-11 классазегиян бицана У. Гӏумаровалъ.

«Нилъер умумуз хӏаракат бахъулеб буго рахьдал мацӏалъул дарсидаса лъимал эркен гьаризе. Амма гьелъул магӏна кколаро, гьезие мацӏ рихараб бугин абураб. Гьелде умумул тӏамулел руго федералиял халгьабиялъул хӏалтӏабаз. Гьезде хӏадуриялъул мурадалда, физкультураялъулги, захӏматалъулги, гьездаго гъорлъ – рахьдал мацӏалъулги дарсаздаса нахъеги рачун, гьез лъимал ритӏулел руго репетиторазухъе.

Рахьдал мацӏал цӏуни ва церетӏезари ккола кӏвар бугеб масъала. Гьабсагӏаталда школазе гӏолел гьечӏо рахьдал мацӏалъул 50-ялдаса цӏикӏкӏун учитель. Хӏажат буго лъималазулъ рахьдал мацӏазде рокьи куцазе. Дие бокьун буго, рахьдал мацӏазул масъалаби тӏураялъул рахъалъ ругел нужер пикраби рагӏизе», — ян абуна вице-премьералъ данделъиялъул гӏахьалчагӏазда.

Бищун захӏматаб регион –

Дагъистан

Хӏажимет Сапаргӏалиевас бицана, рахьдал мацӏал цӏуниялъул мурадалда, федералияб даражаялда гьарулел ругел тадбиразул, масала, «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалда хиса-басиял гьариялъулги, рахьдал мацӏазул рахъкквеялъулги, гьел цӏуниялъулгун церетӏезариялъул мурадалда Тӏолгороссиялъул фонд гӏуцӏиялъулги хӏакъалъулъ. «Мацӏ бугищ – буго халкъ, мацӏ гьечӏищ – гьечӏо халкъ. Лъималаздаги гьезул эбел-инсудаги бичӏчӏизабизе ккола гьеб пикру. Амма гӏицӏго хабар бициналдалъун бугеб хӏал хисизабун бажаруларо. Хӏалтӏи гӏуцӏизе ккола пачалихъияб даражаялда. Масала, къабул гьабизе ккола «Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ» закон.

Нилъер гьечӏо рахьдал мацӏалъул ЕГЭ. Буго гьеб Татарстаналда, гьелда бан рижун рукӏана гӏемер суалалги. Щивасул ихтияр буго, Москваялда, росулъ, ай щиб бакӏалда гӏумру гьабулеб батаниги, рахьдал мацӏ лъазабизеги гьеб школалда малъизеги. Гьединаб пикруялъул рахъги кквезе ккола нилъеца.

Мацӏазул суалгун тӏоцебесеб нухалда дун дандчӏвана 2012 соналда. Россиялъул Мацӏазул хӏакъалъулъ законалда хъван батана:

1. РФялъул пачалихъияб мацӏ буго гӏурус мацӏ.

2. РФялда гъорлъе унел республикабазул пачалихъияб мацӏлъун ккола гӏурус мацӏги РФялъул халкъазул рахьдал мацӏалги ва скобкабазда жаниб хъван буго: гӏурус мацӏ хутӏизегӏан абун. Щай гӏурус мацӏ гьоркьоса бахъун бугеб? Гьебги кколарищ рахьдал мацӏ? Дица хъвана законалда хиса-баси гьабеян хитӏаб. Щайгурелъул гӏурус халкъалъулги буго ихтияр рахьдал мацӏ лъазабизе. Гьиндусасдацин малъизе тӏадаб буго рахьдал мацӏ, щай гьелдаса махӏрум гьаризе кколел гӏурусал? Хиса-басиялде дандечӏана Татарстанги Осетияги. Хутӏараз гьелъул рахъккуна. Амма хиса-баси къабул гьабичӏого бана щуго лъагӏел.

Пачалихъияб Думаялде цӏиял депутатал рищараб мехалда, цӏидасан байбихьана гьеб суалалъул бицине. Щайгурелъул Татарстаналдаги, Башкириялдаги, Хакасиялдаги, Туваялдаги рахьдал мацӏги гӏурус мацӏги малъизе кьолаан щунус-нус сагӏат, гьелде тӏадеги, рахьдал мацӏалъул бакӏалда гӏурусазда ва батӏиял миллатазда малъулеб букӏана татар, тува ва цогидал мацӏал. 750 сагӏат кьолаан регионалъул мацӏ малъизе ва 500 сагӏат – гӏурус мацӏалде. Байбихьуда нижер пикру бичӏчӏичӏо цӏирищарал депутатазда. Хабарго букӏинчӏо, малъизе кколищ-кколарищ рахьдал мацӏин абураб: Конституциялда рекъон, гьеб малъизе тӏадаб буго. Бицен букӏана мацӏ тӏасабищизе ихтияр кьеялъул хӏакъалъулъ: рахьдал мацӏлъун гӏурус мацӏищ малъилеб яги регионалъул мацӏищ? Чанцӏулго тӏобитӏана данделъи, ракӏарун рукӏана улкаялъул президентасги. Кӏалъазе вахъана дун республикаялъул Халкъияб Собраниялдаги.

Законалда хиса-баси гьабиялда цадахъго къабул гьабуна Рахьдал мацӏал цӏуниялъул ва церетӏезариялъул фонд рагьиялъул хӏакъалъулъ хӏукмуги. Президентас гьелда гъоркь гъолбасана ва Фонд гӏуцӏун буго. Гьениб буго 800 млн гъурушги. Гьанже цебечӏана экспертияб совет гӏуцӏиялъул масъала. Грантал кьолел ругониги, къецал гӏуцӏулел ругониги, хӏажалъула хӏалбихьи бугел лъикӏал махщелчагӏи. Кватӏичӏого лъазабизе буго грантазе гӏоло къец – бищун лъикӏаб цӏалул тӏехьалъухъ, методикияб пособиялъухъ ва гь.ц. Гьелда гӏахьаллъизе бегьула ва грантазухъ хӏадуризе бегьула рахьдал мацӏалъул тӏахьалги методикиял алаталги.

Дагъистан буго гӏемермацӏазулаб регион. Гӏемерисел лъималазда лъала мацӏал, гьез рикӏкӏуна кучӏдул. Амма гӏоларо мацӏ лъазабизе гъира букӏун. Законалъул рахъалъги рукӏине ккола бигьалъаби. Нилъеца гӏуцӏизе ккола инфраструктура, гьабизе ккола ингилис мацӏалдего гӏадинаб гъира рахьдал мацӏаздеги букӏунеб хӏал: программаби хӏадуризеги, тӏадеги стипендиял кьезеги, харжалде тӏаде процентал кьезеги. Батӏи-батӏиял нухалги ратун, эбел-эменгун лъимал гӏахьал гьаризе ккола рахьдал мацӏ лъазабиялъулъ. Гьеб фондалдаса гӏарцухъ цӏикӏкӏинаризе бегьула рахьдал мацӏалъул учительлъун цӏалулев студентасе стипендияги, учительзабазул харжалги, гьаризе бегьула цогидал бигьалъабиги.

Гӏуцӏизе ккола рахьдал мацӏазда инфраструктураги. Масала, Мордовиялда къватӏазулги тукабазулгун рестораназулги цӏарал, официалиял документал, пачалихъиял идарабазухъе хъварал хитӏабал – кинабго батана лъабго мацӏалда: мокша, эрзи ва векши. Кин гьел цӏалун бажарилеб, мацӏ лъалеб гьечӏони? Халкъияб Собраниялдаги министразул кабинеталдаги дандги бан, нилъецаги ургъизе ккола инфраструктураялъул нилъеего рекъонкколеб тайпа.

Рахьдал мацӏалъул учителасул букӏине ккола цогидав учителасе щолелдаса цӏикӏкӏараб харж. Гьебги гьабизе ккола нилъерго мацӏазул къадру борхиялъул мурадалда. Школалда дарсал кьун, мацӏ лъазе гьечӏо. Масала, дир вас школалда цӏалулеб заманалда, гьес рекӏехъе бицунаан лезги мацӏалда щуго гьумергӏанасеб кечӏ, амма гьесда лъалароан гьелда гъорлъ бугеб цониги рагӏул магӏна. Гьединал дарсазул пайда букӏунаро.

Жакъа мукъсанаб харжалъухъ хӏалтӏулел учительзабазда цебе бетӏер къулула дица. Нижеца гӏуцӏана «Рагӏи» абураб Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏалъул учительзабазул ассоциация. Гьелъул буго экспертияб совет. РФялъул 57 мацӏалъул вакил вуго гьелда гъорлъ. Советалъул аслиял мурадал руго цӏалул ва методикиял тӏахьазул хӏакъалъулъ пикру загьир гьаби, учительзабазе методикияб кумек гьаби, рахьдал мацӏазул стандартал хӏадуриялъулъ гӏахьаллъи ва гь.ц. Ракӏалда буго, Тӏолгороссиялъул рахьдал мацӏазул учительзабазул съездги Дагъистаналда тӏобитӏизе», — ян бицана гьес.

Рукь цӏазе ккола киналго

цадахъ лъугьун

Татьяна Гамалейица кӏварбуссинабуна рахьдал мацӏал малъиялъулъ пачалихъиял идарабазулги, гӏелмиял ва экспертиял жамгӏиятазулги, школазулгун вузазулги, жамгӏиял идарабазулгун хъизамалъулги къуват цолъизабиялде. «Рахьдал мацӏазда сверухъ улкаялда бахъараб ахӏиялъ гьеб масъалаялде буссинабуна жамгӏияталъул гуребги, пачалихъалъулги пикру. Ханты-Мансийскалдаги цогидал бакӏаздаги рукӏарал дандеруссиназда президент Владимир Путиница гьелде буссинабулаан аслияб кӏвар. Амма мацӏал цӏунизе кколин абун гӏемер гаргадиялъул хӏасил кколаро. Гьелъие гӏоло къеркьезе ккола киналго – хъизанги, школаги, пачалихъиялгун муниципалиял идарабиги. Цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏичӏони, рахьдал мацӏал цӏуниялъулги гьел церетӏезариялъулги масъалаби тӏуразе захӏмалъизе буго. Малъулеб буго мацӏазул цо бутӏа, гьебго заманалда нилъеда кӏочене бегьуларо къадар дагьал халкъалги, рахьдал мацӏалда адабият цебетӏезабиги. Нилъеда цебечӏараб аслияб масъала буго патернализмалде, ай жамгӏияталъул цо бутӏаялде кӏварги кьун, цогидаб бутӏа рехунгутӏиялде дандечӏей гьаби. Цӏалул тӏахьалгун журналал рахъиялъги, учительзабазул лъай камил гьабиялъги кинабгӏаги кумек гьабизе гьечӏо, гьарулел хиса-басиял къабул гьаризе халкъалъул гъира гьечӏони ва жинцагоги гьелъие квербакъулеб гьечӏони», — ян бицана министралъ.

Хӏажат буго пачалихъияб

программа

Дагъистаналъул лъайкьей цебетӏезабиялъул институталъул ректор Хӏамзат Жамалудиновас гьадин бицана рахьдал мацӏазул гьабсагӏаталда бугеб хӏалалъулги гьел цӏуниялъул мурадалда гьарулел тадбиразулги хӏакъалъулъ: «Гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 28 мацӏги 80-ялдаса цӏикӏкӏун гьезул лугъатги. Республикаялъул лъайкьеялъул идарабазда малъулеб буго 13 рахьдал мацӏ: гӏурус, агул, магӏарул, азербайжан, дарги, лъарагӏ, лезги, лак, нугъай, табасаран, цахур, рутул, чачан. Рахьдал мацӏал уна цӏалул планалъул чарагьечӏеб бутӏаялда гъорлъе ва гьел чарагьечӏого малъизе ккола школалда. Гьебго заманалда цӏунун буго «Дагъистаналъул адабият» абураб дарс тӏасабищизе ихтиярги.

Ахираб щуго соналда жаниб рахьдал мацӏ малъулеб буго Дагъистаналъул цӏалдохъабазул 80-ялдаса цӏикӏкӏун проценталда. Амма республикаялъул цониги шагьаралда гьеб малъуларо цӏалдохъабазул 100 проценталда. Хасго квешаб хӏал буго гьеб рахъалъ Гъизляр, Избербаш, Южно-Сухокумск шагьаразда. Гьенир ругел дагъистанияз хӏаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул адабияталъул дарс лъималазе тӏасабищизе ва гьел махӏрум гьарулел руго рахьдал мацӏалъул бечелъиялдаса. Гьел шагьаразда гӏумру гьабулезул цӏикӏкӏараб къадар ккола магӏарулгун гӏандадерил ва цез мацӏазул вакилзаби», — ян.

ДИРОялъул ректорас рехсана рахьдал мацӏалъулги гьеб дарс кьолел учительзабазулги къадру борхизабиялъул мурадалда ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялъ гӏуцӏулел тадбиразул – къецазулгун олимпиадабазул ва фестивалазул хӏакъалъулъги. Учительзаби хӏадуриялъул хӏакъалъулъ бицунаго, гьадинал хӏужаби рехсана гьес: «Санайил ДИРОялда лъай камил гьабула 600 учителас. Гьезие кьола 72 сагӏтил дарсги. ДГПУялда хӏадурула микьго мацӏалъул учительзаби. Гьабсагӏаталда гьенив цӏалулев вуго 286 студент, гьелде тӏадеги заочно – 241 чи; ДГУялъул филологияб факультеталъул Дагъистан-гӏурус отделениялда – 164 ва 129 – заочно. Амма гьел тадбирал гӏоларо.

Лъагӏалидаса лъагӏалиде дагьлъулеб буго рахьдал мацӏалда кӏалъалел дагъистаниязул къадар, хасго гӏолилазда гьоркьоб. Бищунго хашаб хӏал буго тумазул мацӏалъул: гьезул 25-30 проценталда гурони рахьдал мацӏ лъаларо. 2002 соналдаса 2009 соналде щвезегӏан 70 азаргониги магӏаруласда кӏочон тана рахьдал мацӏ. Махӏачхъалаялъул гӏемерисел цӏалдохъабазда лъаларо магӏарул мацӏ. Гьеб буго хӏинкъизе ккараб хӏужа. Хӏажат буго лъикӏго хӏадурараб пачалихъияб программа. Гьелъ тӏуразе ккола гьал хадусел масъалабиги.

1500 школалда гьоркьоса гӏемерисел руго росабалъ. Гӏемерал соназ гьезда абулаан «рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏарал школалин» абун. Гьениб 1-4 классазда цӏалиги гӏуцӏун букӏана рахьдал мацӏалда. Араб гӏасруялъул 30-абилел соназдаго байбихьараб гьеб ишалъул лъикӏаб хӏасил букӏана: ращадго лъалаан гӏурусги рахьдалги мацӏал. Ахирал соназда, рахьдал мацӏалда хъварал математикаялъулги тӏабигӏат лъаялъулги цӏалул тӏахьал гьечӏолъиялда бан, росабазул байбихьул школа сверизабуна гӏурус мацӏалда цӏали гӏуцӏараб школалде.

1. ФГОСазде рекъонкколеб цӏалул план хӏадури ккола лъайкьеялъул идараялъул иш. Школазул цӏалул планазул халгьабураб мехалда, бихьулеб буго гьел батӏи-батӏиял планазда рекъон хӏалтӏулеллъи. Цо-цо байбихьул школалда рахьдал мацӏалъе кьолеб буго анкьида жаниб 0,5-5 сагӏат, чӏахӏиял классазда – 2-5 сагӏат. Школазда гьечӏо гьеб рахъалъ цогояб низам. Махӏачхъалаялда, масала, гьадин буго: 1-2 классазда – анкьие цо дарс, лъабабилеб классалда – кӏиго дарс, ункъабилеб классалда – цо дарс, 5-8 классазда – лъабго дарс, ичӏабилеб классалда – кӏиго дарс ва 10-11 классазда – цо дарс. Гьединабго хӏал буго №11 гимназиялдаги (миллиял мацӏазулгун маданияталъул профилияб школа – ред.), гӏицӏго байбихьул классазда, тӏоцебесеб классалда хутӏизегӏан, гьениб кьола анкьида жаниб кӏи-кӏи дарс. Лъикӏаб хӏал буго Ленинкенталъул №35 гимназиялда: 2-8 классазда буго лъабго дарс анкьида жаниб ва 10-11 классазда – кӏиго. Махӏачхъалаялда вуго 83166 цӏалдохъан ва гьезда гьоркьоса рахьдал мацӏ малъулеб буго 57278 цӏалдохъанасда.

Казбек районалъул школаздаги гьечӏо рахьдал мацӏалъул дарсал кьеялъул цогояб низам.

Цо-цо школазда рахьдал мацӏалъулги адабияталъулги дарсал рачун гьечӏо чарагьечӏеб цӏалул планалда гъорлъе. Гьединал цӏалул планаз квербакъуларо рахьдал мацӏ камилго малъиялъе.

2. Жеги тӏубачӏеб масъала буго цӏалулгун методикиял тӏахьаздалъун школал хьезариги. Гӏолел гьечӏо чачан, азербайжан, нугъай мацӏазда тӏахьал – гьел басмаялде рахъула Грозныялдаги, Бакуялдаги, Черкесскалдаги. Гьанжесеб школалда гьукъун буго федералияб сияхӏалда гъорлъе ккечӏел цӏалул тӏахьал хӏалтӏизаризе. Гьеб низамалде рекъонкколаро лъайкьеялъул идарабазда хӏалтӏизарулел цӏалул тӏахьал. Федералияб сияхӏалде босизе ккани, цӏалул тӏехьалъул экспертиза гьабизе ккола ва гьеб цӏакъго хираго чӏола. Гьеб масъала тӏубазе бегьула, «РФялда лъайкьеялъул хӏакъалъулъ» абураб федералияб законалъул 18 статьяялъул анкьабилеб пункталда хиса-баси гьабуни, ай экспертиза гьабиялъул ихтияр регионазухъе кьуни.

3. Гӏемерисел школазда гьечӏо рахьдал мацӏазул кабинетал. Махӏачхъалаялъул школазул 50 проценталда руго гьел. Цӏакъ лъикӏ къачӏан руго №№ 35, 51 ва цо-цо цогидалги школазул кабинетал. Амма гьединал мисалал дагьал руго.

4. Школазда гьечӏо методикиял тӏахьал, диктантазулгун изложениязул мажмугӏал, дидактикиял пособиял, грамматикаялъул таблицаби.

5. Кӏудияб масъала ккола рахьдал мацӏазда художествиял асарал рахъиги, хасго лъималазе хъварал. Школазул библиотекабазе гьел щвечӏого балеб буго 25-ялдаса цӏикӏкӏун сон.

Дагъистаналъул халкъазул мацӏал цӏуниялъул ва гьел церетӏезариялъул мурадалда, нижер пикруялда рекъон, гьаризе ккола гьадинал тадбирал:

1. Тасдикъ гьабизе ккола Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул хӏакъалъулъ закон.

2. Мухӏканго чӏезабизе ккола щибаб классалда кьезе кколел дарсазул къадар ва киназдаго лъазабизе ккола, гьелдаса кьуризе ихтияр гьечӏин абун.

3. Гьабизе ккола байбихьул школалда рахьдал мацӏалда цӏали гӏуцӏиялъул суалалъул цӏех-рех.

4. Чарагьечӏеблъун гьабизе ккола шагьаралъул школазул 1-11 классазда рахьдал мацӏ малъи.

5. Дагъистаналда гӏурус мацӏ хӏалтӏизаби лъугьун буго гӏумруялъул хӏакъикъатлъун. Амма гьелдаго цадахъ, кӏваркьезе ккола миллиял мацӏаздеги. Гьединлъидал лъикӏаб букӏина, миллиял мацӏазда радиоялдасанги телевидениялдасанги кьолел передачабазул заман цӏикӏкӏинабуни.

6. Рахьдал мацӏазулги адабияталъулги масъалабазул хӏакъалъулъ бицунел конференциялги, семинаралги, форумалги ва гургинал столалги гӏуцӏизе ккола тӏолгороссиялъул ва республикаялъул даржаялда.

7. Хӏалбихьизе ккола рахьдал мацӏалъул ОГЭ тӏобитӏизе.

8. Цӏикӏкӏинаризе ккола миллиял мацӏазул дарсал кьолел учительзабазул харжал».

Мацӏал росун руго

Багӏараб тӏехьалде

ДГУялъул филологияб факультеталъул декан Шабан Мазанаевас кӏварбуссинабуна учительзаби хӏадуриялъул масъалаялде. «Нилъер республикаялда гӏемер кӏвар кьола рахьдал мацӏал цӏуниялде. Университеталда малъула 12 мацӏ: гӏурус ва Дагъистаналъул халкъазул 11 мацӏ. Гьелъ рижизарула тӏуразе захӏматал масъалабиги. Ректорасул хӏукмуялдалъун, РДОялъул студентазул стипендия кӏицӏул цӏикӏкӏинабуна. Хакасиялда, рахьдал мацӏ лъазабулев щивав студентасе стипендиялде тӏаде кьола 2000 гъуруш ва рахьдал мацӏалъул преподавателасеги – харжалде тӏаде 15 процент. Цӏалул тӏахьал хӏадурула Рахьдал мацӏал лъазариялъул централъ. Гӏуцӏун буго Миллияб адабият лъазабиялъул центрги. Аслияб масъала буго, РДОялде цӏализе абитуриентал рачӏинари. Нугъай, агул, цахур мацӏазул отделениязде абитуриентал рачӏунарого рукӏуна, исана гьебго хӏал букӏана лезги мацӏалъулги. Рахьдал мацӏазул Багӏараб тӏехьалде росун руго бежтӏадерилги, гьинухъдерилги, балъхъадерилгун гӏандадерилги, багвалазулгун чӏамалазулги ва цогидалги халкъазул мацӏал – гьел дунялалдаса тӏагӏиналъул хӏинкъи буго. Абулеб буго, дунялалда тӏад щибаб анкьалъ цо мацӏ тӏагӏунеб бугилан. Социалиял цӏех-рехазул баяназда рекъон, Дагъистаналъул цӏалдохъабазул 3,5 проценталъ загьир гьабуна школалда рахьдал мацӏ малъизе кколарин абураб пикру. ИЯЛИялъул цӏех-рехалда рекъон, Махӏачхъалаялъул цӏалдохъабазул 92 проценталда лъаларо рахьдал мацӏ. Гьеб ккола РДОялда цӏализе абитуриентал рачӏунгутӏиялъе гӏиллаги. Цӏалул группа гӏуцӏизе кигӏан захӏмалъаниги, нижеца хӏаракат гьабизе ккола цӏализе рачӏаразениги шартӏал гӏуцӏиялъе. Дагъистаналъул мацӏалгун адабият малъула бакалавриаталъулги, магистратураялъулги, аспирантураялъулги даражаялда. Хӏажимет Сапаргӏалиев чанцӏулго щвана факультеталде ва гьесул квербакъиялдалъун бажарана чанги масъала тӏубазеги. Руго лъикӏаб хӏалбихьигун гӏелмияб даража бугел преподавателалги.

Рахьдал мацӏал цӏуниялъул масъалаби тӏуразе ккани, дир пикруялда рекъон, гӏуцӏизе ккола тӏоцебесеб иргаялда санагӏатал шартӏал. Мацӏалде рокьи куцазе ккола хъизамалдаго. Хадубккун гьеб букӏине ккола лъималазул ахалдаги, школалдаги, вузалдаги. Лъайкьеялъул цо идараялда цӏалуе шартӏал гӏуцӏиялдалъун масъала тӏубаларо – жамгӏияталъул букӏине ккола гьелдехун тӏалабияб бербалагьи.

Кӏваркьезе ккола къадар дагьал халкъазулги ракьалдаса тӏагӏиналъул хӏинкъи бугелги мацӏазде. Политикаялдаса рикӏкӏадги гьабун, тӏубазе ккола хъвай-хъвагӏай гьечӏел мацӏал малъиялъул суал. Агул, рутул, цахур мацӏал гьедин цӏунун хутӏана – гьел мацӏазда гӏуцӏана хъвай-хъвагӏайги, рахъана тӏахьалгун журналалги, хъвана гӏелмиял хӏалтӏабиги. Гӏуцӏизе ккола лингвистикиял экспедициял. Дагъистаналъул мацӏазул рахъкквейлъун букӏина гӏелмиял дандеруссинал тӏоритӏиги. Мацӏал цӏунулелинги абун, цо-цояз гьеб масъала тӏубазе кколин ахӏи бахъинабула жиндирго мурадазе гӏоло. Гьеб мекъаб нух буго», — ян бицана филфакалъул деканас.

Рахьдал мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Зугьра Дибировалъ бицана Дагъистаналъул школазда мацӏал малъиялъул бугеб хӏалалъулги, учительзабаздаги цӏалдохъабаздаги гьоркьор республикаялда тӏоритӏулел къецазулги, гьелда дандчӏвалел масъалабазулги хӏакъалъулъ. Рахьдал мацӏазул учительзабазда гьоркьоб конкуренция гьечӏолъиялъул хӏасил лъикӏаб кколарин абуна гьелъ.

Миллиял мацӏазда кьолел

передачабазул масъала

ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас ракӏалдещвезавуна 50-абилел соназда республикаялъул миллиял газетал цӏунизе вахъарав магӏарул газеталъул бетӏерав редактор ва ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель Мухӏамад Шамхалов. «Дагъистаналъул обкомалъул хӏукмуялда рекъон, «Дагъистаналъул правда» газеталъул дубляж гьабизе миллиял газетал тӏамураб мехалда, магӏарул газета хъван букӏана 30 азаргоялде гӏагарун чияс. 1949-1957 соназда хутӏана 6000. Гьесул ва Гӏабдурахӏман Данияловасул хӏаракаталдалъун бажарана миллиял газеталги рахьдал мацӏалда адабиятгун пресса цӏализе гъира бугел цӏалдолелги цӏунизе.

Жакъа буго гьелдаса квешаб хӏал. Министерствоялъул цӏаралдасаго бахъана «печаталъул» абураб рагӏи. Нижер министерствоялъул данделъиялда цохӏо нухалда рехсана прессаялъул цӏар, кинабго бицунеб жо сверун буго бухьеназдеги, технологияздеги ва цогидалги суалазде. Доб мехалда, рахьдал мацӏал цӏунеян ахӏи бана ЦКялде. Гьанже лъиде хитӏаб гьабилеб? Мацӏазул масъалабазул хӏакъалъулъ дица кагътал хъван рукӏана РФялъул президент Владимир Путинихъеги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володинихъеги, РФялъул Журналистазул союзалъул председатель Соловьевасухъеги…

Рахьдал мацӏазул къадру борхизабулел нухаллъун дида рихьула:

1. Рахьдал мацӏалъул учителасул харжалде тӏаде 15 процент кьей.

2. ДГУялда цӏидасан рагьизе Дагъистаналъул филологиялъул факультет.

3. Телевидениялдаги радиоялдаги миллиял мацӏазда кьолел передачабазул заман цӏикӏкӏинаби. Гьениб бицунеб жоялде цӏикӏкӏун кӏваркьей. Гьелъухъ балагьулел ва гӏенеккулел гӏадамазул хӏисаб гьаби.

4. Учительзабаздаги маданияталъул идарабазул хӏалтӏухъабаздаги миллиял газетал хъвазари.

5. Рахьдал мацӏалда ОГЭ ва ЕГЭ тӏоритӏи.

6. Лъималазул ахалдасаго рахьдал мацӏ малъи.

7. Рахьдал мацӏал цӏуниялъул фонд гӏуцӏи.

8. Цӏидасан рагьизе Дагъистаналъул цӏалул тӏахьазул басмахана», — ян абуна Камаловас.

Рехсараб фонд рагьизе бигьаяб иш бугин абуна Уммупазил Гӏумаровалъ. «Гъоркьиса цо чияс нижее кьун букӏана цӏалул тӏахьал риччазе гӏарац. Гьеб хӏалтӏизабичӏого хутӏана. Гьеб рехизе бегьула фондалде. Рачӏаха нилъеца гьедин гьабизе», — ян абуна гьелъ.

Дагъистаналъул тӏахьазул басмаханаялъул директор Марина Гӏумаровалъ борхана миллиял мацӏазда лъималазул тӏахьал рахъиялъул масъала. «Нижер басмаханаялъул иш кколаро лъималазе тӏахьал риччай. Гьечӏо гьел хӏадурулеб цоги басмаханаги. Амма лъималазе тӏахьалги рахъичӏого, рахьдал мацӏалде рокьи куцазе бажаруларо», — ян абуна гьелъ.

Орфографиялъул комиссия

ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб Гражданияб жамгӏият цебетӏезабиялъулгун инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалъул председатель Зикрула Илясовас бицана рахьдал мацӏал цӏуниялъул иш бараб бугин Орфографиялъул комиссиязул хӏалтӏул хӏасилалда. «Цереккун гӏуцӏун рукӏана гьел, амма цониги нухалда тӏобитӏичӏо гьезул данделъи. Гӏуцӏизе ккола щибаб мацӏалъул хасаб комиссия.

Рахьдал мацӏалъул къадру цӏикӏкӏиналъул нухлъун дида бихьула пачалихъиял хъулухъазде гӏадамал росулеб мехалда, гьезда рахьдал мацӏалъул экзамен кьезабиги. Кӏудияб кӏвар буго гьеб рахъалъ телевидениялдасанги радиоялдасанги кьолел передачабазулги», — ян абуна гьес.

«Данделъиялда рехсарал суалалги загьир гьарурал пикрабиги кьочӏое росун, хасаб протоколги хъван, гьеб кьезе буго ДРялъул хӏукуматалъухъе», — ян абуна данделъиялъул ахиралда Уммупазил Гӏумаровалъ.

Кавсарат Сулейманова