Басир Инусилов гьавуралдаса — 95 сон

Ана гъов гӏишкъугун «гъоб» гӏумруялде

Магӏарул театралияб маданияталъул борхалъи. Гӏагараб росдал тӏадегӏанлъи. Росуцоязул чӏухӏи. Росдаде тӏаде ралагьун ругел чӏухӏарал мугӏрузул тӏогь. Гьединал, бищунго тӏадегӏанал рагӏабазе мустахӏикъав вуго нижер Басир, Россиялъул мустахӏикъав артист.

Росдал хабзал. Гьениб буго Дагъистаналъул халкъияв артистасул хоб. Иргадулаб нухалда росулъе щварай дида ракӏалдеккана гьесул хабадеги яхине. Басирил цохӏо йигей яс Шумайсатилги дирги лъикӏаб гьоркьоблъи буго, чанги ккана бицен Басирил хӏакъалъулъги. Ахирисеб нухалда нижер гара-чӏвари щаялиго пашманаб букӏана. Гьелъ бицунаан жиндир цохӏо йигей яс Раисатица гьаб ахираб заманалда абулеб бугила жиндие хоб кӏудадада аскӏоб Тӏанусиб бокьилилан. Долдаса нахъе гӏемер заман инчӏо. Шумайсатихъа гӏасияб гӏажалалъ яхъун ана рекӏел тӏегь. Ва тӏубана Раисатил ахирисеб анищ- абадияб макьугун гьей кьижун йиго машгьурав кӏудадада аскӏой. Гьединал пашманал пикрабазулъ йигей дихъе, кидаго гӏадин, рещтӏана магӏуги. Вуго Шумайсатил цо васги. Басирил вас Мухӏамадица гӏумру гьабулеб буго Саратов шагьаралда. Кӏиабилеб — вас Шамилги гӏолохъанго ватӏалъана гӏумруялдаса.

Гьенибго ракӏалдещвана дида Басирил вац Гӏалиасхӏабги. Гьев хӏалтӏулев вукӏана росдал парторганизациялъул секретарьлъун. Гӏемер ахӏулаан гьев школалде цӏалдохъабигун дандчӏвазе. Амма Басирил хӏакъалъулъ гьикъидал, гьесул гьурмадасан чвахун бачӏунаан цӏамхӏалаб магӏу. Жакъа бичӏчӏулеб буго гьеб магӏуялъул бакӏлъи. Хабзалалъа тӏадюссунелъулги, дида рагӏулеб бугин кколаан кӏудияв шагӏирасул рекӏел бухӏилъун лъугьараб: «Дуца гьабураб щиб, гӏагарав Басир?» — абураб гьаракь.

Гӏагаравлъун хутӏана гьев гьесда цадахъ хӏалтӏарал Магӏарул театралъул хӏалтӏухъабазеги, росуцоязеги, гьудул-гьалмагълъиялъеги.

Ракӏалда буго чанго соналъ цебе Буйнакск шагьаралда Магӏарул театралъул нухмалъиялъги артистазги Басир ракӏалдещвезавиялъул тадбир тӏобитӏараб къо. Гьеб къоялъги рохалидаса гӏемераб магӏу букӏана гьениб. Махӏмуд Гӏабдулхаликъовасул магӏуги ракӏалда буго дида. Хӏалхьолеб букӏинчӏо гьесул, гьалмагъасул хӏакъалъулъ бицун.

Гьадин хъвалеб буго Басир Инусиловасул хӏакъалъулъ макъалаялда Хӏайбула Гӏабдулгъапуровас:

— Магӏарул театралъул коллективалъ рагӏи кьолеб буго гьесул музей гӏадаб бокӏон гӏуцӏизе, гьениб гьесул гӏумру ва хӏалтӏи бихьизабулел материалал лъезе. Хунзахъ росулъ балеб бугеб Культураялъул рукъалъе Басир Инусиловасул цӏар кьезе. Артист гьавураб рукъалъул къеда — Хунзахъ районалъул Тӏануси росулъ — мемориалияб хъарщи лъезе. Амма жеги гьел къасдал хутӏана къасдаллъун», — илан.

Щиб лъалеб, бачӏинеб батила Басир Инусиловасул гӏагараб росулъ цӏияб клубги бан, гьелъиегӏаги машгьурав ва халкъалъ къабул гьавураб артистасул цӏар кьолеб заман…

Шамай Хъазанбиева

Басирил хӏакъалъулъ

Махӏмуд Гӏабдулхаликъов: «Магӏарулазул Отелло», — ян абулаан гьев гьунар тӏокӏав артистасда. Басир Инусилов вукӏана ракӏ гӏатӏидав, гьудул-гьалмагълъи хирияв. Махсара-хочӏ гӏемерав, унго-унгоги теат-ралъе вижарав магӏарулав.

Гьитӏинабго Тӏануси росдал мискинабго хъизамалда жанив гӏун вачӏарав гӏолилас жиндирго къисмат бухьинабуна Магӏарул театралда. Къолохъанлъиялдасан байбихьана Басирица тӏоцебе жиндирго гьунар. Гьев гьунаралде вачана кӏвахӏ гьечӏеб захӏ-маталъ.

Артистас тӏоцере сценаялда хӏарал ролаздаса цояб ккола Цӏадаса Хӏамзатил «Базалаялда» рекъав Дадучил роль. Басирил Дадуч вукӏана гӏадатияв, хӏеренав, махсара-хочӏал гьарзаяв, ракӏгӏатӏидав магӏарулав. Рагъул заманалъ магӏарул халкъалда бихьизабураб гьеб сипаталъухъ артист мустахӏикълъана ДАССРалъул Президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.

Кватӏичӏого Басир ана жиндиего бокьун Ватӏанияб рагъде. Тӏадаб налъиги ракӏбацӏцӏадго тӏубан, цӏидасан тӏаделъана жиндиего бокьулеб хӏалтӏуде. Театралда хӏалтӏулагоги араб 25 соналда жаниб Басирил цевевахъин магӏарулазе хутӏана бечедаб, гьунаразул хазиналъун. Шекспирил «Отелло» Басир Инусиловас хӏалеб мехалъ, халгьабулезда ракӏалде кколаан унго-унгояв мавр вугин сценаялда вихьулеван. Лахӏчӏегӏераб гьумер-кӏалалъулъ кенчӏолел гӏатӏидал беразги, гӏазугӏан хъахӏаб ца-кӏалалъги, неграсул кьер бугеб гъеж-квералъги бицунеб букӏана артистасул цохӏо хӏаялъе гуребги, грим гьабизеги бугеб махщалил.

Басирил кӏудияб гьунар букӏана классикиял ролал хӏазе. Артистас махщалида хӏана Гоголил «Ригьиналда» Подкалесин, Гольдонил «Мекъал гӏадамазда» гогьав Лунардо, Гильорме Фигейредол «Эзоаалда» Эзоп (лагъ), Моляровскиясул «Гӏажаибаб хазинаялда» хъантӏарав Гальссан.

Р. Хӏамзатовасул «Магӏарулай» пьесаялда хӏараб Гӏалил сипат ккана артистасул бищунго тӏадегӏанаб даражаялде гьес тӏамураб галилъун. Жеги ДАССРалъул халкъияв артистасул цӏаралъе мустахӏикълъун гьоркьоб лъабго моцӏ иналдего, Гӏалил роль бергьенлъиялда хӏаралъухъ Басир мустахӏикълъана «РСФСРалъул мустахӏикъав артист» абураб цӏаралъеги.

Хӏ. Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» Басир цеве вахъуна гурхӏел-цӏоб гьечӏев наиб Ахӏмадил сипаталда. Цӏакъго лъикӏ ккараздасан цояблъун рикӏкӏине бегьула Басир Инусиловас хӏараб наиб Ахӏмадил сипат. Артистасухъа бажарана кӏиго революциялда гьоркьоб заманалъ рукӏарал пачаясул чиновниказул хӏинкъиги хӏинкъиялъ бижизабураб хъачӏлъиги наибасул сипаталда балагьарал божулехъин бихьизабизе.

Жиндирго гьунар камиллъулеб ригьалда нахъасан тохлъукьего речӏчӏулеб гьве гӏадаб гӏажалалъул квачӏикье ккана гьев.

Гӏумруялъухъ бищун гӏашикъаб мехалда къотӏана артистасул гьайбатаб гьаракь. Амма нахъе хутӏана гьесул гьунарги, цӏарги, гьайбатал сипаталги».

Хӏусен Казиев: «Дун хӏалтӏана Басир Инусиловасул гьалмагъзабазда цадахъ. Гьезда цӏакъ лъикӏ лъалаан Басирил гьунар-махщел, гӏамал-тӏабигӏат. Артистаз къанагӏат гурого реццуларо жидерго гьалмагъзаби, амма гӏумруялдаги сценаялдаги цадахъ рукӏарал гьалмагъзабаз лъикӏаб ва берцинаб гуреб рагӏи бицунароан, Басир Инусиловасул хӏакъалъулъ хабар ккедал. Гьединлъидал дица гӏемерал суалал кьолаан доб мехалъ Басиргун хӏалтӏулел рукӏарал артистазе: М. Гӏабдулхаликъовасе, П. Хизроевалъе, Гӏ. Къурбановалъе, С. Мажидовалъе ва цогидазе. Гӏажаибго берцинго бицунаан гьев гьунар тӏокӏав артистасул хӏакъалъулъ.

Театралда хӏалтӏулел гӏадамал Басирица рикӏкӏунаан жиндирго вацаллъунги яцаллъунги. Магӏарул театр букӏана Хунзахъ. 15 сон барав Тӏанусиса гӏолилав Басир Инусилов вачӏана театралде. Махщел букӏана къали кьабизе. Театр росулъе бачӏин лъазабизе зурма-къолол гьаракь бахъине гьабулаан доб заманалъ. Гьитӏинал цо акталъул спектаклязда гьитӏинал ролал хӏалаан, хадур гьарулел концертазда къали чӏвазе кколаан. Кьураб роль щибго инкар гьабичӏого хӏалаан. Жиндида дандекколеб букӏа, кколареб букӏа, гьитӏинав чиясул, херасул, махсарадул, гӏамал мекъав хӏалихьатил батӏалъи гьечӏого хӏалаан. Бихьулеб букӏана гӏолиласе театр бокьулеб букӏин ва гьесул гьунар бугев артист вахъине рес букӏин. Басир санагӏалъи кканщинахъе сценаялде вахъунаан. Артистасул махщалихъ рокьи ккарав гӏолиласул рохалие гӏорхъи букӏунароан кодобе роль щвараб мехалъ. Тӏоцересел гьесул ролал руго «Любовь Яровая» спектаклялда – письмоносец, Цӏ. Хӏамзатил «Базалай» спектаклялда – Дадуч.

1943 соналда жиндиего бокьун гӏарзаги хъван, Басир уна фронталде. Намус бацӏцӏадго тӏадаб налъиги тӏубан, 1949 соналда Басир Дагъистаналде тӏадвуссуна ва цӏидасан жиндие бокьулеб хӏалтӏуде тӏаделъула. «Гьесул гӏамал-хасият, гӏумру – кинабго хурхараб букӏана театралда. Гьесие бокьулаан театр ва гьеб букӏана гьесие аслияб иш, хъулухъ гьабулаан театралъе ва кинабго къуватги театралъе кьолаан». Гьедин хъван буго гӏемераб заманалъ магӏарулазул театралъе нухмалъи гьабурав режиссер Павел Васильевич Джапаридзеца.

Гӏолохъанав артистас махщалида ва гӏищкъуялда хӏарал чӏахӏиял, жавабиял, захӏматал ролаз бихьизабула тӏабигӏаталъ гьесие кьураб гьунар ва хӏалтӏуде гьесул бугеб кӏудияб гъира.

Гьедин букӏана, А. Островскиясул «Гӏайиб гьечӏониги гӏайибиял» абураб спектаклялда Дудукинил роль кьураб мехалъ. Байбихьуда гӏемерго захӏмат букӏуна Басирие, амма тӏадчӏараб хӏалтӏиялъ букӏине кколеб даражаялда хӏала Дудукинил сипат.

Басирица хӏарал тӏоцересел ролазда гъорлъ буго Цӏ. Хӏамзатил «Базалай» спектаклялдаса Дадучил роль. Гьев ракӏ-

гӏатӏидав, махсара гӏемерав, гӏадатияв магӏаруласул роль хӏаралъухъ Басир мустахӏикълъула ДАССРалъул президиумалъул Хӏурматалъул грамотаялъе.

А. Корнейчукил «Хӏикматаб рохь» абураб пьесаялда Инусиловасухъе кьола аслияб роль – гӏолохъанав, сахаватав, рокьул къимат гьабизе лъалев Ветровоясул сипат.

Б. Инусилов вукӏана гъваридаб магӏнаялъул, кӏудиял къасдазул, жинцаго тӏасабищараб пишаялъухъ рокьи ккарав инсан.

Гьесул сценаялъулаб гьунар ролалдаса ролалде цебетӏолеб ва борхалъуде бахунеб букӏана. Дунялалъул бищунго кӏудиял драматургиялъулал асаразда щолеб букӏана артистасе жиндирго гьунаралъул борхалъуде вахине нух. Ф. Шиллерил «Рокьи ва къисас» абураб спектаклялда Басирихъе кьола Миллерил – Луизал инсул роль. Жиндирго гӏолохъанлъиялъухъ балагьичӏого, божуледухъ, магӏнаялда, гӏумруялда гӏадин хӏараб гьеб роль балагьарал гӏадамазеги гьединго данде хӏалел актеразеги кутакалда бокьана. Театралъул хабар бицунелъул, Басир мукӏурлъулаан театр тун батӏияб бакӏалда жиндида жиндир гӏумру цебечӏезабизе кӏоларилан. Доб заманалъ Басирида цадахъ театралда хӏалтӏулей йикӏарай Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъ бицана: «Дун театралде ячӏана школалдаса цӏалун яхъиналдего. Басирица дир жиндирго яцалъул гӏадин тӏалаб гьабуна, сундуего кумекги гьабуна. Дидаго нахъасан вахъине чи щварай дунги гьелдаса йохун, рекӏелъе чӏухӏи бачӏун, бигьаго гъорлъ йосана коллективалда. Басир гӏадин жиндаго тӏад хӏалтӏулев артист вукӏинчӏилан абизе бегьула. Гьесул тӏокӏаб батӏиял пикраби рукӏунароан. Спектакль байбихьилалде цебе дове кулисазде нахъеги ун, жиндирго рагӏаби цӏалулев, гьениб репетиция гьабулев вукӏунаан. Цо нухалъ, дун театралъул гӏумрудул щибго жо бичӏчӏуларей гӏадан, дир гӏакълу гьечӏолъи букӏун батиларищха, гурони дица гьединаб жо гьабилароан, аскӏоеги ун, кӏалъан, гьесие махсара гьабуна. Гьес абуна: «Дацил яс, дацие квалквал гьабуге, мун цодагьаб мехалъ доегӏан а, хадув дунго кӏалъала дуда», — ян. Гьедин спектакль байбихьилалде хӏадурлъун гурони, цеве вахъунароан, жиндаго тӏад хӏалтӏулаан», — илан.

1952 соналда Н. В. Гоголь хваралдаса 100 сон тӏубаялде Магӏарул театралъ босула «Ригьин» абулеб пьеса. Басир Инусиловасухъе кьола Яичницал роль. Цӏакъ хӏаракаталда, гъира — шавкъалда унел рукӏана гьесул репетициял. Циндаго, премьера хӏазе заман щвараб гӏужалда, спектаклялъул

багьадур Подколесин хӏалев артист теат-ралдаса нахъе уна. Режиссер П. В. Джапаридзеца гьеб роль кьола Басирихъе. Сордо — къоялда жаниб 3-4 сагӏаталъ гурони кьижичӏого, Басирица гьеб ролалъул рагӏаби лъазарула, жиндирго багьадурулги гьесда сверухъ ругезулги гӏамал-хасият лъазабула ва цӏараб заманалъ премьера хӏазе цеве вахъуна. Гьединав артист — хӏалтӏухъан вукӏана Басир Инусилов.

Басир Инусиловасда цадахъ хӏалтӏарав РСФСРалъул халкъияв артист Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас ракӏалдещвеязулъ хъвалеб буго: «Басир Инусилов вукӏана унго-унголъунги артистлъиялъе вижарав чи. Театр жиндиего бокьун гурони, живго театралъе вокьиялъе гӏоло гьес киданиги хӏаракат бахъулароан. Репетициялъе заманалда гьелда хурхинчӏеб хабар цо лъицаниги гьоркьоб речӏчӏизабуни, Инусиловасе гьеб букӏана цо кинабалиго вахӏшилъи ва хӏакъирлъи. Инусиловасул гьунаралъе бищунго хасиятаб жо букӏана хӏалбихьи ва кӏвахӏ гьечӏеб захӏмат. Гьев хӏалтӏулаан цохӏо сценаялда гуревги, репетицияздаги, гьоболлъухъги, гьудулзабазухъги. Цониги сагӏат гьес гӏадада биччалароан, жиндирго багьадурасул сипаталъул пикраби гьаричӏого. Басирица гӏумруялда жиндирго бихьанщинаб, рагӏарабщинаб, лъарабщинаб – кинабго данде гьабун, пикрабазул хӏасил сценаялде босулаан. Гьеле гьелъулъ букӏана гьунар тӏокӏав артист Инусилов Басирил махщалил бечелъи».

Гӏамал-тӏабигӏат гьайбатав чи живго вукӏиналъ гьесие бигьаго букӏунаан сахаватал гӏадамазул ролал хӏазе, кигӏан жиндир гӏамалалде дандекколарел рукӏаниги, хӏалихьатал гӏадамазул ролалги Басирица инкар гьабичӏого хӏана. «Гӏажаибаб хазина» абураб маргьа-спектаклялда Басирица хӏана аслияблъун кколеб Галсанил роль. Гьес хӏараб гьеб роль буго маргьадалъ букӏунеб сатира. Гьев вукӏана батӏи-батӏияв: гӏамал кӏудиявги, хӏелхӏедулевги, ццидалавги, къарумлъиялда гъорлъ вуцун гьавуравги. Балагьаразда цебе артистас чӏезавулаан гьерсилал, ракӏ хъубал ва хӏалихьатал гӏадамазул вакил. Басирица гӏадамазул гӏунгутӏаби рагьун, балагьаразда цере тӏиритӏулаан, гьезда тӏад гурхӏел тун велъулаан ва релъизе тӏамулаан. Гьединаб букӏана К. Гольдонил «Гьагал гӏадамал» абураб спектаклялда къарумав ва хъачӏав Лунардол сипатги. Кӏудияб ва бергьараб хӏалтӏи гьабуна Басирица А. С. Пушкинил «Циганал» абураб спектаклялда херав циган хӏалелъул. Гьединавлъун цевечӏезавулаан гьесда цадахъ хӏалтӏарай РСФСРалъул халкъияй артистка Патӏимат Хизроевалъ Басирица хӏараб гьев херав циганасул сипат. «Хварай ясалъул – Земфирал жаназаялда цеве чӏун вугев циганасул пашманал беразулъ бихьулеб букӏана бицун хӏалкӏолареб инсанасул пашманлъи, гъваридго рекӏелъ лъураб ругъун, гьесие бугеб къварилъи. Рагӏиго гьечӏеб, вуцӏцӏунчӏеялъулъ бихьулеб букӏана инсуда чӏун бугеб къо».

Бищун кӏудияб бергьенлъилъун букӏана У. Шекспирил «Отелло» спектаклялда Отеллол роль. Басирица репетициял гьарилалдего байбихьула ролалда тӏад ургъизе ва хӏалтӏизе. Дов кӏудияб къаркъалаялъул Отелло хӏалеб букӏана гьитӏинаб черхалъул, гьединав багьадурасда кӏудияб релълъенго гьечӏев Басирица. Гьединал гӏунгутӏаби Басирица жиндирго актерасулаб гьунаралъ кӏочон тезе гьаруна балагьаразда. Гьеб ролалдаса хадуб Басирида абула магӏарулазул Отелло вугин гьевилан. «Отелло» спектаклялда гӏахьаллъулел рукӏана театралъул бищунго лъикӏал артистал: М. Гӏабдулхаликъов — Яго, П. Хизроева – Дездемона,

З. Набиева – Эмиля, Гӏ. Къурбанова – Бианки ва цогидал гьанжего гьанже ГИТИС лъугӏун рачӏарал гӏолохъанал артисталги. Гьеб спектаклялда бищунго аслияблъун кколеб квербацӏцӏалъулгун сцена Басирица кутакалда берцинго хӏала. Дездемонахъго валагьичӏого, гьес квер ккола гьелда цебе квербацӏцӏ жиндихъе кьеян абураб магӏнаялда. Квербацӏцӏ кодобе щун вохиялъ, квербацӏцӏ ккураб квер данде къала. Цо параялдасан, жиндир кверзукь батӏияб квербацӏцӏ букӏин лъайгун, гьесул би гьалаглъула. Рагӏи абичӏого, бераз чи чӏвалеб хӏалалъ суал кьола Дездемонае. Лъавудаса арав чи гӏадин сородизе лъугьуна. Хадусеб параялъ заралгун тӏаде вортула гьелде. Рекӏел кӏудияб къварилъиги къине гьабун, лъукъараб жанаваралъ гӏадин, хъирараб гьаракьалъ хӏалица абула: «Тӏагӏа дир берзукьа!» — ян ва хехго нахъе уна цо кӏудияб балагь жиндицаго

гьабилалде.

Цадахъ хӏалтӏараз жакъаги бицуна, бихьулеб къоялде вачӏинчӏого, Басир хӏалев вукӏараб куцалъул хӏакъалъулъ. Болъодаса эхеде, эхеве гиргидун, Басирил черх спектаклялдаса хадуб хъахӏиллъун букӏунеб букӏараб куц, гӏумруялда гӏадин, Отеллол къварилъи жиндирго чорхолъе биччалеб букӏараб куц.

Балагьаразда бихьана Б. Инусиловасул гьунаралъул борхалъи. Премьера хӏана 1955 соналъул 17 декабралда. Москваялдаса бачӏун букӏана театроведазул кӏудияб къокъа «Отелло» спектакль къабул гьабизе. Магӏарул театралда гьеб спектакль бихьараз абулеб букӏана гьадинаб щвалде щвараб хӏалтӏи театралда жеги букӏинчӏилан. Гьай-

гьай, гьениб цӏикӏкӏарасеб бутӏа лъун бу-кӏана Басир Инусиловас. Хадусел хӏалтӏаби Басирил рукӏана З. Гӏалихановасул «Мугӏрузул Гӏалиялда» – Гӏумар, В. Розовасул «Сагӏат лъикӏаб батагиялда» – Алексей, Хӏ. Заловасул «Хӏасратай кочӏохъаналда» – Наиб Ахӏмад.

1960 соналда Москваялда тӏобитӏараб Дагъистаналъул литератураялъулгун искусствоялъул декадаялда Магӏарул театралъ бихьизабураб «Магӏарулай» спектаклялда Б. Инусилов москваялъулазда цеве вахъана Асиятил эмен Гӏалил ролалда. Гӏемерал берцинал рагӏаби хъвана критиказ газетазда ва журналазда Басирица хӏараб Гӏалил сипаталъул хӏакъалъулъ. Гьеб роль хӏаралъухъ, РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон, Басир Инусиловасе кьуна «РСФСРалъул мустахӏикъав артист» абураб тӏадегӏанаб цӏар.

Тӏадегӏанаб даражаялъул артист жиндир гьунар цӏураб гӏужалда, 39 сонилаб гӏумруялда, Аллагьасул къадаралде щола. Хвана нагагьаб балагьалдалъун. Расул Хӏамзатовас Инусилов Басир хведал хъвана:

Дуца гьабураб щиб, гӏагарав Басир,

Гьедин гӏасияб роль щай дуца хӏараб?

Вахъа мун къаникьа – къаси театр

Духъ балагьун бугин, — те гьеб махсара!…

Грим бахинчӏого, жиндирго ратӏлилъ

Ватӏалъана Басир, суфлер гьечӏого.

Къана гӏумруялъул чӏегӏераб пардав

Гьалдолел соназул магӏаруласде…