2019 соналъул февралалда 98 сон тӏубана багӏар армиялъулаз, балъго тӏадеги кӏанцӏун, Гиничукь росу бухӏаралдаса.
Гьеб балагь нижер гьитӏинабго росдаде бачӏиналъул хӏакъалъулъ бицуна росдал харабаз
1921 соналъул авалалда Гӏарани хъалаялде рачӏун рукӏана тӏадмагӏарухъги советияб низам щулалъизабиялъе гӏоло рагъизе «гъеж гурарал» багӏараб армиялъулал. Ракъуца малъкъосарал Астрахань ва Царицын губерниязул гӏадамаздаса данде гьабураб 14 ва 32-абилел дивизиязул кьвагьдохъабаздаса, Москваялъул курсантазул 2 бригадаялдаса гӏуцӏараб «ударная группаян» цӏар лъураб гьеб Багӏараб Армиялъул часталъул командирлъун вукӏана А. А. Тодорский, комиссарлъун вукӏана Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин (Эфендиев) Самурский. Ракъиялъ хӏамузулгицин гьан квине ккарал гьел рагъухъабазе кванил сурсатаздалъун кумек гьабизе кколеб букӏун буго, бокьаниги бокьичӏониги, гинчадерица. Цӏияб низамалдеги ру-ссун, Гиничукь гӏуцӏун букӏун буго росдал Советги, вищун вукӏун вуго Советалъул председательги. Гьединаб гьоркьоблъиялда багӏараб армиялъулаз росулъ гӏуцӏун букӏун буго цо пост, аскӏоб бугеб Тӏануси росулъ ругел Хӏоцоса Нажмудинилаздаса жалго цӏунизе.
Цӏорораб хасалил халатаб сордо гӏемерисезе ахирисеб букӏин лъаларел гинчал макьидаса рорчӏизарула, рогьалил как ахӏулев росдал будунасул гьаракьги гьоркьоб къинабун, цо-цо авалалда рихъулел багӏаразул гӏарадабазул гумпарабазул гьаркьаз. Рихха-хочун рагъабазде кӏанцӏарал гинчал гӏужие гъун чӏвазе байбихьула росда цебе магъилъ чанго кьер гьабун чӏарал багӏаразул кьвагьдохъабаз. Гинчадерил росу буго къилбаялде балагьараб лабаллъиялда. Дагь-дагьккун тӏаде къан солдатазул горалъ росу сверун ккола. Цере ратарал рукъзабахъе жанире кӏанцӏун, гӏадамал чӏвазе байбихьула. «Дир доб мехалда 8–9 сон букӏана, – ян бицуна Исбагьиев Мухӏамадица. – Жеги тӏубан хъахӏлъи рехун букӏинчӏо. Рагьун къелълъ кьабана нижер нуцӏа. Нуцӏихъан бихьана кӏиго чиясул сурат-рагӏад. Сас рагӏа-рагӏаралъур речӏчӏулел рукӏана гьез тункӏал. Киниялда вукӏарав дир гьитӏинав вац гӏодизе лъугьана, ва эбел гьесда аскӏое йортун ана. Дун хӏинкъун, сихӏкъотӏун бусадаго чӏун вукӏана. Солдатал аралго, кӏудияв инсуца, иргаялда цӏарал ахӏун, цӏехолеб букӏана нижер бугеб хӏал. Гъосда канлъи бихьулароан. Эбелалъ жаваб кьолеб букӏинчӏо. Кӏудияв эмен, хадуб бехъерхъун бохгун, кини бугеб рахъалде хъурщулев вукӏана. Эбелалъул хӏухьел-махӏ лъугӏун батана. Керен борлъун бугоан гьелъул. Кӏудияв инсуца «Ясин» цӏалулеб букӏана. Тӏадруссунги рачӏун, солдатаз гьесдаги туманкӏ речӏчӏана ва хун вугищали бихьизе тункӏил хечги хӏунсана».
Росулъго чӏваразулги 80 метр борхалъи бугеб Цӏолбокь чвахукье чӏагого рехаразулги къадар 71 чиясде бахана. Жиндирго рокъов, тӏад цӏаги гъун, чӏагого вухӏана росдал Советалъул председатель Исмагӏилил Мухӏамад. Цояб чакма ретӏун, цояб ретӏинегӏан течӏого, гӏазуги мерхьунаго, Гӏарани хъаладухъеги вачун, чӏагого Цӏолбокье рехана 61 сон барав Бацӏхӏатӏил Хӏасанги, гьеб сордоялъ Шураса эхеде щун вукӏарав 18 сон барав гьесул вас Мухӏамадги. Гьезулго гӏадаб къисмат ккана Цӏира Хӏажиясулги ва Чӏондокьа Гъазиясулги. Чӏваразда гъорлъ рукӏана какикьжоялдаса рахъун бажаруларел харабиги, битӏун завалалда хъизам-лъималгун яшав гьабулел рукӏарал гьоркьохъеб гӏумруялъул бихьиналги, руччабиги, жеги михъида хӏур чӏвачӏел гӏолил васалги.
Гьезул цоял чӏвала улбузда, яцазда, руччабазда цере, цо-цоял рихьдаего, цӏаруего росда цебе гьоцӏабахъ хвалчаца къотӏ-къотӏула ва хучдуз рорлъ-рорлъула. Солдатаз жидерго рокъор чӏвана 97 сон барав Цӏарберцин Хӏажи, 89 сон барав Гӏабдусалам, 74 сон барав Алмасил Мухӏамадхӏажи, 69 сон барав Алмасил Шамхал, гьесул васал Нажмудин, Гӏумар, Басир, жив вижаралдаса бакъул нур бихьичӏев беццав Пирбудагъил Хӏасан ва цогидалги.
Чӏваразда гъорлъ рукӏана багӏаразе хъулухъалда Гӏарани хъаладухъ рукӏарал гинчадерил гӏолохъабазул эмен, вац ва вакьад. Мунагьал чураяв багӏарав партизан Хӏайбулаев Зубайирица бицунаан: «Чӏван дир эменгун, вацгун, хъун кӏиго нижер оцгун, нуцӏа-гордал рахъун, цӏадаб гьебги лъун, саргъасазухъ гьан бежулел, гьеб кунел ратана рокъове щведал солдатал». Пенсионер Гъазиев Гӏабдулманапица хъвалеб буго жиндирго ракӏалдещвеялда: «Дир имгӏал, багӏарав партизан Шамхалов Хӏайбулаца ва вацгӏал Мухӏамаев Абсалудиница бицунаан: росулъ ругел эбел-инсул ва гӏагарлъиялъул ургъелалъ рахӏатхун комиссар Нажмудин Самурскиясухъе индал, гьес абун буго нужер росулъ гьечӏин гӏайиб гьечӏел, гьел киналго чӏвазе кколин».
Лъабабилеб къоялъ, радал гӏакӏаги ахӏун, лъазабула росу бухӏизе бугин, гьебги рехун тун, лъималги рачун, руччаби Бакьайичӏире ралагьун къватӏире рахъаян.
Мунагьал чураяй дир эбел Мухӏамаева – Гӏалибегова Патӏиматица бицунаан: «Лъабабилеб къоялъ нижер рокъоре рачӏана кӏиго солдатги цо офицерги. Эбел цӏакъ рахӏатхун лъугьана. Ботӏродаса чохтӏоги бахъун, ахӏичӏого рачӏарал гьалбадеридехунги юссун, вас живго теян гьарделей йикӏана. Офицерас хвалчаца ишанги гьабун вац Хӏасанулбасирида бичӏчӏизабуна рагъидул чӏалуялда квер хъваян. Ункъо-щуго галиялъ довегӏанги ун, векерун гӏадинги вачӏун, эхедеги кӏанцӏун, рагъидул чӏалуялда квер кӏутӏана гьес. Нижер кавуялдаса чанго галиялъ гъоркьегӏанги вачун чӏвана дир вац. 14 сонцин букӏинчӏо гьесул. Росулъа къватӏире гъолелъул, дир яц Субайбатил хӏукму-хӏал лъазеян, хинаб ретӏелги ретӏун (цӏакъ квачараб къо букӏана гьеб), яцалъул рос Цӏарберцинил Къебедил рукъ бугеб бакӏалдехун ячана дун эбелалъ. Солдатаз гӏадамазул рукъзабахъа къватӏире раччулел рукӏана бакъвараб гьанал къулагӏаби, цӏураб гьанал бакьал, нахул хъуби. Субайбатилги рукъ талавур гьабулел ругоан солдатал. Къвалакь хьалбалги ккун, кавудахъа къватӏиве вачӏунев цояв, «вашу матиланги» абун, нижги тункун рехизарун, векерун ана. Чӏван ратана гьелъул рос Къебед ва вакьад Хӏажияв. Субайбат ятана хӏатӏида гӏицӏго, цохӏо гордилъ, каранде къан кӏазилъ жемун лъимергун, азбаралда гӏаздатӏа чӏезаюн. Ресалда ругел хъизан-рукъалде тӏаде ккедал, гьедин тӏалаб гьабулеб букӏун буго солдатаз гӏарац-месед. Кӏиго анкьидасан хвана Субайбат, кӏиго моцӏ барай гьелъул яс Хӏалиматги ятимлъун хутӏана».
Гьаб пашманаб хабар бицун чанги гӏодана дие хӏалимай, хӏеренай, рухӏалабазги унтабазги гӏемер кӏвекӏарай, къисматалъул кьогӏлъи лъиего бикьичӏого къулчӏарай дир эбел. Большевиказ лъутӏараб доб «гражданазулилан» цӏар лъураб рагъалъ къурбан гьаруна гьелъул лъабавго вацги цохӏо йикӏарай яцги. Доб мехалъ гьелъул букӏана 11 сон. Мухӏамадхӏажиясул Айзалъ бицунаан: «Росулъа унелъул, къотӏноб нижеда батана бидулъ белъараб, куц-мухъ лъаларедухъ пасат гьабураб цо гӏолохъанчиясул жаназа. Гӏолохъанчиясул эбелалде магӏил рагӏабиги абулаго, доегӏан щун йикӏарай эбел кьурун нахъюссун ана. Гӏасияб гьаракьги гьабун, доб жаназаялда тӏад гӏодой ккана гьей. Дов гӏолохъанчи вукӏун вуго дир вац, гьелъул вас.
Улбузда цадахъ Бакьайичӏире унелъул, «Гьоркьоб гӏурдаллъи» абулеб бакӏалда, улбузда ва яцазда цере ратӏаги гъарун чӏвана. 14-15 сон баразул лъабгояв».
«Росу тун унелъул, эмен гьечӏого жинцаго гӏезабураб цохӏого цо бугеб лъимер чӏаго хутӏизеян, эбелалъ васасда ретӏун букӏун буго руччабазул ретӏел.
Кӏиго бакӏалда халгьабулездасаги рорчӏун, лъабабилелде щведал, офицерасда лъараб куц буго гъосул руччабазул гуреб рилълъин. Офицерас цо чанго галиялъ довегӏанги вачун, гьесул кӏаз нахъе чӏвазабула ва керен цебе лъезабула, цинги хьвагӏараб жоялъ гьесул щекъер къотӏула. Жеги хӏакъикъат бичӏчӏичӏеб, михъида хӏур хъвачӏеб гьесул гьумер эбелалъухъги балагьун гьимулеб гӏадинги букӏун, щапун гӏодоб ккана», – ян бицунаан дир эбелалъ.
Гӏарани хъалаялъул хӏакимзабаз анкьидасан изну кьуна къурбанлъарал гинчал рукъизе. Гӏаммаб хоб бухъунги, хабалазул къадал риххизарун, кьучӏал рахъун, гьел гьенир чуричӏого, жидерго ратӏлилъ рукъула. Гьедин рукъулеб гӏадат буго бусурбабаз гъазизаби. Цӏолбокь чвахукье кьурулъа гъоркье рехаралги гьенирго рукъула. Мунагьал чураяй Зубайрил Рукъигатица бицунаан: «Санагӏалъи бугеб бакӏалдасан хабзалазул къедги бичун гӏицӏал квераз цӏорораб ракь бикӏун, бидухъ ран килщалгун гьабуна эмен вукъизе гвенд. Дун йикӏана нижер
хъизамалъул хутӏаразул бищун кӏудияй. Дирги букӏана 14 сон. Ниж лъабазго къилбаялдеги буссинабун лъуна инсул жаназа гвандиниб. Цӏорораб жаназаялъул гӏебеде битӏахъе хутӏараб гъеж ракьулъ букъун чӏоларого бихьараб къо кидаго кӏоченаро. Чанцӏулго квераз хачан ракь тӏаде бачаниги, ракьулъ чӏолеб букӏинчӏо гьеб, ракьулъа къватӏибе бахъунги бачӏун, эхетун чӏолаан. Хӏинкъун карабиххун гӏодулел гӏисинал яцалги вацги карандеги къан, гӏодилей йикӏана дун».
Лъабго моцӏидасан багӏараз гинчадерие изну кьуна росулъе тӏадруссине. Узданаб росу сверизабун батула бухӏараб чӏваданалде. Багӏараб армиялъулаз росдал гӏадамазул кинабго бечелъи: гӏи-боцӏи, рокъоб букӏарабщинаб къайи-къоно, мажгит цӏун гӏодортӏамун рукӏарал цӏухби (сумахъал), давагьин-салмаг, жеги гьоцӏабахъ рукӏарал лал тӏамичӏого хутӏарал гӏаралгицин сум течӏого ун батула. Ракъуца, къварилъиялъ къвал барал гинчадерил къоролзаби ва ятимзаби гьардухъ лъугьине ккана. «Ракъуца хвана дир кӏиявго вац Сагӏаду ва Абакар, дир яц Сапинатги. Дирго эбел Райхӏанатгун ва кӏудияй эбел Нуцалайгун цадахъ дун гьардухъ ине ккана. Нижеда бихьараб ракъи-къварилъиялъул бицун чи божиларо. Доб мехалъ дир букӏана 12 сон», – ан хъвалеб буго жиндирго ракӏалдещвеязда Гъазиев Манапица.
Сундуе гӏолоха гьеб гӏасияб балагь гинчадерие гьабураб багӏараб армиялъулаз? Цӏияб низамалъ гьеб лъугьа-бахъиналда сверун бала балъголъиялъул пардав. Гьелъул хӏакъалъулъ бицинеги толароан. Жидерго вахӏшилъи-гӏасилъи къватӏибе лъачӏого хутӏизелъун, нахъе тун гьечӏо кинаб букӏаниги документ.
Гьадинаб лъугьа-бахъиналдасан байбихьун буго гьеб кинабго. Доб цӏорораб февралалъул гинчадерие балагьаб сордоялъ, Тӏанусисахун рачӏун, Хӏоцоса Нажмудинил рахъ кколез Гиничукь букӏараб багӏараб армиялъулазул караулалъул солдатал чӏван руго. Гьезул цояв лъутун Хъаладухъе ворчӏун вуго. Гьес ахӏи-хӏур бахъинабун буго гинчал хилиплъанилан. Гьеб хабар рагӏарав А. А. Тодорскияс ва доб мехалъ Гӏарани хъаладухъ вукӏарав Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель Нажмудин Самурскияс буюрухъ кьун буго: «Ганчӏида гамачӏ хутӏуларедухъ тӏагӏинабе гинчадерил росу-жамагӏат», – абун.
Радакьалде багӏараб армиялъулаз гинчадерил росу сверун ккола ва тӏад цӏа лъола. Гьедин байбихьула гинчал гъуризе. Гьеб гӏасияб иш рагӏалде бахъинабизе Н. Самурскиясда тӏадги къан, А.А. Тодорский Болъихъ багӏаразе ккараб хӏинкъи нахъчӏвазе уна.
Мунагьал чураяв дир эмен Гӏалибегов Нурмухӏамад гӏурус мацӏ лъалев чи вугилан вихьизавун вукӏана Н. Самурскиясе тилмачлъун. Нурмухӏамадил эбел росасе ун йикӏуна Гиничукьа Шамил абурав чиясе. Нурмухӏамадица Нажмудин Самурскиясда гьарула, тӏубан иш кин-щибали лъалелде кьураб гьеб буюрухъ тӏубазабизе гӏедегӏугеян, гинчадерилги вугин гьанив Хъаладухъ багӏарал партизаназда гъорлъ анцӏила щугониги гӏолохъанчи, жиндирги эбел-лъималги ругин росулъ, мунги бусурманчи вугелъул, Дагъистаналъул ВЧКялъул председатель хӏисабалда, росдае гьеб балагь гьабизе гьукъеян. Н. Самурскияс Нурмухӏамадида кьварун лъазабула: «Гьеб дургоги бетӏер чӏум гӏадин борлъизе бокьун гьечӏеб батани, хабар лъугӏизе те», – ян. Цинги цодагьав гӏодоцаравго гьес абун буго, жинда дуе гьабизе кӏолеб кумекги бугин, дур эбел-инсуда хъвагеян абун кагъатги кьун, мун Гиничукье витӏизе. «Классиял тушбабазда» тӏад босараб бигьаяб ва давлаяб бергьенлъиялъ бутӏрул сверарал солдатаз, бихьиналги гъурун, жалго хутӏарал руччабазда хӏал-зулму гьабизе букӏиналда хӏинкъараб хӏалкколеб букӏиналъги ва цинги багӏарал партизаназулги солдатазулги гьоркьоблъи чучлъизе бегьулеблъиги бичӏчӏун, Муслим Атаевасда кӏола Н. Самурский кантӏизавизе, руччаби ва 14 соналде рахинчӏел васалги росулъа къватӏире риччазаризе.
Абула, 1937 соналда Н. Самурский жанив тӏамулелъул, гьесде гӏунтӏизарулел гӏайибазул цояб букӏун бугин гинчадерил ракълилал гӏадамал гъуриги. Лъаларо, кин букӏаниги, нижер росдал гӏадамазе гьабураб вахӏшилъи роцен гьечӏебгӏан кӏудияб буго.