Ватӏаналъул унго-унгояв патриот

Варис вукӏана Аллагьас сценаялъе вижарав чи

Жиндир мунагьал чураяв Варис вукӏана цо батӏияб гӏамалалъул чи. Гӏодове виччарав, сабурав, хӏалимав, гӏаданлъи бугев, гӏадатлъи бугев, гӏадамазда гъорлъ жуварав, ракӏ рагьарав, кумекалъе хӏадурав, кивго хӏажаталъе ватулев, гӏисиназдаги чӏахӏияздаги сундулъго кверчӏвазе хӏадурав, кидаго жив аваданав, эркенго хӏухьел цӏазе бокьулев чи. Халкъалда гьоркьов машгьурлъанагӏан, гӏадатиял гӏадамазда аскӏов гӏагарлъизе бокьулев чи… Живго кӏудияв гӏунагӏан, гӏамал гьитӏинав чи…

Варис вукӏана кибго цебехъанлъи гьабизе бокьулев чи. Сценаялда актерасулаб культура цӏунизе лъалев чи. Бокьараб лъикӏаб хӏалалъ киналгӏаги батӏи-батӏиял данделъаби, концертал, вечерал, бертаби, церерахъинал нухда рачине лъалев чи. Варис вукӏана Аллагьас сценаялъе вижарав чи.

Варис Нуровасул бакъназдасанго бичӏчӏула гьев Ватӏаналъул унго-унгояв патриот, жив гӏураб росу-ракь, гӏагараб Гъуниб район, Дагъистан хирияв чи вукӏин. Хасго жиндир миллаталъул магӏарулал рокьулаан Варисие, Расул Хӏамзатовасда цадахъ лъугьун. Хъвана гьес аслияб куцалъ кӏудияв шагӏирасул кучӏдузе гӏемерал бакънал. Миллаталъул гимнлъун лъугьарал «Магӏарулазул улка» ва «Магӏарулал» абурал Расулил кучӏдузда цадахъ киса-кирего машгьурлъана Варисил бакъналги. «Борхатаб Гъуниб» абураб дир кечӏги гӏенеккулезда рагӏана Варис Нуровасул бакъаналда цо чанго батӏияв кочӏохъанас ахӏулаго. Бакъназда цадахъго Варисица жинцагоги хӏалбихьулаан магӏнаял кучӏдул хъвазе.

Вай, бер гӏорцӏуларо, бер гӏорцӏуларо,

Бугеб боцӏудаса чанги чагӏазул.

Дунни гӏорцӏуларо рокьиялдаса,

Ракьцоял гӏадамал, нужеде бугеб!

Гӏемерисеб нилъер творчестваялъулаб интеллигенцияго гӏадин, жакъасеб къоялъул пашманаб къисматалъ веэдичӏо Варисги.

Гьудулзабаз абула цӏияб бакъан бахъеян,

Цӏигьабун гӏуцӏиялъе хасал нотаби хъваян.

Дица жаваб гьабуна гьанже ирга дихъ гьечӏин,

Далай-щалай гӏемерлъун, гӏинкълъарав бецлъун вугин.

Варис вукӏинчӏо кинабгӏаги хъулухъалъ ворхизавурав ялъуни гьелъул даражаялъ тӏадегӏан гьавурав чи. Гъуниб районалда Культураялъул отделалъул нухмалъулевлъун хӏалтӏулагоги, тӏалабчилъи бихьизабуна гьес сундулъго. Тӏад ругезул амру тӏубазабизе гӏоло батӏи-батӏиял жал ургъолаго жиндир хӏалтӏухъабазде семулаго-вагъулаго гуребха, гьел битӏараб нухде рачунаго чанги къагӏидаби ратана гьесда районалъул культура ва творческияб нух гӏатӏид гьабизе…

Магӏарулаз Надир-шагь щущахъ виххизавураб, Шамил-имамас ахираб щулалъи ккураб Гъуниб мугӏрул тӏалъиялъул тӏанкӏгӏанасеб Гӏобох росулъ 1956 соналъ гьавуна магӏарулазул машгьурав композитор, кочӏохъан, шагӏир, Дагъистаналъул Культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, Дагъистаналъул миллияв бахӏарчи, унго-унгояв гӏадатияв вас, магӏарулав, гӏаданлъи цӏикӏкӏарав кӏудияб хӏарпалъул Инсан Варис Нуров.

… Гӏолохъанав композитор мустахӏикълъана 1986, 1988, 1989 соназ СССРалъул Композиторазул союзалъул дипломазе. 1990 соналда ва гьелдаса хадубги Махӏачхъалаялда тӏобитӏана Варис Нуровасул творчествоялъулаб чанго вечер.

Варис Нуровасе – махщел гӏурав кочӏохъанасе, гьунар камилав композиторасе кидаго къиматаб букӏана шигӏрияб рагӏи. Гьес цебего хъвалел рукӏана кучӏдул. Гьел рахъулаан газетаздаги журналаздаги. Къватӏибе биччана «Кунчӏараб цӏва» ва «Дунялги ахиратги» абураб шигӏрияб кӏиго тӏехьги. Цо батӏияб хаслъи батула гьесул кучӏдузулъ. Балагье цо, ункъо мухъалда жаниб жиндир гӏумруялъулги гӏамал-хасияталъулги сурат кьезе кӏун буго Варисида:

Гьудуллъи бичичӏо, намус биличӏо,

Борхатго цӏунана цӏаги гӏищкъуги.

Хӏилла-макру лъачӏо, къулизе лъачӏо,

Къадарал чагӏигун бокал борхичӏо…

Ма ша Аллагь, цо камиллъи ва мухӏканлъи рагӏабазул!

Варисил руго цоги гьадинал рагӏабиги:

Дида бичӏчӏуларо дуниялалде

Дагӏба-рагъ, мацӏ-хӏилла кисан бачӏунеб?

Квешабги лъикӏабги лъалеб мехалда,

Лъалиниса хвалчен щай къватӏиб цӏалеб?..

Зобазда бакъгун моцӏ, кенчӏолел цӏваби,

Нуж даим рукӏана, рукӏине руго.

Нилъ рачӏуна-уна, тӏанхал гъенола,

Тӏугьдул их бачӏингун бакъуй гьимула.

Варис хванилан хабар рагӏидал, цӏакъ ракӏ бекана, бакӏаб тӏалу тӏаде бегана. «Тӏокӏалъ кӏалъаларо Хӏасановилан дихъе гьевилан» пикраби рещтӏана ботӏролъ… Аллагьасул къадаралдаса лъиегӏаги рорчӏизе бакӏ гьечӏелъул, гьарила гьевгун цадахъ нилъ Алжаналда данделъизе къотӏи батагиян ва иманалда гьев тӏовитӏун ватагиян. Амин!

Мухӏамад ХӏАСАНОВ,

Кӏуяда росу