Дадаца гӏин кьуричӏони, лъимадул гӏадлу хола
Абула бихьинчиясда тӏадаб бугин мина базеги, гъветӏ чӏезеги, вас гьавизеги. Гӏемерисел бихьиназ гьел хӏалтӏаби тӏуразарула. Амма вас гьавурав гӏоларо, гьесие тарбия кьезеги ккола. Эменги вукӏине ккола васас мугъчӏвалеб кьурулъун, кидаго гьесул тӏалаб-агъазалда вугев чилъун. Социологаз абулеб буго жакъа Россиялъул гӏемерисел бихьиназ гьеб борч борхулеб гьечӏилан. Эмен жиндирго хӏалтӏудаса лъималазде регӏуларила, гӏодоркъоязги гьев я шишаялда нахъа, я ччугӏа кквезе ун, яги футболалде машгъуллъун вукӏунилан. Лъималазул тӏалаб гьаби, гьезие тарбия кьей гьес тӏубанго лъадуде рехун тун бугин.
Хъизамалъул бетӏер ккола рос, ай хъизамалъулги лъималазулги жавабчилъи букӏуна гьесда тӏад. Рос ва эмен ккола лъималазе мисалги насихӏатчиги. Жакъа Россиялъул гӏемерисел регионазда гӏадин хашго гьечӏониги, хъизамалда жаниб инсул къадру Дагъистаналдаги гӏодобе ккун буго. Гьеб кинабгоги хӏисабалде босун, Россиялъул гӏемерисел регионазда гӏуцӏулел руго «Умумузул цолъиял» абурал жамгӏиял идараби. 19-20 февралалда Свердловск областалда тӏобитӏана гьезул тӏоцебесеб форумги.
Махӏачхъалаялъул Советск районалъул администрациялъул бетӏерасул заместитель, умумузул цолъиялъул председатель Заур Гӏамиргӏалиевасул нухмалъиялда гъоркь форумалда гӏахьаллъана Дагъистаналъул делегацияги. Форумалъ данде гьавун вукӏана Россиялъул 80 регионалдаса 350 делегат. Тадбиралда гӏахьаллъана Пачалихъияб Думаялъул депутаталги, Федерациялъул Советалъул членалги, диниял идарабазул вакилзабиги, гӏелмуялъул, культураялъул ва спорталъул церехъабиги.
РФялъул умумузул цолъиялъул нухмалъулев Андрей Коченовас бицана щибаб регионалда гьадинаб цолъи гӏуцӏиялъе ккараб гӏилла бугила цадахъ рекъон хӏалтӏи гӏуцӏи.
Форумалъул бицунаго, Заур Гӏамиргӏалиевас абуна гьеб букӏанила цӏакъ кӏудияб
кӏваралъул тадбир. Гьелда жидеца лъай-
хъвай гьабунила нилъер гьанибги пайда босизе бегьулел проектазулгун.
«Умумузул цолъиялъул аслияб мурад ккола лъималазе тарбия кьеялдаса нахъе кӏанцӏун чӏун вугев эмен гьеб ишалде машгъуллъизави, гьев жиндирго лъималазде ва лъимал гьесде гӏагар гьари.
Нилъер гӏадатазда рекъон, сон-церекъадги эмен кколаан хъизамалда жанив аслияв чи. Жакъа гьес гьеб жавабчилъи тӏубанго эбелалде тӏаде рехун тун буго. Школазда эбел-инсул собраниязда, аслияб къагӏидаялда, рукӏуна улбул. Руго бихьинал жидер лъимер
чанабилеб классалда бугебалицин лъаларел. Гьеб гъалатӏ битӏизабиялъул мурадалда гӏуцӏулел руго гьадинал цолъабиги. Нижер аслияб масъала ккола умумул лъималазде гӏагар гьари, гьел лъималазул ишазулъ гӏахьаллъизари, жидерго мисалаздалъун гьезие битӏараб тарбия кьеялде гьетӏизари. Гьединаб мурадгун нижеца тӏобитӏараб «Инсул патруль» абураб тадбиралда гӏахьаллъана 45 хъизан. Гьезда гьоркьор тӏоритӏана батӏи-батӏиял къецалги.
Нилъер лъималаз гӏемерисеб заман
чӏвала бича-хисиялъул, ракӏгъезабиялъул центразда ва кинотеатразда. Кемеровалда гӏадаб балагьалдаса лъимал цӏуниялъул мурадалда, зама-заманалдаса гьединал бакӏазде ун, гьез хӏалтӏи гӏуцӏун бугеб къагӏидаялъухъ балагьула», — ян бицана Заурица.
Гьесул пикруялда рекъон, умумузул цолъиял гӏуцӏизе ккола школазда, администрациязда цере. Гьес кӏудияб гӏунгутӏилъун рикӏкӏунеб буго школазда цӏакъ дагьал гурони бихьинал-учительзаби хӏалтӏулел ва жидерго лъималазе тарбия кьеялъулъ бихьиназ мукъсанабго гурони гӏахьаллъи гьабулеб гьечӏолъиги.
«Нижер районалда гӏумру гьабун ругезда дирго мисалалдалъун бихьизабула дица лъималазулгун гьоркьоблъи щула гьабизе кколеб къагӏида ва гьелъул бугеб кӏвар. Гӏодоркъояз лъималгун дун уна паркалде, киноялде, ралъдахъе, музеязде… Гьеб ккола чияр заралияб асаралде гъоркье дирго лъимал ккеялдаса цӏуниялъе гьабулеб хӏалтӏи. Дун гӏемер щола дирго лъимал цӏалулеб школалде, гьениб классалъе яги школалъе бажарараб кумекги гьабула. Рос-рукъалде араб мехалъ, ясалъ такрар гьабула инсулгун букӏараб гьоркьоблъи. Инсул бербалагьиялда вугони, васасул чорхолъ куцала бихьинчиясул хасият-гӏамал. Жакъа нилъее чара гьечӏого хӏажат буго лъималазе тарбия кьеялъулъ хъизамалда жаниб инсул кӏварги къадруги борхизаби», — ян абуна Заур Гӏамиргӏалиевас.
Россиялдаго гӏадин, Дагъистаналдаги лъималазе тарбия кьеялъул иш тӏубанго улбузде рехун тун бугин абиларо. Амма лъималазул ахикьги, школалдаги, парказдаги, ракӏгъеялъул центраздаги, экскурсияздаги лъималгун цадахъ, гӏемерисеб мехалда, рукӏуна улбул. Лъималазе тарбия кьеялъул хӏалтӏи, анкьил ахиралда цӏалул дневникалда квешал къиматал ратидал, гӏин кьуриялдалъун лъугӏизабулеб бугони, инсулги лъимадулги ракӏазул гӏагарлъиги, цоцада ричӏчӏиги букӏунаро. Инсул кьварараб гӏадлу щвечӏони, васасул унго-унгояв бихьинчиги лъугьунаро.
Ахиралда рехсела цо гьадинаб биценги. Цо нухалъ свакан, кватӏун хӏалтӏудаса рокъове щварав инсуда, нуцӏида аскӏов ватула жиндирго щуго сон барав вас.
— Эмен, цо жо гьикъизе бегьилищ дуда? — ян абула гьес.
— Бегьила, щиб ккараб?
— Дуе кигӏанасеб харж щолеб?
— Гьеб дуе щай? Гьеб дур иш гуро,- ян кӏалъала эмен.
— Гьадинго лъазе бокьун буго. Бегьулеб батани, бице, цо сагӏаталъ хӏалтӏун чан гъуруш дуе щолеб?
— 500 гъуруш.
— Гьеб 500 гъуруш дие къарзалъ кьезе кӏолищ дуда?
– Расанкӏо босизелъун гӏарац тӏалаб гьабизе бицунеб букӏараб хабарищ гьеб. Вилълъа, кьижизе вега. Гьедигӏан кӏудияв гогьмалъун вукӏине бегьуларо. Дун тӏубараб къоялъ хӏалтӏула, свакала, дуца абуни дие гӏантал жал рицунел руго.
Гьитӏич сихӏкъотӏун рокъове уна ва жиндаго хадуб нуцӏаги къала. Эмен ургъалилъе ккола ва васасе щиб бугониги кӏвар бугеб жо босизе бокьун батизеги бегьулин пикру гьабула. Гьесул рокъове лъугьиндал, вас бусада вегун ватула.
— Мун жеги кьижичӏогойищ, дир вас?
— Кьижичӏо, дада. Гьадинго вегун вуго, — ян жаваб кьола васас.
— Дица дуе цӏакъ хъачӏго жаваб кьунин ккола. Жакъа дир захӏматаб къо букӏана, гьелъги батила, дун гӏедегӏун ккана. Тӏасалъугьа дидаса. Ма, босе дуца гьарулеб букӏараб гӏарац.
Вас тахида кӏусана ва гьимана.
Баркала, эмениланги абун, васас къандалъоялда гъоркьа бахъун бачӏана цо букӏкӏ-букӏкӏкӏараб гӏарац, гьеб рикӏкӏана ва инсухъе бегьулаго абуна: «Гьаниб 500 гъуруш буго. Бегьиларищ дица дур заманалъул цо сагӏат бичун босизе? Талихӏ кьеги, бегьулеб батани, метер хӏалтӏудаса хехго вачӏа. Дие бокьун буго мунгун цадахъ тира-сверизе ине», — ян.
Нури Нуриев