Кавказалъул чӏужугӏадан! Бетӏер къулула дур тӏадегӏанлъиялда цебе

Гьаб макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго Марям Вахӏидовалъул хӏакъалъулъ. Щийха кколей гьей? Гьаюна Казахстаналда. 13 соналъ гӏумру гьабуна Москваялда. Гьабсагӏаталда гӏумру гьабулеб буго Чачаналда. Оксфордалъул университеталъул философиялъул доктор, журналистикаялда ва адабияталда гранд-доктор, Тажикистаналъул художествияб академиялъул хӏурматияй член. Дарсал кьола Гудермесалда бугеб «Мансур» абураб жалго бетӏергьанаб школалда. Гӏурус хъвадару-хъабазул махщелчилъиялъул цӏех-рехазда йигей гӏалимчӏужу.

— Марям, гьаб нухалда дие бокьун буго Кавказалъул руччабазул хӏакъалъулъ дургун гара-чӏвари гьабизе.

— Кавказалъул руччаби, тӏоцебесеб иргаялда, руго батӏи-батӏиял: диналъул рахъалъги маданияталъулгун гӏадатазул рахъазги. Амма ниж цолъизарула цо аслияб гӏаммаб гӏамалалъ — бихьинчиясдехун бугеб бербалагьиялъ. Жинда божизе бегьулев бихьинчи хьолбохъ вугони, хутӏараб кинабго жинцаго гьабула гьелъ, талихӏ жинцаго балагьула.

— Абула Кавказалъул чӏужугӏаданалъул ихтиярал гьечӏилан. Бугищ гьедин?

— Дица бицина чачаназул чӏужугӏаданалъул хӏакъалъулъ. Цогидазул бицине дир ихтияр гьечӏо. Дие бокьун буго цо гьадинаб мисал бачине. Дица гӏахьаллъи гьабуна Москваялда тӏобитӏараб цо гӏелмияб конференциялда. Гьениб гьоркьоб лъезе букӏана Л. Н. Толстоясул хӏакъалъулъ

хъвараб дир докладги. Данделъи байбихьилалде цебе, дида аскӏое ячӏана цо журналист ва гьикъана:

— Дуца хъвалеб буго хъвадарухъанасул «Анна Каренина» романалъул хӏакъалъулъ. Гьей эркенай чӏужугӏадан йикӏиналъищ дуца тӏасабищараб гьеб роман? — илан.

— Лъица дуда абураб Анна эркенай йикӏанилан? — ан цӏехана дица ва тӏадеги жубана, Аннада макьилъцин бихьичӏин чачаналъул бугеб гӏадаб эркенлъиян.

Журналисталда ракӏалде ккун букӏун батиларо дица гьединаб жаваб кьелилан. Амма эркенай чӏужугӏаданалъ гурони бахӏарчи куцаларо. Халкъ мутӏигӏ гьабизе бокьун батани, мутӏигӏ гьае чӏужугӏадан.

Жакъа бихьиназ пайда босулеб буго жидеего Тӏадегӏанас кьун бугеб ихтияралдаса — рачунел руго ункъоялде щвезегӏан лъудби. Амма пикру гьабулеб гьечӏо кин гьел хьихьилелали…

— «Кӏиго чӏужуялъул рос, заманалдасан, сверула чӏужугӏаданалде», — ян абураб аби буго. Щайгурелъул щибаб къоялъ гьев гӏахьаллъулелъулха гьезул дагӏба-къецалъулъ.

— Кинай чӏужуялъухъе бихьинчи аниги, гьев гьенив ккола гьобол. Рос вукӏине ккола рукъалъул бетӏергьанлъун. Гьеле гьелдаса махӏрумлъулев вуго бихьинчи, кӏиабилей, лъабабилей… чӏужу ячиндал. Рукъалъул бетӏергьанилан абураб цӏарги цохӏо тӏоцеесей чӏужуялъул букӏунеб буго. Хутӏарал руччабазул номерал — кӏиабилей, лъабабилей…

— Чачаналда кӏолищ бихьинчиясда данде кӏалъазе? Кавказалъул гӏемерал бихьиналги талихӏал руго гӏурус руччабазда цадахъ. Щиб лъазе кколеб чӏужугӏаданалда, батӏияб миллаталъул бихьиналгун цадахъ хъизан гӏуцӏулелъул?

— Чачаналда кӏола, росасул пикру мекъи бугони, гьелда данде яхъине, щайгурелъул чӏужугӏаданалъ, тӏоцебесеб иргаялда, пикру гьабула хадуб ккезе бугелъул. Амма гьеб кинабго гьабизе ккола, ахӏи-хӏуралда гуреб, гӏакъилго, гӏодое йиччан, росасда квеш букӏинаредухъ.

Батӏи-батӏиял миллатаздаса гӏуцӏараб хъизамалдаса дие бокьила цохӏо миллат цолъун гӏуцӏараб хъизан. Щайгурелъул гьезул кинабго гӏаммаб букӏуна: гӏадаталги, гӏамалалги, маданиятги. Дие бокьила Иванги Марияги, Абазги Курбикаги, Жетписбайги Карлыгашги цадахъ рукӏине ва гьезул жиде-жидер хъизанги букӏине, ай цохӏо миллаталъул хъизамал гӏемерлъизе.

— Кавказалъул чӏужугӏадан къанагӏат гурони гӏодуларо гӏумруялда дандчӏвалел захӏмалъаби сабаблъун. Гӏицӏго гӏага-божаразул хвелалда кӏола гьелъул бадиса магӏу баккизабизе. Чачаналъул магӏу кида баккулеб?

— Чачаназул магӏирокъор киданиги рукӏунаро магӏихъаби. Гьез хвелги сабурго къабул гьабула. Кверкьовуда ругел бихьиназда рагӏуларо гьезул магӏил гьаракь. Кверкьей абуни, букӏуна цохӏо азбаралъуб магӏирукъгун цадахъ. Масала, чачаназул шагӏир Бану Гайтукаева гӏолохъанго ятӏалъана гӏумруялдаса. Гӏумруялъул ахирисел лахӏзатаз гьелъ укол гьабизе биччачӏо, жиндие Аллагьасухъе ине квалквал гьабугейиланги абун. Гьелъул эбелалъги, гьурмада гӏажаибго берцинаб гьимигун, къабул гьарулел рукӏана зигара гьабизе рачӏарал. Гьеб гурищ чӏужугӏаданалъул сабру.

— Абула, Кавказалда бугин гьадинаб гӏадат: чӏужугӏаданалъ ботӏродасаги бахъун кӏаз гьоркьобе рехани, бихьиназ рагъ къотӏизабулила. Гьеб гӏадамаз ургъараб маргьацин гуребдай? Дида жеги рагӏичӏоха гьединаб лъугьа-бахъин.

— Гьеб маргьа гуро. Унго-унгоги буго гьединаб гӏадат Кавказалъул халкъалъул. Амма бокьарай чӏужугӏаданалъул гуребха букӏунеб ихтияр кӏаз рехизеги. Гьейги йикӏине ккола киназго адаб-хӏурмат гьабулей, рагӏи билълъарай гӏадан.

Ракӏалдещвезарила араб гӏасруялъул 90-абилел сонал. Чанги чачанай яхъана бихьиназда цадахъ рагъул авлахъалде. Гӏурус офицерзабаз доб мехалда абуна Чачаналда гӏадал къвакӏарал руччаби жидеда кирго ратичӏилан.

— Ракӏалда буго цо гьадинаб хӏужаги. Нижер росулъ вукӏана цо чи, кидаго чӏужу юхулев. Росдадаго рихун вукӏана гьев. Жакъа ругодай гьединал бихьинал?

— Чачаналъги гьединал бихьиназул адаб гьабуларо. Дир росасда унтун вегун вугев цо херас абун буго жив некӏого холаанила,

гьадинай чӏужу жиндир йикӏинчӏейани. Пайда щибха, кватӏун бичӏчӏана дида гьеб. Рес бугебани, доб араб заман нахъбуссинабизе, дица батӏияб куцалда гьабилаан гьелъул адабилан тӏадеги жубан буго. Гӏумруялда жаниб дур бищун лъикӏав гьудул ккола дур лъади. Гьелъулъ буго талихӏаб хъизамалъул балъголъигиян абун буго гьес нахъеги.

— Дагъистаналда гӏемер руго бесдалал. Эбел-инсуца рехун таралги руго. Дирги дир гьалмагъзабазулги жигаралдалъун гьениб рагьана «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» абураб гӏуцӏи. Чачаналда гьеб рахъалъ иш кин бугеб? Ругищ лъималазул рукъзал? Рагӏана чиновниказгицин рачунин хьихьизе лъималилан.

— Гьеб лъиениги балъголъи гуро. Чачаналъул бетӏерас хьихьизе вачун вукӏана гӏурус вас. Гьайгьай, Дагъистаналда гьеб суал дагьаб захӏматаб буго Чачаналдасаги. Нужер халкъалги гӏемерал руго. Амма гьеб киналъулго балагьлъун ккола чӏужугӏаданалъул билараб намус. Цо нухалда телевизоралдасан килисаялда хӏалтӏулев вугев чияс абуна къиямасеб къо чӏолила цохӏо тӏабигӏиял балагьаздалъун гуребги. Гьеб чӏолила чӏужугӏаданалъул намус лъугӏараб бакӏалдаги. Чачаналда тӏадагьаб хьвада-

чӏвадиялъул хӏасилалдалъун рехун тараб лъимералъухъ нагӏана чӏужугӏаданалъе гуреб, бихьинчиясе кьола.

— Дагъистаналда министраллъунги гьезул заместителаллъунги руго руччабиги. Гьединалго хъулухъазда руччаби руго Гуржиялда, Азербайжаналда. Чачаналъул яги Дагъистаналъул бетӏерлъун чӏужугӏадан ккезе рес бугищ? Щайдай Кавказалъул руччаби ахӏуларел Россиялъул федералиял хъулухъазде?

— Руго гьединал руччаби Дагъистаналдаги Чачаналдаги. Амма дица абилароан гьел хӏукуматалъул тӏалаб-агъазалдаги политикаялдаги гьоркьор рукӏине кколилан. Гьединал руччабазулъа лъугӏула хӏеренлъи, недегьлъи, сабру. Гьел гӏамалалин абуни, чара гьечӏого хӏажат рукӏуна чӏужугӏаданалъул талихӏалъе.

— Чачаналда гӏолилалъул ихтияр бугищ гӏолилав тӏасавищизе?

— Чачанай кидаго ана ва уна росасе жиндиего вокьарав чиясе. Нагагь гьелъие жив вокьулев гьечӏони, бихьинчияс гьеб живго хӏакъир гьавилъун рикӏкӏуна. Амма жакъасел цо-цо гӏолилазул буго цӏар лъазе лъалареб рокьи. Интернеталдаса гьабула лъай-

хъвай. Гӏолилалъулги анцӏ-анцӏ сурат букӏуна интернеталда. Цебе бихьинчияс чӏужугӏаданалъул къадру цӏакъ цӏунулаан. Гьанжейин абуни, гӏолохъаби барщулел руго, ясаз жидехъе адрес кьечӏони яги дандчӏвазе инкар гьабуни. Гьеб киналъего «гӏайибияблъун» заманги рикӏкӏунеб буго — гьаб бугин XХӀ гӏасруйилан, кӏичӏардизе лъугьунел руго.

— Дагъистаналдаги Чачаналдаги буго бахӏарай йикъулеб гӏадатги. Ясалъеги бокьичӏого йикъулел хӏужабиги камулел гьечӏо. Гьеб ккола ясги, гьелъул тухумги, эбел-эменги хӏакъир гьари.

— Цо талихӏалъ, Чачаналда гьеб такъсиралъухъ, законалда рекъон, тамихӏ гьабула. Кидаялиго гьеб букӏана гӏадатлъун. Амма гьеб такъсиралде сверизабуна, хасго 90-абилел соназда. Гьелъухъ гьабулеб тамихӏги букӏине ккола.

— Кавказалда буго цоги гьадинаб гӏадат. Масала, хъизан хвани, бихьинчияс ячуна гьелъул яц, лъималазда бесдал эбел йихьизе теларилан.

— Чачаналда гьединаб гӏадат киданиги букӏинчӏо, букӏине ресги гьечӏо. Нижер гьаниб, эмен чӏаго вугони, лъимер бесдаллъуларо. Лъимал хьихьула кӏодоэбелалъ. Инсул вацасул ихтияр букӏунаро инсул бакӏалда вукӏине. Гьесул рес буго вацасул лъималазе кумек гьабизе.

— Дурго эбелалъулги кӏодоэбелалъулги хӏакъалъулъ щай бицунареб.

— Кӏодоэбелги малъун, хъизамалда вукӏана 11 чи. Кӏодоэбелалъ кьуна нижее гӏумруялъул дарсалги. Кинай йикӏине кколей чачанай-гӏолилай? Гьей, гьаракь биччан, елъизеги бегьуларо, рукъалъул тӏалаб-агъазги гьабизе ккола, магӏишат бачинеги ругьунлъизе ккола, цӏикӏкӏаразул бадиеги ялагьизе бегьуларо, гӏодое йиччан кӏалъазе ккола, кӏалъалелъулги, гӏодое къулун йикӏине ккола ва цогидабги… Гьелъ малъана нижеда хъвазеги цӏализеги. Рокъорги рахьдал мацӏалда кӏалъалаан ниж.

Эбелалда цӏар букӏана Бика. Гьей йикӏана хӏеренайги кьварарайги. Жиндирго эбелалъул гӏадаб, чармил, маххул гӏамалалъул гӏадан йикӏана гьей. Цогидаз ясазе цӏали-къали къваригӏунарилан рикӏкӏунеб мехалда, эбелалъ нижее цӏализе ва лъай босизе гьукъичӏо.

— Щиб дуца гьарилеб букӏараб цӏияб гӏумруялъул рагьдухъ ругел гӏолилазе?

— Жакъа киналго гӏедегӏулел руго киреялиго. Гьениб талихӏ бугин кколеб буго

гьезда жидехъ балагьун чӏун. Амма ракӏчӏун лъайха нужеда — талихӏги, рохелги, икъбалги нужеда батизе буго рокъоб, ватӏаналда — Дагъистаналдаги, Чачаналдаги, Кавказалдаги. Гьениб дуда лъицаниги гьикъизе гьечӏо щиб гьабизе вачӏаравилан, тӏалаб гьариларо документал. Кинабго нужее гӏагараб. Нужехъ урхъараб. Нужеда божараб. Лъаялда хадур ине бегьула Америкаялде щвезегӏанги. Амма чияр ракьалда нуж киданиги рукӏине гьечӏо тӏоцереселлъун.

— Щай, масала, бусурманчӏужуялъ жиндиего вокьарав миллат батӏияв яги дин батӏияв чи тӏасавищизе бегьуларев? Гьелъулъ гурищ бугеб инсанасул къокъабго гӏумруялъул талихӏги. Яги гьелъул ихтиярищ гьечӏеб талихӏайлъун йикӏине?

— Дуца дир пикру цӏехолеб бугелъул, жаваб кьолеб буго — гьечӏо гьелъул гьединаб ихтияр. Талихӏ халатбахъараблъун киданиги букӏунаро. Гьелъул цо-цо лахӏзатал сабаблъун щай гьелъ жиндирго гӏумру захӏ-мат гьабизе кколеб?!

Батӏияб дин яги миллат — гьел ккола батӏиял гӏадаталги, гӏамалалги, тӏалабалги. Гьелде тӏадеги, лъималазеги захӏмалъула гьединаб гӏумру. Захӏмалъабазукьа лъутизе бегьуларо, гьезул тӏалабал тӏуразаризе ккола. Гьеле гьелъул пикру гьабизе ккола чӏужугӏаданалъ бищун цебе. Цо гьадинаб мисалги бачина. СССРалъул чӏужугӏадан. Тӏоцеесей летчица ва парашютистка, авиациялъулаб спорталъул рахъалъ СССРалъул спорталъул мустахӏикъай мастер Ляля Насуханова. 1964 соналда гьей тӏамун йикӏана авиациялъулаб звеноялъул командирлъунги. Гьелъул росги вукӏана летчик-инструктор, асатӏинав Аслан Батиров. Парашюталдаса кӏанцӏиялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталдаги гӏахьаллъун, жийго маш-гьур гьайизе рес букӏана гьелъул, амма лъимаде йигей гьелъ лъимер тӏасабищана. Гьедин букӏана кидаго. Цо нухалда дие рес ккана гьелъулгун гара-чӏвари гьабизе. Ниж кӏиялго данделъана гьелъул кабинеталда — Грозныялда. Ляля хӏалтӏулей йикӏана Чачаналъул Культураялъул министерствоялъул профсоюзалъул обкомалда. Гьелъулгун букӏараб гара-чӏвариялдаса хадуб дида бичӏчӏизе кӏвечӏо, чӏужугӏадан хӏисабалда, гьей талихӏай йикӏарайищалицин.

Тӏадегӏанас халкъал гӏемерал рижун руго. Дир хӏисабалда, цолъизе гуребха, цоцазул тӏабигӏат-гӏамалги, гӏадаталги, культураги лъазабизе. Эбел-эмен батӏиял миллатазул ругони, лъималазулъги куцала цояб миллаталъул гӏамал-хасият. Рес гьечӏо кӏиябго миллаталда цадахъго гьел релълъарал рукӏинеги. Масала, эбел казахай, эмен чачанав вугони, лъималазулъги гьезул лъималазулъги щулалъула азиатазул гӏамал-хасият, гьезул тӏабигӏатги гьединабго букӏуна. Гӏаксалда букӏараб мисал дида жеги рагӏичӏо. Гьаб буго гӏицӏго дир пикру.

Мухӏамад ГӏабдулХабиров