Магӏарул мацӏалъул анлъабилеб фестиваль ва гьелъул хӏасилал

Киса-кибего – гӏагараб калам. Унго, цо гьелъул берцинлъи! Даимлъиялъул гьогьенгун цӏумазухъе цӏабуцӏунеб бугеб магӏарул каламалъ куркьбал гъурай дунин абуни гӏедегӏулей йиго Магӏарул театралде, рахьдал мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъи гьабизе. Дидаго цадахъ исана анлъабилеб нухалда тӏобитӏулеб бугеб гьеб тадбиралде рачӏунел рукӏана магӏарулалги. 11-ялда гурони фестиваль байбихьизе букӏинчӏониги, театралъул жанахӏ радалго кьабун цӏун букӏана гӏадамаз.

Зурма-къолол гьаркьихъе кьурдулел, миллияб ратӏлилъ байрамалде рачӏарал киналго миллатазул дагъистаниял рихьидал, каранда рекӏел кӏетӏейцин хӏалуцана, цо свери бахъичӏого чӏезеги кӏвечӏо.

Дагъистаналъул киналго миллатазе гӏаммаблъун лъугьараб байрам магӏарулазда баркизе рачӏун рукӏана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул миллиял секциязул нухмалъулелги. Гьез жидерго мацӏазда цӏалана кучӏдулги. Фестиваль магӏарулазда баркана Дагъистаналъул миллиял ва диниял ишазул рахъалъ министр Татьяна Гамалейицаги.

Байрамалъ цолъизаруна дагъистаниял

Фестивалалъул тӏоцебесеб къо сайгъат гьабун букӏана республикаялъул киналго районазул школазул учительзабазе ва цӏалдохъабазе. Гьез бихьизабуна кьурдизе, кучӏдул ахӏизе ва рикӏкӏине жидерго бугеб махщел. Церерахъин байбихьана Магӏарул театралъул артистазул хоралдасан. Цинги – Гӏандадерил ралъдал рагӏалда тӏобитӏун букӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда тӏоцебесеб бакӏ ккураб Хунзахъ районалъул, кӏиабилеб бакӏ босараб Шамил районалъул, лъабабилеб бакӏалъе мустахӏикълъараб хъутабазул школазул учительзабазул церерахъиназ цоги нухалда ракӏалдещвезаруна магӏарул гӏадаталги маданиятги.

Гьел учительзабигун цадахъ байрамалъул гьалбал щвана магӏарул берталъеги, йихьана кинай бахӏарай магӏарухъ цее йикӏараяли, васасе цӏар кьолеб сухӏматалъулъе ккана, бакӏиде рахъиналъул ихтилаталдаги гӏахьаллъана.

Гьеб тадбир нухда бачана магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏидиновалъ ва Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель Сарат Мухӏумаевалъ.

Концерталъул ахиралда грамотаби ва шапакъатал щвана гьенир гӏахьаллъаралщинал учительзабазегун цӏалдохъабазеги. Гьединго дипломазе ва баркалаялъул кагътазе мустахӏикълъана школазда рахьдал мацӏазул сагӏтал цӏунарал директорзабиги «Авар-учитель» сайталде дарсил ва тадбиразул планал ритӏарал магӏарул мацӏалъул учительзабиги.

Цӏуне, магӏарулал, миллаталъул мацӏ

Фестивалалъул кӏиабилеб къо байбихьана рес-публикаялъул ва районазул газетазул выставкаялдасан. Театралъул жанахӏалъуб гӏуцӏун букӏана щибаб газеталъул майдан ва газетазул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунел суратал, цогидал материалалги.

Миллияб байрам магӏарулазда баркана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас, магӏарул секциялъул нухмалъулев Мухӏамад Патахӏовас, шагӏирзаби Залму Батировалъ ва Тубхӏат Зургьаловалъ, магӏарул мацӏалда къватӏире риччалел газетазул вакилзабаз.

Гьез бицана бачӏунеб гӏелалъе магӏарул мацӏ цӏуниялъе гӏоло гьабулеб бугеб хӏалтӏул хӏакъалъулъ.

Амма щивасул кӏалъаялъулъ букӏана унго-унгоги тӏагӏинадай мацӏилан абураб хӏинкъиги. Гьелъие гӏиллабиги ругелъулха: хъвалел гьечӏо магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏунел журналал-газетал. Цинги кинха гьел цӏалулел, миллиял бахӏарзал, маданияталъул ва адабияталъул гвангъарал цӏвабилъун кколел магӏарулазул цӏарал лъималазда лъаялъе гьабулеб гьечӏеб хӏалтӏи, мацӏ цӏунизе кколин ахӏдолаго, нилъецаго

гъанкъизехъин бугеб рахьдал мацӏги. Гьединал, магӏуялъ хуларал дир хиялал цӏидасан нахъе хъамуна зурмал-къолохъе кьурдизе рахъараз.

Унго-унгоги, букӏинадай гьаб берцинлъи нилъехъа бахъизе кӏолеб къуват?! Гьелъие жаваб кьела бачӏунеб заманалъ.

Бакъанида театралъул залалда цӏидасанги данделъана, цоги нухалда районазул гьунарчагӏазул церерахъиналъухъ халгьабизе. Абизе ккола байрамалъул бищунго жигарал гӏахьалчагӏилъун рукӏанин Гӏахьвахъ, Шамил ва Лаваша районазул художествияб хӏаракатчилъиялъул коллективалилан.

Гьенир рукӏараз кӏудияб гъираялда къабул гьавуна гӏолохъанав, амма магӏарулазда гьоркьов машгьурлъарав кочӏохъан Хӏусен Гӏамирхановги.

Фестивалалъул ахиралда гьаруна лъагӏалил хӏасилалги. Миллаталъул маданияталда адабияталда, жамгӏияб хӏаракатчилъиялда машгьурлъарал магӏарулазе кьуна шапакъаталги. Гьезда гьоркьор рукӏана магӏарул шагӏирзаби Мухӏамад Ахӏмадов, Тубхӏат Зургьалова, Манарша Гӏисаева. Гьединго шапакъатал кьуна магӏарул газетазул мухбирзабазеги. Магӏарул миллияб автономиялъул «Миллаталъул чӏухӏи» абураб медалалъе мустахӏикълъана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаев, «Миллат» газета гӏуцӏарав, «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиев ва КЭМЗалъул директор Ибрагьим Ахӏматӏов.

Шамай Хъазанбиева