Лъай бугелъуб цебетӏейги букӏуна
Гӏалимзабаз гьабураб цӏех-рехалъ бихьизабулеб буго
лъимадул гӏакълу эбелалъул гӏакълуялда бараб букӏин
Чӏужугӏаданалъул аслияб ишлъун, хӏалтӏилъун, тӏадаб борчлъун кколин абула хъизан данде бачи, лъималазул тӏалаб гьаби. Гьелъул магӏнаги кколаро рукъалъул хӏалтӏи гьаби бугин аслияб ишилан абураб. Гьединго чӏужугӏаданалъул, исламияб диналда рекъонги, ихтияр буго жиндиего лъикӏав рос валагьизе. Амма, аслияб куцалда, гьеб иш тӏубазабула бихьиназ, гьез ялагьула лъикӏай, динияй гӏадан лъадилъун ячинеги. Щивав бихьинчиясул анищлъунги букӏуна лъималазе лъикӏаб тарбия-лъай щвезе бокьи ва бищунго жавабияблъун рикӏкӏунеб гьеб хӏалтӏиги тӏаде ккола руччабазде. Гьеле гьеб хӏужа ритӏухъ гьабун буго гьанжесеб гӏелмуялъги. Мухӏканго абуни, гӏелмиял цӏех-рехаз бихьизабун буго лъимадул гӏакълу, инсул гуреб, эбелалъул геназда бараб букӏунеблъи. Гьединлъидалин бихьинчиясда тӏадаблъунги кколеб лъикӏай, гӏакъилай гӏадан лъадилъун ячин. Лъадуейин абуни рос лъикӏав вугониги гӏола, батӏаго гьев гӏакъилав вукӏин шартӏ гуро. Палхӏасил, кинабго бухьараб буго генетикаялда. Инсанасул пикру гьабизе тӏамулел генаби хурхун рукӏунел руго руччабазул Х-хромосомазда. Руччабазулин абуни гьел рукӏунел руго кӏиго, бихьинчиясул — цо. Масала, эбелалъулги инсулги цо-цо Х-хромосомал ирсалъе щварай ясалъул гӏумру, инсул геназда бараблъун букӏинеги рес буго, амма васасе гьебго Х-хромосома щолеб буго гӏицӏго эбелалдасан.
Гӏалимзабаз ччорбазул цӏех-рехал гьаридал, баянлъун буго цӏикӏкӏарасеб къадаралда эбелалъул генаби щваразул гӏадалнахул цӏайи бакӏаб ва чорхол хӏалтӏи, къуват загӏипаб букӏин, амма гӏакълуялъул рахъалъ гьединал гӏемерго камилал лъугьунел рукӏин. Инсул генаби цӏикӏкӏун щваразул черх букӏунеб буго къуватаб, гӏадалнахул цӏайи – дагьаб мукъсанаб. Пикру гьабиялъул даражаги гьединазул букӏунеб буго загӏипаб. Гьелдаги гӏей гьабичӏого, гӏалимзабаз байбихьана гӏадалнахулъ ругел клеткабазулъ умумузул генаби кинаб къадаралда рукӏунелали лъазабизе. Инсул генаби клеткабазулъ цӏикӏкӏун ругез, аслияб куцалда, ургъел ва пикру гьабулеб батун буго кванилги жинсиял гьоркьорлъабазулги. Эбелалъул генаби цӏикӏкӏун ратаразе хасиятаблъун батун буго берцинго кӏалъай, кӏалъалалде цебе ургъи, цо щиб бугониги гьабилалде анкьцӏул борци, цебелъураб масъала гӏумруялде бахъинабизе хӏаракат бахъи. Гӏелмуялъ абулеб буго инсанасул гӏакълу нусабго проценталъ генетикаялда бараб гьечӏин. Гьеб бараб бугин гӏага-шагарго 50 проценталда. Хутӏараб бараб бугин сверухълъиялда, гӏумру гьабиялъул шартӏазда, лъимадуе кьолеб тарбиялда. Амма, гьебго заманалда, лъимер гӏакъилабги пикру гьабизе гьунар бугебги лъугьин гӏемерисеб бараб букӏунеб буго эбел-лъимадул хурхеналда, гьезда гьоркьоб бугеб бухьеналда. Гьедин бугониги инсуда барабги гӏезегӏан букӏуна. Лъимадул гӏакълу-лъаялъе, абизегӏанасеб бухьен инсул гӏахьаллъиялда бараб гьечӏониги, гьесул бажариялъги цо къадаралъулаб кумек гьабула лъимер пикру гьабулеблъун лъугьиналъе. Щайгурелъул хъизан-лъимал хьихьи инсуде тӏаде кколелъулха. Кигӏан гӏакълу-лъай бугей эбел йигониги, гьелъул къуват гӏоларо цого заманалда цадахъго рукъалъул хӏалтӏи нухда бачинеги, хӏажатаб сурсат балагьизеги, лъималазе тарбия кьезеги.
Гьаниб рехсечӏого гӏоларо цо гьадинаб тарихияб лъугьа-бахъинги. Цересел гӏасрабазда бусурбабазул улкабазда руччабазеги кьолеб букӏана лъикӏаб лъай. Гьеле гьеб заманалда жанибин абуни цӏакъго гӏемер рахъана бусурбабазда гьоркьоса машгьурал гӏалимзабиги. Гьелдаса хадуб, ай руччабазул хӏалтӏи рукъалъул бокӏнилъ бугинги абун, гьел цо ккураб коцонир чӏезариялъ ва руччабазе лъай босизе ихтиярал мукъсан гьариялъ исламиял улкабазда дагьлъана гӏалимзабазул къадар, къадарлъана гьезул цӏирагьиял. Исламияб дунял буссана питна-кьалазде ва жакъа къоялъги кӏолеб гьечӏо гьеб кӏичӏикьа хвасарлъизе. Бусурбабазул гӏелмиял хӏалтӏабаздасаги гьезул махщалидасаги пайдаги босун, Европаялъул гӏалимзаби церетӏуна, гьелдаго цадахъ Европаялъул улкабазда «рухӏги» речӏчӏана. Гьаб заманалдайин абуни гьеб иш дагь-дагьккун битӏа-бишун бачӏунеб бугин абизеги бегьила. Ракӏалде ккола чанго анцӏго соналдасангӏаги дунялго хӏайран гьабилин бусурбабазул гӏалимзабаз, гьезул гӏелмиял цӏирагьияз. Гьедин ккезе ккани, рукъалъул хӏалтӏабаздаса дагьал эркенги гьарун, руччабазе ихтияр кьезе ккола лъай тӏалаб гьабизе. Лъай бугел руччабаз гьарурал лъималазда гьоркьосалъидалха гӏалимзабиги гӏакъилзабиги рахъунел.
Фатима Манзур