Сагӏтазул устарасул театр

Каспийскалъул «Тӏоцебесеб галереялда» рагьана

«Сагӏтазул устар Гӏабдула Мухӏамадовасул театр» абураб гӏадатияб гуреб выставка

Гӏабдула лъаларев чи Каспийскалда ватиларо. Ленинил ва Стальскиясул къватӏал цолъулеб бакӏалда бугеб Мухӏамадил сагӏтал къачӏалеб мастерскаялде щвечӏев чи къанагӏат ватила шагьаралда. Амма гьаб нухалда гьесулъ тӏатана суратал рахъизе бугеб махщел.

Гьавуна ва гӏуна Мухӏамад Каспийск шагьаралда. 1979 соналда цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялда бугеб гӏадамазе хъулухъ гьабулеб комбинаталде. Гьесие гьениб щвана «Сагӏтал къачӏалев устар» абураб махщел.

Анцӏго соналъ цебе гьес байбихьана гӏагараб Балхар росдал гӏадамазул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунел театралиял макетал гьаризе.

— Насихӏатчи, лъикӏав гьудул, меседил тӏагӏелазул устар Малик Мусаевасул квербакъиялдалъун Мухӏамадилъ тӏатана цоги махщел, — ан абуна выставкаялъул куратор Жамиля Дагировалъ.

Заманалдасан гьединал макетазул кумекалдалъун Мухӏамадица нилъее рицина жиндирго гӏумруялъул тарихалъул хӏакъалъулъги.

Каспийскалда выставка рагьана 16 февралалда ва халатбахъине буго 17 марталде щвезегӏан. Гьениб лъун буго хӏатӏулгун ххамил, кагътил, пластикалъул кумекалдалъун авторас гьабураб 50-гӏан хӏалтӏи.

Зарипат Тӏагьирова