1 марталда Москваялда бихьизабуна Камил Гӏалиевасул «Учитель» абураб кино
Гьеб ккола Камилил тӏоцебесеб кӏудияб хӏалтӏиги. Цебеги гьесул нухмалъиялда гъоркь къватӏире рачӏун рукӏана «Сант Луис», «Репортаж», «Къисас» абурал фильмал. Россиялда тӏоцебе гьес бахъана «Умумузул васигат» абураб проектги.
«Учитель» кино халатбахъуна 40 минуталъ. Гьеб бахъулелъул, кьочӏое босун букӏана Дагъистаналда ккараб хӏакъикъияб лъугьа-бахъин. Кино бахъизе байбихьана 2018 соналъул риидал. Гьелда гӏахьаллъана 30 чи.
Камил Гӏалиев ккола Тӏолгороссиялъул ва Халкъазда гьоркьосел кинофестивалазул лауреат. Гьесие щвана «Киномаяк» (2017), «Дир Дагъистан» (2017), «Вяткаялда дандчӏвай» (2018) кинофестивалазул шапакъаталги.
Киноялъухъ халгьабизе рачӏун рукӏана культураялъул ва искусствоялъул хӏаракатчагӏи, режиссерал, актерал ва цогидалги. Киноялдаса хадуб режиссеразда, артистазда ва киноялъухъ балагьизе рачӏаразда гьоркьоб ккана киноялъул хӏакъалъулъ гара-чӏвари. Гӏемерал суалал кьуна Камил Гӏалиевасеги.
Киноялъухъ балагьаразе цӏакъ бокьана гьелъулъ бугеб аслияб пикру, ургъизе тӏамуна жакъа нилъер жамгӏияталда церечӏун ругел суалазда тӏад.
Тадбир нухда бачунелъ бицана гьадинал фильмал рахъулелъул пачалихъалъ кумек гьабизе ккелин, кинематографиялъе квербакъиялъе Россиялъул президент Владимир Путиница тӏадкъанги бугила кинематография цебетӏезабиялъе программа гӏуцӏейилан. Гьелъие биччараб субсидия цӏикӏкӏинабун буго 1 млрд гъурушалъ. Гьеб программаялде гъорлъе ккезе буго Камил Гӏалиевасул хӏалтӏиги.
Тадбиралда гӏахьаллъарав «Анжи» футболалъул клубалъул президент Гӏусман Къадиевасги абуна гӏолохъанав режиссерасе кумек гьабизе бугин.
Киноялъул аслияв багьадурасул хӏакъалъулъ социалиял гьиназда хъварал къваригӏел гьечӏел харбазул кьучӏалда гӏагарлъиялъулги цадахъ хӏалтӏулезулги жиндир хӏакъалъулъ пикру хисизабурав, гьез адабалдаса инкар гьабурав гьев тӏамула хвел тӏасабищизе.
Киноялдаса хадуб гьелъул хӏакъалъулъ букӏараб гара-чӏвариялда Камилил эмен Мухӏамадсултӏан Гӏалиевас абуна:
— Гӏун бачӏунеб гӏел куцазе ккола западалъул гурел нилъерго фильмаз. Нилъерго улкаялда букӏине ккола гьел куцалеб къебелъиги. Хӏаракат бахъизе ккола гӏолилал куцалел фильмал рахъиялъул хӏалтӏи цебе бачине. Гьелъие къваригӏуна пачалихъалъул рахъалдаса кумек. Гӏарацги кино бахъулезухъе щвезе ккола. Кӏудияб баркала гьаб тадбиралда гӏахьаллъаралщиназеги. Бажараралда гӏей гьабун рукӏинчӏого, церехун ине тавпикъ кьеги киназего. Гьединго баркала кьезе бокьун буго Москваялъул хӏукуматалъул вакилзабазе, Москва шагьаралъул Думаялъе, «Улкаялъул ирс» гурхӏел-рахӏмуялъул фондалъе ва Россиялъул президентасда цебе бугеб ДРялъул кидагосеб вакиллъиялъе, — ян.
Патӏимат Расулова