Ибрагьимица хӏалтӏи чӏаголъизабуна
Районалда гӏумру гьабун ругел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун биччала больницаялъе ФОМСалъ гӏарац
Шамил райбольницаялъул бетӏерав тохтурлъун Халилов Ибрагьим тӏамуралдаса жеги лъагӏелцин сверичӏо. Амма къокъабго заманалда жаниб гьесухъа бажарана гьенир гӏемерал хиса-басиял гьарун. Гьес гьабураб ва гьабизе бугеб хӏалтӏулги бицун, нижер мухбир Сайпула Гьитӏинамухӏамадовас гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
— Ибрагьим, мун гьаб хӏалтӏуде вачӏиналъе гӏилла щиб ккараб?
— Танка Ибрагьимов министрлъун вугеб мехалъ, дидаги гьикъичӏого, гьабун батана хӏукму дун Гьидалъ участкаялъул больницаялде бетӏерав тохтурлъун витӏизе. Гьесдаги гьеб жамагӏаталъ гьарун букӏун буго. Гьедин Тӏидив хӏалтӏулев вукӏарав дун цӏияв министрас гьаниве витӏана.
— Мун хӏалтӏуде лъугьаралдаса гӏемер заман инчӏониги, бихьулеб буго больницаялда чӏаголъи лъугьинабизе дуца бахъулеб бугеб хӏаракат. Сундаса хӏалтӏи байбихьараб, щиб гьабизе кӏвараб ва хадубккун сунде кӏвар кьезе бугеб?
— Вачӏун мех балелдего, байбихьана батӏи-батӏиял идарабаздаса халгьабулел чагӏи рачӏине. Гьез тӏалаб гьабулеб жоги буго законалда рекъон хӏалтӏи. Къокъабго заманалда жаниб щвана росабазул ФАПазде, амбулаториязде, больницабазде. Киса-кибего гьабуна инвентаризация, балагьана гӏолареб жо щиб бугебали. Кӏвар кьуна лъималазул диспансеризация гьабиялде. Росабалъе инеги, цӏиял стандартазда рекъон хӏалтӏи тӏалаб гьабизеги гӏуцӏана тохтурзаби-специалистазул кӏиго бригада. Районалъул больницаялда лъималазул отделениялда гьабуна капиталияб ремонт. Тӏаде росана гӏоларого рукӏарал специалистал. Гьел жеги росизеги руго. Ракӏалда буго гьоркьохъел медхӏалтӏухъабазул аттестация гьабизе, кӏвар кьолеб буго, МФЦялъул ресаздаса пайдаги босун, тохтурзабазухъе унтарал цереккунго иргаялда цӏарги хъван рачӏунеб къагӏида гьабизеги.
— Хӏалтӏи лъугьине ккани, хӏажалъула санагӏатал шартӏал, тӏадкъараб иш тӏубалеб коллектив, щулияб материалиябгун техникияб база. Гьеб рахъ кинха бугеб?
— Материалиябгун техникияб база хӏажат буго цӏигьабизе. Коллектив лъикӏаб буго, амма тӏадкъалел ишал гӏемерлъун руго. Дирго хӏалтӏул график босани, дица медхӏалтӏухъаби тун, гӏадамал къабул гьаризе чӏезабун буго хасаб заман, ай къад сагӏат 2-ялдаса хадуб. Амма гьел гӏемерлъиялъ жеги заман халатбахъинабизе ккола. Кадрабазул бицани, хӏажат руго кардиологгун терапевт. Жакъа хӏалтӏулел тохтурзабиги руго ригь арал.
— Шамил райбольницаялъ къабул гьарулаан мадугьалихъ ругел районаздасаги унтарал. Гьезие кумек гьабизеги гьел сах гьаризеги квалквал бугищ?
— Хехаб кумек гьабизе щибго квалквал гьечӏо. Амма гьанир регун сахгьаризе ккани, унтарасухъ букӏине ккола гьес гӏумру гьабулеб районалъул больницаялъул бетӏерав тохтурас мугьруги чӏвараб, гъолбасги гьабураб кагъат. Яги, гӏарзаги, паспортги, полисги росун, цоги районалъул чи вачӏине ккола, гьаб соналъ жиндие медицинаялъулаб хъулухъ гьабейин гьанибиланги абун. Районалда ругезул къадаралъухъ балагьунлъидалха ФОМСалъ гӏарац биччалеб. Чанго районалде унеб нухда бугеб бакӏ букӏиналъ, Шамил районалъул больницаялда буго компьютерияб томографги. Гьелде хӏажалъи ккаралги гьанире рачӏине бегьула.
— Ибрагьим, жакъа районалда гьечӏо эпидстанцияги, тохтурзабазе бичӏчӏикьеялъулаб хӏалтӏи гьабизе хӏалтӏуларо бакӏалъулаб телевидениеги. Профилактикиял хӏалтӏабазул, профпрививкабазул иш кинха бугеб?
— Профпрививкабазул иш лъикӏ букӏинчӏо. Гьебги гӏадлуялде бачине кӏвана медхӏалтӏухъабаз школазда, мажгитазда, росабалъ гӏемераб хӏалтӏи гьабун хадуб. Руго росун хасал термоконтейнералги. Щибаб бригадаялда цадахъ росабалъе уна райэпидемиологги. Цогидал районазда гьечӏеб, амма нижер бугеб жо ккола 1000 тиражгун щибаб моцӏалъ къватӏибе биччалеб, унтабаздаса цӏуниялъулги, кванилги, рукӏа-рахъиналъулги хӏакъалъулъ гӏемерал пайдаял макъалаби рахъулеб ва щибаб идараялде, щибаб росулъе щвезабулеб «Сахаб гӏумруялъе гӏоло» абураб газетаги. Гьенисан кӏалъала тохтурзаби-специалисталги, бицуна халкъияб медицинаялъул хӏакъалъулъги, гьарула пайдаял малъа-хъваялги.
— Районалда гӏумру гьабун вугев чи рикӏкӏун биччала больницаялъе ФОМСалъ гӏарац. Гьезго кьолеб буго планги, цадахъго гьеб тӏубайги тӏалаб гьабулеб буго…
— ФОМСалъ гӏарац биччала гӏадамазул къадаралде балагьун. ФОМСалъул базаялда вуго 18 азарго чи, статуправлениялъул баяналда рекъон – 29 азарго чи. Гьез биччараб гӏарцул 80 процент уна хӏалтӏухъабазе харжал кьезе. Хутӏараб 20 процент — дараби ва квен-тӏех босизе. Дун хӏалтӏуде лъугьараб мехалда, больницаялда хадуб батана 14 млн гъуруш налъи. Жакъа гьелъул къадар ккезабизе кӏвана 9 млн гъуршиде. Планги нижеца 100 проценталъ тӏубала.
— Райадминистрациялъ, Сахлъицӏуниялъул министерствоялъ кумек гьабулищ?
— Къваригӏел ккараб дандбала, гьикъула. Районалъул бетӏерасги цӏехола хӏажатаб, гӏолареб жо. Гьес министерствоялде заявкаги кьуна хехал кумекалъул машинаби тӏалаб гьабунги. Минздравалъул коллегиялдеги вачӏун, гьесго лъазабуна районалде хӏалтӏизе рачӏунел тохтурзабазе ракьул участкабиги кьелин, ясли-ахалде лъималги росизарилин, рес бугел бигьалъабиги гьарилин. Хирургиялъул корпусалъул жеги «зеленка» гьабун гьечӏо. Гьелъиеги кумек гьабилин абуна. Росдал магӏишаталъул министерствоялъ районалда бан буго 3 ФАП. Гьелин абуни жеги балансалде кьун гьечӏо. Гьелъиеги кумек гьабулеб буго. Министерствоялъги кумек гьабиларищха. Къваригӏанщинахъе ахӏула гьениса специалистал. Нижер хӏалтӏуе лъикӏаб къиматги кьолеб буго. Исана августалда гьаниб тӏобитӏизе буго министерствоялъул коллегияги.
— Ибрагьим, ахиралдаги, щиб абилеб газета цӏалулезда?
— Рацӏцӏалъи цӏунейилан абила. Рищни-къул балеб буго кӏкӏалабахъе ва гьебги кколеб буго нилъеца гьекъолеб лъелъе. Хадубги абила, лъималазе прививкаби гьаричӏого тоге, диспансерияб халгьабизе тохтурзабазухъе рачӏине кӏвахӏаллъуге. Цо-цоязул ратулел руго басриял полисал, гьелги хисе. Районалда руго гӏемерал инвалидал. Гьезие рукӏуна рихьизарурал дарабиги. Амма гӏемерисез гьезул бакӏалда гӏарац босулеб буго. Исана гӏемераб гӏарац биччан буго инвалидазе кьолел дараби росизе. Инвалидазе хӏажатал дараби щвезе ккани, тохтурзабазухъеги рачӏун, лъазабизе ккола заявка кьезе букӏине.