Халкъалъ къабул гьавурав кочӏохъан

Магӏарул кечӏ. Унго-унгоги дулъ бугеб къуват. Дуца квелъ барал анищаз гӏанлъула гӏумруялъул бураназдагицин хӏеккинабизе кӏолареб инсанасул ракӏ. Цин гӏурул рагӏалде рехула дуца, цинги, гьелъул карачелазулъ лъедолелъул, хӏеренго, недегьго баунги толеб куц дуца. Ботӏрода саву ккарал херазул къасдазулъги рещтӏуна мун, гьанжего гьанже гӏищкъул нухдасан унезул пикрабаздаги кверщел гьабула дуца, рокьи тӏубачӏезда цадахъ гӏодизеги гӏодула мун. Дур гъасда магӏарулазда батула къисматалда кьезе кӏвечӏеб хинлъиги, хивалазе чӏаголъиги, чӏунтараб ракӏалъе дарманги. Амма жакъа гьениб жидеего бакӏ балагьулел ругел магӏаруллъиялъул яхӏги махӏги гьечӏел чӏорогоял кучӏдузул кӏетӏей гӏемерлъулеб буго. Духъа изнуги босичӏого, гьенир рещтӏунел гьез щибго кеп кьолеб гьечӏо гӏенеккаразе. Гьединал «цӏвабзаз» хӏаракат бахъулеб буго мун кьеризабизе.

Амма рорхатал мугӏрузда пархолел пахруял цӏумазул кваркьабазда гъоркь бугеб мун цӏунулезул цояв ккола гьал къояз редакциялде гьоболлъухъ вачӏун вукӏарав Гӏабдула Мухӏамадмирзаев.

Рорхатал мугӏрузул Чӏарада районалдасан гъулгъулаго чвахулеб Къаралгӏоргун цадахъ магӏаруллъиялдаго тӏибитӏана Гӏабдулал кечӏ. Гьениб борха-лъудасан боржана гьеб магӏарул кочӏол гъасде. Цин гьесул кочӏое хъатчӏвана гӏагараб Сачада росдаде тӏаде къуларал мугӏрул-щобаз, хадуб — гьеб кочӏол гьаракь гъугъана магӏарулазул ракӏазулъ.

Гӏабдулаца пандрида рачунел бакъназ лъил каранлъ цӏа бакичӏеб, гьесул щвантӏихалъул сариназухъ гӏенеккидал, лъида ракӏалдещвечӏеб йокьулелъухъ инагьдулеб талихӏаб заман? Мандолина, балалайка, аргъан ва ахиралдаги — эстрада. Гьеб киналъулго кумекалдалъун, гьелде тӏадеги — гӏадамаз чӏвалеб хъатил гъугъаялъги босун лъуна Гӏабдула Мухӏамадмирзаевасул кечӏ жакъа жиб бугеб тӏадегӏанлъиялда.

Лъимерлъиялъул лъалкӏал

1969 сон. Анкьго сон барав Гӏабдула тӏоцеве гӏахьаллъана Цӏуриб тӏобитӏулеб букӏараб кочӏол конкурсалда. Гьеб букӏана магӏарул кочӏол кӏудияб дунялалде вукӏинесев кочӏохъанас тӏамураб тӏоцебесеб гали. Гьелдаса хадуб чанги гӏахьаллъана Гӏабдула районалда тӏоритӏулел конкурсазда.

Гьес микьго класс лъугӏизабуна росдал школалда. Цинги хъизан гочана Буйнакск шагьаралде. Гьенив Гӏабдула цӏалана техникияб училищеялда ва щвана фрезеровщикасул махщел. Гьелда рекъон, хӏалтӏиги щолеб букӏана. Амма ракӏалъ цӏалев вукӏана кочӏолаб дунялалде. Ва Гӏабдула цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялде Г. Гӏалиевасул цӏа-

ралда бугеб музыкалияб училищеялде. Гьитӏинав Гӏабдула кидаго пана гьавулаан росуцояв, кочӏохъан Мухӏамад Абакаровасул кочӏоца. Гьеб паналъиялъул асирлъудаса рорчӏизе кӏвечӏел гьесул анищал-пикраби кечӏлъун чвахулел руго гьанжеги.

Махщел цӏубалеб гӏужалда

1987 соналда Гӏабдула хӏалтӏизе лъугьана Дагъистаналъул кьурдул ва кочӏол ансамблялде. Хӏалтӏана гьев Дагъистаналъул пачалихъалъулаб филармониялда, «Ай-Лазат» ансамблялда. Ахӏана гьес кечӏ ГТРКялда цебе гӏуцӏараб хоралдаги. Цеве ва-хъана вокалиябгун кьурдул «Дагъистан» ансамблялда цадахъги.

Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, Дагъистаналъул халкъияв артист. Жакъаги гьев вуго халкъгун цадахъ, гьелъул къварилъи-рохелги гӏахьал гьабун.

Кӏочонарел лахӏзатал

Бицана Гӏабдулаца рекӏелъ рукъ ккун хутӏарал цо-цо сапаразул хӏакъалъулъги.

— «Магӏарулал» квартетгун цадахъ дун гӏахьаллъана улкаялъул тӏоцебесеб каналалъул «Республикаялъул чӏухӏи» абураб программаялда. Гьениб нижеца ахӏана Хӏамзатил Расулил рагӏабазда кечӏ. Гьединго Дагъистаналдаса артисталгун, республикаялъул

бетӏерлъун вукӏарав Рамазан Гӏабдулатӏиповгун, культураялъул министр Зарема Бутаевагун ва цогидалги жамгӏиял хӏаракатчагӏигун цадахъ гӏахьаллъана Расулил 90 сон тӏубаялъул байрамалда хурхун Москваялда тӏоритӏарал тадбираздаги. 2008 соналъул 13 октябралда рес щвана Москваялда тӏоритӏулел Дагъистаналъул культураялъул къояздаги гӏахьаллъизе, — ян бицана гьес.

Гӏабдулал кочӏохъ гӏенеккана Россиялъул батӏи-батӏиял регионазда ва шагьаразда.

Чвахе, магӏарул кечӏ

Гӏабдула Мухӏамадмирзаев ккола халкъалъ къабул гьавурав кочӏохъан.

Гьабсагӏаталда гьев хӏалтӏулев вуго «Лезгинка» ансамблялдаги (халкъиял инструментазул оркестр), Магӏарул театралдаги (цӏиял пьесаби лъолелъул, гьезие бакънал рачуна), Дагъистаналъул операялъул ва балеталъул театралдаги. Гьев тӏоцеве гӏахьаллъана «Хочбар» операялда. Гьединго Гӏабдула магӏарулазда вихьула Магӏарул театралда тӏоритӏулел тадбираздаги. Гьев ккола чӏарадисезул машгьураб хора-лъул гӏахьалчиги. Чӏагояб гьаракь къанагӏалъараб магӏарул кочӏол хӏикматаб дунялалъе Гӏабдулал кечӏалъ кьола хасаб канлъи.

Бицана Гӏабдулаца Хӏамзатил Расулилгун букӏараб гьудуллъиялъул хӏакъалъулъги.

— Чанги щвана дун шагӏирасул рокъове. Ахирисеб дандчӏваялда гьев унтуца загӏиплъун вукӏана. Ва гьес нижеда, гьесухъе щвезе арал гӏолохъабазда, абуна хун хадувги, рехун тоге живилан. Тӏубазабунин кколаха дица шагӏирасул васигат — чанго нухалда тӏадвуссана гьесул шигӏрабазухъе, — ян абуна гьес.

Гьединго Гӏабдулаца кучӏдул ахӏула Цӏадаса Хӏамзатил, Махӏ-мудил, Гӏумархӏажи Шахтамановасул, Хӏажи Гъазимирзоевасул ва цогидалги шагӏирзабазул рагӏабазда. Цӏакъ рокьула халкъиял рагӏабиги.

Кочӏохъанасул насихӏатазухъги гӏенеккулаго…

Гӏабдулал рахӏат хвезабун буго магӏарул кочӏол жакъасеб дунялалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъ. Ракӏбакъван бицана гьес, фонограммаялда гъоркь гурони, кечӏ ахӏун бажаруларел халкъиялги мустахӏикъалги артистазулги, ахӏулеб кочӏол магӏна сан гьабуларел гӏолилазулги, гӏун бачӏунеб гӏелалъе тарбия кьолелъул, аскӏоре гӏагарлъизе тезе бегьуларел, нич бахъарал кучӏдузулги хӏакъалъулъ.

— Жакъа халкъалъ къабул гьарулел, гьез хъатчӏваялъул квербакъи-ялдалъун тӏадегӏанал цӏарал щварал кочӏохъабицин рикӏкӏалъулел руго гьелдаса. Гьале цо мисалги. Магӏарул театралда тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул фестивалалда гӏахьаллъичӏо гьел кочӏохъаби. Гьениве щивниги ахӏунги вачӏун вукӏинчӏо. Ахӏизейищ кколел нилъерго байрамалде. Ахӏун ругьунал гьезие рогьолъун букӏун батиларищха ахӏичӏого рачӏине. Гьел ругьунлъун руго жидеего лъикӏаб мацӏ бицине гӏадамал тӏамиялде. Жидерго церерахъиналги «плюсовкабаз» тӏуразарун рукӏунел гьезие щибго щолареб фестиваль щайха къваригӏараб? — илан абуна гьес.

— Дида цоги бичӏчӏана — концертазде рачӏараз кӏвар кьолеб гьечӏо ахӏулел рагӏабазде, кигӏан пашманаб кечӏ ахӏулеб бугониги, «гьай-гьуйилан» ахӏи балел рукӏуна. Кьураби рорлъизеги, бищунго гучал гӏумруялъул карачелазде дандегицин лъедезе къуват бугеб магӏарул кечӏ щай загӏип гьабулеб бугеб? Гьелда

тӏад ургъизе кколезеги ургъел гье-чӏони, хутӏаралги, жидедаги хъвагеги хъвартӏиги тӏагӏунгегиян ругони, дир гӏелалъул кочӏохъабиги цереса ани, кӏкӏабтӏилъ къалагури магӏарул кечӏ, — илан тӏадеги жубана гьес.

Дагьалъги хӏалуцун бицана гьес гӏун бачӏунеб гӏелалъе рахьдал мацӏалъул гьечӏеб ургъелалъул.

— Концерталда рагӏабазухъ гӏинтӏамунгутӏи ккола рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул гӏаламат. Гьединазда кинха лъалеб магӏарул концерталъул тӏагӏамги. Гьеб киналдего кӏвар кьолеб букӏарабани, эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ ахӏулеб мехалъгӏаги, гьезул бадиса магӏил гарал гирилаан, — илан угьун биччана Гӏабдулаца.

Бице, гӏагараб миллат…

Жеги гӏемераб жоялъул бицана гӏагараб заманалда рахънибе ккезабизе захӏмалъизе бугеб жакъасеб магӏарул кочӏол хӏакъалъулъ нижерго пикрабиги гьурщулаго.

Бице, гӏагараб миллат, лъица цӏунизе кколеб дур кечӏ!? Рахьдал мацӏалдаса инкар гьабуразул къорикье ккезехъин бугеб Дагъистаналъул къисмат кинабдай букӏинеб!? Бугебдай нилъер щивасул рекӏелъ «Дир Дагъистан» абураб цӏакъго къиматаб каламалъе цо гьитӏинабниги бакӏ!?

Шамай Хъазанбиева