Талихӏалъул кӏул

Гьаб дунялалде вачӏанщинав инсанас чӏамизе буго хвалил кьогӏлъи

Хвел

Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалда буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогӏлъи чӏамизе ккезе букӏиналъул хӏакъалъулъ хъван (7:34). Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахӏмат. Щайгурелъул рукӏунелъулха гӏадамал, гӏемер хӏинкъиялъ хӏакъикъаталдаги хвезегӏан чӏечӏого, нусцӏул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тӏаде щвечӏого хвезе гьечӏеблъиги, болжал щведал, кигӏан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.

Аллагьги кӏочон тун, гӏумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечӏеблъиги хӏакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магӏишаталъ инсан талихӏавлъунги гьавуларо. Гьеб буго, цӏараб болжал лъугӏидал, расги лъачӏого тӏаса унеб, тӏагӏун унеб жо. Ракӏбацӏцӏадал, лъикӏал гӏадамазул хӏакъалъулъ тӏахьал цӏалидал, якъинго бичӏчӏула гьадинаб кӏиго хӏужа:

1. Аллагьасде руссиналъул бакӏалда бечелъи-ялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукӏарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гӏиллалъунги чӏола гьединазул талихӏкъиналъе.

2. Аллагь ккурал, Аллагьасе мукӏурал, Аллагьасул рахӏмат-цӏоб щвеялъул мурадалда гӏумру тӏамулел Аллагьасги ккола ва кӏодоги гьарула. Гьединал кӏиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихӏаллъунги рукӏуна.

Пиргӏан вукӏана кверщел кодосев, гӏемераб бечелъиялъул бетӏергьан. Салманул Фарисийин абуни вукӏана мискинчи. Амма гьел кӏияздаго гьоркьоб хӏакъикъаталдаги бугеб кӏудияб батӏалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам Бетӏергьанас цӏакъго гӏодобегӏан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тӏадегӏан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго Хӏалкӏолев, Гӏакъилав» (9:40). Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.

Сабру гьабурасе — рохел

Салат-салам лъеяв аварагасда гьикъидал, балагьал тӏаде риччан, Аллагьас хӏалбихьулел щал кколелин абун, гьес жаваб гьабуна: «Аварагзаби, Аллагьасул вализаби, Аллагьасде цӏикӏкӏун гӏагарал», — ан. Нилъеда лъазе ккола, аварагзаби, вализаби мунагьал гьечӏел, ай рацӏцӏадал ругониги, гьезде рачӏунел балагьал-унтаби гьезул даража цӏикӏкӏиналъе рукӏин. Талихӏавги гӏакъилавги чиги ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва, кинаб букӏаниги балагь-къварилъи тӏаде бачӏиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хӏели балев. Тӏадегӏанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хӏалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцӏи нахъе босиялдалъун, нужеде тӏаде батӏи-батӏиял унтаби, хвелал ри-ччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магӏишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кӏудияб рохел буго Аллагьасда аскӏоб», — ан. Ибну Гӏаббасица бицана, гьаб рехсараб аят рещтӏараб мехалъ, салат-салам лъеяв аварагас абунин: «Дир напс жинда кодоб бугев Аллагьасул цӏаралдалъун дун гьедула, цо бакӏ хъарсарабгӏан ялъуни хӏетӏе хъущтӏарабгӏан, къаркъала сорорабгӏан къадаралдацин балагь-къварилъи бусурманчиясде тӏаде бачӏунаро, гьесул мунагь чуризелъун гурони», — ян.

Цоялъухъ кӏиго

Мухӏамад бин Муслим абурав асхӏабас бицараб хӏадисалда буго: «Цо пуланав чи, аварагасухъеги вачӏун зигардана, жиндир боцӏиги лъугӏанин, лага-черхги унтанин абун. Цинги хирияв аварагас гьесда абуна: «Къаркъалаги унтуларев, боцӏиги дагьлъуларев лагъасулъ лъикӏлъи гьечӏо. Тӏадегӏанав Аллагьасе лагъ вокьараб мехалъ, Гьес балагь-къварилъиялде ккезавун гьесул хӏалбихьула ва сабру гьабизе тӏамула», — ян. Ибну Мубаракица бицана: «Аллагьас тӏаде биччараб балагь цо букӏуна, гьелда сабруги гьабичӏого, лагъ зигардани, гьелъул кӏиго балагь лъугьуна: тӏоцебесеб — тӏаде биччараб балагь, кӏиабилеб – гьеб балагьалъухъ кьезе хъвараб кири Аллагьас нахъе боси», — ян.

Аллагь разилъаяв Абу Дардаица бицана: «Гӏадамазе мискинлъи бокьуларо, дие гьеб бокьула, гьезие хвел бокьуларо, дун кидаго хвалиде гӏишкъуялда вукӏуна, гьел унтиялдаса хӏинкъун рукӏуна, дица, унтараб мехалъ, Аллагьасе шукру гьабула. Дие мискинлъи бокьула, гьелдалъун, Аллагьасе тӏагӏат гьабун, хӏелизе бигьаяб букӏиналъ, дие унти бокьула гьеб дир мунагьал чуриялъе сабаблъун букӏиналъ, дие хвел бокьула дир Аллагьасухъе ине бугеб гӏишкъуялъ», — абун.

Захӏмалъиги бигьалъиги

Салат-салам лъеяв аварагас абун буго: «Мискинлъи — дунялалда захӏмалъи буго, ахираталда — бигьалъи буго. Бечелъи — дунялалда бигьалъи буго, ахираталда — захӏмалъи буго», — ян. Къадисиялъул гъазаваталдаса хадуб, бусурбабазе щвараб гъанимаялде тӏадеги къулун, Гӏумар-асхӏаб гӏодулев вихьидал, Гӏавфил вас Гӏабдурахӏманица абула: «Я, муъминзабазул бетӏер! Гьаб буго бусурбабазе давла щвараб рохалилаб къо, мун щай гӏодулев вугев?» — ан. Гӏумар-асхӏабас абула: «Дуца бицунеб битӏараб буго, кинниги гьаб бечелъи гӏадамазухъе щвечӏо, гьелъ гьезда гьоркьоб тушманлъиги цоцазул ракӏал хвейги загьир гьабун гурони», — ян. Гьединлъидал бищун лъикӏаб бечелъи ккола бугелда гӏей гьабун, гӏадамазда гьариялдаса рикӏкӏалъун чӏей. Бетӏергьанас щивав лагъасе хъван буго ризкъи, гьеб щвечӏого цониги инсан гьаб дунялалдасаги унаро. Тӏадегӏанав Аллагьас хирияб Къуръаналда абулеб буго: «Ракьалда тӏад цониги инсан яги рухӏчӏаголъи гьечӏо, Аллагьас гьезие ризкъи кьезе Жиндего тӏаде босун гурони», — ян.