Гьитӏинаб тохлъи сабаблъун

Тӏоцебесеб сентябралда лъималаз цӏалул сон байбихьизе батила жидерго росдал школалда

Гӏахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъа жамагӏатчи Мухӏамад Хӏамзатовас редакциялде битӏун бачӏараб кагътида хъвалеб буго: «Рузман къоялъ мажгиталде бакӏарараб жамагӏаталда цевеги вахъун, росдал школалъул организатор Хӏайдарбег Хъазанбиевас бицана школалъул классазул чӏарбида кьабураб хъорщода ккал чӏван, бакӏ-бакӏалдаса турун букӏиналъ, киса-кибго квешаб махӏ бахъун бугин, хӏинкъи бугила гьелдалъун цӏалдохъабазда ва учительзабазда туберкулез ккеялда. Хьул буго «Хӏакъикъаталъги» гьеб масъалаяде кӏвар кьелин ва хӏакимзабазда рагӏизабилин абураб», — ан.

Лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъикъат лъазабиялъул мурадалда, нижеца ахӏана школалъул директор Махӏач Къураевасухъе. Чанцӏул ахӏаниги, кьучӏаб жаваб гьесухъа щвечӏо, ва нижеда бичӏчӏана гьелъул хӏакъалъулъ бицине директорасе бокьун гьечӏеблъи. Чамалиго суалги кьун, дун кинго тӏаса вичӏичӏеб мехалда, гьес абуна: «Нижер буго 1986 соналда бараб, 135 лъимер цӏалулеб школа. 1996 соналда школа тӏубан бухӏун букӏана. Гьебго соналъ гьеб капиталияб къагӏидаялъ къачӏана, амма гьелъул чӏарбида хъарщи хисизе биччараб гӏарац гӏечӏо»,-ян.

Иргадулаб нухалдаги ахӏидал, Махӏачица хабар цӏакъго къокъ гьабуна ва абуна: «Судалъ хӏукму гьабуна, гӏунгутӏаби лъугӏизаризегӏан, кӏиго моцӏалъ школа къазе. Кӏиго смена гьабун, лъимал цӏализе бакӏ хӏадурулеб буго. Амма, школалъул чӏарбида кьабураб хъарщи хисизе, ай ремонт гьабиялъе гӏарац балагьи цӏакъ захӏматаб масъала ккола», — ян.

РайОНОялъул начальникалъухъагӏаги кьучӏаб жаваб щвелародаян абураб хьулалъ, чамалиго нухалъ ахӏана Зайгат Шамхаловалъухъеги. Тӏоцебесеб нухалъ, мурад бицун кӏалъайдал, жий сапаралда йигиланги абун, гьелъ хабар къокъ гьабуна. Хадуб, чанцӏул ахӏаниги, телефон кодобего босичӏо.

Гьездасан мухӏканаб хӏакъикъат баянлъулареблъиги бичӏчӏун, ахӏана Роспотребнадзоралъул Болъихъ районалда бугеб управлениялъул начальник Мухӏамад Таймасхановасухъе. Гьес бицана школалъул чӏарбида кьабураб хъарщи, тӏаде балагьун, цӏвакараб бугила.

«Цо-цо бакӏаздаса турунги буго гьеб. Гьелъие гӏиллаги ккола школалъул минаялъул кьучӏ цӏакъго кьохъаб букӏин. Хъарщи бахъун балагьидал, бихьулеб буго гьелда ккал чӏван букӏин, амма гьабсагӏат гӏемер махӏги чӏвалеб гьечӏо. Гьениб бугеб чӏабаралъ гьава жанибе биччаларо, гьединлъидал чӏабаралдаги къадаздаги регьел буго, ва минаялъул бакъ щолареб рахъалда бугеб хъарщиги турун буго. Нижер тӏалабалда рекъон, школалъул тӏох хисун букӏинчӏебани, ахӏвал-хӏал жеги квешаб букӏинаан. Административияб халгьабиялъул акталъул кьучӏалда гьаризе кколел хехал тадбиразул тӏалабал-лъазабиял нижеца ритӏана Гӏахьвахъ районалъул администрациялъул бетӏерасухъеги райОНОялъул начальникасухъеги, ругел гӏунгутӏаби рихьизарун хъвараб протокол кьуна школалъул директорасухъеги. Лъазабуна, къокъаб заманалда жанир рехсарал гӏунгутӏаби лъугӏизаричӏони, гьеб масъала судалъул кумекалдалъун тӏубазе ккезе бугилан», — абун бицана Таймасхановас.

Жакъа школалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал цӏехезе нижеца ахӏана росдал бетӏерасул заместитель Шарапудин Гъазимухӏамадовасухъе. Гьес бицана школалда лъугьун бугеб ахӏвал-хӏал лъазабизе Роспотребнадзоралдаса хасаб комиссия битӏун бачӏун букӏанила.

«Комиссиялъ хӏукму къотӏана гьединаб регьелги, махӏги, турелги бугеб школалда лъимал цӏализе бегьуларин, ай школа къазе кколин абун. Школалъул чӏарбида цӏикӏкӏараб къадаралда регьел букӏиналъе, гьелдалъун хъорщода ккал чӏваялъе ва гьеб туриялъе ккараб гӏиллаги ккола, цебе тӏохда шифер ккун букӏараб мехалъги, гьанже махх кквейдалги, тӏох сверун гонгал лъун гьечӏолъи ва гьениса чвахараб лъим школалъул минаялъул кьочӏокье унеб букӏин.

Марталъул каникулал лъугӏизегӏан школа къана. Ункъабилеб четверталъ лъималазул цӏали байбихьизелъун хӏадурулеб буго мадрасаялъул мина.

Ракӏалда букӏана 9-11 классазул цӏалдохъаби райцентралда бугеб школа-интернаталде ритӏизе. Амма, цӏалул соналъул ахирин, кьезе кколеб ЕГЭйин, батӏиял учительзабийинги абун, лъималазул умумул гьелде дандечӏана. Хӏукму гьабуна гьел классазул цӏалдохъабиги росулъго цӏалулеб къагӏида гьабизе», — ян бицана Гъазимухӏамадовас.

Цӏех-рехалъе ахир лъеялъул мурадалда, ахӏана Гӏахьвахъ районалъул бетӏер Мухӏамадзагьид Муслимовасухъеги.

«14 марталда гьеб масъала дандбазелъун дун щвана ДРялъул лъайкьеялъул министр Умупазил Гӏумаровалъухъе. Гьелъ рагӏи кьуна Ингердахъ росдал школалъул чӏарбида гъоркь дренаж гьабиялъе ва хъарщи тӏубанго хисиялъе гӏарцудалъун кумек гьабизе. Гъоркьиса, «100 школа» абулеб программаялде гьоркьобеги ккезабун, кӏиго миллион гъуруш харжги гьабун, гьеб школалда цӏияб тӏох гьабун букӏана. Гьединлъидал школа нахъеги гьебго программаялде гьоркьобе бачине рес ккечӏо. Тӏалаб гьабулеб букӏана школа федералияб программаялде гьоркьобе бачин, гьелъиеги рес батичӏо.

Нахътӏамун течӏого, школа къачӏазе гӏарцулаб кумек гьарун, ДРялъул лъайкьеялъул министралъул цӏаралда официалияб кагъатги хъвазе ккола.

Нижер районалъул цӏакъ мукъсанаб бюджет бугониги, хӏалбихьила, къварилъи кканиян букӏине тараб нахъраталилаб фондалдаса школалъе кӏвараб кумек гьабизе.

Гьениб гьабизе ккезе буго гӏезегӏан кӏудияб хӏалтӏи. Гьедин бугониги, ракӏалда буго исана тӏоцебесеб сентябралде киналго хӏалтӏаби лъугӏизаризе, ай школлъималаз цӏияб цӏалул сон жидеего гӏагараб школалда байбихьулеб къагӏида букӏинабизе», — ян бицана районалъул бетӏерас.

Цо-кӏиго моцӏида жаниб гуро гьеб иш ккараб. Гьеб ккола, чанго азарго гъуршида барахщун, гонгал лъечӏолъиялъул хӏасил. Кьочӏокье лъим унеб букӏин бихьулеб буго школалъул директорасда ва учительзабазда, гьеб лъалеб буго бегавуласда ва райОНОялъул начальникасда. Батӏияб рес букӏун батичӏони, щай бегьулеб букӏинчӏеб, жидерго гӏарацги хвезабун, гонгал лъезе? Социалиял гьиназдасан Дагъистаналдаго, хӏатта Россиялдаго бихьана чияда рагӏизего нечезе ккараб гьеб гъалатӏ, жавабчилъи гьечӏолъиялдалъун школа къазе ккей. Гьайгьай, ДРялъул лъайкьеялъул министралъги Гӏахьвахъ районалъул бетӏерасги кьела гьеб лъугьа-бахъиналъе битӏараб къиматги ва гӏайиб ккарасда абила хӏакъаб рагӏиги. Амма школалъул директорги вукӏине кколаха унго-унгояв хважаинлъун. Жиндирго мина-рукъалдаса цебеккезабунги гьабизе ккелаан школалъул тӏалабги. Гӏадада абулеб жо гуро лъикӏав директорас завхозасда божун хӏалтӏи толарин…

Нури Нуриев