Чарангӏан къвакӏарабги, квасквасгӏан тӏадагьабги, тӏухьигӏан бакӏабги, нургӏан гвангъарабги, сордогӏан бецӏабги, гьоцӏогӏан гьуинабги, рикӏкӏгӏан кьогӏабги…
Лъимер гӏодидал, гӏодулеб, гьеб гьимидал, гьимулеб. Букъараб заргӏанасеб гьелъулъ бугеб гучги къуватги.
Киниде къуларай чӏужугӏадан-эбел. Бугебдай ракьалда гьелъулалдаса берцинаб сипат, сунцадай борцунеб гьеб берцинлъиялъул багьа? Лъималазул хиялазулъ релъилъунги чӏолеб, гьезул пикрабазе бакълъунги гьимулеб, гьезул анищалгун дунял сверунги свакалареб эбелалъул рекӏеда рекӏунеб бугеб кьавуялъ кьватӏизабулеб гӏумруги, гӏумруялъул гӏидра цӏалун биччиледухъ зоб-ракьалъ тӏолеб магӏуги, речӏалел тӏугьдулги, тӏупун лъураб пашманлъиялъул накӏкӏги, гьеб вахӏшилъиялдаса борчӏизе лъимадул хӏасраталъухъги балагьун, сири балеб дунялги.
Тӏадегӏанас, талихӏги кодобе кьун, гьелда куркьбал гъейилан дунялалде йитӏарай хӏикматай хӏурулгӏиналъул рекӏелъ щай щайтӏан рещтӏунеб бугеб?
Гӏумру кунчӏизабизе къуват бугеб эбелалъул ракӏ, щай мун ганчӏиде сверулеб бугеб? Щай мун бицалъулеб бугеб, лъимадул магӏу жанибе тӏинкӏилареб хӏалалда?!
Щай духъего унеб нухда заз бижизе тараб? Даимаб ихгун букӏине рес букӏараб дуца щай ихтияр кьолеб бугеб хасалие, духъе кӏетӏезе?
Лъимадул гьимиялъ хӏеккинабулеб букӏараб мун… Гьелъул угьи-зигараялдаги бухӏараб магӏуялдаги кӏолеб гьечӏо дуда чӏвараб цӏер биинабизе.
Улбуз рехун тарал лъималаз цӏурал лъималазул рукъзалги лъимал ругел эбел-инсуца цӏурал херазул рукъзалги.
Огь, эбелалъул ракӏ!!!
Щаялиго гьал дир пашманал пикрабазда гъоркь гъолбас гьабуна гьаб хадусеб лъугьа-бахъиналъги.
Социалияб гьиналдаса
Дица цӏалана гьелъул хӏакъалъулъ социалиял гьиназда. Нужецаги цӏалун батила, бугониги, цоги нухалда ракӏалдещвезабизе бокьун буго вахӏшилъиялъул хӏалимлъиги мугьалги рекьун, хъачӏлъиялъ лъалъараб эбелалъул кваркьидакь бугеб кечӏ.
Цо лахӏзаталъ гӏинтӏаме.
Бразилиялъул Сан-Паулу штаталда бугеб Кампинас шагьар. Дагьаб цебегӏан гӏадамазул ракӏал гъанцӏизарулеб лъугьа-бахъин ккана гьениб.
Кӏиго дунял: цояб – вахӏшилъиялъул цӏураб, цогидаб – гурхӏел-рахӏмуялъул иццал раккараб.
Гьеле гьеб кӏиабилеб дунялалда баккараб гурхӏел-рахӏмуялъ хвасар гьабуна, талихӏалъе саламги кьун, лъикӏал къасдазул цӏияб дуняладе бачӏине букӏараб лъимер.
Гьелдаса инкар гьабуна тӏоцебесеб дунялалалда бугеб вахӏшилъиялъул гъамутакье ккарай чӏужугӏаданалъ.
Амма гьелъул гъалатӏ битӏизабуна, къватӏахъ тира-сверулаго, къоял тӏамулеб бугеб гьвеялъ.
Рищни-къулалъ цӏурал контейнеразда сверухъ сентӏелеб букӏараб гьелда батула гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Цабзаз гьебги ккун, рищни-къулалъул къалахъа къватӏибе гьве баккун бачӏиндал, гӏадамал рихха-хочула.
Гьезда рагӏичӏониги бихьичӏониги, гьеб лахӏзаталъ зобалги ракьалги цоцалъ кьабураб гьаракьалъ гъугъ гьабураб сверухълъиялда сахлъулареб ругъун лъун батула эбелалъул ракӏалъ…
Лъимерги баччун, гьве уна гӏагарда бугеб минаялъубе. Гьелъул бетӏергьан чӏаралъуйго гӏунун хутӏула, гьвеги лъимерги рихьидал.
Гьвел балагьиялъ гьарулеб букӏана лъимер хвасар гьабейилан.
Лъимер больницаялде щвезабун буго, ва тохтурзабаз абун буго гьелъул гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏилан. Полициялъ ялагьулей рагӏула эбелги.
Эбелин абизегӏаги бегьиладай гьелда?
Гьве рокъобе бачине бокьаралги гӏемер рукӏун руго, амма гьелъ тӏасабищун буго жиндиего ругьунаб эркенаб гӏумру. Гьелъие Анжела абураб цӏарги кьун буго бразилиялъулаз.
Дица гьанир гъоркьехун кьолел руго гӏумруялдаса лъугьа-бахъинал.
Гьезул цо-цояздаса чвахулел руго гурхӏел-рахӏмуялъул иццал, цогидаздаса бецӏцӏулеб буго магӏил гӏор.
Ахӏмадида батараб талихӏ
Дир гьудул Сапиятил буго жийго бетӏергьанаб тукен. Гьей, рогьиналде яхъун, уна тукаде. Гьеб къоялъги цудунго тукаде арай гьей лъалхъана, нуцӏил кӏалтӏа багъа-бачарулеб жо бихьидал.
— Вахӏ!. Щиб жодай гьеб. Йохъ! Батизе рес гьечӏо гьеб жо лъимер,- илан щакдарана гьей.
Амма лъимадул гӏодиялъ тӏуркӏизаюрай гьей цӏоро-гъорон хутӏана…
Долдаса нахъе ана 15 сон. Гьабсагӏаталда Гӏумар цӏалулев вуго анцӏабилеб классалда. Гьавурай эбелалъ кьурун кодоса бахъараб талихӏ гьесие сайгъат гьабуна гӏагарайлъун лъугьарай чияр чӏужугӏаданалъ. Гьелъул рекӏелъ батана Гӏумарида талихӏалъул бакъ. Гьеб бакъул чӏораз веэдулев вугев гьесда жеги лъаларо Сапиятица бакараб талихӏалъул цӏадул кунчӏиялъул багьа.
— Зама-заманалдасан, къадги къасиги, рекӏелъ гьалагаб цӏа рекӏуна, цо-цо хӏинкъун тӏуркӏунги йорчӏула. Унго-унгоги яккун ячӏинадай гьесул эбел, бицинадай гьелъ васасда гьесул къисматалъул хӏакъикъат? Гьелда лъалеб батиларищха вас вугеб бакӏ. Гьеб къоялъ дун, ракӏги кьвагьун, хвезе йиго. Диеги рос Ахӏмадиеги гьев нижерго лъималазда ващад гьавун вокьула. Лъималазеги цӏакъго хирияв вуго гьев. Гьез гьев гогьдаризавун толев куцха,- йилан бицуна Сапиятица.
Берцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъи
Гӏободаса Алпасанат Хважаева йиго къисматалъул кьогӏлъи хӏехьезе ккарай, цо вугев вас хвалица кодоса вахъун аниги, яхӏалъул хӏубиялде кьватӏи рехичӏей, сабурай, мутӏигӏай чӏужугӏадан. Гьале гьадинал руччабаз берцин гьабун буго нилъер гӏумруги. Гьелъ гьабулеб бугеб хӏалтӏи кӏудияб гьунарлъун рикӏкӏине бегьичӏониги, жакъа гьеб ккола сверухълъиялдаго нур базабулеб иш.
Лъиениги балъголъи гуро харабазул рукъзабахъ, аслияб къагӏидаялда, лъимал ругел эбел-эмен рукӏин. Гьеле гьединаб бахьикъосараб заманалда Алпасанатица, магӏарухъаги ячун, жидедаго аскӏой хьихьун йиго росасул ункъгӏал. Цо-цо щола дунги гьезухъе. Патӏимат-кӏодол берал кенчӏелел рукӏуна, херлъидал щвараб талихӏалдаса гӏорцӏуларого. Росги хун, ялгъузго хутӏарай гьелъие сабабалъе йитӏун ятана Алпасанат. Унго-унгогиха, гьелъ Патӏиматие бицунеб лъимадуе гӏадаб кӏарчамаб мацӏги. Абизе бегьула, хӏалтӏигицин танин гьелъин, Патӏиматида хадуб хъулухъ гьабизе рокъой чӏезелъун. Алпасанатидаги гьелъул рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб херлъиялъул гъанситохъ гӏодой кӏусун йигей Патӏиматидаги баркула ихгун цадахъ нилъехъе рещтӏараб байрам. Эбелги ясги гӏадин цоцазе хиралъарал гьезул бакъ киданиги бахчугеги къварилъиялъул хьухьаз.
Абубакарил талихӏалъул кечӏ
Гъизляралда гӏумру гьабун йиго цоги берцинай гӏадан Патӏимат. Гьелъул берцинлъиялъги хвасар гьабуна къисматалъул кӏичӏикье ккезе бахъараб гьитӏичил гӏумру. Гьелъухъе цо гӏолохъанай эбелалъ хьихьизе щвезабун букӏана гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Жий лъагӏалидасан тӏадюссинилан къотӏиги букӏана гьелъул. Амма гьитӏичил бабал хабар къотӏана. Гьей ялагьизеги лъугьун рукӏана. Гӏагарлъиялъ Патӏиматида абулеб букӏана лъимер лъималазул рокъобе щвезабейилан. Гьелъ киназего жаваб кьолаан, васги гьениве кьун, жинда макьу щвезе гьечӏилан. Гьабсагӏаталда, талихӏалда къвалги бан, гӏун вачӏунев вугев Абубакар вихьидал, рухӏдаллъизе бачӏуна гьесда. Гьесул лъимерлъи чӏобоголъиялдаса хвасар гьабурай хӏурулгӏиналъул сариназухъ гӏенеккидал, цебе бачӏуна улбуз рехун тарал лъималазул къиса. Гьале доб рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабураб гӏумруялъул кечӏ. Гьеб кочӏол гьаракь тӏагӏунгеги Абубакарие гӏагараблъун лъугьараб ва даим гьединаблъун хутӏизе бугеб хъизамалъул гъанситохъа.
Шамай Хъазанбиева