Рахьдал мацӏазул учительзабазул республикаялъулаб конкурсалда исана гӏахьаллъана 40 учитель
Махӏачахъалаялъул №11 гимназиялда санайил тӏоритӏула шагьаралъул ва республикаялъул «Рахьдал мацӏазул бищунго лъикӏав учитель» абурал къецал.
Исана республикаялъулаб конкурс тӏобитӏана 19-22 марталда. Къецазда гӏахьаллъана 40 учитель, гьезда гьоркьоса — магӏарул мацӏалъул микьго учитель, киналго руччаби-учительзаби. Гьезул щияй мустахӏикъай йикӏана рецц-бакъалъе.
Тӏоцебесеб къоялъ гӏахьалчагӏаз кьуна дарсал. Дарсал кьезе рукӏана анцӏго батӏияб мацӏалда: магӏарул, дарги, лъарагӏ, лак, табасаран, чачан, агул, лезги, азербайжан.
Болъихъ районалъул Кьохъ росдал гьоркьохъеб школалъул учитель Гьадигат Хӏасанова исана кӏиабилеб нухалда гӏахьаллъулей йикӏана конкурсалда. Гъоркьиса «Магӏарул мацӏ» номинациялда гьелъ ккун букӏана лъабабилеб бакӏ.
Мухӏамад Ахӏмадовасул «Чӏужугӏадан» абураб кечӏалъе сайгъат гьабун букӏараб гьелъул дарсида цӏалдохъабазда дагьабги бичӏчӏана чӏужугӏаданалъ инсанасул гӏумруялъулъ кколеб бакӏ. Учителалъ гьел рачана шагӏирасул шигӏрияб улкаялде ва лъай-хъвай гьабуна гьеб улкаялда чӏужугӏаданалъ ккун бугеб бакӏалъулгун. Дарс кьелалде цебе гьей дандчӏван йиго шагӏиргунги. Гьадигатихъа бажарана тӏоцере рихьулел ругел цӏалдохъабазул дарсида гӏахьаллъи чӏаго гьабизе.
Шамил районалъул Микьигьориб школалъул учитель Умагьани Хӏадисова кӏиабилеб нухалда гӏахьаллъулей йикӏана конкурсалда.
«Предложениялъул тайпацоял членал» абураб темаялда гьелъ дарс кьуна микьабилеб классалда. Батӏи-батӏиял творческиял тӏадкъаязул, хӏаязул кумекалдалъун гьелда кӏвана дарс интересаблъун гьабизе, ва цӏалдохъабазги кӏудияб гъираялда кьолел рукӏана жавабал.
Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росдал лъайкьеялъул централъул учитель Барият Хӏажиевалъ цӏалдохъаби рачана Хъахӏабросулъа Махӏмудил гӏишкъул дунялалде. Гьел гӏенеккана учителалъ пасихӏго рикӏкӏунел шагӏирасул кучӏдузухъ. «Муи — Махӏмудил рокьул матӏу» – гьединаб букӏана дарсил магӏнаги.
Гъизилюрт шагьаралъул №3 школалъул учитель Загьра Ахӏмадовалъ дарс кьуна «Прилагательноял» абураб темаялда. Дарсил авалалдаго гьелъ хӏаракат бахъана цӏалдохъаби «прилагательное» абун цӏар бугеб гӏажаибаб улкаялде рачине. Грамматикиял хӏаязул кумекалдалъун Загьрал дарс букӏана лъималазул ракӏазе асар гьабулеблъун.
Казбек районалъул Дилим росдал гимназиялъул учитель Динара Батиевагун цадахъ цӏалдохъабаз гьоболлъи бана умумузул гӏадатазухъ: цӏоросаролъги чӏучӏана, бицанкӏабиги тӏамуна. Гьединал хӏаязул ва къагӏидабазул кумекалдалъун лъималазда бичӏчӏана журарал предложениял щалали. Дарсил ахиралда гьез гӏуцӏана журарал предложениял.
Абизе ккола аслияб бахӏс букӏанин гьал хадур цӏарал рехсарал учительзабазда гьоркьобилан.
Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росдал школалъул учитель Фирюза Шагӏбановалъул дарсида цӏалдохъабаз сапар бухьана хунздерил тӏалъиялде: тӏогьода росарал авлахъалги, гӏурччинаб гӏидраги, гӏидраялда кьурдулел кьагӏиги, мугӏрул цӏураб гӏиги, вехьасул щвантӏихалъул гӏашикъал сариналги. Гьединаб букӏана Бакьайчӏиса шагӏир Хӏажи Гъазимирзаевасул творчествоги гӏумруги. Учителалъ пасихӏго шагӏирасул кучӏдул рикӏкӏунелъул, классалда букӏана гӏажаибаб сихӏкъотӏи. Магӏаруллъиялъул махӏ бахъарал гьезул паналъи щивав цӏалдохъанасухъе майилан кьолеб букӏана Фирюзаца.
Учителалъухъа бажарана тӏоцере рихьулел ругел шагьаралъул цӏалдохъаби цо лахӏзаталъ магӏаруллъиялде вехьасул гӏумруялъул берцинлъиялъухъе гьоболлъухъ рачун.
Учителалъги цӏалдохъабазги цадахъ гӏуцӏана вехьасул гӏумруялъул проект.
Магӏарухъ авлахъалда рижарал тӏогьол квацӏабилъун рукӏана гьеб дарсида Хӏажи Гъазимирзаевасул кучӏдулги. Гьезул щибалъулъ бихьулеб букӏана щибаб росдалги росдал кьураби-нохъазулги къиса. Гьеб къисаялъул хӏакъалъулъ Махӏачхъалаялъул №11 гимназиялъул ва Ленинкенталъул №2 школалъул цӏалдохъабазе шавкъалда бицунеб букӏана Фирюза Шагӏбановалъ.
Исана Махӏачхъала шагьаралъул школазул «Рахьдал мацӏазул бищун лъикӏав учитель» конкурсалда тӏоцебесеб бакӏ ккурай Ленинкенталъул №2 школалъул учитель Патӏимат Мухӏамадовалъ магӏарул адабияталъул дарс кьуна ичӏабилеб классалда.
Гьелъ цӏалдохъабазе бицана Кӏудияб Ватӏанияб рагъул гӏахьалчи, шагӏир Гӏабдулмажид Хачаловасул «Хваразул цӏаралдасан» поэмаялъул хӏакъалъулъ — регана нахъехун Кӏудияб Ватӏанияб рагъул тарихалъул тӏанчал. Нахъеги гъугъана рагъул гьаракь, гьелъул ракӏгъанцӏизабулеб кьогӏлъиялъ цоги нухалда рачана цӏалдохъаби рагъулал нухаздасан ватӏаналъул бахӏарчиял васазулги ясазулги хвел гьечӏеб къисаялъухъе. Нахъеги гӏодана кечӏ… Ракӏалдещвезаруна солдатазул лъаббокӏонал кагътазул къисаги…
Патӏиматил дарсил аслияб хаслъилъун букӏана пульталъул кумекалдалъун интерактивияб доскагун цӏалдохъаби хӏалтӏи.
Гъуниб районалъул Ругъжаб росдал школалъул учитель Сапият Мухӏамадовалъ «Составиял глаголал» абураб темаялда дарс кьуна анцӏабилеб классалда.
Захӏматабилан кколеб грамматикаялъул гьеб дарс цӏалдохъабазда бичӏчӏизабизе учителалъ хӏалтӏизабуна Британиялъул психолог Бьюзен Тонил рагӏаби ракӏалда чӏезариялъул къагӏида. Кӏиго къокъаялде рикьарал цӏалдохъабаз тӏадкъаял гъираялда ва хехго тӏуразарулел рукӏана.
Магӏарул мацӏалъул учительзабазул дарсазе къимат кьолеб жюриялда рукӏана Магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель, педагогикиял гӏелмабазул председатель Баху Мухӏидинова, филологиял гӏелмабазул кандидат, ДИРОялъул хӏалтӏухъан Райхӏанат Юсупова ва Дагъистаналъул мустахӏикъай учитель, Гъизилюрт шагьаралъул №7 школалъул магӏарул мацӏалъул учитель Сарат Мухӏумаева.
Гьез тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикъайлъун йихьизаюна Сапият Мухӏамадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Патӏимат Мухӏамадовалъе. Ва лъабабилеб бакӏалде ячӏана Фирюза Шагӏбанова.
Сапият Мухӏамадовалъе рес щвана цогидалги мацӏазул финалалде йорчӏарай анцӏго учительгун къеркьезе.
Кӏиабилеб къоялъ къецазул гӏахьалчагӏаз тӏоритӏана классалъул сагӏтал. Гьенир бергьарал гӏахьаллъизе кколаан конкурсалъул ахирисеб бутӏаялдаги. Гьенибги битӏккана Сапиятие. Гьелъул классалъул сагӏат жюриялъул членаз рикӏкӏана бищун лъикӏаблъун.
Конкурсалъул бищунго хӏалуцараб лахӏзат. Классалъул сагӏтидаса хадуб конкурсалъул гӏахьалчагӏаз жюриялъ бихьизабураб темаялда рекъон бицине кколаан жидерго хӏалтӏул хӏакъалъулъ, ай, гӏелмияб къагӏидаялда абуни, цӏунизе кколаан проект. Щуго учителасда гьоркьоса, проект цӏунун хадуб, нахъе ине кколаан жеги кӏиго учитель.
Ва тӏаде щвана конкурсалъул хӏасилал рицунеб заман. Тӏоцебесеб бакӏалъе мустахӏикълъана магӏарул мацӏалъул учитель Сапият Мухӏамадова. Кӏиабилеб бакӏ щвана Каспийск шагьаралъул №3 школалъул табасаран мацӏалъул учитель Гюльмира Мамедовалъе, лъабабилеб бакӏ кьуна Лак районалдаса Асли Мухӏамадовалъе.
Шамай Хъазанбиева