942 соналда поэма, хасаб тӏехь гьабун, басмаялда бахъана

Жакъа «Шамил» абураб Хӏамзатил поэма басмаялда бахъиялдалъун нилъеца борхулеб буго кӏиго паризаяб налъи – жив гьавуралдаса исана кӏинусабго сон сверарав хӏалбохаяв Шамил-имамасда цебеги ва гьебго заманалда 120 сон тӏубарав Цӏадаса Хӏамзатида цебеги. Шамилги Хӏамзатги цоцаде данде рачунеб мех гуро, амма, ракӏалде ккола, дунялалда цӏар арав ва тарихалда нур барав имамасулги улкаялда машгьурав халкъияв шагӏирасулги гӏазизал цӏарал гьадинаб къадруялда ва хӏурматалда рехсей кколин тӏолабго нилъер магӏарул халкъалъул даража цӏунулеб ишлъунилан.

Хӏамзат вукӏана даимго Шамилил хӏурмат цӏунарав ва гьесул цӏаралъе киданиги хилиплъичӏев чи. Никӏалайил заманалдаго Генуб росдал дибирлъун вугеб мехалъ гьесул лъикӏаб лъай-хъвай букӏана имамасул тарихалъулгун ва гьесул наслу-тухумалъулгун. Дир хӏисабалда советиял соназда Дагъистаналъул адабияталда жаниб Шамилил темаялда тӏасан тӏоцебесеб художественияб асар хъварав чи вукӏана Цӏадаса Хӏамзат. Лъеберабилел соназда Ватӏан цӏуниялъул масъалаялда хурхун херхарал гьесул кочӏол асаразда жанир чанги ратула Шамилилги гьесул наибзабазулги мисалал рехсарал бакӏал. Унго-унгояб куцалда тӏадчӏун Шамилил тарихалдеги гьесул темаялдеги Хӏамзат машгъуллъараб мех ккола 1939, 1940, хасго 1941 сонал. Гьел соназда хъвараб буго Шамилил хӏакъалъулъ поэмаги. Абизе ккола, поэмаялда тӏад гьабулеб хӏалтӏи хехго рагӏалде бакӏариялъе цо сабаб кканин Гитлерил Германиялъул рагъул питна. 1942 соналда поэма, хасаб тӏехь гьабун, басмаялда бахъана ва магӏарулазда кодобе щвана.

Хадубго цун Хӏамзат лъугьана Шамилил хӏакъалъулъ гӏатӏидаб ва кӏудияб пьеса хъвазе. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ккун, гьеб хӏалтӏи рагӏалде бахъизе кӏвечӏониги, шагӏирасул архивалда руго хъван лъугӏарал цо-цо пардавал. Хӏатта гьезул цо бутӏа Хӏамзатил пьесабазда гьоркьоб басмаялдаги бахъун букӏана. Гьаниб бицинчӏого толеб буго, рагъул киналго саназда Шамилилги гьесул наибзабазулги гьунарал рехсон, поэтас хъварал кучӏдузулгун харбазул, гьарурал кӏалъаязул хӏакъикъат. Амма цо жо буго бицине бокьараб. Рагъул байбихьудаго цо пуланаб къоялъ, Махӏачхъалаялда базаралде арав Хӏамзат рокъове вуссуна пуланав художникас гьабураб Шамил-имамасул кӏудияб суратги баччун, хирагоги букӏанин, амма босичӏого чӏезе кӏвечӏилан. «Жакъа, гьадигӏан гӏарцукъаб къоялъ босичӏого, хадуб босизе таниги бегьилаан», – абун хъизамалъул зигара баккидал, Хӏамзатица гьелда абуна: «Бегьилароан, Хъандулай, гӏарцудаса жакъа Шамил къваригӏун вуго нилъее!» Хӏамзатихъе зияраталъ щив вачӏаниги, сундасаго цебе гьесул бер речӏчӏулаан халкъияв шагӏирасул хъвадарулеб столалда тӏад къадада бараб гӏазизав имамасул сураталда, гьесул гьайбатаб сипаталда. Бищунго цӏакъ имамасде тӏаделъарал ва, гьесде мугъ рехичӏогойилан, шагӏирасда кӏалал гьикъулел саназдаги Хӏамзатица Шамилил сурат жиндир кабинеталъуса кьуризабичӏо.

Шамил имамасул масъалаялда хурхараб рахъалъ цӏакъ кӏудияб лъугьа-бахъин ккана 1945 соналда. Цӏикӏкӏараб гӏелалъул магӏарулазда ракӏалда батила — доб мехалъ Махӏачхъалаялда Лъарагӏ театралъ бихьизабулеб букӏана М. Хуршиловас хъвараб «Аманат» абураб пьеса. Гьениб бицен букӏана Шамилица Ахӏулгохӏда тушбабахъе аманаталъе кьурав жиндирго гьитӏинав вас Жамалудин, гьелдаса гӏемер сонал ун хадуб, гуржиязул асирзабазухъ хисун, Ватӏаналде тӏадвуссинавураб къагӏидаялда тӏасан. Кватӏичӏого «Дагъправда» газеталда бачӏана пьесаялъеги гьеб театралда бихьизабураб куцалъеги къимат кьун, Москваялдаса ячӏарай пуланай авторалъ хъвараб макъала. Гьеб букӏана хъубаб макъала: гьелда жанир кӏудиял бугьтанал лъун рукӏана Шамилидаги гьесул ритӏухъаб къеркьеялдаги. Шамил вукӏанила къосарав чи, гьес гьабураб рагъги букӏанила тӏекъаб хӏалтӏи. Шамилида бичӏчӏичӏила Россиялда цадахъ гурони Дагъистаналъе батӏияб нух гьечӏолъи. Гьесул хьул букӏанила турказдеги ингилисаздеги. Гьелдаго релълъарал рукӏана макъалаялда рехсарал цогидал багьанабиги.

Гьеб макъалаялъ нилъер халкъалъул рахӏат хвезабуна. Гӏадамазул ракӏбакъвазабуна ва ццин бахъинабуна. Амма цохӏого цо Хӏамзат ккана -дол къояз гьеб гьересияб, чамгӏалаб, хӏалихьатаб макъалаялъул авторалъе жаваб кьун цеве вахъарав чи. Гьес хъвана ва газеталда бахъана «Шамил» абураб машгьураб кечӏ. Гьелда жанир рукӏана, чияр зулму хӏехьечӏого, жидерго эркенлъиялъе гӏоло тӏаде рахъарал магӏарулазул бацӏцӏадаб ниятги тӏекъаблъун чӏезабун, пачаясул колониалияб политика ритӏухъ гьабулел гӏадамазе кьурал кьогӏал жавабалги гьарулел бадирчӏваялги.

Шамилил история эсул тӏанчӏазда лъала,

Аслу гьечӏеб рагӏуде гӏинтӏамизе ккеларо.

Гӏурус халкъалдехунищ

Шамилил рагъ букӏараб —

Ракӏалде кканщинаб жо абизе бегьиларо.

Ихтияр тӏалаб гьабун, хвалчен бахъараб лачен,

Лъица щиб бицаниги, дур нух битӏараб буго.

Ватӏан эркен гьабизе квер биххарав багьадур,

Дуде инкар гьабурал квегӏаб рахъалъ ккун руго.

Дол шартӏазда гьедин ачихъго, кӏал гьикъун кӏалъай букӏана Хӏамзатил рахъалдасан таваккалаб хӏалтӏи. Гьелдаго цадахъ гьелъулъ букӏана шагӏирасул ритӏухълъиги бахӏарчилъиги. Магӏарулаз гьелъие кколеб къиматги кьуна. Гьеб бичӏчӏана хӏатта Москваялъул интеллигенциялъул вакилзабаздаги. Ва амма ракӏал хъубазда гьеб кӏочон течӏо: 1950 соналда Багировасул чукъбуз Шамил турказулги ингилисазулги жасус вукӏанилан ва гьесул бетӏерлъиялда гъоркь Северияб Кавказалда гьабураб къеркьейги реакционияб иш букӏанилан чӏезабураб мехалъ, Хӏамзатида ракӏалдещвезаруна Шамилил хӏакъалъулъ хъвараб гьесул поэмаги, тӏадехун рехсараб кечӏги ва батӏи-батӏиял бакӏазда гьес гьарурал каламалги, насихӏаталги. «Политикияб бецлъи», «Идеологиялда жаниб бичӏчӏи гьечӏолъи ва гӏадлу хвей», «Миллатчилъиялъул асаралде гъоркье ин» – гьеле, гьеб тайпаялъул рукӏана дол соназда Хӏамзатиде гӏунтӏизарулел гӏайибалги чӏвалел бугьтаналги.

Гӏайибалги бугьтаналги ана, лъугӏана. Шамилги вацӏцӏалъана, Хӏамзатги вацӏцӏалъана. Нахъе хутӏана кӏудияв имамасул кӏудиял васиятал ва халкъияв шагӏирасул гӏакъилал назмаби. Нахъе хутӏана Шамилил тарих бицараб Хӏамзатил поэма. Магӏарулазе нахъеги рес щвана гьелъул тӏанчал регизе, гьурмал гелизе ва мухъал цӏализе. Ва даимав имамгун цадахъ 25 сонил манзилалъул сапаралда гьоркьор гӏахьаллъизеги.

1997 сон

Хӏамзатил Хӏажияв