Магӏарул театралда бихьизабуна цӏияб спектакль

Эфенди Капиевасул цӏаралда бугеб Лаказул театралъул режиссер, Дагъистаналъул халкъияв артист Аслан Мухӏамадовас Магӏарул театралда лъуна асатӏиназул драматург Георгий Хугаевасул «Квартет для души» абураб пьесаялда рекъон хӏадурараб «Жалго херал, хиял бахӏарал» абураб спектакль. Гьелъие декорациял хӏадурана ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъай хӏаракатчӏужу, художник-постановщик Валентина Кондашовалъ.

Абизе бегьула, спектакль гӏуцӏанин щуго артистасул хӏаялдасан. Лъимерлъудаго ккараб гьудуллъи рекӏелъ цӏунула Дарданелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Хӏусен Казиев), Данелицаги (РФялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Нурмухӏамадов), Гагуцацаги (ДРялъул мустахӏикъав артист Гӏабдухаликъ Гӏабдухаликъов), Бабуцацаги (ДРялъул халкъияй артистка Зайнаб Хӏамзатова). Вукӏана гьезул цоги гьудул – Салман. Гьев чӏвана Кӏудияб Ватӏанияб рагъда. Гьенивго даим хутӏана Салманилги Бабуцалги кӏиявго васги. Дарданелил васги чӏвана рагъда. Гӏаммаб къварилъи баччизе букӏунеб бигьалъиялъ жеги къвакӏизабула багьадуразул гьудуллъи. Янгъизго хутӏарал бихьиназул, яцалъ гӏадин, тӏалаб гьабула Бабуцаца. Бихьинчи гьечӏого хутӏараб гьелъул рукъалъул гӏадлу гьабизе кумекалъе рахъуна гьудулзабиги.

Махсараги, цоцалъ къацандиги, цоцазде кьварун рагӏи абиги, хехго тӏасалъугьинги – кинабго рагӏула нилъеда сценаялдаса. Цоцалъ речӏчӏун рагъарал бихьинал гӏаммаб мурадалъ гьебсагӏатго гъункизарула, гьел рортула цоцазе хӏалае. Гьедин букӏуна унго-унгоял гьудулзабазда гьоркьоб хӏакъикъияб гӏумруялдаги. Лъабавго гьудул цолъизавураб хор гӏуцӏизе жигар бахъула Иналица (артист Салим Батиров). Амма гьанибги къацанди камуларо. «Дур лъикӏаб гьаракь гьечӏо, мун кьурде ва, свери бахъулаго, берцинго гӏодоб наку чӏвай», — ян малъула Гагуцаца Дарданелида. Гьесги жаваб кьола: «Мунго вукӏа радиоялдасан кьурдулев. Дида радиоялдасан гӏадамал кьурдулинго рагӏичӏо», — ян.

Херлъарал багьадуразул ракӏазулъ рахчун ругел гӏемерал балъголъаби рукӏуна. Киназго, масала, балъго цӏунун буго гьитӏинго Бабуцахъе ккараб рокьи. Гӏолохъанаб заманалда гьей хъамула Данелица. Гӏолилайги кьолоний лъун бацӏунеб букӏараб чу рекъдизе лъугьараб мехалда, гьес Бабуца йосун лъола цадахъ вукӏарав Салманил чодул кьолоний. Салманицаги, щвараб талихӏ гьоркьобе биччачӏого, гьей жиндиего ячӏине мукӏурлъизаюла. Гьеб кинабго хӏакъикъат гьудулзабазда лъала, гӏемерал сонал гьоркьор индал. Гагуцаца гӏумруялъго рекӏелъ цӏунула Бабуцахъ ккараб рокьи ва хъизанго гьабуларо. Хъизамал гьаруниги, лъудбуздаса ратӏалъун хутӏула Дарданелги Данелги. Гьайгьай, щивасул рекӏелъ буго хиял: гьанжениги разилъилародай Бабуца жиндие ячӏинеян. Амма рагъда хварав гьудуласул адаб цӏуниялъ цонигиясда кӏоларо гьелда жиндир пикру рагьун загьир гьабизе.

Гьудуллъиялъе ритӏухълъи, гӏумруялде рокьи, рокьул гӏищкъу ва махсара-хочӏалъе махщелгун кечӏ-бакъаналъе гьунар – гьеб кинабго гьарзаго гьурщана Магӏарул театралъул гьунар тӏокӏал артистаз сценаялдаса.

Спектаклялъул жанр комедия бугин хъван букӏана афишаялда. Рукӏана гьенир гӏемер кополал сценабиги. Амма щибаб сцена букӏана рекӏелъ бахчараб къваридаб пашманлъигун бадиб кунчӏараб рохалил асар загьир гьабилъун. Дир пикруялда, гьелда абизе бегьилаан трагикомедияйин. Щивав багьадурасул рекӏел тӏиналда цӏунараб пашманлъи бугониги, гьезда батулеб буго дунял гӏуцӏизеги, жакъасеб къоялда рекъон, гӏумру тӏамизеги рес.

Кавсарат Сулейманова