Лъабго моцӏидаса цӏикӏкӏараб заманалда жаниб гьаруна 411 вас ва 402 яс
Республикаялъул перинаталияб центр рагьаралдаса ва хӏалтӏизе байбихьаралдаса ана нусго къо. Гьеб заманалда жаниб централда гьабун буго 813 лъимер (411 вас ва 402 яс), гьездаго гьоркьоб 13 игизалги.
Гьабсагӏаталда медицинаялъул гьеб центр букӏине кколеб куцалда хӏалтӏулеб буго. Гьенир хӏалтӏулел руго жидерго иш лъикӏ лъалел махщелчагӏиги медицинаялъул хӏалтӏухъабиги. Гьеб хьезабун буго хӏажатабщинаб къайи-къоноялдалъунги. Централъул хӏалтӏухъабаз сах гьарула лъимаде ругел ва гьебго заманалда захӏматал унтабаз унтарал руччаби. Гьединго кӏвараб кумекги гьабула жидее цӏияблъун кколеб дунялалде рачӏунел гьитӏичазул сахлъиялъеги. Гьабсагӏаталдайин абуни централда буго 500 грамм гурони цӏайи гьечӏеб чанго лъимер. Медиказ бицухъе, гьезул гӏумруялъе щибго хӏинкъараб хӏалги рагӏуларо.
Центр хӏалтӏизе байбихьаралдаса араб нусго къоялда жаниб заман щвелалдего гьабун буго 54 лъимерги.
***
Цолъизаризе къасд ккана
Гьелъул аслияб мурад букӏана информациязул технологиязулги, прессаялъулги, социалиял сетазулги кумекалдалъун гӏисинабги гьоркьохъебги бизнес цебетӏезабиялъе нухал рати.
Форум рагьана РФялъул бухьеналъулгун массовияб коммуникациялъул министр Николай Никифоровас. «Социалиял сетаз щулияб бакӏ ккун буго гӏадамазул гӏумруялда. Гӏемерисев чиясул хӏалтӏул къо байбихьула цӏиял харбазухъ халгьабиялдаса. Тӏолабго Россиялда Интернеталъул бухьен гьабун буго «Цифровая экономика» абураб программаялда рекъон. Гьеб гӏумруялде бахъинабулеб буго улкаялъул президентас Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏабалъул бихьизабиялда рекъон. Программаялъул аслияб мурад буго, социалиябгун экономикияб хӏаракаталъул хӏакъалъулъ киналго баянал тарихазулаб къагӏидаялда хӏалтӏизари, ай гьелдалъун нилъер улкаялда цогидал пачалихъалгун къецбан бажарулеблъиги, гражданазул гӏумруялъул шартӏал камиллъулел рукӏинги, экономикиябгун миллияб рахъаз лъидаго бачӏеб улка букӏинги бихьизаби.
Тарихазулаб экономикаялъул суал форумалъул хасаб бутӏалъун бихьизабун буго. Гьелда тӏасан гьабулеб бахӏсги пайдаяблъун лъугьиналда ракӏчӏола дир», — ан бицана гьес.
Форумалда бицана Интернеталъулги, маркетингалъулги, медиа-сурсатазулги рахъалъ тӏобитӏулеб бугеб пачалихъияб политикаялъул хӏакъалъулъги, гьаруна стратегиял бухьеназул хӏакъалъулъ къотӏи-къаялги. Масала, ДРялъул Печаталъулги информациялъулги министерствоялъги Электроннияб пачалихъалъул экспертнияб централъги гьабураб къотӏиялда рекъон, республикаялъул киналго пачалихъиял сайтазул цогояб информациялъулаб гӏатӏилъи гӏуцӏизе буго, ай Интернеталъул трафикги гӏаммлъизабун, пачалихъиял идарабазухъе киналго баянал заманалда щвезарулеб къагӏида букӏине буго.
ДРялъул «Дир документал» МФЦялъги «Одноклассники» социалияб сеталъги гьабураб къотӏиялда рекъон, машгьурлъизабизе буго МФЦялъул хӏаракат.
Форумалъул пресс-хъулухъ
***
Маххул нухда цӏодорлъи гьабе
Ахираб заманалда маххул нухазда цӏакъго гӏемер кколел руго талихӏкъосарал лъугьа-бахъинал. Гьезул хӏакъалъулъ гӏемераб хъвала газетазда, бицуна телевидениялдасан. Амма ахӏвал-хӏал хисулебго гьечӏо.
Араб анкьалдаги, нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хӏасилалда, Р. Бекмамбентовас бачунеб машина дандречӏчӏана Адлер-Нижневаторск нухда хьвадулеб поездалда. Лъукъа-къотӏана 15 чи. Машинадул шофер больницаялде ккана. Северияб Кавказалъул маххул нухазул нухмалъиялъулги рахӏатхвезабун буго гьединаб ахӏвал-хӏалалъ. Исана республикаялдаги ккаралъулха микьго гьединабго хӏужа. Гьелъул хӏасилалда хвана лъабго чи.
Хӏурматиял шоферзаби! Нужеца нухазда хьвадиялъул низам хвезабиялъул хӏасилалда гӏадамал балагьалде цӏалел руго. Гӏедегӏун унел нуж рокъоре щвейги щакаблъун ккезехъин буго. Щай кӏочонеб нуж рокъоре щвеялъухъ балагьун чӏараб хъизан-лъимал рукӏин. Нуж сабаблъун цӏикӏкӏунеб буго цадахъ ругел гӏадамазул гӏумруялъеги хӏинкъи.
С. Магадов,
Махӏачхъалаялъулаб регионалъул инфаструктураялъул дирекциялъул начальник