Пагьму бугел лъимал тӏатинариялъе гӏуцӏараб проект

25 марталда ДРялъул хӏукуматалъул председатель Артем Здунов гӏахьаллъана Гъарабудагъкент районалда бугеб лъималазул сахлъицӏуниялъулгун лъайкьеялъул «Солнечный берег» централда республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул ва вице-премьерасул жигарчилъиялдалъун «Бинилект» лъайкьеялъул проект рагьиялъул тадбиралда.

Проекталъул аслияб масъалалъун ккола пагьму бугел лъимал тӏатинари ва гьитӏинго гьел предпринимательлъиялде ругьун гьари.

— Ниж гьаб проекталда тӏад гӏемер ургъана. Жакъа нижеца рагьулеб буго профилалъулаб лъайкьеялъул тӏоцебесеб смена. Баркула нужеда проекталъул гӏахьалчагӏилъун рукӏине рес щвей. Нужерго эркенаб заман гӏадада биччазе гьечӏо нужеца — бихьизабе нужерго гьунар. Гьеб нужее хадуб цӏакъ хӏажалъизе буго. Гьенир нуж ругьун гьаризе руго гӏадамалгун хӏалтӏизе. Гьединаб тӏалаб буго жакъасеб гӏумруялъулги. Байбихьи лъезе ккола жакъаго. Кӏудияб кӏвар кьезе буго гӏадамазда цере рахъун кӏалъазе нуж ругьун гьариялдеги презентациял хӏадур гьаризе лъаялдеги. Гьарула нужее гьабулелъулъ икъбалги бажариги, — ян абуна премьерас жиндирго баркиялъулаб кӏалъаялда.

Россиялда машгьурай телеведущая, журналист, преподаватель ва жамгӏияй хӏаракатчӏужу «Искусствоялъул ва медиатехнологиязул школа» проекталъул нухмалъулей Арина Шараповалъ жиндирго кӏалъаялда проекталъул гӏахьалчагӏазе насихӏатал гьаруна:

— Хириял лъимал! Тӏоцебесеб иргаялда, нуж божизе ккола нужехъаго гьеб иш бажаризе букӏиналда. Дун гьабсагӏаталда кӏвар кьун ялагьун йикӏана нужехъ. Нужер цо-цояз бахъулеб букӏана телефоназда премьерасул кӏалъай. Гьеб букӏана гӏадамал гӏенеккиледухъ кӏалъазе бугеб махщалил мисал. Гӏенекке чӏахӏияз малъулелъухъ, хӏаракат бахъе тӏасабищараб ишалъе ритӏухъаллъун хутӏизе, — ян абуна гьелъ.

Художествияб гимнастикаялъул рахъалъ анцӏго нухалъ дунялалъул чемпионкалъун яхъарай Ольга Капрановалъ цӏалдохъабазда абуна заманалъул къимат гьабизе ругьунлъейилан.

Дандеруссиналда гьединго гӏахьаллъана Дагъистаналъул парламенталъул вице-спикер Елена Ельникова, ДРялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Уммупазил Гӏумарова, ДРялъул юстициялъул министр Казимухӏамад Сефиркъурбанов, Великобританиялда вугев тӏоцебесеб каналалъул корреспондент Тимур Сиразиев, спорталъул мустахӏикъав мастер Хӏайдарбег Хӏайдарбегов ва цогидалги.

Гьелдаса хадур гьалбал гӏахьаллъана «Гӏолилал ва тӏалъи» абураб гургинаб столалда. Гьел дандчӏвана цӏалдохъабигун ва гьезул суалазе жавабал кьуна. Гьалбадерида гьоркьор рукӏана «Дир Дагъистан» конкурсалда бергьарал Юлдуз Мухӏамадова ва Карина Тӏагьирова.

Дандчӏваялъул ахиралда Артем Здуновас абуна гьале гьадинаблъун бихьулин жинда Дагъистан щуго соналдасайилан:

— Тӏолабго дунялалда цебе къадру-къимат бугеблъунги ва жинде киназулго божилъи бугеблъунги, — йилан.

Школалда цӏалулелъул, хасго менеджерлъун вахъине ккани, кинаб предмет къваригӏунебилан цӏалдохъабаз гьикъидал, Тимур Сиразиевас абуна:

— Буго гьадинаб цо гӏелму. Гьелда цӏарги буго гӏумру. Гьеле гьелде кьезе ккола аслияб кӏвар. Нужеда гьабсагӏаталда лъаларо ракӏчӏун кинал специалистал нужер рахъинелали. Аслияб жо гьабсагӏаталда — бокьизе ккола гӏумру, лъазе ккола гьелъул къимат гьабизе. Цинги кинабго нухда билълъуна,- ян.

Проекталда гӏахьаллъизе риччалел руго цӏалулъги спорталъулъги церетӏеял ругел 7-9 классазул цӏалдохъаби.

Гьабсагӏаталда конкурсалда гӏахьаллъулев вуго республикаялъул 53 школалдаса 100 цӏалдохъан.

Ункъо батӏияб номинациялда тӏоритӏизе руго дарсал:

— Предпринимательлъи.

— Маркетинг.

— Менеджмент.

— Коммуникация.

Дарсал кьезе руго Россиялдаса преподавательзабаз.

Проекталъул гӏахьалчагӏи гӏахьаллъизе бегьула «Просвещение» Академиялъул грантазул конкурсалдаги. (50 000 гъуруш).

ДРялъул бетӏерасулги

ДРялъул хӏукуматалъулги пресс-хъулухъ