Оцбаялъул байрамалъ ракӏал гӏагар гьаруна

Умумуз абулаан магӏарухъе их оцазул лълъурдуздаги бухьун бачӏунилан. Бачӏуна гьеб жиндирго хасаб гогьлъигун, берцинлъигун. Жиндирго «гӏамал» бихьизабичӏогоги толаро гьелъ. Гьале исанаги ихдалил тӏоцересел къоязго гӏазуца хъахӏ гьаруна мугӏрузул тӏогьал.

Гӏажаибаб асар гьабула ихалъ тӏубараб тӏабигӏаталъего. Гьелъ сверухълъиялъего рачуна хасал бакъналги — цин гӏенеккизарула мугӏруздаса чвахун рачӏунел иццазул сариназухъ, цинги хӏанчӏазул хӏайранал бакъназухъ.

Хасалил макьидаса борчӏараб ракьул махӏ, гӏазул тӏингъикьа бакъул чӏоразе гьимулаго раккулел дерец тӏугьдул, букӏдулги рикь-рикьизарун къватӏире рорчӏарал тӏугьдуз хъахӏлъизабураб мегъ — сверухълъиго ихдалил сихӏруялъул асирлъуде ккун буго.

Цо-цо мехалда хасалица хивал гьабулеб буго нахъбуссинеги. Ракьалде хӏеренго хӏулулел гӏаздал хӏулабаздалъун тӏабигӏат гуккизе къасд гьабулеб бугин ккола гьелъ. Амма гуккизе кӏолел гьечӏо ихдахъ гӏашикъго рукӏарал гӏадамал. Оцал раялъул байрам тӏобитӏиялде тӏаделъун руго чӏахӏиялги гӏисиналги.

Араб гьатӏан къоялъ Цӏумада районалъул Гьигьалъ росулъ тӏобитӏана Оцбаялъул байрам. Умумузулъанго бачӏараб гьеб тадбир гьигьалъдерица тӏобитӏула щибаб санайил. Гьал ахирал соназдайин абуни, гьеб тӏобитӏизе байбихьана росдал школа лъугӏарал классцояз. Исанасеб тадбир тӏобитӏана 1985 соналда школа лъугӏараз.

Кидаго гӏадин тадбир байбихьана росдал мажгиталда мавлид цӏалиялдалъун, гьеб лъугӏун хадуб, жамагӏат ана тӏоцебесеб рахъ базе росдал мадрасаялъул хурире. Гьениб дугӏа-алхӏамги цӏалун, тӏоцебесеб рахъ бана росдал имам Гӏумархӏажи Гӏамирилаевас, Цӏумада районалъул бетӏер Анвархӏажи Вечедовас, гьигьалъдерил бегавул Рамадан Гъазимухӏамадовас, росдал харабаз ва тӏаде рачӏарал гьалбадерица. Росдал годекӏаниб жамагӏаталъ зикруги бачун, тадбиралъул хадусеб иш нухда бачана райадминистрациялъул спорталъулгун гӏолилазул ишазул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул нухмалъулев Тӏалхӏат Гӏабдулбасировас. Бачӏунеб соналъ Оцбай тӏобитӏизе, корохъ бежараб чадил гор босизе цере рахъана 1977 соналда школа лъугӏарал классцоял.

Росуцоязда байрам баркун кӏалъана бегавул Рамадан Гъазимухӏамадов, «Цӏумада Цолъи» гӏуцӏиялъул нухмалъулев Шамхал-дибир Гӏисаев, Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев Асхӏабгӏали Хӏасанов. Баркиялъулал кӏалъаял гьарулаго, гӏарцулал сайгъатаздалъун кӏодо гьаруна дагьаб цебе Хасавюрт шагьаралда тӏобитӏараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Северияб Кавказалъул федералияб округалъул чемпионаталда бергьарал ва призераллъун рахъарал росуцоялги.

Байрамалъе хасаб берцинлъи кьуна балеб гӏаздалъ цере рахъарал Махӏачхъалаялдаса рачӏарал палугьабазул къокъаялъ. Кидаго гӏадин тӏоритӏана рекериялъул, гамачӏ рехиялъул, кӏанцӏиялъул ва квар цӏаялъул къецал. Хадусеб къоялъин абуни, Агъвали росдал спортивияб школалъул залалда гӏолилазда гьоркьоб тӏобитӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ турнирги.