Дагьал церегӏан къоязда гӏумруялдаса ватӏалъана Ибрагьим Ибрагьимов
Гӏадамазул рекӏелъ памятник бана
Инсанасул рухӏияб ва моралияб сипат-сураталъе хӏалтӏизабулебщинаб рагӏи абизе бегьула, Ибрагьим Ибрагьимовасе къимат кьолаго. Амма гьебмехалдаги гьесул рекӏел гъварилъи, гӏамалалъул берцинлъи ва хасияталъул рекъонккей цогидав чиясе рагьун бажариларо, дир пикру пикруялда. Нухмалъулесе хасиятаб гӏамалалда цадахъго гьев гьайбатав инсанасулъ рессун руго гӏадатияв инсанасул тӏолалго гӏамалалги.
Гьалмагъзабазда гьоркьов гьев вуго гӏадатияв, махсара-хочӏ гӏемерав, хабар бицине пагьмуяв инсан. Махсара хирияв вугониги, инсан хӏакъир гьавулел, чороклъи гъорлъ бессарал рагӏаби гьесдаса киданиги рагӏуларо. Гӏумруялъул нухда гьалмагълъун тӏасабищараб рекӏел бацӏцӏалъиялъе ритӏухълъи цӏунула гьес кидаго. Гьудулзабигун вугеб мехалдацин яхӏ-намус, иман цӏунизе жигар бахъула Ибрагьимица.
Гьевгун гара-чӏварулеб мехалда, щибаб рагӏи разиго, гӏодове виччан ва кколеб бакӏалда гурони абуларо гьес. Жинда кӏалъалев чиясул пикру хисизабизе бажарула гьесухъа: гьелъие гӏоло кьучӏал хӏужаби, далилал ва мисалал рачуна. Бищунго дие рекӏее гӏолеб хасият ккола цогидасухъ гӏинтӏамизе сабру гӏей ва гьес бицунеб рагӏул магӏна бичӏчӏизе хӏадурав вукӏин. Хабар бицунаго, киданиги чи хӏакъир гьавуларо гьес ва хӏакъирлъи жинцагоги киданиги хӏехьоларо. Жив вугеб бакӏалда цо чияс цогидасе хӏалихьалъи гьабулеб бихьани, гьесие гӏоло вахъинеги нахъе къаларо Ибрагьим.
Ибрагьимил хъизамалда ругел гьоркьорлъабазда ракӏ бахиллъула дир. Гьесул унго-унгояб хасият лъазе бокьани, хъизан-лъималгун вихьизе ккола гьев. Министрлъун хӏалтӏулеб заманалда хъачӏлъичӏогоги хутӏулев вукӏун ватиларо гьев – хӏалтӏул гӏемерлъиялъ, тӏуразаризе тӏадал ишал цӏикӏкӏиналъ, амма рокъов хъизамалъе, лъималазе хӏеренав ва тӏалабчилъи цӏикӏкӏаравлъун вукӏана цого заманалда. Рокъор гӏун рачӏунел ясал рукӏиналъ, гьездехун инсулаб тӏалабги, магӏаруласул букӏине кколеб хасиятги, жавабчилъиги букӏунаан. Лъималазда бихьизе бегьуларо гӏадлу хвей, гьездехун тамахлъи, гьел гогьдаризари букӏунароан гьесул. Гьелъги батилаха, ясалги лъикӏал, тарбия щварал, адаб бугел, гӏадамалъе рахъарал лъугьарал.
Лъадудехун, Паридадехун, унго-унгояв бусурманчиясул адаб-хасияталда хьвадулев, гӏемерисев чиясул бер бахиллъиледухъ: букӏине кколеб хӏалалда кинабго чӏужуялдаса тӏалабги гьабулев, чӏужуялъе хъулухъги гьабулев, букӏине кколебщинаб гьелъиеги чӏезабулев чи вуго Ибрагьим. Къуръан-хӏадисалда нахъвилълъун, гьезул ахӏиялде рекъонкколедухъ, магӏаруласул кодексалда рекъон гӏумру тӏамурав чи вуго Ибрагьим. Паридаги Ибрагьимги руго кутакалда цоцазе хъулухъгун адаб гьабулел рос-лъади. Чан нухалъ мун хӏежалде арайилан гьикъана дица цо нухалда Паридада. Рос анищинахъе жийги анилан жаваб кьуна гьелъ дие. Гьеб жавабалда жанибго буго мисал босизе гӏураб гӏакълуги, адабги, сабурги.
Ибрагьим Паридаде киданиги гьаракь борхун кӏалъан ватиларо – гьедигӏанги лъикӏай йиго гьей. Чанги руччаби рукӏуна росасде гӏайиб гӏунтӏизабун кӏалъалел, гьезул гӏунгутӏаби хъирщулел. Лъималазе гӏакълугун тарбия кьезе бажарулел рос-лъади гӏемер ратиларо нилъер. Гӏаданлъиялъул, аваданлъиялъул, гӏагараб халкъалъе ва тӏолабго республикаялъе хъулухъ гьабиялъул мисал босизе бегьула гьездаса.
Гӏумру, лъикӏлъи гьабулаго тӏамулев Ибрагьимица васги ясалги гӏезаруна, гьел рукъалде руссинаруна, гӏемерав чиясул хъулухъ тӏубазабуна, рикӏкӏун хӏалкӏоларелгӏан гӏемерал унтаразул сахлъи тӏадбуссинабуна, дагъистаниязул рекӏелъ рокьул нухги лъуна. Халкъалъги гьев къабул гьавуна, гьелъие гьевги вокьана – гьелдаса кӏудияб талихӏ инсанасе киса букӏинеб?!
Ибрагьим гӏадинав чиясде абулеб батила, чӏаго вукӏаго, гьес гӏадамазул рекӏелъ жиндиего памятник банилан.
Хӏапизат Хӏамзатова, жамгӏиятчӏужу
Кинабго рахъалъан къадруяв инсан
Ибрагьим Ибрагьимовасулгун тӏоцебе дир лъай-хъвай ккана Польшаялда. Доб заманалда Германиялда хъулухъ гьабулеб букӏана дица. Генерал-полковник Танкаев Мухӏамадица вертолет битӏун бачӏана Польшаялде дун вачине. Гьеб заманалда гьенибе кӏудияб делегация бачӏине букӏун буго Москваялдаса. Гьал-
бадерида цадахъ рукӏана Расул Хӏамзатовги, Хӏажи Хӏамзатовги, гьезул хъизаналги, Ян Френкельги, Ибрагьим Ибрагьимовги, гӏемерал цогидалги. Аэропорталде гьелбадерида дандчӏвазе ана ниж. Гьенир Танкаев Мухӏамадги нижги рукӏана хъизаналгун цадахъ. Польшаялъул хӏукуматалъ кутакаб дандчӏвайги гӏуцӏана гьалбадерие. Гьеб дандчӏвай берцинго нухда бачана нилъер чӏухӏи Расул Хӏамзатовасги, Мухӏамад Танкаевасги. Дун гӏажаиблъун вукӏана, дида хадуб вертолетги бачӏине кканиян, диего суалги лъун. Гьелъие жавабги бицун телин. Бихьулищ, Танкаев Мухӏамадил цӏодорлъиги цӏакълъиги. Дагъистаналде араб мехалъ гьес Гостелерадиоялда заказ гьабун букӏун буго кассета нилъер миллаталъул киналго кучӏдулгун. Танкаев Мухӏамадица Расул Хӏамзатов Польшаялде вачӏиналъул хӏурматалда мадугьалихъ ругел пачалихъазда хъулухъ гьабулел рукӏарал дагъистаниязул 130-гӏанасев офицер ахӏана гьениве. Сагӏатгун бащдалъ тӏубараб полкги гьалбалги гьел кучӏдузухъ гӏенеккизе тӏамуна гьес. Гьеб букӏана нижее кӏудияб асар гьабураб рохел. Чияр ракьалда ватӏаналъул кучӏдул рагӏи, гьеб киб букӏараб жо.
Нижеца Польшаялда бана 10 къо. Гьеб заманалда жанир ниж щвана Польшаялъул киналго шагьаразде. Киса-кирего рукӏана дандчӏваял, киса-кибего «дипломатияб» кӏалъай гьабулезул байрахъулав вукӏана Хӏамзатил Расул. Гьес бицана Дагъистаналъул, гьенир ругел батӏи-батӏиял халкъазул, гьезул гьоболлъи-гьунаралъул, махщелчагӏазул хӏакъалъулъ, рикӏкӏунел рукӏана жиндирго кучӏдул. Гӏурус мацӏалда Расулил кучӏдул ахӏулел рукӏана Ян Френкелица. Къокъго абуни, гьеб букӏана гӏажаибго аваданаб, рохел гьарзаяб заман. Гьелъ нижее гьабуна кӏудияб асар, дир рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏ тана гьелъ. Гьел къоязда цадахъ вукӏарав Ибрагьимицаги дир рекӏее лъикӏаб асар гьабуна. Ибрагьим дида ватана махсара-хочӏ бокьулев, рекӏелъ восулев инсанлъун. Абизе ккола, генерал Танкаев Мухӏамадица дир тӏалаб гьабиги, гьесие дун вокьиги Ибрагьимидасан бачӏараб бугилан. Гьес имгӏал хӏисабалдаги Танкаевасда абун батана, абичӏониги дагъистаниязе жиндаса бачӏанщинаб кумек гьабулаан Мухӏамадицаги. Гьедин чияр ракьалда ккараб лъай-хъвай гӏумруялъго хутӏана нижер ракӏазулъ, ва дие Ибрагьим лъугьана кӏудияв вацлъунги гӏакълучилъунги, жакъаги кирго ниж цадахъ рукӏуна. Адаб-хъатиралъеги Ибрагьим вуго унго-унгояв магӏарулав. Хъизамалги нижер тӏаде-гъоркье щола, рохел-пашманлъиги цоцазе гӏахьал гьабула.
Цӏикӏкӏараб гӏумруялде вахун вугониги, Ибрагьим жакъаги цӏодораб гӏакълуялда, къартӏалда, къадруялда вуго. Хӏалтӏуда гьев вуго гӏадилав, мисалияв, сабурав. Гьединазда гӏурусаз абула «трудоголик» абун.
Ибрагьимил цоги диего бокьулеб рахъги буго. Гьев вуго цӏакъ рагӏи-калам бегӏерав чи. Гьесул мацӏалда лъун букӏуна рагӏи. Гьезулги бегьила цо тӏехь хъвазе. Цо мисалги бачинин. Госпиталалде щварав Танка Ибрагьимов гьениб коридоралда лъун бугеб автомат-банкоматалдаса гӏарац бахъулев вукӏун вуго. Министр вачӏун вугилан хабарги лъан, тӏаде щварав инсуда васас абун буго, эмен дуе гӏарац къваригӏун батани, абе, дуеги бахъила гьабсагӏаталдайилан. Гьебмехалъ Ибрагьимица абун буго: «Балагье, асул цӏодорлъиги цӏакълъиги, жиндирго министерствоялдаса бахъичӏого, дир гьаниса бахъун кьезехъин буго дие дирго гӏарац», — илан. Киналго кеп щун релъун руго.
Ибрагьимил лъади Паридаги йиго лъикӏай, гьал-
бал хирияй, динияй, хъизан-лъимал, гӏагарлъи ккурай, бокьараб рецц-бакъалъе мустахӏикъай гӏадан. Живго хӏалтӏулеб бакӏалда гьоркьоб гьесул къиматги буго, къадруги буго, цӏарги буго, цӏваги буго. «Тохтурлъиялъулги гӏаданлъиялъулги унго-унгояв генерал» вуго Ибрагьим.
Мухӏамад Тӏинамухӏамадов,
генерал-лейтенант
Тохтурлъиялъулги гӏаданлъиялъулги генерал
Гӏезегӏан гӏумру бихьарав чиги вугелъул, Ибрагьимил хӏакъалъулъ бицине жо дирги гӏемераб буго. Ибрагьим вуго дие вацлъи гьабурав чи, ай кӏудияв вацасул бакӏалда ватарав чи. Ибрагьим дидаса щуго соналъ кӏудияв вуго. Цӏалулеб заманалдаги, хӏалтӏулеб мехалдаги гьев кидаго дие гӏакълучилъун ватана. Дир вукӏинчӏо эмен, гьев мунагьал чураяв 1943 соналда майорасул чиналде вахарав гӏолохъанчи, Ватӏанияб рагъда чӏвана. Вукӏинчӏо вац, нахъасан вахъине чи. Гӏемерал гӏадамал рихьарав чи вугелъул, гьале дица абулеб, дида гьев гӏадин сундулго рахъалъ реццалъе мустахӏикъав чи дандчӏвачӏо.
Хӏукуматалъул хъулухъазда хӏалтӏулезда гъорлъги, гӏадатиял гӏадамазда жанибги Ибрагьимил гӏадаб бацӏцӏадаб гӏамал-хасияталъул чи дида халлъичӏо. Ибрагьим ватана гӏадамасухъ хӏеренго валагьулев, гӏадамасда гурхӏун, хӏалимлъун, хӏеренлъун, ккараб бахӏсалда гӏадилаб, кьварараб рагӏиги абулев, законалда рекъараб гурони ишги гьабуларев, мекъаб иш гьабулесда бадибе рагӏиги абун, витӏарасе кумек
гьабулев чи.
Абизе ккола, дир гӏумруялда жаниб гьедин кканин цо чанго нухалъ. Банкеталда рукӏа, данделъиялда рукӏа – кир ругониги тостал абулелъулги хӏел-хӏелчагӏиги камуларелъул, нилъ кутакалда рокьулеб ххвел гьабун, кӏалъалел чагӏиги рукӏунелъул, гьединаб заманалда гьенив гӏахьаллъарав Ибрагьимица дида ахиралда, батӏаги вачун, абулаан, ле Мухӏамад, гьабги-
гьабги гьадин букӏуна, мун дуего гьабулеб рецц-бакъалдаги божун, бецлъизе чӏоге, гьасиеги досиеги мунги гуккун, дур хъулухъ къваригӏун букӏунила, гьеб дуда бичӏчӏичӏони, дуе квеш букӏине бугила. Чанго нухалъ гьединаб вацлъиялъулаб гӏакълу кьуна дие гьес.
Цоги, Ибрагьимица абуна мун вугила Мухӏамад, хъулухъалъул балъголъи лъалев эхеде вахине вугев чи, дуца лъиениги ва лъиданиги цебе бетӏер къулугейила, дуца дудаго тӏадаб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго
гьабуни, гьеб дуе лъикӏаб бугила, жинда гьеб батанила гӏумруялдаги гӏелмуялдаги жаниб.
Гьединго гьес абулаан ворегийила, Мухӏамад, дуца эбелалъул ургъел-тӏалаб гьабичӏого тогейила. Дур эмен гьечӏила, дур эмен гӏолохъанго бахӏарчилъиялда рагъда хванила, хӏалкӏун эбелалъул хӏурмат гьабейила. Дуе гьей алжанги йигила, анищги йигила, гьединлъидал гьелъие кӏвараб кумекги гьабейила.
Кидаго дида хадуб Ибрагьимица хъаравуллъи
гьабулаан. Дие цӏияб хъулухъ яги иргадулаб офицерасул цӏар щведал, дир гьеб ахӏи-хӏуралда чура-хули гьабизе гӏолохъанлъиялда рес букӏинчӏо. Гьединаб заманалда кидаго кумек Ибрагьимидасан бачӏунаан. Гьудул-гьалмагъзабазда букӏа, гӏага-божаразда букӏа абун малъа-хъван дун кӏодо гьавун, данделъи гӏуцӏизе хӏаракат бахъулаан.
Академияги лъугӏун, дун вачӏараб заманалда, гьединаб данделъи гӏуцӏизеги дие сайгъат-шапакъат кьеялъеги гьев ургъун ватана.
Генераласул цӏар дие щвараб мехалда, суал букӏана борхун, дун МВДялъул министрлъун тӏамиялъул. Гьеб хъулухъ щвезе бокьаразул сияхӏги кӏудияб букӏана, магӏарулав, ай Гӏабдуразакъов гьениве виччазе бегьуларин гӏарзахунелги рукӏана. Гьеб заманалда Москваялдаса бачӏана хасаб бригада гьеб суалалъул цӏех-рех гьабизе. Гьебмехалда дидаса балъго Ибрагьим кӏалъан ватана Москваялда вугев нилъер ракьцояв Танкаев Мухӏамадихъе. Гьесда абун буго гьев Гӏабдуразакъов гӏадин министрлъун ккезе мустахӏикъав чиги гьечӏин, гьесул эменги майорлъиялде вахарав чи, рагъда чӏванин, гьев чӏаго хутӏун вукӏаравани, дудасаги тӏадегӏан вахарав чиги вукӏинаанин, Мухӏамадил нахъасан вахъине чи гьечӏолъиялъ гьесие хӏалихьалъи гьабулел чагӏи ругин, гьесул вас гьечӏин, вац гьечӏин, мун тӏад ургъейилан. Гьеб заманалда Танкаев ун вуго МВДялъул министрасухъе ва гьесие хӏакъикъат бицун буго. Гьесда дир эменги лъалев ватун вуго, гьесул амруялда дие приказги
хъвана. Гьеб кинабго дида лъана нахъа, живго Танкаев Дагъистаналде вачӏараб мехалъ, гьес бицун.
Цоги, бицинчӏого гӏоларо, 1991 соналъул августалда ГКЧПялъ ахӏи-хӏурги гьабун, доб хӏабургъараб заманалда ккаралъул хӏакъалъулъ. Дагъистаналъул киналго хӏакимзаби, Мухӏамадгӏалиде гӏунтӏун, Мос-кваялда рукӏана цо дун хутӏизегӏан, щибдай гьалъул кколебилан. Гьеб мехалъ дица Ибрагьимида гьикъана, щибдай гьабун лъикӏилан, Ибрагьимица абуна ворейила, мун гьел тӏасанкӏанцӏаразухъ гӏенеккугейила, гьезул харбазда мун божугейила, умумузул аби бугила «гӏакълу цебе, ццим нахъе» абун. Ццимги къезабун, гӏакълу цебе ккезабейила, мун ургъейила, умумузул гӏакълуялда борцейила. Ургъичӏого жо гьа-
бугейила, гьазде кьвагьейин, дозда речӏчӏейин абулезда мун божани, квеш ккелила, Аллагьас мун цӏунагийила. Гьединаб гьудуллъиялъулаб берги кверги киданиги Ибрагьимица дида тӏаса босичӏо.
Цоги, рехсечӏого гӏеларо, хӏеж борхизе дунги хъизан-лъималги инцин Ибрагьимил кумек-баракаталдалъун ккана. Устарасухъе Чӏикӏавеги дун Ибрагьимица вачана. Гьесухъа гьитӏинабго тӏадкъайги босана. Гьанже пенсиялда вугев чиясе чӏумалги рехун дие бугеб парахалъи – гьебги Ибрагьимил баракат буго.
Ибрагьимил хӏакъалъулъ дида кӏвелаан цо тӏехь хъвазегӏан жо бицине. Кинниги гьесул хӏакъалъулъ гӏемерал гӏадамаз бицине бугелъул, къокъ гьабила. Валлагь, гьесул хъизан Паридаги йиго лъикӏай, унго-унгояй магӏарулай, муъминай, сайгъат-садакъаялъе лебалай гӏадан. Нижер хъизаназулаб гьудуллъиги букӏана, тӏаде-гъоркьеги щола.
Ахиралда Ибрагьимие сахлъиги гьарулаго дица абила, генераласул борхалъуде вахине дие кумек гьабуразул аслияв чи Ибрагьим кколилан. Гьеб киналъухъго баркала дуе, дир кӏудияв вац. Дун гурев, мун вуго генерал тохтурлъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, вацлъиялъулги рахъалъ.
Мухӏамад Гӏабдуразакъов,
генерал-лейтенант
Шамил районалъул Къахӏиб росулъа Гӏарип Расуловас, Мухӏамад Анабиловас, Мансур Зайнулгӏабидовас, Мухӏамад Шапиевас, Муслим Муслимовас, Мухӏамад Гӏариповас, Гӏусман Пахутаевас, Набигула Муслимовас гъваридаб пашманлъиялда зигара балеб буго цересел соназда сахлъицӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьим Ибрагьимов Аллагьасул къадаралде щвеялда бан, гьесул лъималазда, хъизамалда, гӏагарлъиялда ва тӏолабго гьидерил жамагӏаталда.
Аллагьас гьесие Алжан насиб гьабун батаги нахъе ругезе сабруги сахлъиги кьеги.
***
«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъги пашманлъиялдалъун зигара балеб буго Ибрагьимил гӏагарлъиялда гьев лъикӏав инсан къадаралде щвеялда бан. Аллагьас ахират лъикӏаб кьун батаги.