Инсанасул чорхолъ киналъулъго гӏахьаллъула ургьисалаби
Дунялалда вуго ургьисалабазул батӏи-батӏиял унтабаз унтарав 850 миллион чи. Ургьисалабазул халатбахъараб унтиялдалъун цо лъагӏалида жанив дунялалда холев вуго 2,4 миллион чи.
Жакъа Россиялъул халкъалъул анцӏго процент, ай 14 млн (Дагъистаналда 4000) чи унтун вуго ургьисалабазул халатбахъараб унтиялъ. Гьелъул хӏасилалда Россиялда щибаб соналъ 41,5 азарго чиясе инвалидлъи чӏезабулеб буго.
Ургьисалабазул унти бигьагьабулеб хасаб терапия ва гемодиализ хӏалтӏизабиялъул рахъалъ Россия дунялалда ахирисеб бакӏалда букӏин ккола нечезе ккараб хӏужа!
Инсанасул сахлъиялъе ургьисалабазул бугеб кӏваралъул, гьел унтиялъе ругел гӏиллабазул ва цӏунизе кколеб къагӏидабазул, гьединго нилъер республикаялда гьел сахгьариялъе гӏуцӏун ругел ресазул хӏакъалъулъ бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна Республикаялъул клиникияб больницаялъул нефрологикияб отделениялъул заведующая, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул отличник Фатима Гӏабдурахӏмановалъулгун:
— Инсанасда ургьисалабазул унти ккеялъе кинал гӏиллаби ругел?
— Гьелъие «квербакъулел» аслиял гӏиллаби ккола: гьекъолди, хъалиян цӏай, наркотикал хӏалтӏизари, халатбахъун ва низам гьечӏого дараби хӏалтӏизари, лъел бакӏалда чай, кофе гьекъей, черх хӏалхьиялда тей, кьарияб ва цӏамхӏалаб квен, батӏи-батӏиял ва халатрахъарал рахунел унтаби, цӏикӏкӏараб квач ва багӏари…
Хӏинкъи букӏуна халатбахъараб (хронический) ургьисалабазул унтаби ругел чагӏазул бидул тӏадецуй, чакрил унти ва рекӏелгун бидурихьазул унтаби тӏатиналда.
— Ургьисалабазул кинаб кӏвар бугеб инсанасе?
— Инсанасул чорхолъ ургьисалабаз киналъулъго гӏахьаллъи гьабула. Гьез чорхолъа къватӏире «гъола» къваригӏунарел хутӏелал ва заралияб чороклъи, бацӏцӏуна би, бацӏцӏуна тӏокӏаб цӏамудаса ва лъедаса. Ургьисалабазда жаниб лъугьунеб ренин абулеб гормоналъ рекъезабула бидул тӏадецуй. Гьелъул кумекалдалъун чорхолъ лъугьуна цӏиял бидул клеткаби — эритроцитал. Ургьисалаби гӏахьаллъула черхалъул цӏа-кан рекъезабиялъулъги.
— Кинаб унти рикӏкӏунеб бищунго хӏинкъи бугеблъун? Регионалда бараб жо букӏунищ гьел унтабазул?
— Бищунго хӏинкъи бугеллъун рикӏкӏуна кватӏун, ай сахгьарун бажарулеб мехалъ гурони тӏатунарел унтаби. Ургьисалабазда жанир ганчӏал лъугьин, ракалъул ва диабеталъул хӏинкъи букӏин гӏемерисезда лъала, амма ургьисалабазул артериалияб тӏадецуй цӏикӏкӏун букӏин къанагӏат гурони лъаларо. Жакъа Россиялда гьеб унти рикӏкӏуна бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун. Гьеб ккола мекъаб гӏумру гьабиялъул ва гӏумру гьабун вугеб бакӏалда ругел захӏмалъабазул хӏасилалда. Гьайгьай, битӏун букӏинаан Россиялда ургьисалаби унтарал киналго чагӏазул регистр гӏуцӏани, гьелда рукӏинаан унтаразул унтабазул баянал. Гьелдасан лъалаан гӏумру гьабун ругеб бакӏалда бараб жо ургьисалабазул унтабазул букӏунищали. Гӏемерисел пачалихъазда гьединал регистрал церего гӏуцӏун руго.
— Ургьисалабазул унтабаздаса цӏуни-къай кин гьабизе кколеб?
— Лъагӏалида жаниб цо нухалъниги щивав чияс, ургьисалабазул ультразвукалъулаб хал-шал гьабулеб бугони ва бидулъ букӏунеб креатининалъул къадар борцунеб бугони, гьединал унтаби цудунго тӏатуна.
— Ургьисалабазул унтаби сахгьариялъул нилъер гьанибги къватӏисел пачалихъаздаги кӏудияб батӏалъи бугищ?
— Дагъистаналъул нефрологазда лъикӏ лъала ва хӏалтӏизарун бажарула гьабзаманаялъулал унтаби тӏатинариялъул ва сахгьариялъул киналго къагӏидаби. Аслияб масъала ккола специалистал-нефрологал гӏоларого рукӏин ва мукъсанаб къадаралда гурони гьелъие гӏарац биччаларого букӏин.
— Цере гӏарзал рукӏунаан унтарал чагӏазул би бацӏцӏине гӏурал аппаратал гьечӏилан…
— Гьеб масъала тӏубараблъун рикӏкӏине бегьула. Жакъа республикаялда хӏалтӏулеб буго би бацӏцӏунеб (гемодиализный) ичӏго центр, гьездасан лъабгояб Махӏачхъалаялда.
— Ургьисалаби кин цӏунизе кколел?
— Гӏумру гьабизе ккола сах-саламатго, гьекъолди ва хъалиян цӏай рикӏкӏуна ургьисалабазул бищунго кӏудиял тушбабилъун. Гӏемер хӏалтӏизе бегьуларо унти къинабулел дараби. Лъагӏалида жаниб цо нухалъниги халгьабизе ккола ургьисалабазул бугеб хӏалалъул.
— Ургьисалабазул унтаби кин тӏатинарулел?
— Ургьисалаби ккола цӏакъ гӏодобе биччараб лага. Гьезул унти кватӏун гурони лъаларо. Гьединлъидал бидул тӏадецуй цӏикӏкӏарав чи чара гьечӏого халгьабизе ине ккола нефрологасухъе, хасго 40 сониде вахиндал.
Инсанасул кьаралъиги унтилъун рикӏкӏуна. Гьеб сахгьабизе ккола нефрологгун цадахъ.
Ургьисалабазул унти балъго цӏикӏкӏунеб букӏуна. Гьединлъидал, диспансеризация тӏобитӏулаго, чара гьечӏого кьезе ккола кӏващул гӏаммаб анализ.
— Ургьисалабазда жанир ганчӏал ва сали сундасан лъугьине бегьулел?
— Гьелъие гӏиллалъун букӏине бегьула гӏемерал цӏамал гъорлъ ругеб хъачӏаб лъим, гьеб аслияб къагӏидаялъ «ирсалъе» щола. Узухъда, бараб буго нилъеца гӏумру гьабулеб куцалдаги — кӏвахӏ, кванилъ гӏадлу гьечӏолъи «рекӏее гӏоларо» ургьисалабазе.
Абизе ккола, ургьисалабаздаги ццидал къвачӏидаги жанир лъугьунел ганчӏазда гьоркьоб кинабгӏаги бухьен гьечӏилан, гьел лъугьуна батӏи-батӏиял гӏиллабаздалъун.
— Черх цӏорозе биччани, ургьизалаби унтиялда хӏинкъи букӏунищ?
— Букӏуна, цӏороялдалъун инфекция ккола бихьиназул жинсияб логода жанибе, гьениса кӏващул къвачӏинибе, хадуб ургьисалабазде. Ургьисалаби унтизе бегьула цогидаб инфекциялъул унти тӏаде цӏикӏкӏиналдалъунги, масала, ангина. Ккола бигун цадахъ инфекция ургьисалабазде жанире ккаралги лъугьа-бахъинал. Гьелдалъун ургьисалаби гьороялда хӏинкъи букӏуна.
— Ургьисалаби цӏуниялъе щиб лъикӏаб бугеб, хурдузул кумек букӏунищ?
— Руго цо гьадинал рагӏаби: «Стакан лъел гьекъе ва дурго ургьисалабазда барке». Лъикӏаб буго гӏураб къадаралда лъим гьекъеялъул. Гӏадамаз кӏвар кьола кванде, амма черхалъе лъел пайда цӏикӏкӏараб буго. Гьекъезе ккола гӏадатияб бацӏцӏадаб лъим. Бегьула шушбузул яги рокъоб фильтралъ бацӏцӏараб лъимги. Гьелда гъорлъ къоркъотӏамах, чӏотӏохер ва тӏогьилхӏет гӏадал даруял чӏахӏал ругеб лъим хӏалтӏизабизе бегьула. Амма гьеб дару тохтурасулгун дандбазе ккола.
— Тӏад балагьун, лъазе кӏолищ ургьисалаби унтарав чи?
— Лъикӏав тохтурасда, бер кӏутӏарабго, лъала ургьисалаби унтарав чи. Гьесул тӏомол кьер хисун букӏуна, свакан, макьихун вукӏуна гьев. Ургьисалаби унтун рукӏиналъул бицунел гӏаламатал ккола хӏатӏал ва кверал гьорой ва беразда гъоркь къучӏби лъугьин.
— Къокъго бицинарищ унтарал сахгьариялъе нужер отделениялда гӏуцӏун ругел ресазул…
— Исана нижер отделение рагьаралдаса анцӏго сон тӏубала. Гьениб буго 52 койка-бакӏ. Ахирал соназда отделение лъикӏал специалистаздалъун ва гьабзаманаялъулал алатаздалъун хьезабуна, чӏезарун руго киналго къваригӏунел дараби. Унти чӏезабизе ва сахгьабизе жакъа нилъер унтарал, цере гӏадин, республика тун къватӏире ине кколаро. Нижеца унтарал къанагӏат ритӏула Москваялде яги Ростовалде нефробиопсия гьабизе. Кватӏичӏого гьеб нижер отделениялдаго тӏубазабизе планалда буго.
Нури Нуриев